СДЕЛАЙТЕ СВОИ УРОКИ ЕЩЁ ЭФФЕКТИВНЕЕ, А ЖИЗНЬ СВОБОДНЕЕ

Благодаря готовым учебным материалам для работы в классе и дистанционно

Скидки до 50 % на комплекты
только до

Готовые ключевые этапы урока всегда будут у вас под рукой

Организационный момент

Проверка знаний

Объяснение материала

Закрепление изученного

Итоги урока

Мастер-класс Авар адабияталда бах1арчилъиялъул дарсал. «Ганч1ил вас».

Нажмите, чтобы узнать подробности

Просмотр содержимого документа
«Мастер-класс Авар адабияталда бах1арчилъиялъул дарсал. «Ганч1ил вас».»

МКОУ «Краснооктябрьская СОШ имени Р.Гамзатова»

Кизлярский район

Авар мац1алъул муг1алим Асильдарова Шагьрузат Ахмедовна

2020 сон.

Мастер-класс

Тема: Авар адабияталда бах1арчилъиялъул дарсал.

«Ганч1ил вас».

Мурад: пасих1аб каламалде лъимал ругьун гьари;

биценалъе баян кьей;

«Ганч1ил васасул» бах1арчилъиялъул мурад - Ват1ан ц1уни, гьелде бугеб рокьи загьир гьаби - халкъияб биценалъул аслияб пикру бук1ин баян гьаби;

калам цебет1езаби – синонимазул жутал г1уц1и.

Алатал: «Ганч1ил вас» - биценалъул текст, кицаби,

Дагъистаналъул карта, Шамил имамасул сурат,

Дагъистаналъул бах1арзазул суртал, слайдал: вараниялъул, рахълъеналъул сурат.

Дарсил ин:

Доскаялда: «Ват1аналъул т1алаб т1обит1улаго,

Т1ерхьарал ц1вабзазул ц1ар к1оченаро».

«Ват1ан хириясе хвел бук1унаро».

«Бах1арчиясул ц1ар ц1вабзазде г1унт1улеб».

«Тушманасда цебе наку ч1вазег1ан,

Жиндирго къаданиб зани ч1вазе лъик1аб».



Ц1иял раг1аби:

Варани – салул авлахъазда г1умру гьабулеб х1айван,

Караван – чамалиго варанигул сапаралъ унел г1адамал,

Рахълъен – г1иялъажоялъул т1омол гьабураб таргьа,

Тепи – ц1ам т1аде тегьараб ракь,

Буюрухъ – гурх1ел гьеч1еб ах1и,

Иргъахъ – вехьасул т1ил,

Эльбрус – Кавказалъул бищун рорхатал муг1рузул цояб.

Пасих1аб калам:

Гьит1инабго церерахъин:

Доскаялда цебе тах, тахида г1одов ч1арав рекъав Тимур, гьесда цере лъурал кванил ниг1матал, аск1ор гужгатал рет1арал бодул церехъаби, гьесда цеве буртина рет1арав гьит1инав вехь, кодоб иргъахъ ккурав.

Ц1алдохъабазул к1алъай:

Дагъистаналда буго к1удияб салул байдан. Гьеб байданалъул бакьулъ буго цо гамач1. Гьеб релълъуна, буртинаги рет1ун, т1агъурги лъун, ч1арав чиясда. Гьеб ганч1ил х1акъалъулъ халкъалда гьоркьоб буго гьадинаб бицен.

Чияр ракьал рахъулев, залимав рекъав Тимурил рик1к1ен гьеч1ел боял Дагъистаналде жанире к1анц1ун руго. Гьел унел рук1анила Каспий ралъдал раг1алдасан, салул авлахъаздасан, тепи ч1вараб байданалдасан.

