СДЕЛАЙТЕ СВОИ УРОКИ ЕЩЁ ЭФФЕКТИВНЕЕ, А ЖИЗНЬ СВОБОДНЕЕ

Благодаря готовым учебным материалам для работы в классе и дистанционно

Скидки до 50 % на комплекты
только до

Готовые ключевые этапы урока всегда будут у вас под рукой

Организационный момент

Проверка знаний

Объяснение материала

Закрепление изученного

Итоги урока

РЕФЕРАТ на тему: «ЦIадаса ХIамзатил поэзиялъулъ авар халкъалъул кицаби ва абиял».

Нажмите, чтобы узнать подробности

Просмотр содержимого документа
«РЕФЕРАТ на тему: «ЦIадаса ХIамзатил поэзиялъулъ авар халкъалъул кицаби ва абиял».»



РЕФЕРАТ

Тема:

«ЦIадаса ХIамзатил поэзиялъулъ

авар халкъалъул кицаби ва абиял».



БацIцIадаб гIарцудеданде цIаларелЦIалулелкъоязулкъиматалгьаре.

Цо-цомеседалъул секунд багьаяб,

Биччаге гIадада гIатIгоябзаман.

Iадаса ХIамзат)



ХIадурана авар мацIальул ва адабияталъул муг!алим:

Эльдарова Пахай Дацих!ажиевнаялъ.




ХIажимурад Хашаевас хъвалеб буго: «ХIамзатица гIемер абулаан: калам къокъаб букIине ккола, рагIаби, куналда маржанал гIадин, херхине ккола»,- ян. ЦIадаса ХIамзатица авар халкъалъе кьуна гIемерал кицаби, абиял.

Профессор Ш.И. Микаиловас хъвалеб буго: «Унго, гьес халкъиял кицабазул ва абиязул къимат гьабулеб букIараб куц! Унго, гьес данде кколедухъ гьел хIалтизарулел рукIараб куц! Жинцагоги халкъиял абиязул ва кицабазул къагIидаялда цIиял гIуцIулел рукIараб куц!»- ан.

Берзул чIор щолареб щобдаги ругин,

Щай гьазул зулму-хIал хIехьон рукIинел?

БацI хIинкъизе хIамил гIин кIобокIулин,

ГIилла щиб гьездаса нуж къезе ккани?

( ЦIороберал)

ГIемер лъадахъани, гIеретI бекулин,

ГIела гьанжелъагIан гьабураб зарал.

БакIлъани, хIамица гьирги рехулин,

Дагьаб чIолокъан лъикI, чIалгIине гурин.

(Дибирги гIанхвараги)


ЦIадаса ХIамзатица жиндирго асаразулъ хIалтIизарурал кицабазул ва абиязул хIисаб гьабуни, гьел рахуна 500-ялде.

«МагIаруласул къавулъ чу кидаго букIана кIудияб кумекчилъун».

Поэтас хIатIизарурал кицаби ва абиял, магIнаялде балагьун, рикьизе бегьула гьал хадур рехсарал группабазде:

  • ХIайваназулва хIанчIазул хIакъалъулъ

  • Хъизан-рукъалъул хIакъалъулъ

  • ГIагарлъи-божилъиялъул хIакъалъулъ

  • ВатIан бокьиялъул хIакъалъулъ

  • ТIекълъи, мекълъи, вахIщилъи, бахиллъи, квербиччай, бечелъи, мискинлъиялъул хIакъалъулъ.

  • Сахлъи,херлъиялъул хIакъалъулъ

  • ГIакълу-пикруялъул хIакъалъулъ

  • РукIа-рахъиналъул хIакъалъулъ

  • Малъу-хъваялъул.



Губернаторасде Шурагьайиндал,

ЩантIурида бадив чугIан вуссинчIо.

Щуго-анлъго нухалъ Хунзахъе щведал,

Чарухъал хвей гуреб, хайир бахинчIо.

(АхIуд рахъин)

Дур гьагал харбаца Хочо вахинчIищ,

ЩантIурихъ гIадинан валагьулевдихъ.

ЩинкIил чIвараб гIарзалъ Имам Гъазали

Гъванилго вукIана кIалъа-ралъалев.

(Чоде бетIергьанас хъвараб)


Яргъица - чийинабун,

Чоца - багьадурилан,

Жагьилияб кициялъ

Гуккизе чIоге, гьалмагъ.

