СДЕЛАЙТЕ СВОИ УРОКИ ЕЩЁ ЭФФЕКТИВНЕЕ, А ЖИЗНЬ СВОБОДНЕЕ

Благодаря готовым учебным материалам для работы в классе и дистанционно

Скидки до 50 % на комплекты
только до

Готовые ключевые этапы урока всегда будут у вас под рукой

Организационный момент

Проверка знаний

Объяснение материала

Закрепление изученного

Итоги урока

Сочинение на тему:"Маг!арул мац!"

Нажмите, чтобы узнать подробности

Сочинение на тему:"Сохраним родной язык". Рахьал мац!.

Просмотр содержимого документа
«Сочинение на тему:"Маг!арул мац!"»

Сочинение на тему: «Маг!арул мац!» .

Х1адур гьабуна :



Маг1арул ясаца маг1арул васаз

Маг1арул гуреб мац1 бицуна гъасда.

Эбелалъул рахьгун чорхолъ босараб ,

Басра гьабич1ого ц1уне, рахьдал мац1!!!

Дунялалда т1ад бищун берцинаб маг1арул мац1 бугодир рахьдал мац1.Щибаб соналда , 21 февралалда т1олабго халкъалъ к1одо гьабула байрам – «Рахьдал мац1алъул къо». Рач1а, ц1алдохъаби, нилъерго рахьдал мац1 ц1унизе! Мац1 гьеч1они, гьеч1о миллат ! Г1адада гурелъул Расул Х1амзатовас хъвараб: «Метер маг1арул мац1 хвезе батани,хваги дун жакъаго жаниб рак1 кьвагьун».

Нилъ руго маг1арулал. Цойгидал халкъаз нилъеда абула аварал абун. Дие ц1акъ бокьула нилъерго халкъалъул г1агараб мац1…Унгоунго маг1арул мац1ги , ц1арги , ц1ваги ц1унарал г1емер руго. Гьезда гьоркьоса ккола нилъерго хъвадарухъаби, шаг1ирзабиРасул Х1амзатов, Фазу Г1алиева, Ц1адаса Х1амзат ва гь.ц.



Маг1арулазда лъазе ккола жалго

маг1арулаллъун рук1ине кколеллъи кидаго, кире аниги. Маг1аруллъиялъул маг1на лъазе ккола нилъеда. Унгоунгояв маг1аруласул бук1ине ккола миллаталде, мац1алде рокьи ва ч1ух1и. Гьаб заманаялда дагьдагьккун г1арцухъ бичулеб бугин ккола мац1 , ях1-намус, г1адатг1амалУчузго бичулеб буго. Г1акълуги х1алт1изабич1ого г1арац аск1обег1ан ц1алеб буго. Г1арцуе г1оло эбелинсул ц1арцин к1очене х1адурун руго. Нилъерго мац1 ц1унич1ого, г1емерисез абулебги буго – «абг1аги щибизе къвариг1араб жо, г1урусалъ бицани бич1ч1уларогойищ бугеб» -илан. Нилъерго миллаталдаса, мац1алдаса ч1ух1изе ккела. Эбелалъе лъимерги лъимадуе эбелги хириял ругин абураб г1адаб жо ккола г1адамазе жидерго мац1 хирияб бугин абулеб жо. Нилъеца т1абиг1ат ц1унулеб г1адин, ц1унизе ккола мац1 .







Дие кинидахъ кеч1 ах1ана муг1руз ,

Маг1арул мац1алда, маг1арул росулъ .

Босана дица гьеб дидаго цадахъ ,

Дунялалъул нухал рахунеб мехалъ.

Маг1арул мац1алда рахьдал мац1илан ц1ар лъун бугелъул - бегьилищха нилъ гьеб лъаларилан ч1езе? Ч1ух1ун к1алъазе ккела г1агараб , кинидахъ эбелалъ малъараб, лъим г1адин г1едераб мац1алъ.

Гьедин гурищ нилъер Расулица гьеб,

Т1олго дунялалда раг1изабураб

Ц1уне Дагъистанин , бокьа гьебилан,

Бац1ц1адаб маг1арул мац1алъ ах1араб.



Мац1 ккола рух1анияб бечелъи. Бищун х1ажатаб жо буго гьадинаб заманалда рух1ияб бечелъи ц1уни. Дагъистаналда кидаго бук1араб нилъерго мац1алде, адабияталде ва культураялде, хасго Ват1аналде рокьи. Гьеб киналъго инсанасе я г1арац, я боц1и кьоларо , амма г1аданлъун хут1изавула, има , ях1 бечелъизабула .

Маг1арул мац1 бац1ц1адго бицунел чаг1и къо бахъанаг1ан дагьлъулел руго. Г1урусги маг1арулги жубараб, цо г1ажаибаб мац1 буго г1емерисез бицунеб.

Нилъее авар мац1 х1ажат буго маг1арул миллат ц1унизе.

Мац1 к1очене тани, Шамил к1очена,

Ах1улгох1 билила, Мах1муд лъаларо,

Г1алих1ажи,Ч1анк1а , кици-биценал,

Халкъиял асарал рилун лъуг1ила.

Миллатги лъаларел, мац1ги лъаларел

Лъималазул хьвади щибдай бук1ина ? Бокьухъин хьвадиги тохаб г1амалги

Чияр гьаз босани, суруларищ нилъ ?



Маг1арулал!!! Бичун босулелда хадур рекерахъдилаго, х1анчи ц1акъго т1аг1ине тела нилъеца бичун босун бажарулареб. Гьебги буго нилъерго умумул ч1ух1улел бук1араб авар мац!!



Нилъерго миллаталдаса ва мац1алдаса ч1ух1изе г1илла буго, киназдасаго г1емер!

Рокьулез цоцазе урхъун бицунеб

Берталъ г1олохъабаз рохун ах1улеб,

Х1айранал шаг1ираз берцин сок1к1унеб,

Сунареб нур буго дир маг1арул мац1.







Г1агараб рахьдал мац1 ,дир маг1арул мац1,

Дир рек1елъ бессераб, бидулъ бетараб,

Дицаги кьела мун дида лъалезе,

«Дир гьудулзаби, – ма , босейилан».

Гьаб мац1 кьуна дие маг1арулаца,

Маг1арул намусгун, бечедаб ирслъун.

Бац1ц1адго ц1уне гьеб,бечед гьабе гьеб,

Гьеб мац1алъ ц1алейин х1асратал куч1дул.

Мац1 к1очараб миллат молода лъола ,

Молодул г1оркь кквезе чи хут1уларо,

Хут1араб кинабго гьадингояб жо,

Гьардарав Бет1ергьан , ц1уне рахьдал мац1!

Т1оцебе рахьдал мац1 нижей бицарал,

Нижер улбул ц1уне , хирияв «Аллагь».

Нилъей г1оло г1умру майилан кьолей,

Лъимал, к1очон тоге нужеда Эбел!!!






Скачать

Рекомендуем курсы ПК и ППК для учителей

Вебинар для учителей

Свидетельство об участии БЕСПЛАТНО!