СДЕЛАЙТЕ СВОИ УРОКИ ЕЩЁ ЭФФЕКТИВНЕЕ, А ЖИЗНЬ СВОБОДНЕЕ

Благодаря готовым учебным материалам для работы в классе и дистанционно

Скидки до 50 % на комплекты
только до

Готовые ключевые этапы урока всегда будут у вас под рукой

Организационный момент

Проверка знаний

Объяснение материала

Закрепление изученного

Итоги урока

Дарсил тема «РекIель даим чIаго хутIила» (вечно останешься в моем сердце)

Нажмите, чтобы узнать подробности

Дарсил тема «РекIель даим чIаго хутIила»

Просмотр содержимого документа
«Дарсил тема «РекIель даим чIаго хутIила» (вечно останешься в моем сердце)»

Рагьараб дарс

Дарсил тема «РекIель даим чIаго хутIила»

Дарсил мурад.а) ВатIан цIуни ва гьеб бокьи

б) ВатIаналде рокьи дагьабги цIикlкIинаби

в) Совет халкъалъул биун тIураб гьудуллъи вацлъи

Эпиграф

Щивго кIочон тун гьечIо

Щибго кIочIон тун гьечIо

КIудияб улкаялда

Миллион гIадамазда

Дарсил ин

  1. РорчIами,лъимал!

Салам учитель, лъикI щварал гьалбал.

ГIодор чIа

  1. Жакъа нилъер буго адабияталъул гIадатияб гуреб дарс

  2. Хириял лъимал исана нилъер ВатIаналъ кIодо гьабулеб буго Гитлерил фашизмаялда тIад бергьенлъи босаралдаса 69 сон тIубай.



-1941 соналъ гьатIан къоялъ сагIат анлъгоялда нилъер ВатIаналде Совет пачалихъалде тIаде Гитлерил армиялъ гIарадаби разе байбихьана.

Байбихьана ВатIанияб рагъ, гьеб букIана дунялалда тIад бищун вахIшияб ва гIемер би гIодоб тIураб 1418 къоялъ халат бахъараб рагъ

- Гьедин рагъде ана чамилаго миллион чи Совет Союзалъул 50 миллион чи хвана гьеб рагъулъ 1000000 чиясе щвана орденал медал







Гьезда гьоркьоса 58 чи вахъана Совет Союзалъул ва Россиялъул БахIарзаллъун 7-гояв мустахIикълъана лъабабго даражаялъул «КIудияб ВатIанияб рагъ» орденалъе.

1940-абилеб соналъ рагъде вас тIовитIичIей эбел хутIун йикIун ятиларо тIоритIана тIадруссун рачlиналде хьулгун.

- ВатIан цIунизе арал дагъистанияз бахIарчилъи ва хIинкъи гьечIолъи бихьизабуна, кире кканиги ВатIаналде бугеб рокьи цIунана ва гьелъие гIоло рухь бичун рагъана. Гьел рагъана «Бергьенлъи, ялъуни хвел!» - абураб гьагун. Нилъеда гьел кидаго кlочене гьечlо.

Гьединавлъун ккола тIоцебе БахIарчиялъул цIар щварав Гъуниб районалъул МохIоб росулъа бахIарчияв ралъдахъан МухIамад Хlажиев. Гьесулнухмалъиялда гъоркь 27 гама гъанкъизабуна.

- ВатIан цIунулезул цереса кьерда рукIана поэтал ва хъвадарухъаби. 40-ялдаса цIикIкIун хъвадарухъанас гIахьаллъи гьабуна ВатIанияб рагъда. Гьел рагъана кочlодалъун хочодалъун Нилъеда гьел кидаго кIочене гьнчIо.



- Лъимал нужеда гьезул цIарал лъалищ? Щал гьел кколел?(Ражаб ДинмухIамаев,ГIабдулмажид Хачалов, МухIамад Сулиманов, Эффенди Капиев, Багьавудин Митаров, Мухтар Абакаров, МутIалиб Митаров, Къади Абакаров)

- МагIарулазул пасихIав поэт, драматург Гlабдулмажид Хачаловас 1943 соналдаса нахъе хъулухъ гьабуна БагIараб армиялда, гIахьаллъана КIудияб ВатIанияб рагъда. Бергьенлъиги босун тIад вуссун хадув, Хачаловас хъвалеб буго поэма «Хваразул ЦIаралдасан»

- Поэма кинаб асар кколеб?

-Поэма – ккола кочIодалъун хъвараб, кIвар бугел лъугьа-бахъиназул бицунеб асар.

1- Амма бихьана рагъ – балагьалъул рагъ

2- Бихъ – бихъун, бухъ – бухъун балеб букIана

- Гьал кочIол мухъаздаса бихьулеб буго рагъ гIасияб ва вахIшияб букIин.

- Кин ва сундуе гIоло рагъарал?

3- Макьу тун рагъана квен тун рагъана

- Дагъистаналъул бахIарзазул кинал цIарал рехсон ругел поэмоялда?













