СДЕЛАЙТЕ СВОИ УРОКИ ЕЩЁ ЭФФЕКТИВНЕЕ, А ЖИЗНЬ СВОБОДНЕЕ

Благодаря готовым учебным материалам для работы в классе и дистанционно

Скидки до 50 % на комплекты
только до

Готовые ключевые этапы урока всегда будут у вас под рукой

Организационный момент

Проверка знаний

Объяснение материала

Закрепление изученного

Итоги урока

Проект на тему"Значение изучения родного языка на современном этапе"

Нажмите, чтобы узнать подробности

проект "Значение изучения родного языка  на современном этапе"

Просмотр содержимого документа
«Проект на тему"Значение изучения родного языка на современном этапе"»

15


Дагестанский институт повышения квалификации педагогических кадров




Кафедра филологического образования




ПРОЕКТ


Значение изучения родного языка на современном этапе






Руководитель: Юсупова Р.М.

Дата сдачи работы 17.02.2015г.



Подготовила : Абдулжалилова Ш.С.









Махачкала - 2017г.











ЦеберагIи………………………………………………………………….3


  1. МагIарул мацI мальиялъул жакъасеб къоялъе бугеб кIвар………………………………………………………………4

  2. МагIарул мацI лъималазе бокьизабизе гьарулел хIалтIаби…………………………………………………………15


ХIасил……………………………………………………………………16


Литература………………………………………………………………25


Приложение






























ЦеберагIи


Авар мацI бущунеб меседил кини

Кинацаго гьорой рехулеб буго,

Гьеб мацIалъ кинидахъ ахIулел кучIдул

ДахIабабадацин кIочон тун руго


МацI кIочене тани, Шамиль кIочена,

АхIулгохI билила, МахIмуд лъаларо,

ГIалихIажи, ЧIанкIа, кици – биценал,

Халкъиял асарал рилун лъугIана


ГIагараб авар мацI. Дир кинабго бечелъи, кинабго хазина, дир дарман, дир гьеракь. Дуца кве ккун, витIана дун гьитIИнаб росулъа кIудияб дунялалде.

Мун кидаго дунгун буго. Кинидахъ дица къабул гьабураб дурр кочIое кидаго дун хисичIо. Дир рекIелъ цIа бакизе, гIучIал росизе, дун мадугьалихъе инчIо.

«Дир гIагараб авар мацI, дие мун гIола гIумруялъего», - ян хъвана Дагъистаналъул халкъияв поэт Расул ХIамзатовас.

Гьедин хъвазе букIинчIо Расулица жиндирго рахьдал мацI гIумруялда жанибго кIвар бугеблъун рикIкIинчIебани.

Рахьдал мацI малъиялъулги, лъаялъулги, чара гьечIого лъазе ккеялъулги цIикIкIараб кIвар букIинчIебани Расул ХIамзатовас гьадин берцинго, гьадин чIухIун, гьадин ракI унтун гьал рагIабиги абилароан.


Метер магIарул мацI хвезе батани,

хваги дун жакъаго жаниб ракI кьвагьун.


ЮНЕСкоялъул баяназда рекъон, дунялалда буго 6000 цIикIкIун мацI ва диалект.

Ракьалда бищунго тIибитIараблъун ккола китаязул мацI – гьеб хIалтIизе гьабула 800 миллион чияс.

Бищунго гIемерал мацIал лъалеллъун рикIкIунаан Копенгагеналъул университеталъул профессор Расмус Кристиан Раск. Гьев кIалъалев вукIун вуго 230 мацIалда.

Нижер Кавказалдаги гIемерал мацIал руго. Нилъ жанир гIураб Дагъистан ккола мугIрузул улка гуребги мацIазул улкаги. Дагъистаналда гIадамал кIалъал 30 гоялдаса цIикIкIун мацIазда. Гьезда гьоркьоб тIоцебесеб бакI ккола магIарул мацIалъ. Дагъистаналъул 400 росдал гIадамал кIалъала магIарул мацIалда.

РукIа – рахъиналда, маданийиталда, гIадатазда, гIамал – хасияталда, тарихияб къисматалда цадахъго щибаб халкъалъул миллияб хасиятлъун ккола рахьдал мацI.

4

Нилъеда киназдаго лъала рахьдал мацIалда рухI лъолеб 3 ицц букIин ..

  1. Эбел – инсуца жидерго лъимал рахьдал мацIалде ругьун гьари;

  2. ЖамгIияталда жаниб хIалтIизабизе хIажатаблъун гьеб лъугьинаби;

  3. Хас гьабун гьеб школазда малъи


  1. МагIарул мацI малъиялъул жакъасеб къоялъе бугеб кIвар


Дида лъикIаблъун бихьула щибаб классалда, ай 5 – 11абилел классазда цIалул соналъул авалалда гьеб темаялъе цо-цо сагIат кьезе. ГIемерсоназулаб хIалбихьиялдасан дида ракIалде ккола, гьеб тIоцебесеб дарсида бараб бугин цIалдохъабазул рахьдал мацIалдехун хадуб букIине бугеб гьоркьоблъи, бищунго цIакъ гьеб дарсалъ рес кьелин авар мацIалдехун рокьи бижизабизе.

Дица цIалдохъабазе бицуна гьаркьилаб гIуцIиги, лексикаги, грамматикиял хаслъабиги хIисабалде росун, гIелмуялъ мацIал рикьулин батIи-батIиял тIелаздеян. Кавказалъул мацIазда гьоркьоре унел Дагъистаналъул группаялъул мацIал ккола: авар,дарги ,лак,табасаран,лезгин ,льединго хъвай-хъвагIай гьечIел Дагъистаналъул мацIалилан.

ГIадамаз жидедаго льоркьоб бухьен ккезабулеб ,жидерго пикраби цоцазе баян гьабулеб алатлъун кола мацI.

Льелъ гIадамазе кумек гьабула цоцазда ричIчIизе , гIумру лъикIлъизабизе, гIелму ва адабиятгун маданият цебетIезабизе. ГIаламалда гьоркьов гьечIони инсанасда мацI лъаларо.

ГIелмуялда руго чанго лъугьа-бахъинал бацIаз, маймалаказ рикьун ун рукIун, чанго соналдасан нахъе щварал лъималазда, кигIанго мацIалъул гIалимзабаз жигар бахъаниги, мацI лъазабизе кIвечIолъиялъул.

