СДЕЛАЙТЕ СВОИ УРОКИ ЕЩЁ ЭФФЕКТИВНЕЕ, А ЖИЗНЬ СВОБОДНЕЕ

Благодаря готовым учебным материалам для работы в классе и дистанционно

Скидки до 50 % на комплекты
только до

Готовые ключевые этапы урока всегда будут у вас под рукой

Организационный момент

Проверка знаний

Объяснение материала

Закрепление изученного

Итоги урока

ПРОЕКТ "Использование игровой технологии на уроках родного языка и литературы"

Нажмите, чтобы узнать подробности

Проект " Игровые технологии на уроках родной литературы "

Просмотр содержимого документа
«ПРОЕКТ "Использование игровой технологии на уроках родного языка и литературы"»

10


Дагестанский институт повышения квалификации педагогических кадров

Кафедра филологического образования





ПРОЕКТ

Использование игровой технологии на уроках родного языка и литературы



Руководитель:Юсупова Р.М.

Дата сдачи:



Махачкала 2015г.





Содержание

Цебераг1и…………………………………………………………………………3

1.Дидактикиял х1аязул хаслъи ва гьезул дарс бич1ч1иялъе бугеб к1вар…….5

2.Х1аял дарсида х1алт1изари……………………………………………………7

Х1асил…………………………………………………………………………….14

Пайда босараб литература………………………………………………………16































Цебераг1и

Лъиего балъголъилъун кколаро жакъа къоялда жаниб лъималазул ц1алудехун рокьи бичун бук1ин. Гьелъие руго бат1и-бат1иял г1иллабиги. Аслияб г1иллалъун нижеца рик1к1уна г1арцухъ кинабго жо босизе бегьулин абураб пикру т1оцебе эбел-инсул, хадуб лъималазулги бот1ролъ бессун бук1ин. Лъималаз ва цо-цо жидерго мег1ералда цебе бугеб гурони жо бихьуларел эбел-инсуца абулеб буго щайин г1акъубаги бихьун школалда ц1алун, г1арац кьеч1ого жидер лъимер т1адег1анаб ц1алул идараялде ц1ализе ворч1уларин. Школалда ц1алулел лъималаз, ц1алдезеги ц1алич1они, щиб гьабизе кколебали, гьез жидерго заман кин т1амизе кколебали цо-цо улбуз х1исаб гьабулеб гьеч1о. Г1емераб эркенаб заман бугев ва гьеб заманалда щиб гьабизе кколебали лъаларев чияс жиндирго заман къват1азда т1амула, гьениса цониги лъик1аб жоги лъаларо.

Ц1али нахъе ккеялъе цоги г1илла буго:компьютеразда нахъа интернеталда ва телефоназда жанир лъимал рук1ин. Гьениб г1умру гьабизе лъималазе бигьа буго. Гьединлъидал гьезул ц1алуде гъира дагьлъулеб буго.

Школалда лъайкьеялъул жакъа къоялда жаниб аслияб мурад буго лъималазе лъай ц1иял къаг1идабиги х1алт1изарун кьей, ц1алуде рокьи бижизаби, ц1ализе кколеблъи лъималазда бич1ч1изаби, лъималазда бажарулеб, гьезда бич1ч1улеб, гьезие бигьаяб къаг1идаялъ материал кьей. Гьеб буго нижер проекталъул к1вар.

Муг1алимасул ихтияр буго жиндиего бокьарал къаг1идаби т1аса рищизе.

Нижер проекталъул мурад буго: х1аял дарсида х1алт1изариялъул нижерго х1албихьи цогидазда бихьизаби, дарсил тема бич1ч1изабизе х1аязул бугеб к1варгипайдаги баян гьаби.

Масъалаби:

  1. х1аязул хаслъи рагьи;

  2. х1аялги х1алт1изарун дарс кьезе бегьулел къаг1идаби рихьизари;

  3. ц1алигун-тарбия кьеялъулъ х1аяз кколеб бак1 баян гьаби.

Гипотеза: х1аязул технологияз кумек гьабула лъималазул жоялда

нахъг1унт1и цебет1езабизе, гьезул ц1алудехун жигарчилъи ц1ик1к1инабизе.

Нижер проекталъул пайда бук1ина авар мац1 ва адабият школалда

малъулел муг1алимзабазе жидерго х1алт1улъ х1алт1изабизе.































