СДЕЛАЙТЕ СВОИ УРОКИ ЕЩЁ ЭФФЕКТИВНЕЕ, А ЖИЗНЬ СВОБОДНЕЕ

Благодаря готовым учебным материалам для работы в классе и дистанционно

Скидки до 50 % на комплекты
только до

Готовые ключевые этапы урока всегда будут у вас под рукой

Организационный момент

Проверка знаний

Объяснение материала

Закрепление изученного

Итоги урока

Проект "Тема матери в творчестве дагестанских писателей "

Нажмите, чтобы узнать подробности

Проект "Тема матери в творчестве дагестанских писателей"

Просмотр содержимого документа
«Проект "Тема матери в творчестве дагестанских писателей "»

17


Дагестанский институт развития образования

Кафедра филологического образования











Проект

Темаматеривтворчествесовременныхдагестанскихпоэтовиписателей.







Выполнила :Садулаева А.М.

Руководитель Юсупова Р. М.


Дата сдачи работы_________







Г.Махачкала







Содержание

ЦеберагIи……………………………………………………………….…………3

  1. Эбелалъул хIакъалъулъ хъвадарухъаби ва поэтал…………………. ….5

  2. Шагьаралъул школазда V-IX классазда авар адабияталда малъулел эбелалъул хIакъалъулъ асарал…………………………………………...13

2.1. Эбелалъул асарал цIалиялъул ва малъиялъул гIилла ва мурад…...13

2.2. КъагIидаби ва малъа-хъваял…………………………………………17

ХIасил…………………………………………………………………………….25

Литература……………………………………………………………………….27





























ЦеберагIи

«Алжан эбелалъул хIатIикь буго»

(ХIадис)



«Эбел» - ан абураб рагIул берцинлъи. ГьечIо дунялалда гьебгIан берцинаб, гьайбатаб рагIи. гьеб рагIудасан тIамула лъимералъ гIумруялде тIоцебебсеб гали. Гьеб рагIи букIуна щивав чиясул рекIелъ. Эбелан ахIула чIахIиязги гIисиназги. ГьечIо дунялалда эбелги лъимергигIан цоцае хирияб жо. Гьеб абулеб букIине ккола ракI-ракIалъ, щибаб лагаялъ, ракIунтун. «Абизе ккола», «йокьизе ккола», - ян гIемер абизе бегьила, тIамизеги бегьила. Амма къойидаса къойиде «дие эбел йокьула» аби гуреб, гIадамил инсанасул жив гьавурай, гIезаюрай, бахун берги, ракIги, гIумруги кьезе хIадурай гIадан кIалалъ гIемер абунини хайир дагь буго. Эбелалде адаб гьечIолъи, херлъидал гьелъул тIалаб-агъаз гьаби къойидаса къойиде дагьлъулеб буго. РекIелъ хIалуцин бачIуна «ХIакъикъат» газеталдасан, телевизоралдасан эбелалде, инсуде лъималазул кIвар гьечIолъи цIалидал, бихьидал.

ЦIакъ гIемерал руго Россиялда, гьанже байбихьун буго Дагъистаналдаги эбел-эмен Херазул рокъоре рехун толел, чIужуялда нахъги рилълъун, гьезул тIалаб гьабуларел васал, жидеего яшав гьабизе бигьаго букIине эбелалъул тIалаб захIматаблъун бихьулел ясалги.

Лъималазда цебе лъела суал: щийха кколей эбел? Унго, гьеб рагIул берцинлъи, хIеренлъи, гьайбатлъи, борхалъи, гъварилъи. Эбелалъ хIехьолареб жо дунялалда щибго бугодай? МугIрузда тIегьалел тIугьдузегIан гIемер кьун руго эбелалъул рекIее батIи-батIиял кьерал. Щивав инсанасул гIумруялъулъ гьелъ цо хасаб бакI ккола. ГIадан чIаго вугебгIан мехалъ, пикрабазулъаги рекIелъаги унаро гьеб рагIи, амма чIаго йикIаго киназдаго гуро гьелъул къимат гьабизе лъалеб. Эбел йокьулилан гаргаданиги, гьелъие рокьи кьолеб гьечIо, гьелда аскIор гIодор чIун хабар бицине, гьелъулгун ургъел бикьизе замангицин батуларо гIемерисезда. Кидаго батула гьабизе кколеб хIалтIиги, чара гьечIого тIуразе кколел хIажатал ишалги. ТIаде къварилъи бачIиндал гурони аскIоре рилълъине лъаларо, кинал ургъалабаз гьелъул рахIатхвезабун бугебали гIинтIамуларо, унтун бусаде ккараб мехалъ гурони кантIуларо. Гьей гьечIеб мехалъ бичIчIула гьелъул къиматги. Эбел чIаго йигебгIан заманалъ щай гьей йохизаюларей. Щай гьейгун гIодор чIезе регIуларел? Жакъа нилъер гIемер руго росабалъ улбулги тун, шагьаралда чIарал, гьел Херазул рокъоре щвезарулел, лъимал рукIаниги, гьел гIагарлъуде рехун тарал. Гьелъиейищха эбелалъ нилъ къаси сардал рорчIун гIезарурал? Лъимер кинаб букIаниги, эбелалъе гьеб бокьула.эбел лъимал кваначIого кваналаро, гьел кьижичIого кьижуларо. Гьей кидаго лIималазул ургъалида йикIуна. Гьелъ жиндирго лъимералде гIайибги киданиги рехуларо. ГIумруялъго ракIбакъвазабун батаниги, эбел сундасаго тIаса лъугьуна.

Заманищ гьадинаб, гIадамалищ вахIщиял? Дунялалъул магIишаталдаса эбел-инсуде руссине лъималазул заман гIолеб гьечIо. Гьединазда кватIун гурони бичIчIуларо эбелалъул къимат. Гьединал ричIчIизе захIматал масъалабилъела лъималазда цере. Эбел-эмен хер гьарулелги лъимал, бахIар гьарулелги лъимал абураб кициялде рачIина.