Авар литературияб мацIалъе кьучI лъун босун буго северияб наречия. Цо чанго нусго соналъ цебе аваразе гIахьалаб кIалзул мацIалда болмацIилан абулаан. Гьеб дагь-дагьккун хъвай-хъвагIаялъул литературияб мацIалде сверун буго. Литературияб мацIалда хъвалел тIахьал, журналал, газетал, гьеб мацIалда кIалъала радио, телевизоралдаса кьола передачаби. Литературияб мацIалда кIалъазеги гьелъул нормаби лъазеги ккола щивав культурияв чиясда.

Цо-цо жагьилал чагIаз мискинаб бугилан абуниги, магIарул мацI гIизегIан бечедаб ва берцинаб буго.

Англиялдаса мацIазул гIалимчи Крапсица авар мацIалъе кIудияб къимат кьолеб буго . «Дунялалда бищун берцинаб мацI авар мацI буго», - ян абун буго гьес. ГIурусазул машгьурав переводчик С.Липкиница абун буго: «МахIмудил кучIдул гIурус мацIалде руссинаризе цIакъ захIмат ругин»,- ан. ГIурус мацIалда гьечIила МахIмудил гIадин сипат-сурат гьабун тIадугIанаб даражаялъул гIуцIи бугел рагIаби.




Авар мацIалда кIалъалаан Дагъистан дунялалдаго машгьур гьабурав нилъер ракь цояв Имам Шамиль, МахIмуд, ЦIадаса ХIамзат, Расул ХIамзатов.

ГьечIищха нилъее гьелъул кIвар?

Гьезул хIакъалъулъ гIурус мацIалдаги магIарул мацIалда ва цогидалги мацIаздаги гIемераб хъвана,амма бищунго цIакъ магIарул мацIалда хъваралъул кIвар цIикIкIарабги пайдаябги букуна, хасго гьеб цIалулев чи лъикIго мацIги адабиятги лъалев вугони.

МагIаруласда гIадин лъидаха вичIчIилев? МагIарулазул гIадат, гIамал рукI-рахъин, адабият, маданияб бичIчIизе ккани лъазе ккола мухIканго жиндирго рахьдал мацI, лъазе ккола мухIканго, лъазе ккола гъваридго, цохIо къватIул калам куребги: грамматика, лексика, фразеология, кицаби, абиял, басралъарал ва цIиял рагIаби.

ЦIакъго кIудияб ва цIикIкIараб кIвар буго пасихIго ва чвахун цIализе, рицине, рикIкIине лъаялъулги.

Гьал ахирал соназ кIвар кьолеб буго гьединал тадбирал гьаризеги, гьеб лъикI буго, квеш бугеб жо буго бищунго цебе, жиб-жиб хъизамалда эбелалъул, инсул мацI лъазабичIого толеб букIин, нилъеда лъачIого гьеб гьоркьоб унеб букIин.

Эбел-эмен ккола, лъималазда мацI малъичIони жидерго миллат бичулел, жалго - жудецаго инжит гьарулел, хадусеб гIолеб гIелалъул щибго ургъел – кIвар гьечIел такъсир чагIи, гьединазе тамихI гьабизе ккола, гьединаб законги бахъизе ккола.

Гьединго, школалда учительзабазул авар мацIалъул дарсал кьеялдехун бугеб бербалагьилъулги буго аслияб кIвар рахьдал мацI цIуниялъе ва тIагIиналъе: гьеб кинаб даражаялда батаниги, гIолеб гIелалъулги букIуна гьелда релълъараб баербалагьи.

Рахьдал мацIалъул ургъел гьечIев, гьебги бокьуларев чияс рахьдал мацIалъул дарсал кьезе бегьуларо. Дир хIисабалда, гьеб буго живгоги, лъималги гьезул эбел-эменги гуккулев чи.

Конституциялдаректон ДагъистаналъулмацIалпачалихъиялмацIаллъунрихьизарунpyro, аммамацIазулхIакъалъулъ къабулгьабунгьечIозакон. Кида гьебзакон букIинебалигилъаларо.Унго-унгоявмагIарулмацIги лъалевадабиятгибичIчIулев,жидергорахьдалмацIалъулгижидергомиллаталъулги,гьелъулбукIинеселъулургъелбугевчи, тIадегIанабидараялдасанкIалъазеихтиярщвечIони,учительзабаз,гIалимзабаз,хъвадарухъабазкигIанахIибанигигьелъулхIасилкколебгьечIо.КъваригIунpyroчIванкъотIаралмухIканалзаконал мацIги,миллатги,гIадатги,гIамалгицIунизересбугел.Авар халкъалъулгIадатал,гIамалалмагIарухъругелросабалъцинкиназгогуро цIунулелругел.

ШагьараздаругезекиналгоцIунизезахIматгобукIунеббатила.ЦохIомисалг?еларищ,хваралрукъиземагIарухъерачIуна,бертабигьаризе

6

шагьараздеунелpyro. ХадубалденилъерлъималкинхаругьунгьарилелмагIарулазулгIадат гIамал алде.

Учительзабаз2сагIаталдажанибсундеругьунгьарилеллъимал,рокъор умумузги,жамагIаталъги,культураялъулхIалтIухъабазгицадахъ лъугьун,хIалтIигигьабун,бачIунебгIел куцалебгьечIони.

