СДЕЛАЙТЕ СВОИ УРОКИ ЕЩЁ ЭФФЕКТИВНЕЕ, А ЖИЗНЬ СВОБОДНЕЕ

Благодаря готовым учебным материалам для работы в классе и дистанционно

Скидки до 50 % на комплекты
только до

Готовые ключевые этапы урока всегда будут у вас под рукой

Организационный момент

Проверка знаний

Объяснение материала

Закрепление изученного

Итоги урока

Тема: Расул ХIамзатов «Къункъраби».

Нажмите, чтобы узнать подробности

Просмотр содержимого документа
«Тема: Расул ХIамзатов «Къункъраби».»

Тема: Расул ХIамзатов «Къункъраби»

Малъиялъул мурад: Р ХIамзатовасул «Къункъраби» абураб кочIолгун цIалдохъабазул лъай – хъвай гьаби. Рагъда хваразда цере нилъ налъулал рукIин, гьел кIочене бегьунгутIи бихьизаби.

  1. Дарс байбихьила Р. ХIамзатовасул кечI рикIкIунеб видео бихьизабиялдалъун.

  2. Р. ХIамзатоасул гIумруялъул ва творчествоялъул хакъалъулъ цIалдохъабазулгун гара – чIвари ва мугIалимасул баян.(Расулил гIумруялъул бицунел суратал, тIахьал, гьесие кьурал шапакъатал рихьизарила.

  3. «Къункъраби»кечI кин бижараб, хъваялъе ккараб гIилла бицина.

«Къункъраби» кочIол буго жиндиро тарих, жиндирго нух, жиндирго къисмат, халатаб а хвел гьечIеб букIинесеб.

1965 соналъ Япониялда вукIадго Расул ХIамзатов щвана Хиросимаялъул ва Нагасакиялъул къурбаналлъун лъугьаразе лъураб мемориал бихьизе. Гьениб гьесда йихьана атомалъул бомбаялъул балагьалъ унтун хварай яс Садако Сасакие лъураб памятник. Ясалъ кодоб ккун буго къункъра. Гьей ясалда рагIун букIуна цебегосеб япониялъу бицен – кагътил азарго къункъра гьабуни унтарав чи сахлъулин абун. Садакоца гьарулел рукIана гьел, амма азарго къункъра гIезеган гьей хутIичIо, хвана.

ШагIир пикрабалъ вукIана памятникалда цевеги эхетун. Сверухъ букIана япониялъул халкъ, хъахIаб ретIелги ретIун, багIарал тIугьдулги кодор ккун.

Нилъеца хваразухъ чегIер балеб гIадин, японияз хъахIаб ретIел ретIуна. Пашманго зодове валагьарав Р. ХIамзатовасда цойидасанго боржун унеб къункърабазул тIел бихьана. «Балагьеха, дир ВатIаналдаса роржун рачIарал хIанчIи унел руго япониялъул зодихъан», абун ракIалде ккана гьесда. Гьебго заманалда гьесухъе босун бачана телеграмма эбел хванин абун. Гьенисанго аэропорталде ана гьев. ТIадвуссун ВатIаналде воржунаго, самолеталда жаниб гьес пикру гьабулеб букIана эбелалъул, рагъда чIварал вацазул, рагъдаса руссинчIел цойги гIагаразул, къункъра кодоб ккурай ясалъул. Гьениб бижана гьесул пикру киназего гIахьалаб къварилъиялъул хIакъалъулъ кечI хъвазе.

Лъабго соналдасан Расул ХIамзатовасул гьудул ва переводчик Н. Гребневас гьеб кечI гIурус мацIалде буссинабуна ва «Новый мир» журналалда бахъана. Журналалда кечI бихьана кочIохъан ва актер Марк Бернесида.

Авторасулги переводчикасулги разилъиги цIехон, гьес цодагьаб хисизабуна кечI, «джигиты» абураб рагIи «солдаты» абун хъван. Щайгурелъул «джигиты» цохIо Кавказалъул халкъалъе хасиятаб рагIи батани, «солдаты» тIолго дунялалъе гIахьалаб буго. Биччан те кечI киналго рагъда хваразе гIахьалаб букIине.

М.Бернесица кечI жиндирго гьудул, композитор Ян Френхелихъе кьуна бакъан хъвазе. 1969 соналъ Марк Бернесица ахана «Къункъраби» кечI. Гьеб букIана гьес ахIараб ахирисеб кечI. Гьебго соналъ гьев хвана.

