СДЕЛАЙТЕ СВОИ УРОКИ ЕЩЁ ЭФФЕКТИВНЕЕ, А ЖИЗНЬ СВОБОДНЕЕ

Благодаря готовым учебным материалам для работы в классе и дистанционно

Скидки до 50 % на комплекты
только до

Готовые ключевые этапы урока всегда будут у вас под рукой

Организационный момент

Проверка знаний

Объяснение материала

Закрепление изученного

Итоги урока

«Духовно-нравственное воспитание школьников на уроках дагестанской литературы.»

Нажмите, чтобы узнать подробности

доклад на тему: "Совершенствование  всех видов  речевой деятельности учащихся в их взаимосвязи :чтения ,письма,говореня.

Просмотр содержимого документа
««Духовно-нравственное воспитание школьников на уроках дагестанской литературы.»»

Абдужалилова Шамай Сайпутдиновна

«Духовно-нравственное воспитание школьников на уроках дагестанской литературы.»

Литература- гьеб ккола жиб гьеч1они инсанияталъул гъасда ц1адул кунч1и мукъсанлъулеб г1адаб рух1ияб бечелъи. Дунялалдаго ц1ар раг1аравшаг1ир Расул Х1амзатовас абухъего, гьелъ г1умруги г1умруялъ гьебги цоцаца г1уц1ула.

Литературияб асаралъе берцинлъи, бечелъи кьолеб жо буго рахьдал мац1.

Рахьдал мац1алъе ва г1агараб культураялъе къимат кьолаго дунялалъулго ц1ар раг1арал г1адамаз рек1ел к1удияб бух1иялдалъун бихьизабуна гьел ц1унизе ккеялъул. Гьанже заманаялъул ц1ар раг1арав к1удияв хъвадарухъан Чингиз Айтматовас абуна: «Щибаб халкъалъул мурад буго дунялалда берцинго г1умру гьаби гуребги, ракьалда жиб даимго хут1иги. Гьеб бараб буго халкъалъ жиндирго г1агараб мац1 ц1униялда».

Рахьдал мац1 ц1униялъул ва гьеб бечед гьабиялъул ургъалилъ восула жиндиргохалкъалъул рух1ияб бечелъиялъул, адабияталъул, наслабаз наслабахъе кьолаго ц1унулел умумузул пайдаял г1адатазул, тарихалъул унго-унгояб къаг1идаялъ ургъел гьабулев чи. Гьединал чаг1азул цоявлъун ккола адабияталъул муг1алимги.

Адабияталъул дарс буго жакъа къоялда нилъер лъималазе бит1араб тарбия кьезе кумекалъечара гьеч1ого къвариг1унебдарс. Гьенир руго хъвадарухъабазул гурелги, халкъиялги биценал,харбал, бицанк1аби ва абиял. Цебе босилин халкъияб кеч1«Кьурулъ хут1арав Г1али». Гьеб кеч1 щуабилеб классалдаго ц1алула лъималазе. Кинаб ц1ияб класс дихъе бач1аниги, гьеб кеч1алъ асар гьабич1ел хут1ич1о. Кеч1 ц1алун бахъарабго цин жидеда раг1аралъ сири базабурал г1адин хут1ун рук1уна гьит1инал т1анч1и, хадур байбихьула суалаздалъун т1адеги ц1ехолдизе. Гьеб кеч1алъ гьезулъ бижизабулеб буго вацазде рокьи бук1ине кколин абураб пикру. Бечелъиялъухъ ях1-намус г1одобе гьабизе бегьуларин тарбия кьолеб буго. Киг1ан бугониги маг1ишат г1оларел вацал ахиралда хут1араб куцалъул бицунеб буго. Гьениб гьоркьобго ч1ег1ераб нухъа к1алъалеб буго Г1алида. Ч1ег1ераб нухъа- гьебгицин рак1 лъик1аб бугоан вацазда данде ккун.

«Хочбар» ц1алун хадуб лъималазда цеве ч1ола аслияв багьадур Хочбар. Гьесул ишазухъ, хьвада-ч1вадиялъухъ, г1амал-хасияталъухъ балагьун, гьесие кьола гьадинаб сипат-сурат: эбел-инсул, г1агарлъи божаразул, росу-жамаг1аталъул х1урмат, адаб гьабулев, х1ажат ккаралъуб гьездаса жиндиего г1акълу т1алаб гьабулев чи. Маг1арул намусги, ях1ги, г1адаталги ц1унарав багьадур. Х1инкъи-къай лъаларев, жинцаго божуда рек1к1 гьабуларев, живго г1адал ругин цогидал г1адамалгиян кколев халкъалъул цевехъан. Ханас жив ч1вазе вук1ин лъаниги, гьесул суалазе хъач1аб яги х1инкъараб калам гьабич1ого, киналго сверухъ ругезул рак1 жиндехунго ц1алев, ккаралъуб кьварараб жаваб кьолев чилъун цеве ч1ола лъималазда Хочбар. Балагьеха цо халкъияб кеч1алъ гьабулеб бугебщинаб тарбия кьей лъималазе школалда.

