СДЕЛАЙТЕ СВОИ УРОКИ ЕЩЁ ЭФФЕКТИВНЕЕ, А ЖИЗНЬ СВОБОДНЕЕ

Благодаря готовым учебным материалам для работы в классе и дистанционно

Скидки до 50 % на комплекты
только до

Готовые ключевые этапы урока всегда будут у вас под рукой

Организационный момент

Проверка знаний

Объяснение материала

Закрепление изученного

Итоги урока

Рагьараб, интегрированияб дарс Мух1амад Г1абдулх1алимовасул къисаялда т1асан: «Госпиталалъул вас»

Нажмите, чтобы узнать подробности

1. Т1убараб къисаялъулгун лъай-хъвай гьаби;

2. Асаралъул анализ гьабизе ругьун гьари;

3. Ват1аналде рокьи, жавабчилъи ц1алдохъабазулъ куцай.

Просмотр содержимого документа
«Рагьараб, интегрированияб дарс Мух1амад Г1абдулх1алимовасул къисаялда т1асан: «Госпиталалъул вас»»

Рагьараб, интегрированияб дарс Мух1амад Г1абдулх1алимовасул

къисаялда т1асан: «Госпиталалъул вас»

Дарсил мурадал: 1. Т1убараб къисаялъулгун лъай-хъвай гьаби;

2. Асаралъул анализ гьабизе ругьун гьари;

3. Ват1аналде рокьи, жавабчилъи ц1алдохъабазулъ куцай.

Дарсие х1ажатал алатал: интегр.доска, баг1арал ц1ваби(къиматал х1исабалда), «Гьудуллъи» журналал, «Х1акъикъат» газетал, ц1улал палугьан, М. Г1абдулх1алимовасул суратал.

Дарсил ин:

1. Орг. момент

2. Лъимал, жакъа нилъер буго рагьараб дарс М.Г1абдулх1алимовасул къисаялда т1асан.

- Щиб кьун бук1араб нужее рокъобе? (М.Г1-л биографияги 1-2 бут1абиги рицине х1адурлъизе).

- Рач1аха нилъеца гьесул биографиялда т1асан кроссворд ц1езабизе.












б








Г




е


Х1






о




гь


а




къ

и

с

а



У


къ






п




Л


и



ш

а

м

и

л



А


къ






т




р

Г1

а

б

д

у

л

х1

а

л

и

м

о

в


т






л





а








а





с



гь

у

д

у

л

лъ

и









у








Т1

е

л

е

кь



Суалал: 1 – Цебесеб дарсида нилъеца лъай – хъвай гьабурав шаг1ир. 2- Кинаб районалдаса гьев кколев? 3 – Кинаб росулъ гьев гьавурав? 4 – Мух1амад кинаб журналалда редакторлъун х1алт1улев вугев? 5 – Кинаб газеталда редакторлъун гьев х1алт1улев вугев? 6 – Ц1ар т1ибит1араб, г1урус мац1алдеги буссинабураб «Метер кват1изе бегьула» абураб асар кинаб жанралъул кколеб? 7 – 1987 с. Дагъучпедгизалъ къват1ибе биччана т1ехь «Нилъералго рицине ….» 8 – Гьеб т1ехьалдаса нужее кьун буго кинаб кесек?

3. Къисаялъул т1оцебесеб кесекалда т1асан нилъер ц1алдохъабаз х1адур гьабун буго сценка. Рач1аха гьелъухъ балагьизин.

Сценка

Г1ахьаллъулел: Х1амзат –

Сахрат –

Г1усман -

Рауф –

Кивего инч1ого, жинда цадахъ хуриве вилълъине ч1аян к1одоца абидал, Х1амзат вук1ана рагъида эхетун хиялал гьарулев. Гьев ургъулев вук1ана хурибги квеш бук1инароанин, амма гьудулзабазе кьун бук1араб раг1иялда щибдай гьабилебан. Гьедин гьев вук1аго, къот1носан баккун бач1ана бахараб ч1ег1ераб расалъул к1удияб Сахратил бет1ер. Х1амзат къот1нове векерана.

- Дихъе кьеларищ? – ан гьарана Х1амзатица. Гьудулас расанк1о, хабар тун, гьесухъе кьуна.

- Г1али-дадаца гьабуна къаси, нижеде вач1ун вук1ана, - ян бицана Сахратица.