1. Эбелалъул хIакъалъулъ хъвадарухъаби ва поэтал. Кинидахъ кучIдул

1.1. Гьелде кIвар буссинабуна нилъер церетIурал поэтаз, хъвадарухъабаз: Р. ХIамзатовас, АхIмад МухIамадовас, ТубхIат Зургьаловалъ, ЖабрагIил ХIасановас, Машидат Гъайирбеговалъ, Фазу ГIалиевалъ, МухIамад-Расул Расуловас, Аткъай Аджаматовас ва гьел гурел цогидазги. Гьезул цо-цоязул асарал школалда малъула, амма кIвар кьечIого тезе бегьиларо, дир хIисабалда, школалда малъуларел асараздеги. Гьанже заманалда цIакъго хIажатаб тема буго эбелалъул тема. Эбелалъул рокьи, рахIму, хIеренлъи, хIалимлъи, тIадегIанлъи, къохIехьей, лъимадаса чIухIи, цIодорлъи, къвакIи, эбел васасул, ясалъул ракIбащадай, божарай гьудуллъун йикIин бихьизабулеб буго Дагъистаналъул гьанжесел поэтазул, хъвадарухъабазул асаразулъ. Амма! Кибго букIунаха гьаб «аммаги»! Бокьун гьечIеб куц хъвазецин эбел рехун таразул, гьелъул адаб-агъаз гьабуларезул, гIарцухъ, бечелъиялъухъ гурони, жив, жий гьаюрай, ичIго моцIалъ чохьонив (й) ваччарав, яччарай, керен кьурай, жинда тIоцересел галаби тIамизе, рагIаби абизе малъарай, макьу тарай, жив (й) гIумруялде вахинавизе сордо-къоялъ чIечIого, хIалхьи лъачIого хIалтIарай эбел кин йигеяли лъаларезул; гьелъухъе къойил цо нухалъгIаги, те анкьалъ, те КIалбиччанкъоялъгIаги, цо нухалъгIаги ахIун бачIунарезул хъвазе ккелаха, ругелъул гьединал нилъеда гьоркьор.

Огь, эбелалъул ракI, эбелалъул ракI,

Букъараб заргIанаб эбелалъул ракI,

ТIолго дур гъварилъи борцине кIварав,

ТIолго дур гIатIилъи бихьизе кIварав,

Инсан жеги вахъун рагIичIо дида.

М. Гъайирбегова

Эбелилан абун Аллагьас йижун,

Ракьалде биччараб бичасул хIикмат,

Мун вихьараб мехалъ кIудияй гIолей,

Дуца тараб мехалъ гьитIинлъун уней!

Ж. ХIасанов

Испанияз «мадре», гIурусаз «мама»,

Ингилисаз «мазе», нилъеца «эбел» -

Азарго мацIалда гьеб къокъаб рагIи

РагIула ахIулеб цого бухIиялъ.

Расул ХIамзатов

Кье нижее лъикIал улбул, ниж рукIина лъикIал гIадамаллъун.

И. Рихтер

Нилъее рокьула яц, эбел, эмен, амма гIазабалъулъ эбел ракIалде щола.

Н. Некрасов

Эбел ккола нилъер гIумрудул ицц. Кидаго кинаб дин нилъеца босаниги, эбелалъе батIияб, тIадегIанаб бакI кьун букIуна гIумруялда жаниб, дунялалда. Гьеб бихьизабулеб буго нилъеца цебехун хъвараб хIадисалдаги. Гьединлъидал, ватиларо дунялалда тIад эбелалъул хIакъалъулъ кечI, къиса, хабар хъвачIев цониги поэт, хъвадарухъан.

Нилъер магIарулазул гIадат буго лъималазда, гIолохъабазда малъулеб кире кканиги эбелалъул хIурмат гьабе, лъил эбел гьей йикIаниги. «Жидерго эбел йокьаразе, чиярайги – рихунаро» абун буго халкъияб аби. НекIо лъица бугониги руччаби ругеб бакIалда хIажат гьечIеб рагIи абулеб бугони, гьел чIезарулаан: «Гьаний эбел йиго!» - ян.

Тухумазда гьоркьоб бидулаб тушманлъи ккун бугони, гьеб эбелалда, чIужуялда, руччабазда хъатIулароан, гьелда гьоркьое гьей лъугьунароан. Руччабазда кIолаан рагъулел бихьиназул рагъ чIезабизе, ботIродаса бахъун, кIазги гьоркьобе рехун.

Эбел ккола халкъалъул гIумруялъул кьибил. Гьелъул адаб гьабулаго, гьей йокьулаго, цIунулаго, нилъеца цIунула, щула гьабула халкъ. Бищун берцинго дида йихьула лъимер кодоб ккурай эбел.

Дагъистаналда рикIкIунаан чурулареб рогьолъун лъималаз эбел, умумул рехун тей; гьезда жидедаго хадуб балагьизе кIолареб мехалъ, гьезда тIаде балагьунгутIи, Херазул рокъоре, нилъее гIумру (бищун хирияб жо) кьурал умумул тункун тей дица рикIкIуна вахIщилъилъун. Лъимерго лъимерин эбел, эбел рехизе бакI балагьун лъимер букIине бегьуларо.

Эмен – рукъалъул тIох, эбел – тIох кколеб хIуби. ЦIуне рукъалъул хIуби – эбел. Эбелалъул гIумру берцин гьабизе, бигьа гьабизе, гIодобе биччараблъун, хIалхьараблъун, разияблъун гьабизе тIадаб налъи ккола васазулги ясазулги.

Нилъер магIарулазул гьара-рахьи буго: «Эбел-эмен разияб лъимер гьабеги!» - ян.