4- Имам Шамиль, МухIамад Хlажиев, СагIадула Мусаев, ГIабдулмажидов,ГIабдулманапов

- Рагъухъабазда гьоркьоб кинаб гьудуллъи букIараб?

5- РукIана киналго цIакъ гIадатиял -Кинаб бадичIвай гьабулеб бугеб рагъда чIвараб гьудулас.

6- Мармарги вайракъги гьарулел гуро – Щиб гьарулеб бугеб авторас поэмалъул ахиралда?

7- МагIарулал, дирго рахъалъ абила

- Лъимал, ракIалде щвезареха арал классазда малъарал рагъул темаби, ва лъица гьель хъварал?

- Тема щиб жо кколеб?

Тема – хъвадарухъанас тIаса бищараб ва жиндирго асаралда жаниб бихьизабураб лъугьа-бахъин, асаралда жаниб жиндир хIакъалъулъ бицен гьабулеб жо.

- Расул ХIамзатовасул « Россиялъул солдатал», «Къункъраби».

Ражаб ДинмухIамаевасул «Хиянатчи».

- «Россиялъул солдатал» - кечI буго ВатIаналъе, ракьалъе, халкъалъе хилиплъичIев, гьезие ракълилаб гIумру букIиналъе гIоло рухIалда барахщичIев, ГIахьвахъ районалъул КIаратIа росулъа дагъистанияв МухIамадзагьид ГIабдулманаповасул хIакъалъулъ.

Сундул хIалкъалъулъха гьел хъван ругел?

- Рагъул, ВатIаналъул, гьудуллъиялъул, хIакъалъулъ - Цо шагьаралдаса цого милаталъул васалищ гьенир рукIарал?

- Гуро. Гьенир рукIана Россиялъул батI – батIиял шагьаралдаса ва росабалъа гIолилал. Гьезда гьоркьов вукIана Дагъистаналдаса магIарулав МухIамадзагьид ГIабдулманаповги.

- Симферополалда буго цо гIамаб хоб - Кин гьел рагъарал? –Гьал рагIаби лъица абурал, гьезул магIна нужеда кин бичIчIараб?

- « Дун гIурусав гуро, совет чи вуго ,

Гьал чIварал гIадамал дир вацал руго.

Ниж цого ватIаналъ гIезе гьарурал.

Гучаб Россиялъул солдат руго.













- Гьел рагIаби абуна нилъер ракьцояв МухIамадзагьид ГIабдулманаповас. Гьесие абизе бокьун букIана киналго эбелаб ВатIаналъе гIоло рагъулел ругин, цо ВатIаналъе гIезе гьарурал лъимал цоцазе вацал кколин. Гьев фашистаз, гIазабги кьун чIвана. – Исана нилъер ракьцояв ГIабдулманаповас тIубала 90 сон.

Монтаж 1. «МухIамадзагьид ГIабдулманаповасде». 2. «Нилъ чIухIарав БахIарчи». 3. «Дур бахIарчиялъул хвел букIунаро». 4. «ГIахьвахъ районалъул бахIарчияв вас». 5. « Нижер эркенлъи цIунун».

- Чан абилеб соналъ хъвараб Расул ХIамзатовас «Къункъраби» абураб кечI?

- 1965 соналда Расул ХIамзатовас хъвана « Къункъраби» абураб кечI.

« Къункъраби» - рагъул заманалда гIемерал гIолохъабаз гIумру кьуна нилъее ракълилаб гIумру букIиналъе гIоло, КIудияб ВатIанияб рагъда камуна Дагъистаналдаса гIемерал гIолохъаби. Хвана Чачаналда, Афгъанистаналда, 1999 соналда ракIалдаго гьечIого Дагъистаналде рещтIарал вагьабиязулгун ккараб рагъулъ. Гьел гIолохъаби Расулица къункърабигун дандекколел руго.

- Нужер ракIазе кинаб асар гьабулеб гьеб кечIалъ?

- Пашманлъиялъул асарал гьабула

- Расул ХIамзатовас « Россиялъул солдатал кочIолъ лебалал, кьварарал гIолохъабазул бицун батани, Ражаб ДинмухIамаевасул « Хиянтчи» асаралъул лъил бицунеб бугеб, ва « Хиянатчи»

цIар щай кьун бугеб? Щив гьев кколев?

- Гьаниб бицунеб буго хIалихьатав, нахъечIанав, хIинкъарав, нич – намус тIагIарав, кинабгIаги жинда божелъи гьабизе бегьуларев хиянат чиясул хIакъалъулъ. - Хиянатчи ккола ВатIаналъе хилиплъарав чи. – Лъимал нужеда кин бичIулеб ВатIан абураб рагIул магIна?

- ВатIан ккола нилъ рижараб, гIураб ва жаниб гIумру гьабулеб росу, ракь.

- Лъимал щивха гьаб асаралъулъ хиянатчи кколев? МухIамадиш, ГIалибегиш? Нужее кинавха вокьулев? Щай?

-МухIамад вукIана хIалихьатав божизе бегьуларев хиянатчи.