Нилъерготалих1буго,жегимагIарулмацIалдакIалъалебрадио букIин,цо-цо мехалънигителевизоралдасарагIуламагIарулмацIалдакьолелпередачами, pyro газетал-журналал. Передачабазухъ гIенеккулел,газета-журналал жидергомацIалдахъвалел,цIалулезулкъадаргIемергодагьлъунбуго.ЩайдайгьадинаббербалагьинилъергомацIалдехун,миллаталдехун,рукIарахъиналдехун, гIадатаздехуннилъергохалкъалъуллъугьараб?НилъерДагъистаналдагIемерисеббицунеб,гьабулеб,рагIулеб — кинабгобугоrIypycмацIалда.НилъеегьасагIатресгьечIогIурусмац1лъачIогон,гIемермиллаталъулулка бугелъул,аммащайханилъерхалкъалдажидергомацIгижибготун, тIурангогIурусмацIалдагаргадиберлин бихьараб,щайхагIемерисебгьезул«модаялъухъ» нилъерретIа-къайхисункьураб,лъикьава сункьанечон,хIинкъун РакIалдабугошколалдацIалулебмехалъ дарсаздатIасакосынкабирахъизегьарулаан,амматIокIабжо т!аса бахъунхьвадеяннилъедаабулароан.Хадуббайбихьана,гIурусаздасамисалбосунретIа-къазе(киналгогурелха,аммаг1емерисел)хьвадилел,жеги-жегиэдингоpyro. ЩайханилъерДагъистаналдерачIаралгIурусазнилъерхалкъ бигьагожидергорахъалдеруссинарурал,нилъермагIарулхалкъальгIурусалнилъергIадатгIамалалде руссинаричIел,руссунратилааниргохутIаралцо-цоял.ГьабкинабгогьадинккеялъегIайибияллъундица, цо рахъалъ, диргорук?а, чияралрука, бихьиналрикIкIуна.(тIаса лъугьаянгьарулахъизамалъе,росдае,жамагIаталъебетIерлъигьабуразда).Амма,хъизамалъулбетIер бихьинчивугони,живгогиунго-унгоявмагIарулгIадатги,гIамалги,мацIги,цIаргицIунулевчи вугони,кинабгохъизамалдабитIунбукIуна.ХъизамалдасагурищжамагIатгимиллатгилъугьунеб?

ГьабсагIатшколалдаучительзабазкьурал дарсазулщибгопайдагьеч?о,гьебхадубгигIумруялдамацIалдапайдабосизересгьечIони.ТелевизоралдасабацIцIадабмагIарулмацIалдакIалъалевчиясбачунебпередачаби гIуцIизересалратизеккола,кIалъалевчи вихьараблъикIаббуго.Кин гьабилебалиургъизеккола.Кибева лъидегьелъулгIарзбахъилеб,лъихъ гIинтIамулебтIадегIаналидараялдахIалтIулез?

Хал гьабежакъасценаялдасакеч1ахIулезмагIарулмацIалъулрагIабикин
абулелали,цо-цо рагIабазулмагIна хвезабулеббуго,щибпайдагIолебгIелалъе
гьединалкучIдузулгирагIабазулгибукIунеб?ЩибтарбиягьединанахIулел
кучIдузкьолеб?Мац1ккола халкьалъулгIаммаббуголъи.ГьелъулхIурматгьабизекколагIагарабхалкъалъулгIадин.РахьдалмацIалъуладаб
гьабуларес жиндирго

7

халкъалъулгиадабгьабуларо,мaцIкколахалкъалъуласлияббечелъи,гьеб
кколамиллаталъулpyxI,гьебрухIалдабараббугомиллаталъулх?алги.
БацIцIадаблитературиябмацIалдакIалъалелругони,гьебцIакъ берцинабжо
буго.Авар мацIалъулва адабияталъулмугIалимзабигIагицIалдохъабигун
бацIцIадаблитературиябмацIалдакIалъазеккелашколаздагIаги,жалгоги
кIалъачIони,кинхагьезлитературиябMaцIмалъулеб,кинабмацIалда
цIалдохъабаздарсидажавабкьолеб?ГьелегьелдекIвар кьезеккола,тIоцебесеб
иргаялда,школалдаавар мацIалъулва адабияталъулдарсалкьолел
учительзабаз.

ДагъистаналдабугогьабсагIат32 мац1.Гьездаса14 хъвай-хъвагIайбугеб.
ГьабжакъабугебхIалалъ иш унеббугони,хъвай-хъвагIайбугелги
ДагъистанальулгIемериселмацIалчангоанцIгосоналдасатIагIиналъул
хIинкъибуго.

Нилъермац1загIиплъиялъеаслиябгIиллабугомагIарухъагIатIиракъалде
гIадамалгочин.Амма,Р. ХIамзатовасабухъего,цадахъ босеянаманат гьабураб
мацIги,цIарги,гIадат-гIамалгигIемериселгIадамазулмагIарухъгохутIунбуго.
Мац? бицунеббугониги,миллиябхасиятхутIунгьечIо,хасгошагьаразул
гIадамазул.

Шагьаралдаругел90 проценталдарахьдалмaцIлъалебгьечIо.Эзул
лъималазулкъисматкинаббукIинебалибицинегоккелищха:
МагIарулмацIалъекIудиябзаралккана,цо рахъалъ, халкъ шагьараздегочине
ккей,магIарухъгилъикIалресап хIукуматалъ чIезарунрукIаралани,гьедин
ккечIогонбукIинегибегьулаан.

ДагъистаналдабищунгогIемермиллаталъулхалкъ магIарулалругониги,
гьезиегицогидалмиллатазегицо ресалpyroДагъистангIемермиллаталъул
букIиналъ бугонилъермацIаземукъсанлъикколебги.БукIарабанинилъерцо
миллаталъулулка, гьелъиересалти букIинесебгилъикIаббукIинаан.
БацIцIадаваразуллитературиябмац1нилъедалъачIони,кинанричIчIилел
ИнхосаГIалихIажияс,ЧIанкIаца,МахIмудица,ЦI. ХIамзатицахъвараласарал,
нилъерлъималазда,гьезулгилъималаздагигьелричIчIиялдехьулгобугищ?
ГьединалгIалимзабазуласаралцIализе,рагIизересгищвечIони,кинабтарбия,
лъай-гIакълу,хьвада-чIвади,гIамал-хасиятнилъермагIарулазулхадубги
букIинеб?Мац1щулагобухьараббугогIадамазулпикруялдагIакълуялда.,
МацIалъ кумекгьабулагIадамалцоцаздарич?чIизе,бетIербахъигьабизе

8

хIажаталшартIалгIуцIизе.МацIалъ кумекгьабулагIадамазежидерго
гIумруялъулбатIи-батIиялхIалбихьиялцоцаздебаян гьаризе,цо гIелалъухъа
цогигIелалъухъегьебхIалбихьикьезе.ГIадамаздагьоркьоббухьенккезабулеб
алатхIисабалдамац1щулагобухьараббугогьебмац1бицунебхалкъалъул
гIумруялдаги.


Рахьдал мацI буго нилъее васигат гьабун умумуз кьураб хазина.