Рази гьаре улбул, гьел гIемераб мехалъ хутIуларо. Нилъ кинал ругел нилъер умумузе, гьединал рукIуна нилъее нилъерго лъималги. Эбел ва ВатIан ккола «синонимал». «Нилъер ВатIан – эбел, чияр ВатIан – бесдал эбел». ЦIунизе ккола нилъер ВатIан. ЛъачIого абураб рагIиялъ, гьабураб ишалъ гьелъул рекIеда ругъун ккеладаян, пашманлъиладаян, щибниги лъугьинадаян хIинкъун рукIине ккола нилъ, биччазе бегьуларо хъачIаб, кьогIаб рагIи эбелалдехун.

Гъуниб районалъул БацIада росулъа магIарулазул машгьурай шагIир ТубхIат Зургьаловалъ «Эбелалъухъ чIвараб чIегIераб дир кIаз» абураб ва цогидалги асаразулъ бицунеб буго эбел-инсуде гIорхъи гьечIеб рокьул, ясалде бугеб эбелалъул рокьул кIодолъиялъул.

ЙикIунгеха, бабал, гьедин кIарчанго,

Мун йокьун холаха баба жакъаго,

Хурхунгеха, бабал, гьедин хIасратго,

ХIелъун биун унин дир ракI тIубанго.

ТубхIат Зургьаловалъул асаразулъ бицунеб буго нилъеда кинай йикIине кколеяли эбел ва кинай йикIине кколеяли яс, гьей жийго ТубхIат. Бищун рекIее гIолеб жо буго эбелалдехунги ясалдехунги гьелъул жиндирго бугеб рокьи, недегьлъи, сабру. Асараз нилъеда малъулеб буго кин тIалаб-агъаз гьабилеб бусаде ккарай эбелалъул. ТубхIатида цIакъго лъикI кIун буго жиндирго рекIел бугеб хIал рагьизе: пашманлъи, къварилъи,бесдаллъи, рекIел бухIи, рокьи.

Эбелалъулги, инсулги, вацал-яцазулги – киназулго тIалаб-агъазалда унеб буго ТубхIатил гIумру. КочIол мацIалъул недегьлъиялъ, хIалтIизарун ругел хитIабаз, эпитетаз, дандекквеяз, эбелалъулги ясалъулги дандчIваялъул камиллъиялъ кечI цIализе гъира балеб буго. Гьадинал рукIине ккела эбелги ясги абураб пикруялде рачIунел руго:

Огь, гьеб букIараб сурат,

Сверухълъиго бахилаб!

БукIинчIо дие лахIзат

Доб къоялъгIан талихIаб!

Эбел-тIинчIалъул рокьи

Ракьалда бихьараб куц!

Камилаб нижер дандчIвай

Зобалазда лъараб куц!..

Вай бабал, хирад, дир яс, дир лъимер, эбелалъул месед, дир кIудияй яс бабал, бабалин хитIабал такрар гьариялъ кочIое батIияб хIеренлъи кьолеб буго.

Дунялалда щибниги

Дий хIажатаб букIинчIо,

Дир эмен, вацал-яцал

РакIалдацин ратичIо.

Гьале эбелалде ясалъул, ясалде эбелалъул бугеб рокьи.

Эбелгун цадахъ мугIрул росулъ тIамураб лъимерлъиялъул заман данде кколеб буго чакар гIадаб гьуинаб эбел-тIинчIалъул дунялалда.



1.2. «Эбелалъ дир кинидахъ кучIдул ахIичIелани…»

Васазе ахIулел

Бакьулъ гIамбар хъвараб

ГIусмани месед,

Меседил хатI хъвараб

Мисрияб хвалчен.

Багьа кьун босараб

Бидаяб айгъир,

Ахх-кьижа, кьижа

Хехго кIудияв гIезе.

Гьедин веэдула эбелалъ гьулакалда, киниялда вущарав жиндирго вас.

Васасул букIинесеб гьелъ кинидахъ кучIдузулъ цебечIезабулеб буго.

Эбелалъул анищазулъ, пикрабазулъ вас вуго бищунго къуватавги, къвакIаравги, бахIарчиявги:

Боял рахъаралъув

Чу багьадурав,

ЧагIи рахъаралъув

РакI гъалбацIилав,

ГодекIаниб кьибил

Кьуркьузабурав,

Кьалда бахIарзалги

ХIинкъизарурав,

Росдал гIадамалгун

ГIамал рекъарав

Вацлъун вихьаги мун

ТIулил яцазда.

Кинидахъ кечI. Эбелалъул хIасратаб гьаракьалъ хIайранго ахIулеб гьеб кочIол бакъан тIибитIула щивасул лъимерлъиялъул гIидраялда.

Гьенир рекьун руго лъимадулги бабалги дандчIваязул тIоцересел лахIзатал: гьитIичил гьимиялъ еэдулей бабаги бабал кечIалъ куркьбалги гъун, цIвабзахъе боржине къваригIараб лъимерги:

КIанцIун чоде вахарав,

ЧIухIун ярагъ борчарав,

Бехе унеб хехаб гIор

Жанив кIанцIун бахарав

Харилъ бугеб аздагьо

КIихIи къотIун рехарав,

Лъабнухида хъала бан,

Тушбабигун вагъарав.

Яги:

БацIида кIалдиса

ЦIигьан бахъарав,

ЦIиркъида бадиса

МагIу бикъарав,

Борхьил чохьониса

Чол нус бахъарав,

Чабхъада гьунарал

ГIемер росарав

Дурго эбелалда

Чилъун вихьаги,

Чияр эбелалда

Дурц гIун вихьаги.

Бахьикъосарав, квешав чиясда магIарухъ абула гъосие эбелалъ кинидахъ кучIдул ахIун ратиларилан.

