СДЕЛАЙТЕ СВОИ УРОКИ ЕЩЁ ЭФФЕКТИВНЕЕ, А ЖИЗНЬ СВОБОДНЕЕ

Благодаря готовым учебным материалам для работы в классе и дистанционно

Скидки до 50 % на комплекты
только до

Готовые ключевые этапы урока всегда будут у вас под рукой

Организационный момент

Проверка знаний

Объяснение материала

Закрепление изученного

Итоги урока

Тема: МухIамад Шамхалов «Тамашаяв гьобол»

Нажмите, чтобы узнать подробности

Просмотр содержимого документа
«Тема: МухIамад Шамхалов «Тамашаяв гьобол»»

Тема: МухIамад Шамхалов «Тамашаяв гьобол»

Дарсил мурад:

1. МIухамад Шамхаловасул творчествоялъулгун цIалдохъабазул лъай – хъвай гьабизе.

2. Лъимал асаралъул аслияб пикру рагьизе тIамизе.

3. Дагъистаналъул тарихалде раккун, улкаялда ккарал хисабасиязул цIалдохъабазе бичIи кьезе, некIсиябги советиябги гIуцIиялъе баян кьезе тIамизе.

4. МахIач Дахадаевасул образ рагьизе, гьесул Дагъистаналъе букIараб кIваралъул бицине.

5. ЦIалдохъабазул калам цебетIеялъе кIвар кьезе.

Дарсил тайпа. ЦIияб дарс бицин

Дарсил алат: ТIехь, компьютер, проектор.

Лъимал дарсиде хIадур гьари.

РачIа дир, цIалдохъаби, цадахъ рекъон цIалдезин?

Нилъер цебесеб тарих цIехон лъазе гьабизин,

Авар адабияталъул дарсиде гIинтамизин,

Инкъилабалъул заман ракIалде щвезабилин.

(ЦIалдохъаби дарсиде хIадурун ругищали хал гьабила)

Дарсил ин:

Рокъобе кьураб кечI лъалеб бугодаян хал гьабила.

Тема рагIизабила.

Авторасул хIакъалъулъ рагIи.

Слайд 1. ЦIумада районалъул Лъондода росдал сурат бихьизабун, цIалдохъабазда цIехела гьаб росу лъалищилан, лъачIони дицаго бицина. Кинав хъвадарухъан гьениса кколеван цIехон цIалдохъабазда бичIчIизабила Шамхаловасул творчествоялъул хIакъалъулъ лъималазда лъалеб жо бугищали.

Слайд 2. МухIамад Шамхаловасул сурат бихьизабила. МухIамад Шамхаловасул творчествоялъе къокъаб баян кьела. (ТIехьалда кьураб материал гIела)

ЦIалдохъаби темаялде кантIизари.

Слайд 3. Нижеда кидаго кIочене гьечIо

КIалалъ туманкIги бан, тушман чIвараб къо.

Къаникь щапаниги щвела ракIалде,

Щвараб гIор гIадинан мун вачIунеб къо.

Дур кверзул ралъдалъан цIа пирхизегIан,

ЦIуял кулаказул канлъи босичIо.

Гендарил парсахъе мун вахнегIан

Ханзабазул рокъоб магIирукъ лъечIо.

Берцинаб рагIуде гIин тIамичIезда

ГIарададул гулла гаргазабуна.

Гоцинскиясул бецал бандазда

Большевиказул гуч бихьизабуна.

МугIалим.

- Лъимал, гьаб кечI цIалулаго кинаб заман нужеда ракIалде щолеб? (революциялъул замана)

- Кинаб революциялъул лъимал, бицунеб бугеб авторас?

(Дагъистаналда букIараб революциялъул)

- Цоги кин абилеб революцияйин абизе ккани?

ЦIалдохъабазда лъачIони словаралда хъвазабила мугIалимас бицун. (революция – инкъилаб).

- Дагъистаналда революция бергьиналъе квербакъи лъица гьабураб, лъимал?

(МахIач Дахадаевас, Уллубий Буйнакскияс, МухIамадмирза Хизроевас, ва гь.ц.)

БитIараб буго, лъимал, Дагъистаналда революция бахъизе квербакъи гьабуразул цоявлъун ккола МахIач Дахадаев.

- Лъица дие бицинеб кида Россиялда бергьараб инкъилаб? (Россиялда инкъилаб бергьана 1917 соналъ)

- Лъица нухмалъи гьабулеб букIараб гьеб инкъилабалда?

Россиялда 1917 соналъ бергьараб инкъилабалъе нухмалъи гьабулеб букIана Влодимир Ильич (Ульянов) Лениница. КIудиял рагъал рукIана Дагъистаналъул ракьалда 1918 – 19 соназда. Бечедаз мискинхалкъалда гьабулеб зулмуялде рахъана тIолго дагъистаналъул мискинхалкъ.

- Революциялда цебе МахIачхъалаялда щиб цIар букIараб лъимал? (Цебе МахIачхъалаялда цIар букIана Анжи абун)

- Кида МахIачхъалаялъе гьеб цIар кьураб?

(Лъималазда лъалеб батичIони мугIалимас жиндицаго бицина)

Революциялдаса хадуб цIар рагIарав революционер МахIач Дахадаевасул цIар кьуна Анжи шагьаралъе. Советияб хIукуматалъ доб революциялъул заманалда гIемерал революционеразул цIарал кьуна гIемерал шагьаразе, къватIазе. Гьедин кьураб букIана МахIачил цIар Анжи шагьаралъе.

- Кин кколеб, лъимал, нужеда щайдай нилъеца МахIач Дахадаев ракIалде щвезавурав?