Жиндирго аскарал сапаралда свакан рук1ин рихьараб мехалда, Тимурица гьеб байданалда чадиралги ч1ван, х1ухьбахъизе ч1аян буюранила. Киналго рахъазде лъеда хадур ч1ах1иял рахълъабигун варанабазул к1уди-к1удиял караванал рит1ун анила.

Киналго ц1акъ къечон рук1анила, гьединлъидал лъеда хадур арал чаг1и нахъ руссун рач1иналъухъ ралагьун, чанго азарго чи вугеб Тимурил боялъул цониги чи кьижун вук1инч1ила. Гьеб бак1алда сверухъ цониги ицц, цониги х1ор бук1инч1ила. Боялда жаниб зигарди бакканила. Тимурил кутакалда ццин бахъанила.

Тимур:

- Караваназул бут1рул дихъе ах1е!

Чанго минут анила, гьесул дарайдул чадиралда цере, г1одоре бут1рулги къулун, эхетун ч1анила караваназул киналго бут1рул.

Тимурица щивасда гьикъанила:

- Мун кив вук1арав?

-Кинаб нухалъ арав?

-Нухда щив ватарав?

Щивас гьесие цох1ого жаваб кьунила:

- Дагъистаналъул нухал зах1матал ва х1инкъи бугел руго, гьаб улкаялъул кинабго халкъ муг1рузде ун буго.

Гьебмехалда караваназул цо бет1ер, Г1убайдула абун ц1ар бугев, херав, ворхатав чи цеве вахъанила:

- Ва дир к1удияв х1аким, гьадаб цо маг1арда дида вихьана анц1го чахъугун цо гьит1инав вехь. Бищун г1агарда бугеб ицц лъазе дица гьев кквеян буюрана, щай гурелъул гьес жиндирго чахъаби кирниги гьекъезаризе кколелъул!

-Дуда лъарабищха?

-Лъач1о…

-Щай?

-Вехьасе бокьич1о ицц бихьизабизе. Гьес абуна, ракь г1адин, лъимги гьелъул бет1ергьабазе хирияб бугилан. Жидее ракь тушманасе кьезе бокьун гьеч1илан, жидеца лъимги кьоларин.

-Дуца гьесда щибха гьабураб?

-Дие гьев ч1вазе бокьун бук1ана, нахъеги цадахъ вачине х1укму гьабуна. Гьев вуго гьагъава, чодронив.

-Вехь дихъе ваче!

Керчаб буртинаги рет1арав, к1ург1араб к1удияб т1агъурги лъурав, кодоб иргъахъги ккурав гьит1инав вехь гьесда аск1ове вачун вач1анила.

-Лъида цеве эхетун вугевали лъалищ дуда?

-Лъала. Киналго ракьал рахъулев ва халкъалда кверщел гьабулевТимурида цеве ч1ун вуго.

-Дуда лъалищ дир ц1об бук1унареблъи?

-Лъала…

-Гьедин батани, дуца бихьизабе лъим босулеб ицц, дир рагъухъабазе гьекъезе лъим къвариг1ун буго.

-Дур боялъе гьекъезе лъим босизег1анасеб гьеч1о гьеб ицц, гьит1инаб буго.

-Огь, дида бихьулеб буго гьеб ицц бихьизабизе дуе бокьун гьеч1еблъи! Дица бицинабила дуда гьеб!

-Гьеб бицеян гьанжелъизег1анги г1акъуба кьуна, - ян жавабги кьун, васас гъажалдаса буртина реханили.

Тимурида ва гьесда сверухъ ругезда вехьасул гужгат т1ут1ун бук1ин, гьесул к1игъуждул ва мугъ хъах1илал г1ужазул ц1ун бук1ин бихьанила.

-Дие бокьун бук1ана бицинабизе, амма гьев вехь гамач1 г1адав жо вуго.

-Гамач1 г1адавищ? Гьанжеги буюрулеб буго дица гьесул кверал кьуреян. Бицинч1они, ц1алаца вухун, т1ут1ун вай!