ТIаса-массагояб бербалагьи буго жакъа магIарулазул мацIалдехун. Гьеб буго нилъецаго нилъго инжит гьари.

Жакъасеб къоялъги хIажат буго лъималазда гьоркьоб гуребги умумузулгун гьабулеб хIалтIуде кIвар кьезе. Киналъего гIайибиял нилъ чIахIияр руго: эбел-эмен,учительзаби ,жамагIат.ХIукуматалъ закон бахъулеб гьечIилан, щиб, эбел-эмен лъималгун рехун тун нилъерго рахьдал мацIгун гIурус мацIалъищ кIалъазе кколел, яги кIиго магIарулав , кIиго лъарагIав ,кIиго лезгияв цоцазда гьоркьорги гIурус мацIалъ щай кIалъазе колел, лъида берцин рихьизе яги лъил гIайиб щвелилан, шагьаралда гIумру гьабулеб бугони хъизанго гIурус мацIалъ кIалъаялъул магIна щиб?

Ахирги нилъги нилъер лъималги, нилъер наслуги хутIизехъен буго цонигияб мацI мухIканго-гъваридго лъачIого.

Нилъер Дагъистаналда гIурус мацI лъачIого бегьуларо, миллат гIемераб бакI бугелъул, аммма цин цебе нелъерго рахьдал мацI лъазе ккола, нилъецаго нилъерго къимат гьабулеб батани . Нилъер лъималазда лъазехъен гьечIо Имам Шамилил хIакъалъулъ,Имам ГъазимухIамадил,Имам ХIамзатил,ЦIадаса ХIамзатил,Расул ХIамзатовасул ва гь.ц машгьурал гIадамазул. Лъидасаха гьез мисал боссе бугеб? Лъида релъраллъун гьел рукIинел? Нилъеца бицинчIони,малъичIони.

ГIемераб кумек гьабула росулъ жамагIаталъ гьарулел культуриял хIалтIабаз,классгун къватIибехун гьарулел хIалтIабаз авар мацIалде рокьи букIиналъе,рахьдал мацIалъул вечерал,утренникал тIоритIаии маргьаби, кицаби, бицанкIаби, халкъиял кучIдул ракIаризе жалго лъимал тIамуни.

Нилъеда кIочене бегьуларо рахьдал мацI ва адабият бичун босизе рес гьечIо. ТIолго миллаталъулаб рухIияб хазина букIин, гьездаса нилъер наслу махIмурлъани, авар миллат лъугIун унеблъи.

Щай нилъеца жакъа рахьдал мацIалъул къимат гьабулеб гьечIеб ?

МацIалде халкъалъул бугеб бербалагьиялдалъунги бичIчIизе бегьула халкъ ва гьелъул гIамал-хасият.

Инсанас жинцаго гьабизе ккола жидерго миллат,пачалихъалъ кверги ккун жив вачинегIан чIезе бегьуларо.



9

Бищун цебе лъимагазда мацI малъи ва миллаталдехун рокьи бижи куцазе ккола хъизаналда,амма абизе ккола пачалихъалъ цIунизе кколин мацIазул закон.

Инсанасе жиндирго ватIанги, ракьги, гIадат-гIамалги, умумулги рокьулел ругони, гьес кидаго кIочон тезе гьечIо рахьдал мацI кIочене, кида ругониги, кире кканиги нилъеца гьеб цIунизе ккола ва нилъер наслабазе ирслъунги тезе ккола.

ГIурусазул поэт Ярославль Земляковас абунила мацI бугин аскаралъ тушманасухъе тIарамагъадисеб кьолеб ракь, гьебги кьун хадуб нахъе къазе бакI гьечIилан.

ГIажаибаб жо буго нилъер магIарул мацIги. Нилъер мацI 400 соналъ цебеги букIун буго жакъа нилъеца хIалтIизабулеб мацIалдасаги бечедаб литературияб мацI. Амма жакъасеб хIал босани, поэтазул газет-журналазда, гьединго гIадамаз цоцазда бицунеб магIарул мацI загIиплъулеб буго.

«Гьанже заманалда рахьдал мацI малъиялъул кIвар» абураб тола дица тIаса бищана жеги анцIго соналдасаги цебе. Гьелъие гIиллаги ккана гьадинаб:

  1. 11 классги лъугIун школалда лъимал къватIире рилъаралго дихъе бачIана 5 абилеб классалъул цIалдохъаби.

Дица гьениб кьолаан авар мацIалъул ва адабияталъул дарсалги. Классалда рукIана 10-15 цIализе лъикIал цIалдохъаби. ТIоцебесеб четверталъе дица кьолеб авар мацIалъул ва адабияталъул дарсазе гьел лъикIАл цIалдохъабазе ккана гIемерисезе «3», «4» къиматал, гьезул классалъул цIалул «качество» гIодобегIан ккана. Цогидал предметазе гьел лъималазе лъикIал къиматал рукIана.

ХIасил гьабиялгун умумузул собрание ахIана, гьоркьоб лъуна цIалул хIасилал гьариялъул суал, амма умумул рази рукIинчIо лъималазе карал хIасилаздаса, гьезул кIалъаялдасан дида бичIана, дуда цере рачIинегIан ай щуабилеб классалде щвезегIан нижер лъимал «цIалулел»рукIана «4» яги «3» къимат гьечIогонан, щай гьазие «3» ккезе кколеб батичIеб классалда (гьаб букIана дица лъоларогоан» щай гIурус мацIалъе 4, 5 бугеб, авар мацIалъе «3» бугеб битIун магIарул мацI бицунел лъималазе. Умумузул собрание букIана лъималалгун цадахъ. Дица умумузда цебе лъималазда – цIалдохъабазда щивасда цо-цо абзац авар адабияталъул тIехьалдасан цIАлизе гьабуна. Гьай-гьай, гьезул лъабго цIалдохъанас гурони хIарпал къосинчIого, ударение битIун абун, магIнаялде гьеб хабар цIаличIо. Цинги хадуб дица умумузда цебе цIалараб тексталъул хIасил бицеян гьарана. Умумузда бихьана кин гьез гьеб бицунеб ва цIалулеб букIарабали, щай ва сундухъ дица гьезие «3» къимат лъурабалиги, цо-цо умумуз абуна жидеца «3» къиматцин лъелароанилан. «ТIаса лъугьа, гьалмагъ майор» - ян абураб асар букIана гьеб. Учителас асар цIалун хадубги,лъималаз гъираялда бицунеб букIинчIо,тIадкъаязе ва суалазе битIарал жавабал кьолел

10

рукIинчIо.Гьеб киналда хадуб халккун хIисаб льабураб мехалъ загьирлъана лъималазда тIоцебесеб иргаялда магIнаялда ,пасихIлъиги цIунун,текст пассихIго цIализе лъалеб льечIолъи,цо,кIиабизе, цIалулеб къагIидаялъул хаслъи цIунунгутIи, лъабабизе, цIалараб рагIул предложениялъул магIна, хIасил бичIунгутIи.