Рес гьечIо эбелалъул кинидахъ кечI рагIарав вас квешлъизе. Гьев гьавурав къогицин эбелалъе киназдасаго батIияб буго:

- Белъанхъулеб микьир,

Кьурдулеб кокан,

Мун гьавураб сардида

Найил гьацIул цIад барав.

Гьавун къватIив вахъиндал,

КъватI-къватIазда нур барав.

Эбелалъул беразда гурони бихьулареб нуралъ васасе гIумру даималъего гвангъизабула, гьелда гурони бихьизе рес гьечIеб гьацIул цIадалъ лъимадул къисматалда кьогIлъи хъвазе толаро.

Кинидахъ кечI – гьеб ккола лъимералдаги эбелалдаги гьоркьоб лъураб меседил кьо.

Гьенисан тIамула лъимералъ бабахъе тIоцересел галаби, гьеб гIебеде квералги ритIун, бекерула эбелалъухъе. Кьодул доб рахъалдасан недегьиялъул квацIигун лъимералде данде екерула эбелги.

Кьодул бакьулъ данделъула кIиго кан – эбелги лъимерги.

Гьенисан эбелалъ ахIулел кинидахъ кучIдулгун байбихьула гьитIичил кIудияб дунялалде сапар.

Гьеб сапаралдаги нилъеде дандчIвай гьабула кинидахъ кучIдуз.

2.Шагьаралъул школазда V-IX классазда авар адабияталда малъулел асарал

2.1. Эбелалъул хIакъалъулъ асарал цIалиялъул ва малъиялъул гIилла ва мурад



«Шагьаралъул школазул V-XI классазе авар адабият» программаялда эбелалъул темаялда малъизе рихьизарун руго гьал темаби.



5 класс

  1. Кицаби, абиял - 1 сагIат

7 класс

  1. Р. ХIамзатов «Эбелалъ дир кинидахъ…» - 1 сагIат

  2. Ф. ГIалиева «Эбелалда гьикъе» - 2 сагIат

  3. М.-Р. Расулов «Эбелалъул рахIму» - 2 сагIат

8 класс

Жидецаго цIализе рихьизарун руго

  1. Хъ. МахIмуд «Эбел ва яс» - 1 сагIат

  2. Р. ХIамзатов «Эбелалде кечI» - 1 сагIат

Цо-цо сагIат босула гьал темабазе класстун къватIибехунисеб цIалиялъул сагIтаздаса.

9 класс

1.Р. ХIамзатов «Эбелалде» - 1 сагIат

2.М. Гъайирбегова «Эбелалъул ракI» - 1 сагIат

3. М. Гъайирбегова «Эбелалъул кечI» - 1 сагIат

4.Ф. ГIалиева «Кини» - 3 сагIат

5.М. АхIмадов «Дие бокьун буго» - 1 сагIат

6.ГI. Даганов «Эбелги, дунги, кечIги» (тIехь)

9 классалда Р. ХIамзатовасул «Эбелалде» абураб кечI цIалулаго, цадахъ анализ гьабизе бегьила ТубхIат Зургьаловалъул «Эбелалъухъ чIвараб дир чIегIераб кIаз» абураб магIуялъул. Дица гьеб рикIкIуна магIулъун, гIадада гуро ТубхIатица цеберагIиялда хъвалеб бугеб магIилъ къалам ччун хъвараб тIехьан. Эбел гьечIого хутIарай гьелъ тIолеб магIуги, каранда гулла щун лъукъараб хIанчIитIинчIалда релълъун, тIухьигIан бакIаб къварилъи тIаде бегарай ТубхIатги цеечIезаюраб мехалъ, ракIалде щола гьабизе жоги тIагIун хутIарав МахIмудил рагIаби:

«Кьурулъ нух щолареб чанил буртIица

Я нух балагьула, я хвел босула».

Чанил буртIида релълъун йихьулей йиго дида шагIир:

«ХIалкIолев БетIергьан! БакIлъи гIумрудул!» –ан ахIи балеб буго эбел гьечIого хутIарай шагIиралъ эбелалде. РекIелъа жаниса угьулеб бакIаб, захIматаб хIухьелгун абулел ругин ккола гьел.

Гьединаб букIине кколин гIумруян бихьизабила лъималазда. Унтарабго, щибгIаги къварилъи ккарабго гурелги, ккечIониги, гьадинго ургъел бикьизеги аскIоре щвезе ккола умумузда, гьезда аскIор чIун тIалаб-агъаз гьабизе ккола. Росуги тун, Дагъистанги тун ун, цо-цо нилъер росуцоял росулъе щвечIого, эбел-эмен рихьичIого щуго-анлъго сон баралги руго. Гьедин бегьуларо. Гьеб буго гьаб ахираб заманалъул «унти». Эбелалъул ракIги, пикрабиги, ургъелалги – кинабго лъималазда тIад букIуна. «Щибдай буго? Кивдай вуго? Вакъун вугодай? ГIарац бугодай?» абурал пикрабазда, ургъалида рукIуна улбул. Улбул рехун тоге, цIуне улбул кинабго квешабщиналдаса, лъикIаб гурони рагIизе тоге нужер рахъалъ. Эбелги йокьа, росуги бокьа, Дагъистанги бокьа, Россияги бокьа. Гьел гьечIони, гьечIо нилъ!

7 классалда Р. ХIамзатовасул «Эбелалъ дир кинидахъ кучIдул ахIичIелани» абураб асарги босун, кьун букIана рагьараб гIадатияб гуреб дарс. Гьениб хIалтIизабуна компьютер, проектор, кини. Аслияб мурадлъун букIана эбелалъул рокьиялъ, гьелъул хIеренлъиялъ лъимал лъикIаб хьвада-чIвадиялде куцалел ругеб куц Расулил мисалаздалъун бихьизабизе. Гьеб киналъулго кIиго приложениялда тIад планги буго, дарсил эпиграфлъун босун буго «Эбелалъул хIатIазукь буго алжан» абураб хIадис, дарсил эмблемалъун кини буго.