1.Дидактикиял х1аязул хаслъи ва гьезул дарс бич1ч1иялъе бугеб к1вар.

Х1аял г1адамаз х1алт1изарулаан нек1сияб заманалдаса нахъего. Нек1сияб Грециялда лъималазда жо малъизе х1алт1изарулел рук1ун руго гьел. Лъалеб жо буго х1аялдалъун гьабулеб бугони, лъималазул ц1алудехун гъира бижулеблъи.

Х1аялъ кумек гьабула лъималазда дарс рак1алда ч1езабизе, ц1алудехун гьезул к1вар ц1ик1к1инабизе, г1аммаб лъай борхизабизе.

Х1аял г1емер бат1и-бат1ил рук1уна: деловой х1аял, ролевой х1аял, дидактикиял х1аял. Нижер проекталда бицине буго школалда х1алт1изарулел дидактикиял х1аязул. Цогиял х1аязде дандеккун, педагогикиял х1аязул бук1уна цо мух1канаб цебе лъураб ц1алул масъала ва гьелде данде кколеб х1асилги бук1ине ккола.

Дидактикияб х1ай г1уц1ун бук1уна хадур рехсарал бут1абаздаса: х1аялъул мурадалдаса яги гьелъул аслияб пикруялдаса, х1аялъул шарт1алдаса (гьабулеб къаг1идаялдаса), х1алъ х1асил кьезе кумек гьабулел масъалабаздаса, х1аялъул алаталдаса ва гьелъул х1асилалдаса. Х1аялъул аслияб пикру бахчун бук1уна гьелъул ц1аралъулъ ва гьелда цере ч1арал масъалабазулъ. Х1аялъ ц1алдохъабазул цо жоялда нахъг1унт1и цебет1езабула.

Х1аял дарсида х1алт1изариялъул мурад буго ц1алдохъанасе лъай кьей, гьесул цо хасал навыкал щула гьари, гьесул лъай х1албихьиялде буссинаби. Дидактикиял х1аязул тарбия кьеялъул мурадал г1емерал руго, масала: ц1алдохъанасулъ сабру куцай, рак1бац1ц1адго т1адкъай т1убазе ругьун гьари (гьалмагъзабазе рек1к1 гьабич1ого), байбихьараб иш раг1алде бахъинаби гьезулъ куцай, цоги лъималазда цадахъ х1алт1изе ругьун гьари, цогиязул пикруялъухъ г1енеккизе ругьун гьари, цогиязул ккарал гъалат1ал рихьизе, чи г1одовег1ан гьавич1ого гьел рит1изаризе ругьун гьари, г1адамазда цеве вахъун к1алъазе, жиндирго х1алт1иялъул бицине малъи, цебе лъураб масъала т1убазе малъи, жиндидехунго гьабулеб рит1ухъаб критика квеш бук1инч1ого, къабул гьабизе ва гьелдалъун жиндирго гъалат1ал рит1изаризе ц1алдохъаби ругьун гьари. Гьединал руго ФГОСалъул т1алабалги.

Х1ай бигьаяб жо бугилан кканиги, учителасда г1езег1ан г1акъуба бихьула х1аязде х1адурулаго. Ф.И.Буслаев абурав цо г1алимчияс абулеб буго «Бат1и-бат1иял х1алт1аби гьари (гьезда гьоркьор бат1и-бат1иял х1аялги) – учителасда лъик1 дарс кьезе лъаялъул г1аламат, гьесул махщелалъул камиллъи кколилан».

Г1емерисел дидактиял х1аязул ункъго бат1ияб г1аламат-хасият буго:

- гьеб буго эркенго ц1алдохъабаз гьабулеб х1алт1и, лъималазе бокьани гурони гьесда х1ал гьабулареб, х1асилалъул гуреб жибго х1аялда гъорлъ г1ахьаллъиялъ ц1алдохъанасе рек1ее асар гьабулеб;

-х1аялъул творческияб рахъ;

-х1ай гьабулеб мехалъ лъималазул бук1уна къец, бергьине гъира ва гь.ц.;

-цо хасал правилаби рук1ин, заман бук1ин, цоцада хадуб бач1ин бук1ин.

