СДЕЛАЙТЕ СВОИ УРОКИ ЕЩЁ ЭФФЕКТИВНЕЕ, А ЖИЗНЬ СВОБОДНЕЕ

Благодаря готовым учебным материалам для работы в классе и дистанционно

Скидки до 50 % на комплекты
только до

Готовые ключевые этапы урока всегда будут у вас под рукой

Организационный момент

Проверка знаний

Объяснение материала

Закрепление изученного

Итоги урока

Тема: Цадахълъел

Нажмите, чтобы узнать подробности

Просмотр содержимого документа
«Тема: Цадахълъел»

Тема: Цадахълъел

Мурад: определение щула гьаби. Цадахълъелалъе баян кьела. Предложениялда жаниб гьелъул магIна ва кIвар бичIчIи. Цадахъ битIунхъвай. Берцинго бацIцIадго хъваялде кIвар кьезе.

Дарсил ин

I. Класс гIуцIи

II.Рокъоб кьураб дарс гьикъи

  • хI – 73

  • определение. Гьеблъун кколел каламалъул бутIаби.

  • рекъон ккараб ва ккечIеб определение(мисалал).

Гьесул букIана гIолохъанаб, чIегIеркIкIуяб гьумер

III. ЦIияб дарсида тIад хIалтIи

  • Учителас дарс бицин

Цадахълъел ккола определениялъул цо хасаб тайпа.

Гьелъ предметалъе цойги батIияб цIар кьун предмет баян гьабула.

Гьелъ бихьизабула жинца баян кьолеб предметалъул миллат, хъулухъ, махщел ва гь.ц.

Дун гьебмехалда студент – физик вукIана.

АхIмад – инженер дуда вихьичищ?

Цо тайпа цадахълъелаз бихьизабула чиясул махщел,хъулухъ,миллат.

Кассир Умагьани районалъул банкалда хIалтIулей йиго.

А. м. цадахълеллъун ккараб рагIи жинца баян кьолеб рагIуда цебехунги, хадубги букIине бегьула.

1. Цо рагIудаса гуреб цадахълъелги гьелъ баян кьолеб рагIиги гIаммал цIараллъун ругони, гьезда гьоркьоб дефис лъола.

Росдацаго баркала кьуна СагIидил васасе – спортсменасе.

2. ГIаммаб цI. цадахълъел хасаб цIаралдаса, дефис лъун батIа гьабула.

Булач – даци нолъ нижехъе вачIун вукIана.

Тукенчи – ХIажи гьанже шагьаралда хIалтIулев вуго.

3. Гьалмагъ, гудул гIадал обращенияллъун жал ккун ругел рагIабаздаги гьезда цадахъ карал рагIабаздаги гьоркьоб дефис лъоларо.

Гьалмагъ секретарь, дирги цIар хъвай гьениб.

4. Газетазул, журналазул, литературиял асаразул, колхоз – совхозазул, фабрик – заводазул цIараллъун ругел хасал цIарал рекъонккечIел цадахълъелазда кIудияб хIарп хъвала ва ковычкабазда жанире рачуна.

Лъицаялиго ццебе бахъун бачаIна басрияб журнал «Гьудуллъи»

  • Рекъон карал цадахълъелаз бихьзабизе бегьула пр. бати – батиял хасиятал, чиясул миллат, махщел,чараб бак, хъулухъ. Гьел рекъон ккун рукуна жинсгун формаялъулъ.

  • Рекъон ккечел цадахълъелаз бихьизабула газетазул, журналазул, литературиял асаразул, колхоз – совхозазул, фабрик – заводазул цIарал. Гьединал цадахълъелал цо рагIудаса рукIунел гIадин, цоялдаса цикIкIун рагIудаса рукIинеги бегьула.

IV.Дарс щула гьаби

ХIалтIи- 75 гьумер 43 (ракI.гьаб.)

ХIалтIи – 76 (тетр. Хъвазе)

76 хIалтIул хал хабизе

П. 18 цIалила, т.гь.

V.Дарсил хIасилал гьарила

VI. Рокъобе хIалтIи

П.18 гьум 41 - 43



Дарс х!адурана авар мац!альул ва адабияталъул муг!алим

Асильдарова Шагьрузат Ах!мадовнаялъ.


Скачать

Рекомендуем курсы ПК и ППК для учителей

Вебинар для учителей

Свидетельство об участии БЕСПЛАТНО!