ЦIияб дарс малъи

Жакъа нилъеца цIалила,лъимал, МахIачил хакъалъулъ МухIамад Шамхаловас хъвараб «Тамашаяв гьобол» абураб хабар. МухIамад Шамхаловас жиндир асаралда цIар кьун буго «Тамашаяв гьобол»абун. Нилъер масъала ккола щай авторас асаралда тамашаяв гьобол абун цIар кьун бугебали лъазаби. МугIалимас пасихIго текст 1-2 бутIрул цIалила, хисун цIализабила лъикI цIалулел цIалдохъабазда. Балагье ругелищ цIалараб бутIаялда ричIчIуларел рагIаби?

Словарияб хIалтIи.

Саглал – сагула (тIимугъ) абураб рагIиялъул гIемерлъул форма.

Къвалалхалат – чахъдал тIахьазул гьабураб халатал къвалалги ругеб тIимугъ, горбода тахтаги ккураб.

Исхъали – квасул ххам.

Хьина (хна) – ботIрол рас, магжил рас белъунеб релъен,.

Хьачун – бигьа гьабун.

Дакъикъа – секунда.

ТагIзир – тамихI .

Дарсил анализ гьаби

МугIалим

- Сундасан авторас байбихьулеб бугеб хабар?

(Авторас асар байбихьулеб буго Марада росу бугеб бакIалъул биценалдаса).

- Кинаб рагIи асаралда жаниб гIемер такрарлъулеб бугеб, тIоцебесеб абзацалде балагье.

(Гьениб гIемераб такрарлъулеб рагIи ккола кьижараб, бегараб гъалбацI)

- Щайдай, лъимал, авторас гъалбацI кьижараблъун бихьизабулеб? ГIинтIаме цо гъалбацI кьижун буго, росу гIодобе биччан буго,годекIанир хараби ккола кьижарал чагIийилан. Гьелъул гIаксалда гьобол вачIун вуго Петербургалдаса, Петербург гьалделеб бугилан абулеб буго авторас.

Цоги авторас абулеб буго кидадайила гъалбацI борчIила? Щай данде кколеб кьижараб росуги гьалдолеб Петербургги? Щай гурелъул росдал гIадамазул гIумру буго цокIалаб, гIодобе биччараб. Дибирас абурабги гьабун Аллагьас хъварасе хъварабилан чIараб халкъ буго Марадаросулъ, Петербургалда инкъилаб бергьана, гьелъин гьеб гьалделеб букIараб?

- Лъил бакIалда рещтарав гьобол? (Гьобол рещтIана Булатил бакIалда)

- Кин къабул гьавурав росулъ гIодор чIараз гьобол?(Киналго магIарул росабалъ ругел гIадамаз гIадин, гьезги гьобол хIурматалда къабул гьавула).

- Сунца росулъ ругел гIадамазда гьобол ватIа гьавулев вукIарав?

(КIкIвараб мегежалъги ретIараб ретIелалъги)

- Гьоболасулги росдал гIадамазулги сундул хакъалъулъ гаргар ккараб, щиб бичIчIараб гIадамазда?

(ГIадамаца гьесда гьикъулеб букIана ракIалде кканщинаб, гьезда хехго бичIчIана гьобол гIемер бакI бихьарав цIодоравчи вукIин.

- Мун Питералдегийищ щварав, гьеб дуниялалъул рагIалищан цIехана гIадамаз гьоболасда)

- Щиб гьоболас гIадамазда бичIчIизабураб? (Гьес бичIчIизабула Петербургалда добехунги цоги шагьарал, улкаби рукIин, дуниял цIакъ кIудияб букIинги)

- Цоги щиб бичIчIизабураб халкъалда?(Гьоболас халкъалда бичIчIизабула пачаясул къуват гIодобе кколеб букIин, халкъалъ гьев нахъе вачахъулев вукIинги)

- Лъие рекIее гIечеб гьоболасул калам? (Гьеб рекIее гIоларо гъункараб гьумералъул чиясе, хIинкъадго гIажаибго балагьулаан гьев гьоболасухъ)

- Сункьа хIинкъун рукIарал гIодеканир гIодор чIарал гIадамал? (Гьезие бокьун букIуна гьоболасул харбихъ гIенеккизе, амма хIинкъула жидеде цо балагь бачIине бегьулилан)

Дарс щула гьаби

- Жакъа нужеда цIияб жо щиб малъараб, лъимал? (Нижеда жакъа малъана МухIамад Шамхаловасул «Тамашаяв гьобол» абураб хабаралъул цо бутIа)

- Цоги щиб нужеда лъараб? (Нижеда лъана революционеразул хIакъалъул гIемераб жо, МахIач Дахадаевасул цIар Анжи шагьаралъе кьун букIин.)

- Асаралъул аслияв багьадур щив вугилан колев нужеда? (Щайгурелъул гьоболас бицунеб калам батияб, заманалдаги росдал гIадатаздаги данде кколареб, хIинкъараб букIун)

Дарсил хIасил гьаби

- Лъимал, жакъа цияб жо щиб нужеда лъараб?

МахIачхъала шагьаралде «МахIачхъала» абураб цIар кьеялъе гIилла щиб?

- Кинаб тарихияб заманалъул асаралда бицунеб бугеб?

Рокъобе хIалтIи

  1. «Дагъистаналъул революционерал» абураб проект бахъизе.

  2. ТIехьалда ругел тIадкъаязе жаваб кьезе лъазабизе.

  3. МухIамад Шамхаловасул гIумруялъул бицине.

Дарсида гIахьаллъаразе къимат лъела.



Дарс х!адурана авар мац!альул ваадабияталъул муг!алим

Асильдарова Шагьрузат Ах!мадовнаялъ.


Скачать

Рекомендуем курсы ПК и ППК для учителей

Вебинар для учителей

Свидетельство об участии БЕСПЛАТНО!