К1иявго гьудул вилълъана Г1усманихъе, гьесул тарщидаса къадарабищ палугьан бугебан реццаризе.

Г1усманица цадахъ вачана мадугьал Рауфги. Щаяли Х1амзатие гьев вихьаравго рек1ее г1еч1о.

Сахратил палугьан бук1ана Х1амзатихъ. Гьесухъа Рауфица босана гьеб. Гьес квешго терк1езабуна ва палугьанасул квер т1уна.

Х1амзатица турк1ун бахъана гьесда кодоса палугьан.

Рауфица гьесул маг1арзукъалазда т1инкъана. Х1амзатица гьурмалъ палугьан кьабуна. Ккана рагъ, амма гьел гьудулзабаз рат1а гьаруна.

- Гитлергун рагъулел ругел г1ела, нужги рагъич1ониги, - ян абуна Г1усманица, ва гьес гьел рачана росдада аск1осан чвахулеб лъарахъе.



Лъик1 буго, ц1алдохъаби, г1одор ч1а, х1алч1ахъадал. Гьанже хут1аралда т1асан суалазе жавабал кьезе х1аракат бахъе, лъимал:

  1. Лъарахъ лъималазул аслияб рак1гъей сундасан бук1араб? (таращ – Цидукидасан).

  2. Сундуе ругьун гьабизе кколин абураб Сахратица таращ? (мах1 бачине).

  3. Кинаб х1асилалде рач1арал г1олилал? (Цидук мах1 бачине ругьун гьабизе къойил данделъизе).

  4. Рокъоб кинаб гара-ч1вари ккараб ясалдаги к1одоэбелалдаги гьоркьоб Х1амзат сабаблъун? (жинхъа г1енеккулев гьеч1ин к1одоца абидал, эбелалъ х1укму гьабуна вас цадахъ вачине).

  5. Кинаб бербалагьи бук1араб унтаразул Х1амзатил эбелалдехун? (киназего гьей йокьулаан. Гьей йик1ана махщел бугей лъик1ай тохтур. Дару гьабич1ого, х1еренаб гьимиялдалъун, х1алимлъиялдалъун сах гьарулаан гьелъ унтарал).

  6. Щай Г1умакусум-жан унтаралгун х1еренго к1алъалей йик1арай? (щивав лъукъарав рагъухъанасулъ гьелда вихьулаан рагъда вугев жиндирго рос. Рек1елъ гьевгун к1алъалаан гьей щивав рагъухъангун).

  7. Т1оцеве Госпиталалде вач1индал, гьениб бихьаралъ кинаб асар гьабураб Х1амзатие? (гьев, к1алъазе к1ал къот1ун, виххун ккун, хаган вук1ана).

  8. Щай гьев гьедин вук1арав? (гьумер, бет1ер, рукь-бох бухьарал унтаразул ц1ун бук1ана к1удияб рукъ).

  9. Хаган ххут1арав Х1амзат сунца ворч1изавурав? (г1одобе бортараб кружкадул сасалъ. Гьес гьеб босана. Гьеб бук1ана кьуризе к1олареб рагъухъанасухъ бортараб. Васасул гьесда рак1гурх1ана, ва гьес гьесие лъим кьуна).

  10. Реччалъ вугев багьадур - Дзгуевасул щиб х1ал бук1араб? (гьев зах1матго вук1ана. Гьединлъидал, эбелалъ гьесда гьарана Дзгуевасда аск1ов ч1аян).

  11. Кинал х1ажалъаби т1уралел рук1арал Х1амзатица госпиталалда? ( гьес гипс лъуразе гъот1ол хьоп бач1унаан букарарб хъасизе, къвариг1аразе лъим кьолаан ва гь.ц.).

  12. Хадуб щиб гьабураб Х1амзатица? (гьесда рак1алде щвана гьудулзаби ва таращ мах1 бачине ругьун гьабизе щибаб къойил данделъизе бук1араб къот1и. Ва Х1амзат гьениса лъарал раг1алде ана, бакъанида рокъовеги вилълъана).

  13. Гьесул госпиталалдаса иниялъул х1асилда щиб ккараб? (рокъой гьанжеги ягъана эбел, ва к1ододаги гьелдаги гьоркьоб к1алъай ккана).

