Тема: Малъе, эбел, рахьдал мацI!
3 класс
Дарсил мурадал:
- 1. МацIалдехун рокьи бижизаби;
- 3. МацI цIуни, гьеб нилъерго гъасда бици ва лъималазда малъи щивав чиясул тIадаб налъи букIин бичIчIизабизе.
Г1агараб мац1
Кинида эбелалъ дида малъараб
Лъим гIадин гIедераб, дица бицунеб
Берцинлъигун цадахъ цодагьаб хъачIаб,
ЧIухIун кIалъала дун магIарул мацIалъ.
Ургъелги, пикруги, рекIел анищги
Щурщудула дида магIарул мацIалъ
Рохелги хиялги, цадахъ пашманлъи
Баянлъула дие магIарул мацIалъ .
Шамилица бодуй буюрухъ кьураб,
МахIмудица рокьул асарал хъвараб,
ХIамзатил насихIат, Расулил угьи
ЦIалила авар мацI гIадамаздаян.
Рокьулез цоцазе урхъун бицунеб
Берталъ гIолохъабаз рохун ахIулеб,
ХIайранал шагIираз берцин сокIкIунеб,
Сунареб нур буго дир магIарул мацI.
Авар мацI
Ассаламу гIалайкум,
Аваразул миллат-мацI,
Адаб кьочIое лъураб,
Ахир рокьуе гьечIеб.
Армяназул пашманлъи,
Арарат мегIер буго,
Аваразул пашманлъи-
Авар мацI лъачIел лъимал.
-
Разминка
Ц1иял раг1аби лъугьинаре
квербацIцI
Ражипер
гъалбацI
беркIал
ХIухьбахъиялъул лахIзат
Цо абидал эхеде
Рорхе кверал киназго
Ай лазат!
Вай лазат!
Гьай лазат!
Свак чучизе, черх битIизе,
Чундул гIадин сах рукIине!
Ай лазат!
Вай лазат!
Гьай лазат!
Свак чучила, черх битIила,
Чундул гIадин сах рукIина.
Ай лазат!
Вай лазат!
Гьай лазат!
Шарадаби
Бекерула кагътида;
Босун гьениб ≪ГI≫ лъунани,
Лъугьуна дир махлукъат.
Къалам – гIалам
≪ ЦI≫ цебе лъун, цIаланани,
ЦIакъ звангъолеб алатги дун;
≪ ЦI≫-ги хисун, ≪Хъ≫ босани,
Балагь буго дун боцIуе.
ЦIумур – хъумур
Абундачал Бицанк1аби
Гъамас босе, Сакинат
Саргас босе, Салих1ат
* * *
Бет1ер буго, т1агъур гьеч1о
Т1агъур буго, бет1ер гьеч1о
«Культуриял» г1адамаз,
Мег1ерги бигьа гьабун,
Босун кисиниб лъолеб
Лъалищ хамил цо кесек.
квербац1ц1
***
Бищун лъимал хирияй
Херай гIадан щий колей?
кI о д о э б е л
Рокъобе хIалтIи
Класс, школа, кечI, цIалдохъан, мугIалим, авар мацI. Гьал рагIабиги гьоркьоре ккезарун цо 3-4 предложение гIуцIе.
Малъе лъималазда гьезул рахьдал мацI,
Бице гьеб мацIалда гьезие маргьа
АхIе гьезий кучIдул, мугIрузул бицун
ГIагараб Дагъистан гьезий бокьизе.
Гьедин гьабичIони, гьечIо Дагъистан,
ГьечIо гьелъул къуват, гьелъул къиматлъи
Гьедин гурищ къоло щуябго соналъ
Щулаго цIунараб Шамилица гьеб.
Гьедин гурищ нилъер Расулица гьеб
ТIолго дунялалда рагIизабураб
ЦIуне Дагъистанин, бокьа гьебилан,
БацIцIадаб магIарул мацIалъ ахIараб.