СДЕЛАЙТЕ СВОИ УРОКИ ЕЩЁ ЭФФЕКТИВНЕЕ, А ЖИЗНЬ СВОБОДНЕЕ

Благодаря готовым учебным материалам для работы в классе и дистанционно

Скидки до 50 % на комплекты
только до

Готовые ключевые этапы урока всегда будут у вас под рукой

Организационный момент

Проверка знаний

Объяснение материала

Закрепление изученного

Итоги урока

Открытый урок по родному языку " Прошедшее время глагола."

Нажмите, чтобы узнать подробности

План конспект урока по родному языку ( аварский). Тема6" Прошедшее время глагола"

Просмотр содержимого документа
«Открытый урок по родному языку " Прошедшее время глагола."»

22.02.23.

Авар мац1, 4 класс, ЛСОШ№1, рагьараб дарс.


Тема: Глаголиял ц1араздасан араб, бач1унеб ва г1ахьалаб заманалъул г1адатал глаголал лъугьунеб куц. Араб заман.

Дарсил мурадал ва масъалаби:

  1. Лъай кьеялъул:

Каламалъул бут1а х1исабалда глаголалъул х1акъалъулъ лъималазда лъалебтакрар гьаби.

Глаголиял ц1араздасан араб заманалъул глаголал лъугьинаризе лъай.

Гъалат1ал риччач1ого, хъвавул ва к1алзул каламалъулъ араб заманалъул глаголал бит1ун х1алт1изаризе ва суалазда рекъон бит1ун хисизаризе ругьунлъи.



  1. Лъай цебет1еялъул

Глаголал каламалъулъ мух1канго х1алт1изариялъул бажари цебет1ей.

Хъвавул калам цебет1ей

  1. Тарбия кьеялъул:

Лъималазул рек1елъ рахьдал мац1алде рокьи бижизаби.

Ват1ан бокьизе ва ц1унизе кколеблъи бич1ч1инаби.

Алатал: т1ахьал, карточкаби, итерактивияб доска,


Дарсил ин:

1.Дарсил байбихьи.

- Рорч1ами, хириял гьалбал, рорч1ами, ункъабилеб классалъул ц1алдохъаби!

Дун йиго Ленинаулалъул к1иабилеб школалъул муг1алим – Мадина Мавлидиновна.

- Лъимал, лъалищ нужеда щай нилъ жакъа данделъун ругелали? Щиб байрам к1одо гьабун нилъ данделъун ругел?

- Жакъасеб авар мац1алъул дарсие дица эпиграфлъун росун руго

гьадинал раг1аби

Аваразул пашманлъи -

Авар мац1 лъач1ел лъимал.

Расул Х1амзатов.

(киналго ц1алдохъабаз цадахъ ц1алила)

- Ц1алдохъаби, кин рич1ч1унел нужеда гьел мухъал.

Гьез бицуна буго нилъерго рахьдал мац1 бокьизеги кколин, гьеб ц1унизеги кколин.

Нилъер сон бук1ана байрам « Рахьдал мац1алъул къо». Гьеб ккола рахьдал мац1 ц1униялъе ч1езабураб байрам къо.

17 ноябралъ 1999 соналъ ч1езабун буго , ва 2000 соналдаса к1одо гьабун нилъеца мажлисалги гьарула.

2. Араб дарсил ц1ех – рех гьаби .

- Лъимал, арал темабаздасан дица нужее х1адурун буго тестовияб х1алт1и.

Тестовияб х1алт1и.

  1. Гьал раг1абазда гьоркьоса предметияб ц1ар кинаб?

А) вас

Б) берцинаб

В) ана.

2. Аслияб падежалъул суалал рихьизаре?

А) Лъица? Сунца?

Б) Лъил ? Сундул?

В) Щив? Щий? Щал?

3. Авар мац1алда предложениялъул бет1ераб член чан бугеб?

А) 2

Б) 3

В) 1

4) Гьал раг1абазулъ глагол кинаб?

А) дов

Б) эмен

В) къунц1ана

5. Гьаб предложениялъулъ глаголияб ц1ар кинаб?

Милъиршаби рач1ин ихдалил цо г1аламат ккола.

А) Милъиршаби

Б) рач1ин

В) г1аламат



Х1асил: бит1аралда дандбит1ун жубай г1аламат лъела.

«5» - 5

«4» - 4

«3» - 3, 2

( Хисила т1анчал)

- Лъик1 буго , х1алч1ахъадал.

- Рагьила тетрадал , хъвала къо моц1.( 22 февралалъ, классалда х1алт1и)

3.Берцинхъвай.

Ват1ан хириясе хвел бук1унаро.

(Лъимал, бит1ун ва берцин хъвай гьаб предложение.)

- Щиб хъвараб нужеца? Раг1унго рук1ани нужеда гьединал раг1аби?

- Халкъияб к1алзул гьунаралъул кинаб гьеб жанр кколеб? ( кици)

- Х1алч1ахъадал, кинха нужеда гьелъул маг1на бич1ч1унеб?