«Къункъраби» пашманаб ва гьебго заманалда хIурматияб, ракълилаб ва тIадеганаб гьаракьалъ нилъ ахIулел руго киналгаги рагъазда хварал кIочонгутIизе, дунялалъул рокъоб халкъазул цолъиги, рекъелги,вацлъиги, ликIлъиги цIунизе.

КIудияб ВатIанияб рагъдаса руссинчIел миллионал рагъухъабазул хIурматалда хъвараб гьеб кечIалъул буго ахIанагIан цIилъулеб, цIаланагIан бокьулеб, гIадамал цолъизарулеб хасият. Гьеб гIахьалаб буго киналго миллатазе, гIелалъе. Заманаялъ гIурхъи лъоларо гьелъул кваркьабазул хьвагIиялъе.

  1. КечI пасихIго (бажарани рекIехъе) мугIалимас цIалила. РичIчIуларел рагIабазе баян кьела.

  2. Цо нухалъ жалго цIализе тIамила.

  3. КочIол хIасилалда тIасан гара – чIвари:

- Къункъраби щал колел кочIолъ? (Рагъда чIварал солдатал)

- Щай шагIирас солдатал къункърабазда данде колел ругел? (ГIемерал халкъаз къункъра рикIкIуна динияб (священная) хIинчIлъун). Гьеб буго талихIалъул, рокьул символ.

-ХъахIал къункъраби. Щиб бихьизабулеб бугеб хъахIаб кьералъ?

(ХъахIаб кьералъ бихьизабула гIумруялъул цIебетей, ракIалдещвей)

- Рагъда квараздехун кинаб бербалагьи бугеб шагирасул?

- Къункъраби роржунеб мехалъ щай нилъ къваридго зобазухъ ралагьулел?

- ЦIалила 3 куплет.

Унеб буго боржун свакараб къокъа,

Дир къайицадахъал, вацал, гIагарлъи.

Гьезул читIиралъулъ буго цо манзил,

Гьеб батизе буго диет араб бакI.

- Щай Расулица «дие тараб бакIалъул» пикру гьабулеб бугеб?

- Щиб нилъеда малъулеб бугеб гьеб кечалъ?

- Щай «Къункъраби» ВатIан цIунулаго хваразе гимнлъун рикIкIунеб?

- Рагъда камурал васазул хакъалъулъ цойги кинал асарал цIаларал нужеца?

7. Тетрадазда хIалтIи

КочIол роцен чIезабе.

ШагIирас кочолъ халтIизарурал сипатиял рагIаби рате.

(эпитетал - свакараб къокъа, хъахIал къункъраби…, метафора – дунги воржун ина къо бачIарабго…, ритрикияб суал – гьелъ гурищ къункъраби роржунеб мехалъ, къваридго зобазухъ балагьулел нилъ, ва гь.ц.)

8. Къункъраби кечI ахIила киназго цадахъ.

9. М. Бернесида хадуб «Къункъраби ахIана Лев Лещенкоца, Иосиф Кобзоница, Муслим Магомаевас.

Расул ХIамзатовасул гьеб кечIалъул кьучIалда Россиялда кинабниги нусгогIан памятник буго. ШагIир гьавураб къоялъул хIурматалда щибаб соналъ 8 сентябралда кIодо гьабула къункърабазул байрам.

Хварал тIаде рахъинаризе кIоларо, амма гьезул гьунаралги ишалги хвел гьечIел руго. Гьел чIаго руго нилъер ракIазулъ. Киналго тIаде рахъа ва, цо минуталъ руцIцIухун чIеялдалъун, гьел ракIалде щвезаре.

10. Дарсил хIасилал роси. Рокъобе хIалтIи.

КечI рекIехъе лъазабизе. Щивас, кагътил къункъраги гьабун, гьелъул кваркьиялда хъвай рагъда хутIарал нужерго гIагарлъиялъул цIарал, чIахияздаги цIехон.





Дарс х!адурана авар мац!альул ва адабияталъул муг!алим

Асильдарова Шагьрузат Ах!мадовнаялъ.




Скачать

Рекомендуем курсы ПК и ППК для учителей

Похожие файлы

Вебинар для учителей

Свидетельство об участии БЕСПЛАТНО!