Гьединго материалалъухъ балагьун, бит1ун г1уц1ун ругел х1аяз лъималазул рак1алда жо ч1ей лъик1лъизабула, ц1алдохъабазе калам берцин ва бечед гьабизе, раг1абазул нахърател ц1убазабизе кумек гьабула;

Х1аялъ лъимал ургъизе т1амула, гьезул пикру цебет1езабула ва предметалдехун рокьи бач1инабула;

Х1ай ккола лъималазул дарсида реч1ай бергьине кумек гьабулеб алат;

Къукъаялда гъорлъ щивас жаваб кьезе ккола т1олго коллективалъул.

Щивавасе бокьула жиндирго къукъаялъе бергьенлъи щвезе,гьединлъидал щивас х1аракат бахъула хехгоги бит1унги т1адкъай т1убазабизе.



2.Х1аял дарсида х1алт1изари.

Нижер школалда х1алт1иялъул девиз буго «Х1ал гьабич1ого лъай кьей». Х1аял х1алт1изарулел дарсазда киналго лъималаз г1ахьаллъи гьабулеб бук1ин ва гьел киналго гъираялда х1алт1улел рук1ин бич1ч1ана нижеда. Нижеца г1емер х1алт1изарула гьел авар мац1алъулги адабияталъулги дарсазда. Хасго гъираялда х1алт1ула лъимал къец гьабулеб бугони, киназего бергьине бокьулелъул. Бергьине ккани, предмет лъазе ккола. Лъималазда гьеб бич1ч1ула ва гьез х1аракат бахъула предмет лъазабизе. Х1аял хурхарал руго мац1алъулги адабияталъулги киналго рахъазда. Дарсил бокьараб бут1аялдаги х1алт1изаризе бегьула гьел, т1убарабго дарс х1аялдалъунги г1уц1изе бегьула. Кида ва кинаб дарсида кинал дидактикиял х1аял х1алт1изарилелали лъала живго муг1алимасда, гьесда цере ц1алулел ругел лъималазул лъаялда бараб бук1уна гьеб.

Учителас г1езег1ан заманги зах1матги хвезабула гьединал дарсал х1адурулаго, амма гъирагун дарсида х1алт1улел ц1алдохъаби рихьидал кинабго г1акъуба-зах1мат к1очон тола.

Х1аяз бат1и-бат1ияб мурад т1убала, мац1алъул бук1а, адабияталъул бук1а бат1и-бат1иял бут1аби, теория ва гь.ц. бич1ч1изабизе кумек гьабула.

Орфоэпия малъулеб мехалъ гьабизе бегьула гьадинаб х1ай:

Х1ай «Текст ургъе» – лъималазе кьела бит1ун абизе гьезие зах1малъулел раг1аби ва гьел раг1абиги гъорлъе ккезарун текст г1уц1изе т1амила заманги ц1ан (2-4 минут).

Лексико-фразеологиял х1аял:

Х1ай «Фразеологизмаби дандрай». Лъималазе кьела ч1ах1а компьютералдаги хъван, раг1абаздеги къот1-къот1ун бат1и-бат1иял фразеологизмал (лъималазда лъик1 лалел г1адал, яги дарсида малъарал). Цинги лъимал т1амила гьел дандразе.

Гьединго кьезе бегьула литератураялъул дарсида рек1ехъе лъазаризе кьурал куч1дул. Гьеб х1аялде ц1ар тезе бугьула «литератураялъул пазлал», пазлал г1адин дандразе бегьулелъул гьел. Рокъобе рек1ехъе лъазабизе кьураб кеч1 цин дандбазе т1амила лъимал цинги гьеб пасих1го ц1алила гьез. Масала, Расул Х1амзатовасул «Россиялъул солдатал» абураб коч1ол бут1а:

Фашистазул гьаби, гьанир гlенекке,

Дун гlурусав вуго, Совет чи

вуго,Гьал чlварал гlадамал дир вацал руго.Ниж цо Ватlаналъ гlезе гьаруралГучаб Россиялъул солдатал руго.

