Просмотр содержимого документа
«Глаголалъул заманаби (5 класс)»
Глаголалъул заманаби 5 класс
Х1адур гьабуна гьабуна авар
мац1алъул муг1алим
Мух1амадова Ж.Х1.
Малъараб материал такрар гьаби
- Глаголалъ щиб бихьизабулеб?
- Кинал суалазе жаваблъун бач1унеб?
- Глаголияб ц1аралъ щиб бихьизабулеб?
- Чан заманияб форма бугеб глаголалъул?
- Маг1наялъул рахъалъ рекъон кколел глаголалги лъун хъвай.
- Цидуца хасалоялде г1ураб жо …
- Хасало гьеб рах1атаб бусада …
- Сих1ираб цараца хасалоялде хъвехъари …
- Рукъги гьанал ц1езабун, бусада …
- Бакъараб г1анк1ица гъут1бузул
г1аркьалаби …
Кумекалъе раг1аби: кванала, бегула,
кьижула, гьабула, кванала.
Суалазе жавабал кье
- Дуе Ват1ан бокьулищ? - …
- Ват1аналъе г1оло рух1 кьезе х1адурал ругищ? - …
- Эбел-инсул адаб гьабулищ?-…
- Дуе г1агараб мац1 бокьулищ? - …
Ц1ияб тема
Глаголал рук1уна
Г1адатал – цо раг1удаса г1уц1арал. Масала: гьабуна, ц1алана
Журарал – жинца цох1о маг1наги кьолеб, к1иго раг1ул лъугьараб. Масала: к1икъот1изе, къобух1изе
Составиял – к1иго, лъабго глаголалдаса г1уц1араб.
Масала: х1алт1улев вук1ун вуго
Х1алт1и
- Скобкабиги нахъе рехун хъвай.
- Къо (бух1изе), кьват1(кьват1изе), кьоло (гъолозе), нахъ (ч1вазе), ц1вак (ц1вакизе), рак1 (къазе), бер (ч1вазе).
Глаголалъул заманаби
- Глаголалъул ункъо заманияб форма буго.
- Араб заман - ана
- Гьанже заман – унев вуго
- Бач1унеб заман – ине вуго
- Г1ахьалаб заман - уна
Малъараб материал щула гьаби
- Глаголал рате ва заман бице. Гьел ункъабго заманияб формаялда лъе.
Мадугьал
Т1аде-гъоркье щварасе щурун ц1ураб пихъ кьола .
Щиб х1ажат ккун аниги гьеб т1убан т1овит1ула.
Ракъаразе чед кьола, къечаразе лъим кьола.
Лъиего квербакъула къед цурав мадугьалас.
Масала: кьола – кьуна, кьела, кьолеб буго.
Дарсил х1асилал гьари
- Щиб лъараб нужеда жакъасеб дарсида?
- Чан заманияб форма бугеб глаголалъул?
- Жубараб глагол кинаб кколеб?
- Составияб глаголалъе мисал баче?
Рокъобе х1алт1и