4. Ц1акъал руго, лъимал, х1алч1ахъадал. Гьанже хадуб ккаралъул бициналде словарияб х1алт1и хъвай:

Ц1улал палугьан – расанк1о;

Т1инкъана – тункана

Реччалъ вуго – ц1аги бахун, инсанас жиндирго лъаялдаса арал жал рицин (бредить)

Щвант1их – бакънал рачунеб



5. Гьанже бицинин нужее хадуб бук1аралъул. Г1инт1аме:

Нахъисеб къоялъги эбелалъ вачана вас госпиталалде. Гьей жиндирго ишалде юссарайго, Х1амзат гьениса т1урана гьалмагъзабазде аск1ове. Сон щай вач1инч1еван гьез гьикъидал, Х1амзатица абуна эбелалъ цадахъ вачун вук1анин. Нижги рачунин, амма унарин абуна Рауфица.

Ч1ах1иязухъ г1енеккизе кколарищ лъимал? Кинаб мекъаб иш гьабураб Рауфица. К1удияз, хасго чохьол эбелалъ абураб гьабизе ккола.

Гьеб къоялда г1емер кеп ккеч1о гьезул расандиялъулги таращ мах1 бачун ругьун гьабиялъулги. Щайдай лъимал гьедин ккараб? Кин нужеда кколеб? (к1удияз абурабги гьабич1огун индал).

Рокъове щвегун, Х1амзат хехго кьижизе вахана. Эбелалда кинабго к1оченин хьулалда вук1ана гьев. Амма гьедин ккеч1о. радал гьев ворч1ана эбелалъул кьварараб гьаркьихъе: (гь. 176 ц1алила)

- Гьа, т1аде вахъая, хиянатчи!

Зурулаго бералгун ва бач1инч1ониги гьак1к1адилаго, вахъана т1аде.

- Дуда лъалищ рагъдаса лъути щиб жо колебали? – ян гьикъана эбелалъ кьварун.

Х1амзат, г1одовеги къулун, г1енеккун ч1ана.

- Гьеб ккола Ват1аналъе хилиплъи. Гьелдаса к1удияб такъсир бук1унаро. Дуцаги гьабун буго гьединаб такъсир. Цоги гьединаб жо гьабуни, дица кколеб бак1алде лъазабизе буго. Дие гьединав вас х1ажат гьеч1о. инсухъеги хъвала…

Бищун Х1амзатие зах1малъана инсухъе хъвалин аби. Гьев рет1ел рет1ине лъугьана.

Гъираго гьеч1ого, щвана госпиталалде.

Х1амзатица т1уралел рук1ана унтаразул х1ажалъаби. Гьениве вач1ана т1илал г1унт1арав солдат – Васильев. Гьес абуна нужер гьанив раг1улин немцазул 3 танк бух1арав ва цоялда т1ад кьурдарав солдат. Гьединав гьеч1ин, Гитлерил бер бахъарав вугин жаваб гьабидал, Васильевас нахъеги абуна 4-5 къоялъ цеве вач1арав осетинав раг1улин. Осетинав – Дзгуев кколин абуна Тарасенкоца. Кин гьеб иш ккарабали бицеян гьарана рагъухъабаз. Дзгуевасги жаваб гьабуна: (гь. 178-179 ц1алила).

- Кьурдич1о дун, - ан, гъираго гьеч1ого ва намусаб жоялъул бицунеб г1адин, жаваб кьуна Дзгуевас ва ракъварал рицатал к1ут1бузда, к1вах1алго тира-сверизабун, мац1 бахъана. – К1одо гьабун бицун буго…

- Кинха ккараб?

Гьеб къоялда радалго гьужум гьабуна тушманас. Цин т1ела-т1елал гьарун, рач1ана самолетал. Кьвагьдолел нилъер рагъухъабазул санго гьабич1о, хьана бомба, бит1ахъе бот1рода т1ад роржинеги роржун. Цинги хандакъахъ рахчарал солдатаз бут1рул рорхилалде, раг1ана рач1унел немцазул танкабазул дунял гьаргьазабулеб хъудиги. Ч1ах1иял къасдалгун, т1аделъулел рук1ана гьел. Амма нилъер рагъухъабазул къох1ехьейги бах1арчилъиги къ1ркьи гьеч1еб бук1ана. Гьеб къоялда тушманасул ункъо танк бух1ана сержант Дзгуев Мансурица. Ункъабилеб гьесие ц1акъ хираго ч1ана.

- Дида т1аде хандакъги ччук1изабун анна ункъабилеб, - ан къокъго лъуг1изабуна хабар Дзгуевас.