Дие цIакъго рекIее гIола Ж. ХIасановасул ХирамухIамад ХирамухIамадовас цIакъго пасихIго рикIкIунеб «Эбелалде» абураб кечI. Улбулги ахIун, мугIалимзабигун тIобитIана семинар. РекIелъе бортулеб куцалъ цIалула кечI артистас.

Дуда эбелалъул берал рихьанищ,-

Балагьун гIорцIичIел гIумруялъго духъ?

Дуда эбелалъул кверал рихьанищ,

Кинабго дуе кьун, ракъван тIагIарал?

Дуда эбелалъул гьумер бихьанищ,

ГьитIинлъулеб бугеб дур тIалабаца?

Дуда эбелалъул угьи рагIанищ,

Гьаб дуниял цIураб цIилал соролеб?

Лъималазда бичIчIула, гьезул бераздасаго бихьула эбел-эмен цIунизе, рокьизе, адаб гьабизе, гьезда гурхIизе кколеблъи.

5 классалде рахъарал цIалдохъабазда эбелалъул темаялда кицаби, абиял дандчIвала цIалул сон байбихьарабго. Гьел кицабазул магIна рагьизе цIалдохъабиги тIамун, эбелалъул адаб гьабизе кколеблъи, гьелъ абураб гьабичIого тезе бегьулареблъи, эбелалъ лъимадуе лъикIлъи гурони гьабулареблъи бичIчIизабила.

1.Эбелалъул ракI гурхIи цIаялъги бухIуларо.

Эбелалъул ракI бухIи лъадалъги тIерхьунаро.

2.Эбел-эмен хер гьарулелги лъимал, бахIар гьарулелги лъимал.

3.Эбел-инсул ракI лъималазда хадуб, лъималазул ракI - гьаваялда.

4.Эбел-инсул адаб тарав халкъалъе басралъула.

5.Лъималаз эбел-инсуе щиб гьабун батаниги, гьезул лъималаз гьезие гьабулеб гьебго жо.

Гьадинал кицабиги росун, гьезул магIна рагьизе тIамила цIалдохъаби. Эбелалъул бицине тIамила, «Кинай гьей йигей, щай дуе гьей йокьулей, бищун гьелъул бокьулеб гIамал щиб?» абурал ва гьел гурел цогидал суалазеги жаваб тIалаб гьабила. Кицаби тетрадазда хъвазе тIамила, махщел бугез эбелалъул сурат бахъун босизе тIадкъала, ункъо-щуго предложениялдасан сочинение яги гьитIинабго кечI хъвазе кьела рокъобе.

7 классалда МухIамад-Расул Расуловасул «Эбелалъул рахIму» абураб хабаралда Насибатилги цIодорлъи; гьелъул вас Алмасидехун бугеб кIудияб рокьи ва божилъи бихьизабизе; гьитIинлъиялъ ва гIанчIлъиялъ Алмасил ккарал гъалатIал; квешлъиялдаса вас цIунизе эбелалъул божиялъул бугеб кIвар сочинение-рассуждениялда жаниб рагьизе лъимал ругьун гьарула. Авар мацIалъул олимпиадабазул лъабабилеб тIадкъаялъулъ кьураб тартибалда рекъон сочинение-рассуждение классалда байбихьила хъвазе, рокъобе кьела лъугIизабизе.

2.2.КъагIидаби ва малъа-хъваял

Сочинение хъвалеб мехалъ кIвар кьезе ккола:

- кинаб суал борхулеб бугеб авторас асаралъулъ;

- кинаб пикру бугеб авторасул гьеб суалалдехун;

- мун рази вугищ авторасул пикруялда? Щай?

- дурго гIумруялъул хIалбихьиялдаса яги литератураялдаса мисал баче хабаралдаса борхулеб суалалда дандекколеб;

- дурго пикру баян гьабе.

ТIадкъай кьезе, эменги гьечIого, живго эбелалъ хьихьулев Алмасил гIамалалъулъ битIараб ва мекъаб батизе, баян гьабизе. Эбел цIунизе ккеялде кIвар кьела. Алмасица гIадинал гъалатIал риччангутIиялде рачIина.

«ХIакъикъат» газеталдасан Шамай Хъазанбиевалъул макъала цIалила, заман бугони, хIасилал гьарила. «Эбелалъул кечI» абураб асаралда бицунеб буго Париханил. Гьей магIарулай 50-ялдасаги цIикIкIун соназ хIалтIула школалда авар мацIалъул учительлъун. Цадахъ лъабго хIалтIи бачуна. ХIалхьи гьабе, кIудияб хъизанги гьечIелъул, щай дуе захIматаб хIалтIиян цадахъ хIалтIулез абуни, киналго бахилаб гIумру букIине буго дир ГIалилан чIезарулаан Париханица гьел. Эмен гьечIого хутIарав гьитIинав ГIали Париханица гогьдаризавула. Бабал хан, дару дарман, берзул канлъи – гьединал рагIабаз сверун ккурав ГIалида жив цогидаздаса тIокIав вугев гIадин ккола.

ЧIужуги ячуна бищун берцинай Гулишат. Бертинги гьабула бечедаб. ГIалил лъималазда кверчIвазе ккеларищан жеги хIалтIула Парихан. Унтула Парихан, кIоларо хIалтIуде яхъине. Раккизе рачIарал ратIарахъизецин лъаларо гьелда.

ГIалицаги Гулишатицаги унтарай эбел кавуги рахан рокъой жаний тIамун йикIуна. Гьел хIалтIудаса регIулел гьечIо. Париханин абуни азбаралда загIипабго гьаракьалъ кечI ахIулей йиго. Гьаниб бихьулеб буго Гулишатица ГIали эбелалде данде тIамулев вукIин:

- КидалъизегIан херай дур эбелалъ ниж квегъизе ругел? – ан ахIула Гулишатица.

