СДЕЛАЙТЕ СВОИ УРОКИ ЕЩЁ ЭФФЕКТИВНЕЕ, А ЖИЗНЬ СВОБОДНЕЕ

Благодаря готовым учебным материалам для работы в классе и дистанционно

Скидки до 50 % на комплекты
только до

Готовые ключевые этапы урока всегда будут у вас под рукой

Организационный момент

Проверка знаний

Объяснение материала

Закрепление изученного

Итоги урока

Внеклассное мероприятие по аварскому языку "Антонимазухъ гьоболлъухъ".

Нажмите, чтобы узнать подробности

Внеклассное мероприятие по аварскому языку "Антонимазухъ гьоболлъухъ".

Просмотр содержимого документа
«Внеклассное мероприятие по аварскому языку "Антонимазухъ гьоболлъухъ".»

Внеклассное мероприятие по аварскому языку "Антонимазухъ гьоболлъухъ".




МУРАД: 1. ЦIалдохъабазул кIалзулаб калам цебетIезаби.

2. Авар мацIалде рокьи бижизаби.



ВЕЧЕРАЛЪУЛ ИН:

Вечер бачунев: РорчIами, хириял лъимал! Жакъа нилъ щвезе руго «Авар мацI» абураб улкаялда гIумру гьабун ругел Антонимазухъе гьоболлъухъе. Киредайха арал гьал, гьечIо гурищ рокъор?!

(Жанире рачIуна лъабгоял-Антонимал.Гьезда ретIун букIуна чIегIераб ва хъахIаб ххамил ретIел, лъун рукIуна «Антоним» абун хъварал хасал тIар-гъал.)

Вечер бачунев: Гьа, гьале рачIунел руго! РорчIами!

Антонимал (цадахъго):РорчIами! ЛъикI щварал нижер улкаялде!

Вечер бачунев: Лъимал, ракIалде щвезабе, антонимин сунда абулеб?

(ГIодор чIараз жаваб кьела.)

1себ Антоним: ГIемерисеб мехалъ антонимал рукIуна жидер качествоя-лъулаб (лъикIаб – квешаб), къадаралъулаб (гIемер – дагь), заманалъулаб(цебе – гьанже) ва бакIалъулаб (гъоркь – тIад) магIна бугел рагIабазул.

2 аб. Антоним: Ах, рукъ, гъветI, гамачI гIадал рагIабазул гьел рукIунаро.

3 аб. Антоним: Антонимал рукIунаро гьединго хасал цIаразул ва рикIкIе-назул.

1себ Антоним: Кьер бихьизабулел прилагательноязда гьоркьоса анто-нимазулаб жут буго гIицIго чIегIераб – хъахIаб.

2 аб. Антоним: Антонимал рукIунаро материалалдехун бугеб гьоркьоб-лъи бихьизабулел прилагательноязул. Масала: маххулаб, меседилаб.

3 аб. Антоним: РагIуе букIине бегьула цо ва чанго антоним. Масала: хъа-хIаб – чIегIераб, бечедаб – мискинаб – язихъаб, лъикIаб – квешаб – къадараб – хIалихьатаб.

Вечер бачунев: Гьанже нилъеца хIазе буго «Воре, мекъи абуге» аб. хIай. КвегIаб рахъалда гIодор чIарал рукIина цо команда, кваранаб рахъалда чIарал – цойгидаб. Дица абила рагIаби, нужеца ратила гьезие антонимал.

Антоним гьечIеб рагIи абуни, квер борхизе кколаро. Цо лъицаниги нужеда гьоркьоса квер борхани, гьесул командаялде ккола гIакIа ва тIаса бахъула 1 балл. Бергьуна цIикIкIун баллал ракIарараб команда.

Антонимал, нужеца баллал рикIкIине руго.

Х I а я л ъ е р а г I а б и: гьаниб (доба), цебе (гьанже), халатаб (къо-къаб), бицатаб (тIеренаб), бакIаб (тIадагьаб), нух, захIматаб (бигьаяб), гIе-баб (чIедераб), кIал, лъим, гвангъараб (бецIаб), цIураб (чIобогояб), сахаб (ун-тараб), Муса, вачIине (ине), гIумру (хвел), беццана (какана), квачана (хинлъа-на), буго (гьечIо), гIакъил (гIабдал), рагъ (рекъел), машина, тIанса, рохел (паш-манлъи), херлъи (бахIарлъи), радал (къаси), хасел (рии), яс (вас).

Вечер бачунев: Лъимал, гьанже гьаб шарадаялъе жаваб лъай. БитIараб жавабалъухъ нужее Антонимаз жеги 2 балл лъела.