  1. МагIарлу мацI лъималазе бокьизабизе гьарулел хIалтIаби



Нижер район ва росу ккола Дагъистаналдаго битIараб литературияб мацI бицунел росабазул цояб. Дида дандчIвана гьанже гIолел гIелалда авар мацIалъул киналго рагIабазул магIна лъалеб гьечIолъи. Бихьулеб букIана, 1-4 авар мацIалъул ва авар каламалъул дарсал кинаб даражаялде гIцIун рукIаралали (баянлъана гьелъул бакIалдаги гIемераб русский языкаялъул ва математикаялъул дарсал гьарулел рукIараблъи).

ХIасил кинабха ккараб ахиралдаги? Ахиралдаги, авар мацIАлъул ва адабияталъул дарсазул программа тIубан гьечIолъи, гьеб къваригIараб я школалъул администрация букIинчIолъун, яги умумузеги «5» къимат гурони, лъай хIажат букIинчIогон.

ЦIалдохъабаз авар адабияталъул дарсазда чIарадизе, лъилъизе, кьохорхо, тIуцаб, бахкен, хъандиро, харицел, газа, раххан, цIогь, гьобо, кор ва гь.ц. гIадал гIемерал рагIаби щиб жо кколебан гьикъараб мехалъ дун цин гIажаиблъана, хадуй рекIекълъана, хадубги лъималазда ракI гурхIизе бачIана, нилъ кире инелха ругелан суал диего кьуна ва гьелда тIадчIун ургъизе ккеялде бачIана пикру. Щайдай гьаб гьадин бугеб,дандчIвачIогури гьединал захIмалъабазде данде гьанжелъизегIан.

Дица хIукму гьабуна цин лъималги рачун батIи-батIиял музеязде сапар бухьине цIалдохъабиги рачун,ракIаризе тIамуна,чIахIиязда гьикъун абиял ,кицаби,бицанкIаби,маргьаби,гьезул магIнаги цIехон.ГIуцIана пасихIго цIалиялъул конкурсал,гIуцIана «мугIрул ицц» абураб драматикияб кружок.Гьенире хъвазе бокьана гIемерал цIалдохъабазе. Гьелъул хIасил гIемерго ккана, амма жеги хIажат бихьана тIаде хIалтIаби гьаризе, рахьдал мацIалдехун рокьи бижизеги, гьеб бичIчIизеги ккани, амма цIалул соналъул ахиралде цIалдохъабазул цIалул хIасил кIиго нухалъ лъикIлъана. Нахъисеб соналъ гьабизеги хIалтIи ургъана. Авар мацIалъул дарсида дица абураб предложениялъул магIна бичIчIичIо цIалдохъабазда: роол заманалда векьарухъан харицелги босун хуриве анна, хер бецана, ва гIари гьабуна. Гьеб предложениялъул магIна гьезда бичIчIичIо.

Нижер школалъул къого-къоло шуго соналъ цебе букIана кIудияб пихъил ах, цIалдохъабазе гьеб бокьулаан,бухъулаан.бецудаан,чIаралаан,рак

11

баччулаан,гъутIби кIурулаан, лъалъадулаан учителзабигун цададахъ,пихъги бакIарун ,завадалдеги кьун,компотал гьарулаан,гьелъул лъикIаб хIасилги букIана. (гьанже ахал чIунтун руго).

КигIАн-кин бугониги, кигIан захIмат дидаго бихьулеблъи лъаниги, дица хIукму гьабуна гьеб ахир цо бутIаги босун, (гьениб гIуру къанги букIана, кинабго биххунги букIана) сверунги къан, классалъул цо-цо чияс жиндирго квералъ жиндиего бокьараб цо пихъил гъветI чIун, гьеб гIезабизе.

ГIахьал гьаруна умумулги, ахIана цIалдохъабиги, киналго къваригIунел тIагIелалги росун ах къачIазе рачIаян абуна, байбихьана марталдаго ахикъ хIалтIизе: къадал гьаризе, бухъизе, ракь базе, рак баччизе, гамачI бищизе, рак бахъизе, гъутIби кIуризе, хварал гъутIби хъухъан, къотIун нахъе гьаризе.

Гьеб кинабго хIалтIи гьабулаго цIалдохъабазда бичIчIана, лъана гIемерисел тIагIелабазда цIарал, сундуе гьел хIажалъулелали лъана, кин гьел хIалтIизе гьарурелали бичIчIана .

ПалхIасил,цIалдахъаби гъираялда хIалтIула ахикь: чIана къого гIечул гъветI,лъалъана гъутIби,бекьана,чIана цIоросаролъ,багIарльоло,семечка,хъабахъ,льоло-кинабго лъималазе бокьарабщинаб.

Цадахъ хIалтIизе цIалдохъабазул букIараб гъира бахьараб мехалъ дида гьеб хIалтIиялъ хIасил кьолеблъи бичIчIана.

ХIалтIана ихдал, риидал.хасалихъе,гIуна цIоросаролъ,багIаргьоло, семичка, хъабахъ гьабуна пастIан, чIна охцер, помидор, перец, баклажан.

Хасалихъе жидерго захIматалдасан рохиялъе ахирго букIинчIо льималазе, рохана умумумлги гьезул хIалтIиялдаса.

Хасалихъе цIорасоролъ бецана, чехъана, чIучIана, бацIад гьабуна, корохъ гьабуна лъималаздаги бихьизабун, анна гьабихъе цIорасоролъ хине, ххунеб куц бихьана, гьобо бихьана, гIатI хана, тIех гьабуна.