Эбел больницаялдеги ячун, лъикIлъизайичIого рокъой тун йиго бабал хан ГIалица, эбелалдекIвар кьолеб гьечIо, гьелъул тIалаб-агъаз гьечIо. Гьединалги рукIунел руго васал, лъудбузда хадурги рилълъун, жив хан гIадин хьихьарай эбел рехун толел.

Гьабеха хIасил. Сахабги унтарабги мехалъ – кидаго цIуне улбул, рокьа улбул, хьихье улбул, гьез нуж гIадин. Нужеда хIур хъвазе бокьуларо эбел-инсуе, гьез яхI бахъула малаикзабазул куркьбал гIадин, жидерго къвалакье нуж рачине, нуж цIунизе. Цого заманалда рохелги, пашманлъиги, хIинкъиги букIуна эбелалъул бадиб. Йохула Аллагьас вас, лъимер кьун букIун, пашманлъула жиндие бокьарабщинаб гьесие кьезе кIоларого, хIинкъула гьадинаб чIвай-хъвей гIемераб заман букIун.

Эбелалъул ракI, эбел йикIуна кидаго Аллагьасда гьардолей цIуне, цIуне, Аллагь,дир васин. ЦIуне унтиялдаса, квешлъиялдаса, гьерсидаса, мацIалдаса, чороклъиялдаса, хиянатлъиялдаса, ракIбекиялдаса. Кье, БетIергьан Аллагь, сахлъи, талихI!

ГIемерисезда рагIун батила, цIалун батила. Нилъер умумузул бицен буго эбелалъул ракIалъул хIакъалъулъ.

ГIолохъанчиясе йокьун йиго чIухIарай, гIамал кIудияй яс. Васас жиндирго ракIги кверги кьолеб букIуна гьелъул рокьиялъухъ, амма гогьай ясалъ эбелалъул ракI бахъун вачIаян абула васасда. Васас тIубазабула ясалъул тIалаб, гьелъул рукъалъул рагьумахIу бахъулаго, гьев гIодов ккола ва гIодобе ккола эбелалъул ракI. «Унтанищ, дир вас?» - ан абулеб эбелалъул гьаракь рагIула васасда. Гьаниб бихьулеб буго эбелалъул лъимада бугеб гурхIел.

Гьаб биценги бицун, лъимал тIамила ургъизе. ЧIужу ячингун, эбел-эменгун цадахъ гIумру гьабизе ккараб мехалъ, гIемерисезул данде кколаро эбелалъулгун, росасул яцалъулгун. ГIолохъанав росасда лъазе ккола битIараб нух тIаса бищизе, эбел, эбел гIадин, кIодо гьайизе, йокьулей чIужуялдаги берцинго бичIчIизабизе кинал ритIарал, кинал тIекъал ругелали.

9 классалда малъула Р. ХIамзатовасул «Эбелалде» абураб кечI. КечIалда тIад хIалтIулаго, пайда босила слайдаздаса, компьютералдса, проекторалдаса, эбелалъул суратаздаса ва цогидалдаса. Кьола гIадатияб гуреб дарс. Гьабула хIасил: лъималазда эбелалъул рокьул кIодолъи ва гъварилъи бихьизабила, гьезул ургъалида ва рухIалида гIумру унел улбузда цере лъимал кидаго налъулаллъун хутIулеллъи бичIчIизабила.

КочIол гъваридаб анализ гьабулаго, бихьизабила эбелалдехун Расулил бугеб хIеренлъи, недегьлъи ва рекIел тIеренлъи. Расул рекIекълъун вуго – гIолохъанлъи митингазда, нухазда ун, эбелалъухъе кватIун. КочIолъ ругел эпитетал ратизе тIамила, магIнаялде кIвар кьела. Каранда ракI лъурай, дир хирияй, дир мискин, дир хирияй эбел, эбел, эбел – абун такрарлъулел ругохIеренал хитIабал. КечI дагьабги цIикIкIун недегьаблъунлъугьунеб буго. КочIол мацI буго пасихIаб, рекIелъе бортулеб, недегьаб, хIеренаб.

Гьаб кечIалда цадахъго анализ гьабизе бегьила Сидрат ХIусеновалъул «ХIакъикъат» газеталда бахъун бугеб макъалаялъул. Гьелъ хъвалеб буго: «Дида лъала яс кIалъачIого хварай эбел. Гьебги щиб сабаблъун? Васазе минаби ран кьураб мехалда, жиндиего мина кьечIогойилан квеш букIун бугоан гьелда. Васазе магIишат гьабулей йикIанин муниланги абун, гьанже гьезул руччабаз хьихьейилан, гьикъун кIалгун, барщун чIана гьей. Ясалъе къваригIунарей эбел, нусабазеги щиб гьабизе? Гьелъ кин кIодо гьаюн ятаниги, гьединан гьайиларищ цогидазги. Унтун бусаде ккараб мехалъги эбелалъухъе яккизецин инчIо гьей, росдал гIадамал хьваданиги, гьей жиндие цеего хванилан абулеб букIана вахIщияй ясалъ. Хвалил босной лъурай эбелалъ чангиял ритIана ясалъухъе ахирисеб нухалъ йихьизе йокьун йигин, щвезе ячIайиланги абун. Щив кIалъаниги, эбелалъухъе ине яс мукIур гьайизе кIвечIо. ГIагаразда эбелалъ абуна, гьелда абейин, кинай йикIаниги дие гьей йокьулин ва гьелда тIасаги лъугьарай йигилан. Гьедин, чохьол рижиялъ рехун тун, хвана эбел. Кинал кIвар цIикIкIарал ругел: эбелищ, минайищ?