«ЧI» хIарпгун дун хъванани,

Дир антоним «гIебаб» буго.

«ГI»-ялъ «чI» хIарп хисани,

Дир антоним «хIинцаб» буго.

Босун дуца «лъ» хъванани,

Антоним дир «ризаб» буго. (ЧIедераб – гIедераб – лъедераб.)

Вечер бачунев: Лъимал, нужее маргьаби рокьулищ? ГьабсагIаталда Ан-тонимаз цIализе руго аваразул халкъияб маргьаялдаса росарал мухъал, Нуже-ца гьезда гьоркьор ратизе ккола антонимал. БитIараб жавабалъухъ щола 1 балл.

1 себ Антоним: КIудияв вац кваранаб нухалъ валагьанила, гьоркьохъев вац квегIиса валагьанила, гьитIинав битIухъе анила.

2 аб. Антоним: Анила гьав, анила, гIемерав анила, дагьав анила.

3 аб. Антоним: Къаси анила, къад анила.

1 себ Антоним: Нилъер мегIер цо танила, чияр мегIер кIиго танила, гванзал рохьал, гъваридал кIкIалал танила.

2 аб. Антоним: Анлъавго кIудияв нартав кIалъачIого чIанила, бищунгьитIинас абунила: «Бугебин, эбел, гьединаб чу».

3 аб. Антоним: «Бергьана мун дидаса, дурлъана гьанже дун», - илан абунила чоца.

Вечер бачунев: Лъанищ нужеда кинаб маргьаялъулъа росарал мухъал гьал рукIаралали? («Ралъдал чу».)

Вечер бачунев: Гьанже нужеда рагIизе руго жиделъ гIаксаб магIнаялъул рагIаби ругел аваразул халкъиял кицаби. Нужеца ратизе ккола гьел антонимал. (БитIараб жавабалъухъ 1 балл.)

1 себ Антоним: Бакъ агиян къулун, къо агиян ворхун.

2 аб. Антоним: ГьитIинаб кIвахIалъ кIудияб зарар гьабула.

3 аб. Антоним: Жакъа гьабичIеб метер батуларо.

1 себ Антоним: Жиндиего чед гьабуларес чидае гурга гьабуларо.

2 аб. Антоним: Бегараб бацI - бакъараббахъараб бацI – гIорцIараб.

3 аб. Антоним: Гьабизе захIмалъулеб, биххизе бигьалъулеб.

Вечер бачунев: Лъимал, нужецагоги бегьула гьединал кицаби ракIалде щвезаризе.

(Лъималазул жавабазухъ гIенеккила ва битIун абураб кициялъухъ 1 балл кьела.)

1 себ Антоним: (босун бачIуна плакат). Лъимал, нужеда цере руго «ХIарпазул къадар бащадал» антонимал. Нужеца щибаб рагIуда дандбитIун, клеткабазда жанир, хъвазе ккола щибалъе антоним.




(КIиго Антонимас ккола плакат, лъабабилес цIалила рагIаби, вечер бачунес гьел клеткабазухъ хъвала; хадур рачина хIасилал.)

Вечер бачунев: Лъимал, Антонимаз хIасилал рачун лъугIизегIан нужеца гьал кочIол мухъазулъ антонимал рате. (росун рачIуна кочIол мухъал хъварал плакатал.)

1) Киб дур сордо бугеб, киб дур къо бугеб?

Кида дуй къалъулеб, кида бецIлъулеб?

Киб дур хасел бугеб, киб рии бугеб?

Кида дуй хинлъулеб, кида квачалеб(Р. ХI. «Поэтасде».)

2) Вай эбелалъул ракI, эбелалъул ракI,

Бищун бахIарчияб, бищун хIинкъараб,

Бищунго хIеренаб, бищун къвакIараб,

Бищун манзил къокъаб, бищун сабураб. (Р. ХI. «МагIарулай».)



Вечер бачунев: Гьанже гьаб плакаталда хъван бугеб щибаб рагIуе кIиго, яги лъабго антоним бате.

сурукъаб – берцинаб, гьайбатаб

сахаб – унтараб, щокъаб, гIажизаб

лъикIаб – квешаб, къадараб

гIантаб – цIодораб, гIакъилаб



(Гьелдаса хадуб бергьараб команда абила.)



1себ Антоним: Къо-мех лъикI, лъимал!

2 аб. Антоним: Хаду-хадурги рачIа нижехъе гьоболлъухъ!

3 аб. Антоним: Гьарула нужее цIалулъ бергьенлъаби!




Скачать

Рекомендуем курсы ПК и ППК для учителей

Вебинар для учителей

Свидетельство об участии БЕСПЛАТНО!