Ахиралдаги цо пуланаб къоялъ, гьанги тIамун гьел гIатIал хинкIалги гьарун ахикь гьабураб беседкаялда жаниб умумумзги цIалдохъабазги цадахъ гьабуна мавлид росдал дибирги ахIун, гьабуна лъикIаб дугIаги. Киналго разиго хутIана. ХIасил щибха ккараб?



II ХIасил


Нахъисеб соналъ цIалул хIасилги дагьабги лъикIлъана. Дагьлъана ричIчIуларел рагIаби, цIаларалъул магIна гъваридго бичIчIизе лъугьана, «чIарадизе» щибилан абулеб жойилан гьикъичiо, бихьун лъан бичIчIана, амма пасихIго цIали жеги гIураб куцалъ лъикIлъичIо. Гьелдеги цIакъ кIвар кьезе хIукму гьабуна, хIасил кьеялдеги боржула.

Шагьаралда гуребги, шагьаралдаса росулъе тIад руссарал цо-цо умумуз байбихьулеб букIана лъимал авар мацIалъул дарсаздаса эркен гьареян гьардезе.

Эбел – инсуе ургъелцин гьечIо лъималазда магIарул мацI лъачIониги. Рахьдал мацIалъул бугеб кIвар умумузда бичIчIичIони гьезул лъималазги кинха гьелде кIвар кьелеб дагьабги хадуб.

Гьединал магьанабаздаса байбихьун нилъерго рахьдал мацI тIагIиналде рачинехъен руго нилъги Дагъистаналъул бищунго кIудияб миллат ралъдалъ гIор гIадин, тIагIинехъен букIиналдагицин хIинкъи буго. Гьеб лъикIищ квешищ бугебали хадуб букIинесулъуб хiисаб гьабулев чи дагьав вуго.

Босани, магIарулазда, хасаб гiолохъанаб гIелалда нелъерго магIарул рагIабазул магIна лъалеб гьечIо, гьечIо мацIалъул пасихIлъи, бицуна цохIо къватIл мацI, хIалтIизе гьарулел гьечIо, мацI берцинлъиялъеги магIна гъварилъиялъеги, кантIизариялъеги жал умумуз хIалтIизарулел рукIарал риххуларел рагIабазул дандраял, ай фразеологиял свераби, абиял, кицаби.

Кинха гьанже гьеб мацI берцинлъилеб, бокьилеб? МацI бокьизе ккани гьеб берцинго рагIизеги ккола, гьелда берцинго пассихIго, чвахун кIалъалелги рихьизе ккола.

Дица гьединаб мацI пасихIго ва берцинго бицунеб рахьдал (авар) мацI рагIизе тексталда тIад лъикIгоги хIалтIун, учительзабазул коллективалда ЦIадаса ХIамзатица хъвараб «Айдимир ва Умайгьанат» абураб пьеса лъуна школалъул сценаялда, бихьизабуна цIалдохъабазда ва умумуздагун цадахъ.Гьеб сценарий бихьизабулаго гьенир гIахьаллъун рукIана Авар театралъул директорги,бетIерав режиссерги ва цогидал артисталги.

Театр лъугIигун.Авар театралъул директорас абуна,жидер театралда ругила батIи-батIиял росабалъа артистал-магIарулал,гьез бицуна жидеего хасиятаб лугъаталда авар мацI, амма жинда тIоцебе рагIанила киналго роль хIалез бацIцIадаб литературияб мацIалда бицунеб театр.

Сундего гIисиназе мисал чIахIиязул букIине кколелъул,гьабсагIат кIиго гIелалъул гIадамаз рахьдал мацI битIун бицунареб даражаялде нилъ щвараб мехалъ,кисан,лъида ва лъица малъизе кколеб гьеб рахьдал мацI.

Цоялъ абун буго хьамун:» Малъизе чи тIагIаги дур»,- ян.Цогидалъ данде абун буго :»Малъалъараб босе дурго тIагIаги»,- ян.

Гьеб ахIиялда гъоркь кидалъизегIан нилъ рукIинел ва лъица гьеб битIизе гьабулеб?

ГьажелъизегIан рахьдал мацI хъизамалда жаниб цIунулеб ва малъулеб букIун батани, гьанже къваригIуна, гьанжесеб ва хадусеб гIелалъеги гьеб хутIизе бокьани миллат цIунизе бокьани, тIасан хIукуматалъул хасаб рахьдал мацI лъазаби тIадаблъун гьабулеб закон ва гьеб гIумруялде бахъиналъе хасал шартIалги.


Гьанже гIемерисев чияс тIаса чияс тIаса бищулеб буго гIурус мацI. ГIурус мацI лъазе ккола чара гьечIого хасго нилъер миллатал гIемераб Дагъистаналда, рахьдал мацIги кIочон тун гуроха, тIоцеьесеб иргаялда – рахьдал мацI, кIиабизе – гIурус мацI, хадуб бокьарабги.

Рахьдал мацI лъаларев чиясдаса инжитав чи дида лъаларо. Щиб лъай букIаниги щиб, щиб магIишат букIаниги щиб, жиндагоги, жиндир лъималаздаги, хъизан – агьлуялдаги гьесда кIолареб мехалъ жиндирго гIагараб рахьдал мацIалда кIалъазе., гьеб мацIалда зигара базе, берталъ кIалъазе, хирияб къоялъ росуцоялгун, тухун-кьибилгун гIодов чIун, бахIс гьабизе гьесул гьунар гьечIеб мехалъ – гьев чи чи гуро.

Гьев жиндирго умумул, росуракь, ватIан, миллат бичарав чи ккола, гьев чи вуго такъсирчи, гьединазе тамихi гьабулеб законги бахъизе ккола.

Щиб тIагIам гIумруялъул гьесие кIудияв Имам Шамилидаса гьев чIухIичIони, нилъер устарзабаздаса гьев чIухIичIони, щиб мацIалъ гIаги гьес как базе бугеб, дугIа гьабизе бугеб, эбел-инсул умумузул хабаде зияратал кин гьарилел?

Дица гIажаиблъи гьабула цоги росуги тун шагьаралде арабго гьаб жидерго рахьдал мацI кIочон теялъе гIилла щибали.Щай Турциялда,Амарикаялда ва цоги-цогидалги бакIазда ругел магIарулаз цIунун бугеб жидерго рахьдал мацI.