(Хонжрол хIакъалъулъ)


Чу, хIама, гьой, оц, чахъу, ци, бацI, кето, цер – гьел рухIчIаголъабазул хIакъалъулъ ругел абиял ва кицабиги данд чIвала поэтасул «Цилгун гениги кунге»,- ян магIарулазул аби ХIамзатица хIалтIизабулаан «Дудаса къуват цIикIкIарасулгун, къец гьабуге»,- абураб магIнаялдаги, жив вахунареб бакIалде анищ гьабулев кантIизавизеги.


Ваймун чIагохутIаяй,

ХвезегIан гIумру кьеяй!

ГIантаб хабар бицунге,

Цилгун гениги кунге!

(Васгиясги)



«ЗахIмат, хIалтIи ккола киналъулго аслу»

«ЗахIматалъ цагъур цIола, царгъица рукъзал рала»

«Риидал кьижани, кьиндал гIакахола»

«Риидал чIар гьабичIони, хасало нах букIунаро»

«Риидал гвангвара гьаличIони, хасало гереги гьабулареб»

«Радал вахъарасу, кьегIер цIуяб»

«Росдал газа кьурда рекIуна»



Векьарухъанасе унго-унголъунги кьури гьечIеб законлъун, тартиблъун ругел тIадехун рехсарал каламал, ЦIадаса ХIамзатицаги хIалтIизарун руго сатирияб образ гIуцIизе, малъа-хъвайгьабизе.

ВатIан бокьи, ВатIан хиралъи, гьеб цIунизеккей, тушманасе къуркьунгутIи, ВатIаналъе гIоло рухI кьезе хIадур рукIин – гьел пикраби щивав магIаруласул гьитIинаб къоялдаса нахъе бидулъ рессарал руго. Гьезул ритIухълъи такрар гьабулел мухъалда гьалгьечIо ЦI. ХIамзатил асаразулъги:



Рагъалъ вас гьавуларо,

Гьавуравгивахъула,

Кициялъулгьайбатлъи,

ГьелъулбугебритIухълъи.

(Рагъ ва рекъел)

ТIекълъиялда тIад рекъей, хIакимлъун ккедал, мекъал-тIекъал ишал гьари, гIадамасул напс хIакъир гьаби ЦIадаса ХIамзатица жиндирго асаразулъ рикIкIунеб буго бищунго нахъегIанаб пишалъун, инжитаб ишлъун. Гьелъ руго поэтас бегIерго хIалтIизарун: «Къурасезаз – залимасе нах», «Мискинасезаз – залимасе нах», «ХIалимасе хъиру гIадав, хъачIасе квасквас гIадав», «лъикIав чиясе – цо рагIи, лъикIаб чодуе – цо цIал», - гIадал кицаби ва абиял.



Духъ лъидал халкъалъул ихтияр бугеб,

Эхеде рорхун щай кIалъазе толел?

Тамахав чиясул заман гуроаб,-

Заз гIадин вукIа мунмискин забазе.

(Нажим чагIазде)



ХIамзатица къватIир чIвазарулел руго инсанасул нахъегIанал хасиятал: къарумлъи, бахиллъи, берхъант1и.



РагIичIищ, вац ГIумар, гIадамасулбер,

БугIунрукъ цIуниги, гIорцIуларилан?

ГIадада тIамураб кицигуро дуй

ТIад рас бижарабгIан гIункIкIбугьунилан.



Поэтас цIал кьабулеб буго хиянат чилъиялда, гьересиялда, хIелхIелчилъиялда, вахIщилъиялда, мацIихъанлъиялда. Гьеб мурадалда хIалтIизарула «Гьури сверухъе сверуге, гьок къиру хъекъируге»,

«Чияр зурмихъе кьурдуге», «КIал бахьин – махьачIегIер», «Чи вихьун - рухьен», «Гьурмахъ балагьун, чохъ балагьун», «Веццарабго кIалалъ какизеги кколеб» - гIадал кицаби ва абиял.



ГьацIулъе цIам балел мацIихъабаца

РацIцIадал гIадамал гIужие гъола.

Жанисан махIцарал хIалхъубал щиназ

ХъахIаб гIарцудаги бугьтанал лъола.

(МацIихъабазул балагь)



ЦIадаса ХIамзатил творчествоялда халкъиял кицаби ва абиял хIалтIизари ккола хасаб гIелмияб хIалтIул мустахIикъаб тема.




















Скачать

Рекомендуем курсы ПК и ППК для учителей

Вебинар для учителей

Свидетельство об участии БЕСПЛАТНО!