Васас г1одове виччан, буртина гъажалде реханила. Тимур ц1унулел рагъухъабазул цо чангояв гьесул буюрухъ т1убазабизе вортанила. Гьел вехьасда аск1оре щвезег1ан, киназулго беразда цеве гьев ганч1иде сверанила. Рагъухъаби, х1инкъун, нахъе къанила.

-Дур бит1араб буго. Х1акъикъаталдаги гьев гамач1 вук1ун вуго.

Т1ок1аб гьеб байданалдаги лъалхъич1ого, къеч1алъ тату хварал жиндирго аскаралгун Тимур Эльбрусалъул ракьалдехун валагьун анила.

«Ганч1ил вас» гьенив салул авлахъалда эхетун хут1анила. Гьев жакъаги гьенив эхетун вугила.



Тексталъул идейно-тематикияб анализ:

  1. Кинав тушманасул бицунеб бугеб гьаб биценалда?

Слайд: Рекъав Тимур – Тамерлан – монголазул хан.



  1. Кинаб мурад бук1араб гьесул? Киналго халкъал жиндиего мук1ур гьаризе.



  1. Щай гьесул боялъул рагъухъабазул тату хун бук1араб? Каспий ралъдал раг1алда гьекъезе лъим щвеч1ого.



  1. Кинаб буюрухъ кьураб рекъав Тимурица? Лъеда хадур бодул церехъаби рит1изе.



  1. Щай гьесул боялъул церехъабазда лъим батич1еб?

Гьит1инав вехьас ицц бугеб бак1 бихьизабич1ого.



  1. Гьит1инав вехьас кинаб жаваб кьураб гучав тушманасе? -Дур боялъе гьекъезе лъим босизег1анасеб гьеч1о гьеб ицц, гьит1инаб буго.



  1. «Ганч1ил вас» ин щай халкъалъ гьаб биценалъе ц1ар кьураб? Гьит1инав вехь гамач1 г1адав къвак1арав вук1ун.





  1. Васасул сипат рагьулел определенил – эпитетал рате:

- Керчаб буртинаги рет1арав, к1ург1араб к1удияб т1агъурги лъурав, кодоб иргъахъги ккурав гьит1инав вехь гьесда аск1ове вачун вач1анила.

9. Нужеца гьесие кинаб къимат кьелеб? (гьезие жутал синонимал ургъе)

- Бах1арчияв – х1инкъуларев,

- ц1одорав – г1акъилав,

- сабурав- г1одове виччарав.

10. Ганч1ил васас кинаб х1укму гьабизе тушман т1амурав? Гьев Дагъистаналда нахъе ана.

11. Халкъияб биценалъ щиб нилъеда малъулеб бугеб? Ват1аналъе г1оло хвезеги х1адурав вук1ине ккола.



Х1асил:

Ват1аналъул т1алаб т1обит1улаго, т1ерхьарал ц1вабзазул ц1ар к1оченаро

Дагъистаналда кидаго рук1ана бах1арзал. Гьезул ц1арал к1очонаро нилъеда.

Слайдал: Гъазимух1амадил, Х1амзат имамасул, Шамил имамасул, Ч1ик1аса Юнусил, Хунзахъа Ахъбердил Мух1амадил, Хириясул Г1алибегил суртал.

Ват1аналъе г1оло хвезе х1адурал бах1арзаз ц1унана Дагъистан ц1ияб г1елалъе г1оло, нилъее г1умру кьурай эбелалъе г1оло.

Ахиралда киназго «Маг1арулазул гимн» ах1ула.

Ц1алдохъабазе баркалаги кьела, къиматалги лъела.

Рокъобе х1алт1и: текст ц1ализе, сурат бахъизе, раг1аби лъазаризе.


Скачать

Рекомендуем курсы ПК и ППК для учителей

Вебинар для учителей

Свидетельство об участии БЕСПЛАТНО!