Расул ХIамзатовасул»Дир Дагъистан» абураб тIехьалда бицунеб буго къватIисеб хIукуматалда кIиго дагъистанияв дандчIван ругила,рихьидал, цIакъ роххун ругила жиндирго цевесев чи вихьарав гIадин лъугьун,цоцазда кIалъан руго ал. Цоясда гIемерал дагъистаналъул гIемерал мацIал лъалел рукIун руго, ав цояв магIаруласда цохIо жиндирго рахьдал мацI гурони лъалеб букIун гьечIо. МагIаруласда гъов цояв батIи-батIияб мацIалъ кIалъан вуго, амма гьесда гьеб бичIчIулеб букIун гьечIо. ЯхIго гьабизе кIвечIев магIарулас абун буго: «Дуда магIарул мацIгойищ лъалареб», - ян.

Лъаларилан жаваб кьун буго гъов цояс. МагIарулас данде абун буго: «Огь, щибгожо лъаларев хIайван», - ян.

Цебе цIакъ кIвар букIана халкъалъул жидерго рахьдал мацIазул.

Щибха жакъа нилъее къваригIун бугеб гьеб рахьдал мацI тIагIинчIого букIине ккани?

ТIоцебесеб иргаялда, рахьдал мацIалъул лъикIал учительзаби хIадурулеб идара къваригIуна, гьезие рукIине ккола хасал шартIал, кIиабизе, авар театр ва гьелъул артистал хIалтIизе ккола мацI цIуниялда тIад, хIалтIулезалдаса тIалаб гьабизе бацIцIадаб литературияб мацIалда кIалъазе, лъабабизе, аваразул кIочIохъабаз ахIулел кучIдул рукIине ккола тIадегIанаб даражаялда къимат кьолеб куцалъ, рахьдал мацIалъул пасихIго цIалиялъул къецал тIоритIизе ккола цохIо цIалдохъабазда гьоркьоб гуребги, чIахIиязда гьоркьоб, кинаб профессиялъул чи гьеб вугониги. МахIмуд ГIабдухаликъов


хваралдаса кечI рикIкIунев чи тIагIана, цо-цо мехалъ ХирамухIамад рагIулаан, гьанже эвги гьечIо.

Рахьдал мацI кьолел учительзаби рукIине ккола тIадегIанаб хасаб магIарул мацIалъул ва адабияталъул лъай бугел, гьезие кьезе ккола цIикIкIараб харж, тIад хIалтIизе ккола рахьдал мацIалъул тIахьазда, методикаялда тIад, гьеб къватIибе бахъизе рес кьезеги ккола.

Мисалалъе нилъер Дагъистаналда анкьие рахьдал мацIалъе ва адабияталъе кьолеб буго ункъо сагIат, нилъеда аскIор ругел чачаназ жидерго мацI малъизе кьола анлъго сагIат, гьез гьеб гIурус мацIалда бащад гьабулеб буго.

Щиб жо кколеб 10-11 классалъе рахьдал мацIалъе бихьизабураб 1-1 сагIат, щай гьечIел тIьал, методика, литература, берзулал алатал.

Хъвадарухъабаз риччалел гьечIо лъималазе цIализе, мацIалде рокьи бижизе тIахьал, цохIо «Лачен» журнал буго гьезие.

Цо чанго соналдаса аваразул хъвадарухъаби, артистал, учительзаби лъил рахъине ругел?

БукIинадай магIарул газета «ХIакъикъат», гьеб цIализе чи щвеладай? МагIарул радио чан чиясда рагIулеб, магIарул мацIалда рахъулел журнал - газета гьанже гIолеб гIелалъул чан чмясдай хъван бугеб?

КигIан кватIун бугониги, миллат, мацI, гIадат, гIамал, адаб – гьаб кинабго цIуниялда тIад хIалтIизе ккола.

Жиб-жиб хъизамалдаса байбихьизе ккола жакъаялдаса нахъениги. ГIурусаз абула: «Лучше поздно, чем никогда», - ян.

Халкъалъул бищун кIудияб бечелъи буго мацI.

Авар мацIалъул хIакъалъулъ, гьелъул бечелъиялъул, гьелъул тIадегIанлъиялъул, гьелде рокьи бижизабулеб асаралги хас гьарун школалъул программабаздаги цIакъ дагь гурони гьечIо. Расул ХIамзатовас «Дир Дагъистаналда» буго гьеб хъван, «Авар мацI» абураб кочIолъги буго.

Школалда рахьдал мацI малъизе гIуцIизе ккола бищун лъикIал шартIал. Рахьдал мацIалъул ва адабияталъул букIине ЕГЭ, Дагъистаналъул цIалул завединиязде лъугьунел щиназда тIоцебесеб иргаялда тIадаблъун гьабизе ккола рахьдал мацIалъул экзамен кьезе.

ТIадегIанаб хIалтIуде росулездасаги тIалаб гьабизе ккола рахьдал мацI лъай, жидирго мацIалъул, миллаталъул адаб гьабуларес, цогидазулги гьабуларо.

МагIарул хвезе тани, миллаталдаса баракат бахъула, гьеб буго нилъее умумуз тараб налъи.

Лъималаздаги лъималазул лъималаздаги мацI малъи чIахIияб гIелалъ тIаде босизе ккола. МацI ккола халкъалъул цебетIеялъул нухлъун.

ШагIир МухIамад Гунашевас «Рахьдал мацI» абураб кочIолъ хъвалеб буго:

Амма рахьдал мацIалъ цIар ахIулаго,

ЦIорорал мугIрузда гIазу биуна.

ГIолилал гьимани, гьаб мацIалъ кIалъан,

КIанцIула гIазулъан гIищкъуялъул тегь.

Гьеб мацIалъ хваразухъ магIу гьабуни,

МагIил цIола берад бахIарзазулги,

Берталъ гьеб мацIалда кечI ахIанани,

Каранда кьурдула ракI херасулги.


Авар мацIалдехун бугеб бербалагьи загьир гьабулелъул, Расул ХIамзатовасул «Дир ракI мугIрузда буго» абураб поэмаялда гьадин хъвалеб буго:


Дида абунани гьаб дунялалда

Гьанже мун цIидасан гьавизе вугин,

ЦIар чIван бицейилан дуй бокьулеб бакI

РакIалъе хирияб кечI ахIизе мацI.