- Танкалда хадув векеранин абураб жо? – мух1канлъи ц1ехана Васильевас.

- Хадув кин векерулев, рач1унел-рач1унел танкал ругеб мехалда? Дунги х1ач1ого индал, ццин бахъарав чи, хандакъалъуса къват1иве вахъун вук1ана. Бух1улеб «ц1иркъалъухъ», лъимер кинигин, валагьун хут1ана, гуревани лъукъич1ого, ворч1изе вук1ана

Васильев, Дзгуевасул бах1арчилъиялда рух1даллъарав г1адин, г1енеккун хут1ана, цинги абуна:

- Талих1 бугев чи вихьула мун, Дзгуев. Цо къоялда – ункъо танк!

Вахъунч1адго г1енеккун вук1арав Х1амзатида гурх1изе бач1ана гьесда. Эмен рак1алде щвана, ч1алг1ен бач1араб г1адин, бак1ида г1одов ч1ана. Нахъе инее бокьун бук1ана, амма к1веч1о – эбелалъул амру бугелъул лъукъаразе кумек гьабеян.

Гьеб бицараб ишалъ Х1амзатида эмен рак1алде щвезавуна. Вас рак1 тамахлъун лъугьараб г1идин лъугьана. Гьев къват1ивехун вилълъана. Цинги ана Сахратихъе, гьев рокъов ватич1о. Щвана Г1усманихъе, гьевги ватич1о. Вилълъана рокъове. Госпиталалдаса ин гьеб къоялдаги ч1обого ккеч1о – къаси эбелалъ лъик1 воркьана гьев.

Хадусеб къоялъ эбелалъ вас ворч1изавуна цадахъ госпиталалде вачине, амма Х1амзатица берал рич1ич1о. гьес бокьун гьеч1ин абуна. Бокьанаг1ан кьижизе ккани, цин Ват1аналдаса тушман вачахъизе кколин абуна эбелалъ. Гьелда жиндирго рос ва эмен рак1алде щвана, ва гьелъул гьурмадасан маг1ил гарал гирун ана.

Кваназеги кванан, вит1илин абуна к1одоца. Кват1улей йик1иналъ эбел разилъана ва хехго ана.

Къот1нове гьев лъугьиналде дандч1вана Сахрат. Гьес Х1амзада бихьизе бач1ана щвант1их, амма Х1амзатица гьелде к1варго кьеч1о. Рауфица киналго лъималазде мун божизе бегьуларев гьерсихъанги хиянатчиги вугилан бицине бугилан абуна Сахратица жакъаги вач1инч1они. Вач1инин раг1и кьуна Х1амзатица, амма жакъаги ине рес щвеч1о. Ине х1адурлъулеб мехалъ, жание яч1ана эбел. Гьей щивав рагъухъанасде аск1ое щвана. Зах1матго вугоан Дзгуев. Рагъдаса ц1ияб хабар щиб бугебан гьикъана цо рагъухъанас. Рохизесеб жо гьеч1илан, пашманго абуна Г1умакусумица. Гьей хехго къват1иехун ана. Гьей къварид йик1ин бич1ч1ана рагъухъабазда. (гь. 187 ДЗгуевас гьабуралъул ц1алила):

Къалъудаса хадув Дзгуев т1аде унтана. Х1ухьел х1алуцун ц1азе ва гьава г1оларого лъугьана.

Хъулухъалъе х1адурго аск1ов г1одов ч1ун вугев Х1амзатида гьес абуна жиндир вещмешокалда жаниб бугеб гимнастерка къват1ибе бахъеян. Бахъана.

- Т1ибит1изабе! – ян абуна Дзгуевас.

Х1амзат рух1даллъун валагьун хут1ана гьелда ругел орденал рихьигун. Дзгуевас рух1 т1аг1унел квераз х1алалъ гурдидаса Баг1араб Байрахъалъул орден бахъана ва Х1амзатида цебе куна. Х1амзат, щибго жо бич1ч1уларого, ч1варкьун бералгун, валагьун хут1ана.

- Гьеб т1ок1алъ дие х1ажалъуларо, - ян абуна Дзгуевас, зах1матго ц1алаго х1ухьелгун. Бак1арун х1ухьелгун, хадубги абуна: - Мун… мустах1икъав вуго гьелъие…

Дзгуев т1ок1алъ к1алъач1о, х1ухьел жеги хехлъана. Рач1ана тохтурзаби, амма пайда ккунгут1и лъан, щибго кумек гьабизе лъугьинч1о. заманаялдасан гьесул зигара къот1ана ва жеги чанго минуталдасан бет1ер хьолбодехун щапун ана.

