СДЕЛАЙТЕ СВОИ УРОКИ ЕЩЁ ЭФФЕКТИВНЕЕ, А ЖИЗНЬ СВОБОДНЕЕ

Благодаря готовым учебным материалам для работы в классе и дистанционно

Скидки до 50 % на комплекты
только до

Готовые ключевые этапы урока всегда будут у вас под рукой

Организационный момент

Проверка знаний

Объяснение материала

Закрепление изученного

Итоги урока

Тема: ХъахIаб росулъа МахIмуд.

Нажмите, чтобы узнать подробности

Просмотр содержимого документа
«Тема: ХъахIаб росулъа МахIмуд.»

Тема: ХъахIаб росулъа МахIмуд.

«РекIелъ ияхI бугев аскIовегIан цIай».

Дарсил мурад:

  1. ШагIирасул гIумру ва творчество лъималазе рагьизе.

  2. Революциялъул ва граждан рагъул заманалда халкъалъул къерьеялъе поэтас гьарулел ругел сипатал ратизе.

  3. ВатIаналдехун рокьи бижизаби.

Дарсил алатал: поэтасул суратал ва тIахьал.

Класс хIадур гьабила дарсиде, байбихьила рокъобе кьураб тIадкъай тIубаялъул хал гьабиялдасан.

а) ГIалихажиясул гIумруялъул къокъаб хIасил бицине тIамила лъимал.

б) КечI гьикъила, кочIолъ кинал будун – дибирзаби какун ругелали цIехела.

в) Рокъобе хъвазе кьун букараб сочиненияби ракIарила хал гьабизе.

ЦIияб дарс.

Авалияб гара – чIвари гьаби.

ХъахIаб росулъа МахIмудил творчествоялъулгун цIалдохъабазул лъай – хъвай щуабилеб классалдаго ккола. МахIмудил асаразул аслияб тема ккола рокьи, рокьул бицунаго, шагIирас хIакъикъаталда бицунеб буго инсанасул рухIияб эркенлъиялъул, гьесул талихIалъул: инсанасул талихIалда цебе я диниял, яги социалиял, яги миллиял сангарал рукIине кколаро.

МахIмуд гьавуна Унсоколо районалъул ХъахIаб росулъ мискинаб хъизамалъе. МахIмуд цIалана батIи – батIиял росабалъ мутагIиллъун. МутагIиллъиялда гIезеган санал аниги, гIелмуялдехун МахIмудил кIудияб ракIго буссун гьечIо. Амма гъираялда цIалун руго гIараб мацIалда хъварал шагIирзабазул асарал. МутагIиллъиялъул соназ МахIмудица байбихьана кучIдул гьаризе ва ахIизе. ГIолохъанго ккараб рокьиялъ МахIмудил кучIдузул магIнаги тIагIамги хвезабуна. Йокьулей гьесие щвечIо, эбел – инсуца гьей кьуна бечедав васасе.

ТалихI гьечIеб гIумру букIиналъ ва тIадчагIазулгун дандеккунгутIиялъ МахIмуд чанго нухалъ улка тун сапаралъ вахъана. 1914 абилеб соналъ армиялда хъулухъ гьабизе лъугьана ва тIоцебесеб империалияб рагъде ккана. Рагъдаса нахъвуссун хадуб МахIмудил лъай – хъвай ккана МахIач Дахадаевасулгун. МахIмуд божулев вукIана революциялъ магIарулазул гIумру цIи гьабизе букIиналда.

«РекIелъ ияхI бугев аскIовегIан цIай» абураб кечI бухьараб буго МахIмудил гIумруялда, хасго поэтасул ахирисел соназда рукIарал лъугьа – бахъиназда. Гьелдалъун МахIмудил гIумруялъул хIакъалъулъ гара – чIвари гьабичIого кочIол магIна бичIчIизе захIмалъула.

Революциялдаса хадуб гIумру гьабизе ва цIияб дунял гIуцIулезда гъорлъ гIахьаллъи гьабизе МахIмудие щвечIо. Амма гьелъие гIоло къеркьей Дагъистаналда байбихьараб мехалъ МахIмуд ракIчIун революциялъул рахъалда чIана. Большевик вугилан МахIмудида революциялъул тушбабаз гIемераб гIакъуба бихьизабуна. Гьеб мехалъ (1917 – 1918с.) хъвана поэтас «РекIелъ ияхI бугев аскIовегIан цIай» абураб кечI.

Гьединаб гара – чIвариялдаса хадуб учителас кечI рекIехъе, яги тIехьалдаса цIалила ва хадуб гьенир ругел ричIчIуларел рагIабигун тексталъул цо – цо бакIал баян гьарила. Масала:

- ЦIияб бакъанги лъан вохарав дида…

- Маску – Петербургалъ телдай бачIараб…

- Щвараб гIор…

- Аллагьас тIад тарав пача…

БитIун ва чвахун цIали мурадалда, баян кьовул цIали гIуцIила.

ЦIияб тема суалаздалъун щула ва гъварид гьабила.

  1. МахIмудица сундул хакъалъул бицунеб бугеб кочIолъ?

  2. Гьесие кинаб асар гьабулеб бугеб революциялъ?

  3. Даим сундул бицунев ва кинал кучIдул хъвалев чи вукIарав поэт?

  4. МахIач Дахадаевасул хIакъалъулъ щиб нужеда лъалеб?

  5. ШагIирас хъвадарухъанлъиялъул нух кин байбихьараб ва ахиралда кинаб сверел гьабураб?

Рокъобе тIадкъай: кечI рекIехъе лъазабизе.



Дарс х!адурана авар мац!альул ва адабияталъул муг!алим

Асильдарова Шагьрузат Ах!мадовнаялъ.




Скачать

Рекомендуем курсы ПК и ППК для учителей

Вебинар для учителей

Свидетельство об участии БЕСПЛАТНО!