Эбел хведал гурони, кантIичIо яс. БичIчIана цогидав чиясе жий ва жиндир ургъалаби къваригIун гьечIолъи. Росдал жамагIаталда гьоркьобги гьелъул адаб хвана. Гьелда бичIчIулаан, жинца мугъ рехарабго, гIадамаз жиндир бицунеб батилеблъи. Гьезул ургъел букIинчIо, амма гIолей йикIинчIо эбел. ГIолеб букIинчIо эбелалъул гIакълуги гIумрудул малъа-хъваялги. ЧIобоголъун букIана ракI, магIил цIун рукIана берал. Гьанже кигIан гIоданиги, гьей кватIана.

Дирги гьечIо эбел. Гьей хваралдаса нахъе дир къо релълъуна чирахъ свараб рукъалда. Эбел йигеб мехалда гIадаб рекIел тирхиги, гьурмал гьимиги гьанже дир букIунаро. Гьеб букIана унго-унгояб талихIаб заман. Гьединлъидал цIуне эбел!»

Фазу ГIалиевалъул творчествоялда жаниб гIемер дандчIвала эбелалъул тема. Гьеб буго 9 классалда малъулеб «Кини» хабаралда Халунил сипат, «Рокьул гIерекъ гьороца унаро» романалда ПатIиматил эбелалъул сипат ва гь.ц.

ЦIалдохъаби Закарил эбел Халунил сипат рагьизе, магIарул чIужугIаданалъул гIакъиллъи, сабруялъул кIодолъи, рухIияб дунялалъул камиллъи, васасдехун, йикIинесей нусалдехун, цогидаздехун гьелъул бугеб бербалагьи сочинениялда жаниб рагIа-ракьанде щун хъвазе, рагьизе ругьун гьарила.

КIудияб ВатIанияб рагъул магъалоялъул бакIлъи интернеталдасан кино-фрагменталги росун бихьизабила.

Машидат Гъайирбеговалъул творчествоялда цIакъ гъваридго рагьун буго «Эбелалъул ракI», «Эбелалъул кечI» абурал кучIдузулъ эбелалъул хIакъалъулъ тема. ГIемерал эпитетал, дандекквеял хIалтIизарун, пасихIго, бичIчIиледухъ рагьун буго эбелалъул рекIел хIал Машидатица.

Эбелалъул ракI: букъараб заргIанаб, гъваридаб, гIатIидаб, лъимадул рохелалъ зодиб боржунеб, лъимадул ургъелалъ ракьулъ тIерхьунеб, тIолабго дуниял жаниб бачараб, дуниялалъул тIалаб тIаде босараб, къуватаб, канлъи бикьулеб, нухал гвангъулеб ва гьел гурел цогидалги эпитетал хIалтIизарун руго кочIолъ. ИяхI бугей, рагIдукь кIусун къо рехуларей, хIеренай, кIвахI гьечIей, бокьараб жо баччулейлъун йихьизаюн йиго эбел.

Нилъее гIумру кьурай, нилъ гIезаризе сардал рорчIарай, кинаб къо тIаде бачIаниги, гьеб хIехьезе, баччизе къуват бугей, Расулица абухъего, «квен кьурайги, кечI кьурайги», нилъеда кинабго малъарай цIунизин хирияй, гIагарай, йокьулей эбел, мугIрул чIужугIадан.

МагIарулазул поэзиялда жаниб рикIкIаде рагIана Фазу ГIалиевалъул, Машидат Гъайирбеговалъул, ТубхIат Зургьаловалъул ва жидерго асарал цIалдолезе гIахьал гьаризе бокьарал ясазул къадар.

МагIарул литератураялда цереккунги дагьал рукIинчIо улбуздехун бугеб рокьиялъул, гьезда цебе букIине кколеб жавабчилъиялъул бицарал асарал. ТубхIат Зургьаловалъ нилъер адабияталде ва рухIияб дунялалде босун бачIана цо хасаб цIилъи. ТIоцебе гьеб магIарулазда бихьана «Эбелалъухъ чIвараб чIегIераб дир кIаз» абураб тIехьалдасан. ЦIалдолезе гьеб тIехь лъугьана эбелалдехун бугеб гIицIго ТубхIатил асар гуреб, гIемерал гIадамазул пикраби, рекIел хIал загьир гьабураб, эбел камиялъ щивасул рекIелъ лъугьинабулеб ругъуналъул, сунареб бухIиялъул хIакъалъулъ бицараб камилаб рагIилъун.

ТубхIатил творчествоялъулъ кIудияб бакI ккола цебесеб гIагарлъиялъул бицарал асараз. Амма бищунго рекIее асар гьабулездасан руго шагIиралъулги эбелалъулги рукIарал гьоркьорлъабазул бицарал шигIраби. Хасго эбел унтиялъул, хадуй гьей камиялъул бицарал кучIдул ва поэма цIакъго рекIее асар гьабулеллъун руго. ЧанцIул цIаланиги, гьел асараз бадиб магIу хулизабичIого толаро.

Дагъистаналъул гьанжесел поэтазул ва хъвадарухъабазул творчествоялда эбелалъул темаялда хъварал кучIдул, къисаби, харбал «ХIакъикъат» газеталда ва журналалда, гьединго «Гьудуллъи» журналалда ахираб заманалда цIакъго гIемер руго, бегIерго борхун буго суал Херазул рокъоре рехун тарал, лъимал нахъе ругониги, гIагарлъиялъ хьихьизе тарал, милат гьечIого тарал улбузул.

Нилъер, учительзабазул, аслияб масъала буго, эбелалъул темаялда асар малъулаго, жакъа къоялъ рехун тарал улбузул бугеб ахIвал-хIал рагьун цебелъезе, текстал цIалун, гьезул анализал гьарун, гьел битIараб нухде ккезе гьаризе.

Школалда хIалтIулеб «Наследники» абураб цIалдохъабазул къокъаби уна рехун тарал, янгъизго хутIарал херазе кумекалъе.