Дица жаваб кьела кьурул сиязул

Добго росулъ гьаве гьанжеги дунан

Дир магIарулазул гIагараб мацIалъ

Гьадабго кечI ахIе кинидахъ дий ян



Рахьдал мацIалъ чиясе кьола къуват. Гьединав чиясул лъикI бичIчIула дуда нахъасан бахъине миллат, мацI, дур гIагараб ракь бугеблъи.

Нахъасан гьединаб кумек гьечIолъиялъ инсан релълъуна кьалбал гьечIеб гъветIалда.


МацIалъул бечелъи бихьизабула миллаталъул адабияталъ ва маданияталъ. Нилъер адабияталъул нилъ чIухIизесеб ва наслабазе кьезесеб бечелъи буго. Амма бажариладайха нилъехъа гьеб бечелъи цIунун?

МацI гьечIони литература букIине рес гьечIо.


1. ГьабсагIатДагъистаналъулмацIалцIуниялъе,цIилъизариялъе,

церетIезариялъе,тIоцебесебиргаялда,бахъизеккелаДагьистаналъул

мацIазулхIакъалъулъ закон, гьелзаконамтIуразаризеткани къваригIуна

гIурабкъадаралдагIарац.

  1. Ясли-ахаздасангобайбихьунлъималазулрахьдалмац1алдерокьи
    бижизабиялдекIваркьезеккола.

  2. КъваригIунац1алдохъабаздагьоркьобракI унтунх1алтIигьабулел,гьелде
    рокьигибугелмиллиялмацIазулучительзаби.

16

  1. ЦIикIкIинаризекколарахьдалмац1алъулва адабияталъулгидарсалщибаб
    классалда.

  2. ГIураб къадараялдат1ахьалрахъизеккола(НилъерДагъистаналдац1алулел
    ругелазербайджаназегьезулх1укуматалъ ч1езарунpyroг1урабкъадаралда
    жидергомацIалъулт1ахьал).

  3. Шагьаразулкиналгошколаздат1адаблъунгьабизекколарахьдалмац1ал
    м алъи.

  4. Школа лъугIунунезеавар мацIалъулва адабияталъулэкзаменал тIадаблъун
    гьабизеккола,аттестатаздагикъиматалрук1инеккола.

  5. Гьединго,гьоркьохъелва тIадегIаналц1алулзаведенияздец1ализелъугьунез,
    т1оцебесебиргаялда,жиде-жидермиллаталъулмац1алъулэкзамен кьезе
    т1адаблъунгьабизеккола(кинабкъагIидаяльбугониги),гьебмехалъ
    миллатазулмац1алдехунбугеббербалагьилъик1абрахъалдехисизебегьула.
    9. Телевизоралдасан,радиоялдасанхасгьабунлъималазерек1елгьеялъул
    передачаби миллиялмац1алдаг1уцIизеккола,гьанжег1олебг1елалъулниги
    авар мац1алдева адабияталдерокьибижизабимурадалда.

  1. Хъвадарухъабазулгун,артисталгун,цогидалгитворчествоялъул

г1адамазулгунбухьенщулагьабизекколахалкъалъул(учительзабаз,умумуз,культураялъулх1алтIухъабазцадахъ рахъунгьабизекколах1алт?аби).

11.ГIалимзабазересалратизекколаавар мац1ва адабиятмалъиялъулц1ия-ц1иялкъаг1идабазулхъван,хIажатаблитература къват1ибебиччазе.

Нилъергохурзалрекьич1они,г1ат1-ролъбук1инароха,аммаг1атIгиролъгинилъеебичунбосизенигищвела,авар мац1гиадабиятги,умумузго

лъималаздамалъичIони,гьелдерокьибижизабичIони,кире нилъ маг1арулал инеладабияталдагимаданияталдагихадур.Гьабсаг1атгицинкват1унккунругониль нилъергомиллаталъулт1алабгьабизе,амма,гьабичIоготеялдасакват1унгьабиялъулгицинлъикIлъибукIинарищ?РачIакиналгоцадахъ лъугьун,миллат,мац1цIуниялдек1варкьезин.!




Авар мацI бокьизабизе дица школалда лъималазе гIуцIана берцинго къачIараб авар мацIалъул ва адабияталъул кабинет, дарсал кьола гьенир жанир, гIуцIун буго школалда «МугIрул ицц» абураб драмматикияб кружок.

Гьеб хIалтIулеб буго 15 соналъ. Кружокалъул гIахьалчагIи цере рахъуна батIи-батIияб хъвадарухъабазул асараздаса гIуцIарал сценариялгун.

Школалда, росулъ, районалда, фестивалазда росана тIоцебесеб бакIалги.

Нахъе цIунун руго къого гIанасеб диск, грамотаби, фотоальбомал. ТIоритIула пасихIго кечI рикIкIиналъул къецал, гьенир лъимал мустахIикълъана тIадегIанал даражаялъул грамотабазе. Авар мацIалъул дарсазде рачIунарел лъималги гьечIо.

Нижер цIалдохъабазул лъикIаб бухьен буго магIарул радиоялъулгун, (дунгоги кIалъала радиоялдасан), «Хiакъикъат» газеталъулгун, Авар театралъул артистазулгун. ижу на батIи-батIиял музеязде, бакIарун буго бечедаб фольклор.

Данде гьабулеб буго цIалдохъабаз жидецаго ургъараб кучIдузул тIехь бахъизе материал.

ТiоритIула авар мацIалъул анкьал, декадаби ва сочинение хъваялъул конкурсал гьарула.

Олимпиадазда цIалдохъабаз росула цересел бакIал. Гьел хIалтIаби чучлъизеги тезе ракIалдаги гьечIо.

ТiадегIанал цIалул заведениязда цIалулел руго авар мацIалъул рукIинесел учительзаби. Хьул буго нижер росулъ мацIалъул рахъалъ нахъе ккей букIинарилан.



Литература



  1. Журнал «ХIакъикъат» № 14.2014с.

  2. Журнал «Гьудуллъи» № 21 2014с.

  3. Газета «ХIакъикъат» № 245 2009с.

  4. Газета «ХIакъикъат» № 150 2009с.

  5. Газета «ХIакъикъат» № 5-8 2010с.





Скачать

Рекомендуем курсы ПК и ППК для учителей

Вебинар для учителей

Свидетельство об участии БЕСПЛАТНО!