СДЕЛАЙТЕ СВОИ УРОКИ ЕЩЁ ЭФФЕКТИВНЕЕ, А ЖИЗНЬ СВОБОДНЕЕ

Благодаря готовым учебным материалам для работы в классе и дистанционно

Скидки до 50 % на комплекты
только до

Готовые ключевые этапы урока всегда будут у вас под рукой

Организационный момент

Проверка знаний

Объяснение материала

Закрепление изученного

Итоги урока

Сценка "Ц1оросоролъ ч1уч1улеб гвай"

Нажмите, чтобы узнать подробности

Просмотр содержимого документа
«Сценка "Ц1оросоролъ ч1уч1улеб гвай"»



Сценка

«Ц1оросоролъ ч1уч1улеб гвай»





Автор: Г1умарова Зарема Исламудиновна.



«Ибрагимотарская СОШ»

2018 сун.



- Ёрч1ами, Пат1имат!

- Рорч1ами, гьалмагълъи! Лъик1 рач1арал нуж. Къаси гвай базе буго ц1оросоролъ ч1уч1изе.

- Дицаги нужее рек1ел гъей гьабизе.

- Уха, гвай бала, кеп –ихтилат гьабила, куч1дул ах1ила, кьурдила. Хьагинибе гьанги бан буго, хинк1алги разе руго. Хъабахъги лъун буго белъизе.

- Лик1 буго гьедин батани.



«Гьабун куцараб квер, кванан куцараб чехь».

«Габун бук1унеб жо буго кеп».

«Габич1еб жоялъул ц1ар раг1иларо».

«Габич1они жо бук1унаро, бекьич1они хур бук1унаро».



- Рач1ая нилъеца цодагьаб х1алт1и гьабизе.

- Рая1аяха.

(ц1оросоролъ ч1уч1ула)

«Цо панаяб х1ухьел бух1улеб рек1елъ,

К1веларишь босине самаалъу х1ухь»

- Рак1гъеялье бук1ине цо коч1ол бак1ан биччайя ясал!

(Кеч1 ах1ила ясаз)



Ниж лебалал ясал, гьайбатал ясал,

Гьайбатго х1алт1изе к1вар кьурал ясал.

Х1ат1удаса х1инкъун нахъе къаларел,

Нахъа гьабилилан х1алт1и толарел.



Квералги махшелал, берал ц1одорал,

Ц1ар лебаллъиялъул босарал ясал.

Бокьараб ишалъе х1инкъи гьеч1ого,

Х1адурун рук1унел гьайбатал ясал.



- Машааллагь, машааллагь! Ц1урмил г1адаб гьаракь буго нижер ясазул. Ножода раг1аниш нилъер маг1арул мац1 къвариг1ун гьеч1илан нилъада т1ад ругел х1акимзабаз гьабураб гара-ч1вари?

- Вай аман! Геб бегьулеб жойишха!

- Бегьуларо, бегьуларо. Гьединаб жо бегьуларо! Рахьдал мац1- къвариг1улареб жо йиш бук1уна

- Дие бокьун буго нужее Залму Батировалъ хъвараб «Авар мац1» абураб кеч1 бицине

(кеч1 бицина)

Авар мац1 Бущунеб меседил кини,

Кинацаго гьорой рехулеб буго.

Гьеб мац1алъ кинидахъ ах1улел куч1дул

Дах1абабадацин к1очон тун руго



“Баю, баю” бачун, кини к1ик1изе,

К1одо, маг1арул мац1 кида к1очараб?

“Гулять пойдём” – илан гаргазе ккани,

Дах1ададал к1уди г1урусалълъайищ?



Хварал мац1алгицин ч1аго гьарулин,

Ч1агояб авар мац1 щай хвезабулеб?

Хабалъа рахъунцин т1ахьал ц1алулин,

Авар мац1алъ щибдай ц1ализе бугеб?



“Цо панаяб х1ухьел бух1улеб рек1ел”

К1очон телагури маг1арулазда.

“Соролел лугбазул бугеб г1акъуба”

Г1ищкъу ккараз такрар гьабизе гьеч1о.



Дагъистан чурхъизе чабхъад рач1арал

Нахъч1вазе ах1ич1ищ миллиял мац1аз?

“Ц1уне ват1ан!”- илан, “Ц1уне ях1” – илан

Х1амзатица тараб гьеч1ищ васият?



Мац1 к1очене тани, Шамиль к1очена,

Ах1улгох1 билила. Мах1муд лъаларо,

Г1алих1ажи, Ч1анк1а, кици-биценал,

Халкъиял асарал рилун лъуг1ила.



Миллатги лъаларел, мац1ги лъаларел

Лъималазул хьвади щибдай бук1ина?

Бокьухъин хьвадиги тохаб г1амалги

Чияр гьаз босани, суруларищ нилъ?



Расул, росу толел маг1арулаца

“Г1арщал” гьанже цадахъ росулел гьеч1о!

Г1арщалищ росулел, росулъ бицунеб

Мац1гицини гьеч1о гьазул каранда.



Дун г1урус мац1 рихун к1алъалей гуро,

Дие гьеб бокьула, дида гьеб лъала.

Амма бокьилаан маг1арулазда,

Маг1арул жидерго мац1 к1оченч1они.

- Нилъеда к1очонтезе бегьиларо халкъияв поэ Расул Х1амзатовасул раг1аби: «Метер маг1арул мац1 хвезе батани,

Хваги дун жакъаго жаниб рак1 кьвагьун!».



- Х1алт1и лъуг1ана гьанже. Баркала ясал!

-Гьанже дагьаб кеп - ихтилат гьабила.

(кьурдила)



“Х1алт1уларес, х1анч1уларо”

“Кванач1ого х1алт1уге, х1алт1ич1ого кванаге”

“Квен дудаго цебеса кванай”



-Хинк1ал разе лъугьила нилъеда жаниса къун яхъарай.

“Оцода цолода, цо ккун, к1и ккун

Хьвараб, чараб, чалт1и, малт1и

Тавус хъавус хьинт1ир минт1ир

Чирал х1ирал х1аш к1к1ут1

Нахъе бахъе гъоло г1уч1”



-Игина игина балбаличу

Бал гьеч1елъул устагъалъул

Утун гилиш, гьебан, добан

Нахъе бахъе гъоло г1уч1.

Пуч.

-Цоги рак1 гъеялъе х1ай гьабила

-Яхъа я бак1иде. Дуца т1ил хъвараз бицанк1оялъе жаваб кьела.



“ Цо х1амида к1иго вац,

К1иявгоги бет1ер гьеч1” (варани)

“Жаниса гьаналаб

Т1асан ц1улалаб” (кини)

“Цо т1охда гъокь ункъго вац”. (бак1у)



-Рач1а кваназе



“Х1алт1уларес, х1анч1уларо”

“Кванач1ого х1алт1уге, х1алт1ич1ого кванаге”

“Квен дудаго цебеса кванай”

-Рач1ая хъабхъил рагъ базе.

“Кванана – рукъ чияр”

“Рач1инеги лъай, инеги лъай”.



-Баркала ясал, баркала. Берцинаб х1алт1и гьабуна. Рак1 гъей гьабуна.

- Метер къаси кицазул доре инел?

-Дир!

-Дир!








Скачать

Рекомендуем курсы ПК и ППК для учителей

Вебинар для учителей

Свидетельство об участии БЕСПЛАТНО!