Бит1ун буго, х1алч1ахъадал, гьелъул маг1на ккола Ват1аналъе г1оло г1умру кьурав чи , нилъер рак1азулъ ч1аго вук1унилан абураб. Ват1ан ц1унун рагъда хварав вук1а, Ват1аналъе г1оло къеркьарав вук1а , гъов нилъеда кидаго к1очене бегьуларо.

Гьединал чаг1азул байрамги щиб къоялъ нилъеца к1одо гьабулеб? ( 23 февралалъ, дицаги баркула нужеда гьеб байрам).

4. Ц1ияб темаялде рачин.

Нилъер гьав Ах1мад ц1акъ г1емерав кьижула,

Радалги гьав кьижана, гьанжеги кьижун вуго

Къаси сордо бач1ингун, жегиги гьав кьижила.

Гьасул гьудул Расим ц1акъ г1емерав кванала,

Радалги кванан вуго, къадги кваналев вуго,

Къаси, хинк1ал лъуг1игун жеги кваназе вуго.



- Гьал глаголаз щиб бихьизабулеб бугеб?

Гьаз бихьизабулеб буго бат1и – бат1ияб заман.

- Рач1аха нилъеца нилъерго дарсие мурадал лъезин. Кинаб х1алт1и , щиб гьабизе бокьилаан жакъа дарсида? (Ц1алдезе, хъвадаризе)

- Бит1ун буго, нилъеца глаголиял ц1араздасан араб заманалъул глаголал лъугьинаризе малъизе буго;

Хъвавул калам цебет1езабила;

Рахьдал мац1алдехун рокьи бижизабила.

5. Ц1ияб тема.

- Лъимал, нужеда глагол абураб раг1и кинаб дарсида раг1ун бук1араб? ( русский языкалда) Бит1ун буго, г1урус мац1алдаги маг1арул мац1алдаги рук1уна релълъарал темаби, нужедаго т1ок1к1ун тема бич1ч1ине ккани нужеца гьеб к1иябго мац1алда данде кквезе кола. Лъицаха абилеб жакъасеб тема г1урус мац1алда? (прошедшее время глагола) бит1ун буго, х1алч1ахъадал. ( Слайд бихьизабила)

- Хъвала тетрадазда : Кьижана, кванана, кванан вуго.

- Гьал глаголаз бихьизабулеб буго нилъеца бицен гьабилелдего иш лъуг1ун бук1ин.

Гьединал глаголазде абула араб заманалъул глаголалилан.

- Лъица мисал бачинеб? Лъица ургъилеб предложение араб заманалъул глагол гъорлъеги ккезабун?

6. Словарияб х1алт1игун х1ухьбахъи.

Пуй- Гьури пулеб буго.

Семи- рагъизе. Эмен васасде семана.

Кьолой- Васас чу кьолона..



- Рач1аха нилъеца рагьила т1ахьал гьумер 82, х1алт1и 186 (Х1алт1и т1убайла бицун)

Условие ц1алила.

( рахас гьабун ц1ализабила, гъалат1ал гьаруни рит1изарила)





7. Ц1ияб тема щула гьаби.

Х1алт1и 187, гьумер 82.

Условие ц1алун, бич1ч1инабила.

Исследовательскияб х1алт1и. ( къокъабазул х1алт1и)

Ин-

Йихьи-

Аби-

Бати-

- Лъимал, дица нужехъе кьола руго гьеб х1алт1олъа глаголиял ц1арал хъварал т1анчал. Цоги кьола руго дица араб заманалъул глаголал хъварал карточкаби. Нужеца гьезда дандрит1ун данде кколел карточкаби седела ( 2 минута кьолеб буго) .

Ц1ализе гьабила.

Заман хут1ани.

Х1алт1и 188, гьумер 82, 1 х1уби.

8. Рефлексия.

Лъимал, нилъеца г1уц1изе буго глаголалда т1асан кластер.

- Нилъеца такрар гьабуна кинаб каламалъул бут1а? ( глагол)

Дир гьанир гьел кьун руго рих-рихун, нилъеца глаголалъул х1акъалъулъ нилъеего щвараб лъай т1огьол кластералдалъун бихьизабизе буго.Гьанже ножеца цо- цоявги вахъун гьеб доскаялда ч1вайла.

- Иш бихьизабулеблъи лъана нилъеда.

- Гьелъул заман бук1унеблъи лъана нилъеда.

_ Гьединго гьелъул бук1уна глаголияб ц1ар .

Гьединаб берцинаб т1огьоде сверана нилъее щвараб лъай.

9. Рокъобе х1алт1и

1. Х1алт1и 189, гьумер 82- 83

2. Рагъда ругел солдатазде маг1арулалъ кагътал хъвазе, байрам баркун.

3. Глаголияб ц1ар жаниб бугеб кици хъвазе.

_ Диен уж ц1акъ рокьана, х1алч1ахъги нужер!

Къо мех лъик1!













7



Скачать

Рекомендуем курсы ПК и ППК для учителей

Вебинар для учителей

Свидетельство об участии БЕСПЛАТНО!