- ГIалибег вокьулащайгурелъул гьев вукIана хIинкъи гьечIев кьварарав яхI – намус бугеб, божи гьабизе бегьулев гIолохъанчи. – Кинха гьел солдатал хварал, ахир кинабха ккараб? Данде ккве МухIамадзагьидги МухIамадги?

- ГIабдулманапов вукIана бахIарчи ва бахIарчиго хвана. МухIамад вукIана хIалихьатав, нахъенагIанав нич – намус тIагIарав, абуралъ чIвана, хиянатчиясе гьаб ракьалда, дунядалда тIад бакI гьечIилан.

- Лъидаха лъалев ВатIаналда, бахIарчилъиялда, хIалихьалъиялда, рагъда, хурхарал кицаби?











1. Рагъулъ гIемер ургъулез

БахIарчилъи гьабуларо

2. ВатIан хириясе, хвел букIунаро

3. ГIадамал холла, БахIарчи даим чIаго хутIула

4. Рагъалъ къед баларо, бараб биххун гурони.

5. Рагъдаса лъутизе хIинкъарав – гьеле гьев вуго бахIарчи.

6. Ракъулъе реханиги месед холареб 7. ГъалбацIалъ цIоко толеб

БахIарчияс цIар толеб.

8. БахIарчиясул цIар цIвабазде гIунтIулеб. 9. Тушманасе наку чIвазегIан, Жиндирго къаданиб зани чIван лъикI.

10. Цо лахIзаталда жанив бахIарчиги вахъунев,

Цо лахIзаталда жаниб чилъиги холеб.

11. БахIарчи кьалда хола,

ХIалихьат боснов хола. 12. БахIарчияс къохIехьола,

ХIалихьатас мугъ рехула. 13. ГъалбацIлъун рагъда хвей лъикI,

ГIанкIлъун чIаго хутIиялдаса. 14. БахIарчиясе халкъалъ къойиль бетIер къулула,

ХIалихьатие халкъалъ къойиль нагIана кьола.

- Лъимал, нужер хIисабалда, жакъа къоялда данде чIвалищ МухIамадзагьид ГIабдулманапов гIадал гIолохъаби?

- 1999 сон. Риидалил гIуж. РакIалдаго гьечIого, бецIаб сардил гIужалъухъ балагьичIого, Дагъистаналде, хасго ЦIумада ва Болъихъ районазде рещтIана чIегIераб балагь. Ракълил заманалда байбихьана рагъ. ГIодосанго умумузул батараб гIадат, гIамал, дин хисизабизеян лъугьана вагьабиязул боевикал. Гьеб рагъда гIолохъанаб жидерго гIумруялъухъ балагьичIого ВатIаналъе гIоло, нилъее ракълилаб гIумру букIиналъе гIоло рухI кьуна гIемерал гIолохъабаз. Гьезда гьоркьор дие рехсезе бокьун буго нилъер ракьцоял гIолилазулги цIарал. Хlусенов Закаря, Сабигулаев Сулейман ва тумав Берцинаев МухIамад. Гьел гIолохъаби хвана, амма гьезул ишал ва цIарал даим чIаго рукIина. Гьезул цIарал кьун руго школазе ва къватIазде.

Амма абизе бокьун буго «Хиянатчи» асаралдаса хIалихьатав МухIамадида релълъарал, гIарцухъ, долларазухъ чилъигун вацлъи ва ВатIан бичаралги гIолохъаби гIезегIан рукIанин гьезда гъорлъги. Дида ракIалде ккола дунялалда тIад гьединал гIадамазде бакI гьечIин ва букIинеги кколарин.

КечI« ЦIумада»

- Алжан насилъун батайги гьезие

- Хириял лъимал ва тIаде рачIарал!

-ЦIакъ бокьилаан нилъерго ракьцоял, ВатIан цIунулаго чlварал гIолохъабазул къимат гьабун цо минуталъ сихIкъотIун чIани.

-Баркала гlодор чlа!







Сценка. « Пионеразул хоб»

КIодо - Абдулкиримова П.

Солдат -Нурудинов

Пионер - Усманов

КечI« Къункъраби»

- Лъимал жакъа нилъеца бицараб щинаб жоялдаса кинаб хIасил нужеца гьабураб?

- ВатIан бокьизе ккола, цIунизе ккола, ккараб къо борхизе ккола расги хIинкъичIого.



- БитIун буго.

- Дарс лъугIизабизе бокьун буго дие гьадинал рагIабаздалъун.

- Воре ВатIаналъе хилиплъуге нуж

ВатIан нилъер ракьин, нилъер эбелин

ВатIан бичараца эбел йичулин

Эбел йичарасул чилъи тIагIунин.

- Кире щваниги, дир хириял лъимал, ракIалда букIа нуж магIарулал рукIин. МагIарул яхI – намус рехун тоге, гIаданлъиги чилъиги хвезе тоге. Гьеб буго нужер бищун кIудияб кIудияб бечелъи.

- Къиматал лъей.

- Рокъобе хIалтIи. Сочинение «Рагъул бахIарзал».

- Къо – мех лъикI.
















Скачать

Рекомендуем курсы ПК и ППК для учителей

Вебинар для учителей

Свидетельство об участии БЕСПЛАТНО!