Гьединго, г1ун бач1унеб г1елалъе лъик1аб тарбия жиб ц1алиялдалъун щолеб буго Мух1амад Шамхаловасул «Вац»- абураб хабар. Алипатги Мух1амадги руго гьанже заманалъул г1адамал. Гьез мисал бихьизабулеб буго киналго жидер кьерилаздаги хадуб бач1унеб г1елалдаги. Вацг1алас яцг1ал ячин жеги г1адамазда гьоркьоб ч1аго бук1ин ва гьелда данде рагъ базе нилъ къеркьезе кколел рук1ин бихьизабула гьеб хабаралъ. Гьединал г1адатал ц1унарай эбелалъул бук1араб кьог1аб къисмат цебеч1езабула авторас лъималазда. Мух1амад Шамхаловасул асаразулъ ратула ц1ияб г1умру г1уц1улел зах1маталъул бах1арзалги, г1адамазе лъик1лъи гьабизе х1адурал, г1аданлъи ц1ик1к1арал лебелал г1адамалги, х1инкъи-къай лъаларел, г1умруялъул рит1ухълъиялъе г1оло къеркьолел ва ц1ияб г1умру г1уц1улел г1олилалги. Гьединал героязда релълъине х1аракат бахъула ц1алдохъабазги.

Школа лъуг1ун киг1ан санал аниги, рек1елъ рук1уна адабияталъул дарсида ц1аларал асарал ва гьел героязул сипат-сурат. Г1умруялда чанги дандеги ч1вала гьединал лъугьа-бахъинал.

Дъагъистаналда бат1и-бат1иял милатал руго. Адабияталъул т1ахьаздаги кьун руго маг1арул мац1алде руссинарун табасараназул, лезгиязул, даргиязул ва лъараг1азул литературиял асарал. Гьединазул цояв ккола Къалухъа Мирза. Гьесул «Ханасе жаваб», «Халкъалде ах1и бай», «Айгъиралде»асарал руго анц1абилеб классалда. Къалухъа Мирза вук1ун вуго 1735 соналъ Надир-шагьасда данде рахъарал табасараназул рагъухъабазул цевехъанлъун. 1742 соналъги табасараназул къокъаялъул бет1ерлъуда гьев вач1ун вуго Г1андаллъиялде къажаралгун вагъизе. Гьениб дагъистанияз Надир-шагь щущахъ виххизавун вуго. Хвалил ругъунги щун рокъовеялъул нухда хун вуго Мирза.

Поэтас жиндирго асаразулъ халкъ ах1улеб буго тушманасдаса Ват1ан ц1унизе, намус-ях1 к1удиял бах1арзаллъун рук1ине. Гьединго Мирзаца къват1ир ч1вазарулел руго хъант1арал, рах1му гьеч1ел ханзаби ва бегзаби, узденал росабазул ракьал кквезе гьез гьарулел къасдал. Гьединал бах1арзал рахъарал ва ругел нилъер Дагъистаналда г1ун бач1унеб г1елги бук1ине ккола бах1арчияб. Гьелъие тарбия кьолеб бак1ги, т1оцебесеб рукъ батани, к1иабилеб буго школа ва адабияталъул гьеб школаялда бугеб дарс.

Гьединго адабияталъул дарсазда тарбия кьеялъе к1удияб к1вар гьабула кицабаз ва абиязги. Гьит1инаб заманалдасанго лъимал ругьун гьарула сундулъго жидерго пикру бук1ине ккеялде.Жиб-жиб дарсида цог1аги ц1ияб кици т1аде малъизе х1аракат бахъула муг1алимас. Гьале гьезул цо-цоял:

Г1акъил вич1ч1изе г1асраби х1ажалъула, г1абдал лъазе лъабго къоги г1емерлъула. Мух1амад Ах1мадов.

Дуего бокьулареб жо чидаеги гьабуге. (гьит1инаб къоялдаса нахъе бицине кколеб кици буго гьаб лъималазе).

Цебесеб цебе гьабе, хадусеб хадуб гьабе. (тартибалда гьабуни, мух1канлъиялда мекъи кколарилан абулеб жо ккола гьаб).