Хадубккун гьабизе бугеб х1алт1и:

1)27 ноябралда дунялалдаго Эбелалъул къо кIодо гьабула. Гьеб къоялъ тIобитIула школалда байрам. Лъималаз улбузда баркун, сайгъатал кьола. Бихьизабула гьездехун бугеб рокьи. Гьел ахIула школалде, кьола сайгъатал. Гьелги гIахьаллъула байрамалда. (27 ноябрь 2015г.)

2) Текстазда тIасан сочинение-рассуждение хъвала. КIвар кьола эбелалъул сипаталъе, лъималазул лъикIал ва квешал рахъазе. Квешаб рахъ бугони, лъикIалъул мисалгун дандеккола. Лъималазул сипат-рахъ бугони, квешалдеги кIвар кьола. Гьедин букIине бегьуларо абураб пикруялде рачIуна. (декабрь 2015 г.)

3) Компьютер, слайдал, интерактивияб доска, видеофильмал, тестал хIалтIизарун, ракIалда чIоледухъ кьола эбелалъул темаялда ругелги гьечIелги дарсал. (январь 2016г.)

4) Р. ХIамзатовасул «Эбелалъ дир кинидахъ» абураб дарс гьабизе. (февраль 2016 с.)

5)Микьабилеб марталда гьарула вечерал, улбулги ахIун, рикIкIуна гьезие кучIдул, гьитIинабго тепси гIуцIула, кьурдаби рихьизарула, кучIдул ахIула.

ГIемерал соназ коммунистаз халкъалъул ракIчIезабулеб букIана Исламалъ чIужугIадан гIодоегIан гьаюлей йигин. Гьаб проектнияб хIалтIул эпиграфлъун босараб хIадисалдасаги «Алжан эбелалъул хIатIазукь буго», - ян нилъеда бихьулеб буго Исламалъ эбел, руччаби-эбел цIунулей йикIин.

Цо жо ракIалда чIезабе, нужго хвезегIан, цIуне улбул, кумек гьабе улбузе, хъулухъ гьабе, рокьа, кIодо гьаре гьел! Гьединал нуж ругони, нужер лъималги нужее гьединал рукIина.

Цоги хIадис буго: «Алжан эбелалъул хIатIазукь буго, амма алжаналде кIул инсухъ буго!». Гьалъул баян: инсуца лъималазе тарбия кьезе ккола, гьесул лъимал Алжаналде кколедухъ.













































ХIасил

Эбел-эмен Херазул рокъоре кьей - гьеб нич ва рогьо букIин бичIчIизабизе дирго цIалдохъабазда. Гьелъие гIоло дица гьабулеб хIалтIи

буго гьадинаб.

ЦIалдохъаби тIамизе, жиб-жиб асар малъигун, гьадинаб пикруялде рачIине, хIасил гьабизе:

а) умумузул адаб-хIурмат гьабичIого, гьел цIуничIого бегьуларо, гIоларо, тIоцее эбел;

б) ясазда бичIчIизабизе йикIинесей эбел, чIужу, кIодо яхъин кинаб жавабияб иш бугебали, гьей кинай йикIине кколеяли;

в) эбел-эмен рехун тей – гьеб рогьо буго нилъер магIарулазе абураб хIасилалде рачIине.

Хаду-хадубги Дагъистаналъул адабияталда жаниб эбелалъул темаялде кIвар кьезе.

Слайдал, видеороликал, компьютерал хIалтIизарун, дарсал ракIалда чIолел руго, гьел хIалтIизаризе хадурккунги.

Гьелъул хIасил гьабулаго, дида бихьана кинаб гъирагун лъималаз эбелалъул хIакъалъулъ дарсида бицунеб, хасго щуабилеб классалъул цIалдохъабаз, кин гьез хIаркат бахъулеб берциналщинал эпитеталги, дандекквеялги хIалтIизарун кучIдул, сочинениял хъвазе. Гъираялда рачIуна цIалдохъаби авар мацIалъул ва адабияталъул дарсиде. Бокьула аллитерация, наку, гьижа, рифм цIунун, кучIдул гьаризе, хасго эбелалъул хIакъалъулъ. Переменазда аскIоре рачIун: «Дир кечI кин бугеб?» абун гъира ккун рукIуна. Дица яхI бахъула лъикI лъугьарал кучIдул «ХIакъикъат» газеталъул лъималазул «БурутI» гьумералда рахъизе. Гьениб бакI гIечIони, нижеца гьабула къадал газета ва гьел кучIдул лъола гьенир.

МугIалимзабаз, эбел-инсуца тарбия кьун щибго къадараб, тохаб иш гьабуларел лъимал рукIин буго мурад. КIудиязул, эбел-инсул адаб-хIурмат бугеб, цогидазе кумекалъе рачIине хIадураб гIел гIезабизе ккола нилъеца чIахIияз. Гьабулеб хIалтIулъ тавпикъ ва сахлъи кьеги киназего, нилъер гIумруялъул ицц эбел цIунизе, еэдизе, гьелъул адаб гьабизе гьесизареги нилъ Аллагьас!



































Литература

1. Даганов ГI. «ГIадамазе рохел бикьулев», Дагкнигоиздат,1989 сон.

2.Зургьалова Т. «Маржанал». Дагестанское книжное издательство, Махачкала, 2013 сон.

3.МухIамадов МахIмуд-Апанди «ХIадисазул квацIи», 2013 сон.

4.Шарапов А.А. «Тарбия кьеялъул тIехь». Издательство «Дельта-пресс»,2010 сон.

5. «Гьудуллъи» журнал, №3, 2014

6. «Лачен» журнал, №4, 2007

7. «ХIакъикъат» газета, №49, 2012

8. «ХIакъикъат» газета №50, 2014

9. «ХIакъикъат» газета № 37, 2015












































Скачать

Рекомендуем курсы ПК и ППК для учителей

Вебинар для учителей

Свидетельство об участии БЕСПЛАТНО!