Просмотр содержимого документа
«Дидактический материал на уроках аварского языка»
Дидактикияб материал
5-6 класс
ХIадур гьабуна: авар мацIалъул ва
адабияталъул мугIалим
МухIамадова Алписат
Бартихановналъ.
АВАР МАЦI
Кир рахчун ругел суффиксал, рихьизаре.
- Ахихъан, хурухъан, чанахъан .
- Гьокочи, хъамалчи, бахIарчи.
- Гьудуллъи, вацлъи, кочIохъанлъи.
Цолъул формаялда кьун ругел предметиял цIаралги гIемерлъул формаялда лъун предложениял хъвай.
- Вехь магIарде унев вуго.
- Эбел базаралдаса ячIуней йиго.
- Эмен харинив вецарулев вуго.
- ГIака рокъобе бачIунеб буго.
- ЧIиркъатIисев гугарун бергьана.
- Мадугьал бакъалде яхъун йиго.
Предметиял цIарал рате ва падеж баян гьабе.
Воре, дуца гьалмагъасе
Щибниги зарар гьабуге,
Зулмуялъ дур гIумруялъул
ГIорхъаби рукIкIинарулеб.
Воре, дуца цого кIалдиб
КIигIаркьелаб мацI хьихьуге,
МацIалда ракьа гьечIилан,
Бокьанщинабги бицунге.
Буратиное кумек гьабе. Кицаби лъугIизаре.
- ВатIан гьечIев чи…
- Росдал газа…
- БетIер хIалтIичIони…
- Бицине вортуге…
- Рекъон кванай…
- АнкьцIул борце…
- Гьудул нусгоги дагьав…
- Гьари – рекъараб …
- МегIер мегIералде кколареб…
- СвакачIого чIани…
Чан гъалатI гьаниб бугеб?
Риида цIер чIвалеб цIорол мугIрузда
ГIазухъ танин бице, тулакоб жайран;
Жанир чан щолареб чабхил кIалабахъ
Чабхъад анин абе, лъар меседил бис.
?
гъалатI
ЦIарубакIазе жидерго бакIалде ине кумек гьабе
Дур, жиндиего, жиндагоги, жинцаго, дуе, нилъер.
… гьалмагъ щиван бице, мунго щивали бицина.
Живго … гIурав чияе басралъула.
… чехь унтун букIин чияда лъалареб
… гIадин гIумру гIадамазеги хирияб.
.. веццарав чияца какула.
… лъаларев, лъалесдаги гьикъуларев – гIабдалила.
Байбихьул формаялда кьурал рагIабиги дандран, предложениял гIуцIе.
Гъов кидаго лъазе дун вукIине бакI.
Дун щибаб къо гIанкIуял кваназари.
Ниж росу гIор цIияб кьо базе.
Гьел бачIине ниж цIакъаб сайигъат.
Хабар лъугIизабе.
- Нижер буго гIажаибго берцинаб кету.
- Гьеб…
Цо рагIудалъун абе.
Словарияб гIуцIи-
Гьаркьазул бицунеб гIелму-
100 сон-
Каламалъул бутIабазул бицунеб гIелму-
Гьал рагIабазул кьибил бате:
- Кьурдухъан, кьурди, кьурдиялъ.
- Кьили, кьолоца, кьалал.
- Хважаин, хважаинлъи, хважаинас.
- ГьищтIизе, гьищтIун, гьещтIеро.