Ват1ан! Ват1ан! – ан ах1ун буго х1анч1ица.

Биценалда рекъон, гьаб кициялда х1инч1алъул х1акъалъулъ бицунеб буго. Гьеб х1инч1 меседил клеткаялъубе т1амуниги, гьелъ Ват1анилан ах1улеб бук1ун буго. Гьаб кициялда лъималазе мисалалъе бачунеб буго х1инч1. «Кинаб бугониги, живго вижараб ракь, г1умру т1амулеб бук1араб бак1, эбел –инсуда бухьараб бук1уна. Ва киг1ан мискинаб язихъаб яшав гьениб бугониги, гьелдаса лъик1абги кибго батуларо,»-ян абулеб маг1на буго кициялъул.

Ват1аналде рокьи бижизабиялъе малъулел лъик1ал халкъиял асар руго «Ганч1ил вас», «Халкъалъул ццин» г1адал харбал. Гьеб ц1алиялдалъун, лъималазулъ куцалеб буго Ват1аналде рокьи, бах1арчилъи ва какулеб руго х1алихьатаб-инжитаб г1амал, хирияб Ват1аналъе хилиплъи. «Халкъалъул ццин»-алда бихьизабулеб буго Ват1аналъе хилиплъарасе хвасарлъи бук1унеблъи.

Кинаб классалъул адабияталъул т1ехь рагьаниги, гьенир ц1алдохъабазе тарбия кьеялъул харбал, к1уч1дул г1емерал руго. Фазу Г1алиевалъул, Расул Х1амзатовасул, Ц1адаса Х1амазтил ва гь.ц.

К1удияб к1вар кьола лъималазе тарбия кьеялъе адабияталъул дарсазда калам цебет1езабиялъе ц1ализе росулел «Гьудуллъи», «Лачен» журналазги. Гьезда рахъарал хъвадарухъабазул асараз кумек гьабула раг1а-ракьанде щун адабияталъул дарсал рачиналъе. Школалда ц1алдохъабазе ва муг1алимзабазе рух1ияб хазинабилъун руго нилъер кидагосел авторал-машгьурал шаг1ирзаби ва хъвадарухъаби Ф.Г1алиева, М. Г1абасил, М. Хириясулаевасул, Р.Х1амзатовасул, ва гь.ц. асарал.

Гьел журналазда рахъулел г1олохъанал хъвадарухъабазул ва ц1алдохъабазул асаралги рук1уна г1олохъанаб г1елалъе тарбия кьеялъе х1алт1изарулел г1адал.

Литературиял журналаз к1вар кьолеб буго нилъер цебесеб адабияталъул асарал к1очене теч1ого, гьел ц1алдолезухъе щвезариялдеги, г1умруялдаса арал ва ч1агоял хъвадарухъабазул юбилеял, литератураялда хурхарал байрамал, лъугьа-бахъинал к1одо гьариялдеги.

Ч1ахъаги авар мац1 ва адабият! Гьелдаго цадахъ дагъистаналъул литератураялъул асарал ккола лъималазулъ эстетикияб рахъ цебет1езабиялъе, искусствоялде рокьи бижизабиялъе сабаблъунги.

Гьединал руго адабияталъул дарсазда ц1алулел асарал киналго. Гьел берцин ц1алун, ч1амун, бич1ч1изабун, к1алдиб лъезе кьолеб бугони, г1ун бач1унеб г1елалъухъе щаклъи гьеч1о гьезие адабияталъул дарсал г1ададе ккеларин.











Литература:

Гамзатов А.Г., Хайбулаев С.М. Дагъистаналъул адабият: Учебник-хрестоматия.10кл.//Къалухъа Мирза.-Махачкала: ООО «Издательство НИИ педагогики», 2008.-С253.

Даганов Г1. Гьудуллъи.//Къалам жеги бег1ер гьабизин.- Махачкала 2007/01/30/-C3-5.

Патах1ов М.Гьудулъи.//Кицаби. Мух1амад Ах1мадов-Махачкала 2015/09-10 C102.

Х1ажиев Г.,Г1., Г1абдулат1ипов Г1.Г! Авар адабияталъул учебник: ц1алул т1ехь 8 класс. Мах1ачкала: НИИ педагогикаялъул издательство, 2003.с126-127.

Г1алиханов З., Авар кицаби ва абиял//Патриотизм. Дагестанское книжное издательство Махачкала 1973. С7-9











Мух1амадова Пат1имат А. Хунзахский район МКОУ «Ободинская СОШ»

.






Скачать

Рекомендуем курсы ПК и ППК для учителей

Вебинар для учителей

Свидетельство об участии БЕСПЛАТНО!