Чанго минуталъги цеве бах1арчияв сержант Дзгуев вегун вук1араб койкалда т1ад гьумерги бахчун, накабиги г1одор ч1ван, г1екиялда г1одана Х1амзат.

7. - Бихьулищ, лъимал, вагъун гьеч1ониги Х1амзат мустах1икълъана медалалъе.

Лъимал, 22 июналъ 1941 соналъ налъеда т1аде к1анц1ана фашистал. Киналго бихьинал ана рагъде. Рокъор хут1ана г1иц1го руччаби, херал ва лъимал, нуж г1адинал г1иссинал лъимал. Рагъде ине рес бук1инч1елъул, лъималаз к1вараб кумек гьабулаан. Кинаб кумек гьез гьабизе бегьулеб? Хал гьабея, ц1алдохъаби т1оцебесеб суртил. Гьанив вахъун вуго к1иго яшик1ги т1ат1ала лъун станокалда нахъа эхетарав вас. Гьав вуго фашистал ч1вазе снарядал гьарулев. К1иабилеб суртихъ балагьея: гьанив вахъун вуго гьит1инаб бак1ида т1ад вахарав вас. Гьавги вуго станокалда нахъа х1алт1улев. Гьаб станок буго цебе самокатал гьарулеб бук1араб станок, ва гьалда нахъ х1алт1улаан гьасул эмен. Гьанже, эмен рагъдеги ун, вас вуго гулби гьарулев. Лъабабилеб суртихъ ралагьея: гьанив вахъун вуго танкида т1ад вахарав вас.

Но как зовут, забыл его спросить.

Рагъда гьунар гьабурал лъимал г1емер руго: Володя Кузьмин, Леня Голиков, Марат Казей, Лара Михеенко, Валя Котик, Зина Портнова, Таня Морозова, Витя Коробков, Нина Ткаченко ва гь.ц. Нина Ткаченкол гьунаралъул х1акъалъулъ бице, лъимал, рак1алде щвезабе нилъеца хъван бук1араб изложение.

Х1алч1ахъадал руго киналго.



8. Физкультминутка.

Ниж руго лъикlал лъимал!

Радал тlаде рахъуна,

Къулун, рорхун, цlалуцlун,

Зарядкаги гьабула.



9. Гьанже рач1а къисаялъул кесекалъул анализ гьабизин:

Тема: рагъул.

Идея: Ват1аналде къо ккараб мехалъ, щияв чиясда т1адаблъун лъугьуна гьелъие х1алае рахъин.

Аслиял героял ккола: Х1амзат, гьесул эбел – Г1умакусум, Дзгуев.

Гьединго рехсон руго цогидал героялги: К1одо, Сахрат, Г1усман, Рауф, Грицай, Васильев, Тарасенко, Петров, Курганов, Х1амзатил эмен.



10. Рефлексия:

  1. Кинав васлъун вук1арав Х1амзат?

  2. Щай гьев эбелалъухъ ва к1одохъ г1енеккулев вук1инч1ев?

  3. Хиянатчиян щай эбелалъ гьесде абураб?

  4. Гьерсихъанин щай рогьо ч1вараб Рауфица?

  5. Гьесул г1амал хисиялъе г1иллалъун щиб ккараб?

  6. Рагъулъ лъималазул кинаб г1ахьаллъи бук1араб К1удияб Ват1анияб рагъул заманалда?

  7. Рагъул темаялда хъварал исана нилъеца ц1аларал асарал рак1алде щвезаре.( «Хиянатчи», «Къункъраби», «Россиялъул солдатал»)

11. Рокъобе х1алт1и:

  1. Къисаялъул къокъаб х1асил бицине х1адурлъизе;

  2. Нужеего бокьараб бак1алда т1асан сурат бахъизе;

  3. Рагъул х1акъалъулъ 5-6 кици, абиял хъвазе.







































Рагьараб дарс

Тема:



Дарс кьуна Гъизилюрт

районалъул Комсомольское росдал

гьоркьохъеб школалъул авар мац1алъул

муг1алим

П.Н. Каримулаевалъ.





Каримулаевалъ.










Скачать

Рекомендуем курсы ПК и ППК для учителей

Вебинар для учителей

Свидетельство об участии БЕСПЛАТНО!