Х1ай «Ургъе». Лъималазе кьела фразеологизмал- лъималаз гьезул маг1на ва киса рач1арали бицина. Масала, Г1ашилт1а Мантащ г1адинабураб фразеологизм бач1иналъул гьадинаб бицен буго: Г1ашилт1а росулъ вук1ун вуго цо ч1ух1арав бечедал чаг1азул вас. Гьев риидалги хасалоги щибго х1алт1иги гьабич1ого, чакмаялги ц1вакизарун, дарайдул гурдеги рет1ун хьвадулев вук1ун вуго. Хасалог1аги щай дуца аб дарайдул гурде бахъуларебин ц1ехолев чи ккани, гьес абулеб бук1ун буго хасалил лъабго моц1алъе г1оло ч1ух1и г1одобе рехулев чи гурин жиилан. Фразеологизм бач1араб бак1, гьелъие г1илла ц1алдохъабазда лъалеб бугони, гьезда гьелъул маг1наялъул гъварилъи бич1ч1ула ва рак1алда ч1ола.

Х1ай «Абиял, кицаби дандрай». Лъималазе кьела абиял мекъи цоцазда рек1инарурал. Лъималаз бит1ун рек1инарила (яги кьела кицаби к1вар бугел раг1абиги гьоркьор риччан)

Акростих. Цо раг1и кьела т1аса эхебева гьеб раг1иялдаса байбихьулел абиял яги фразеологизмал абизе т1амила лъимал:

С-

А-

Х-

Лъ-

И-

Каламалъул бут1аби малъулеб мехалъ гьабизе бегьула гьадинаб х1ай: Цо бокьараб каламалъул бут1а малъулеб мехалъ босун торг1огун муг1алимас гьеб рехила цо ц1алдохъанасухъе ва кьела гьеб каламалъул бут1аялда хурхараб суал яги т1адкъай. Ц1алдохъанас торг1оги кодоб ккун, учителасул суалалъе жаваб кьела. Масала, глагол малъулеб бугони, гьадинал суалал ва т1адкъаял кьела: ц1ализе абураб глаголалдаса глаголияб ц1ар лъугьине гьабе, жинсияб глагол рехсе, глаголалъул чан заманияб форма бук1унеб? ва гь.ц. Прилагательное малъулеб бугони: качествияб прилагательное рехсе,инсулаб абураб прилагательное кинаб кколеб?, берцинаб абураб прилагательное падежазде сверизабе ва гь.ц. Ц1алдохъанасда лъани, гьев г1одов ч1ела, лъач1они, вахъун ч1ун вук1ина, цоги торг1о рехун бач1ун, бит1араб жаваб кьезе к1везег1ан.

Х1ай «Къвариг1унареб бате». Цо мухъалда кьела4 качествиябги цо бат1иябги прилагательное яги 4 бокьараб прилагательноеги цо причастие. Лъималаз къвариг1унареб (гьеб мухъида бук1ине кколареб) раг1и батила. Цоги бат1ияб къаг1идаялъги гьабизе бегьула гьеб х1ай. Лъималазе предложениял кьела. Гьезда жанир х1алт1изе гьарич1ониги бегьулел раг1аби ратизе т1амила лъимал. Масала: 1) Заман щвелалдего дир бот1рол рас хъах1лъана. 2) Килщил малъ бекана.

Х1ай «Таржамачи» (бат1и-бат1иял предложениял кьела – лъица бищунго хех предложениялда ругел раг1аби синонимаздалъун хисилел, яги г1урус мац1алде руссинарилел?):

1)Т1олго шагьар гвенд бухъизе т1амунила парчах1ас. 2)Радал нухда х1ет1е лъуна гьес. 3)Сверухълъи гвангъизабун ц1аял ракана. 4)Чанги бах1арчияв чи вижараб бак1 буго маг1арул ракь.

Х1ай «Лъида лъалеб?» (раг1абазул маг1на (толкование) кьела – лъималаз жибго раг1и абила), масала: хъвазе-ц1ализе лъаларев чи (жагьилчи); ах, хур бухъизе х1алт1изабулеб т1аг1ел (газа, раххан) ва гь.ц.

Х1ай «Бищунго хехав» (гъалат1ал ругеб текст кьела – бищун цебе гъалат1ал рит1изарурав бергьина), масала:

Бакъ т1ерхьун ана. клубалда цебе жеги къот1ула бук1инч1о зурмил къва-къвайги къолол хъудиги. Руччабиги, бихьиналги берталъ бат1а-бат1аго ч1олеб цебегосеб г1адатги г1ин кьурун рехун, жакъа ясалги васалги цадахъ цоцазда гъорлъ журан бак1азда ч1ч1ун рук1ана.

Манарша нахъег1ан г1одоги ч1ун кьурдулезухъ ялагьун йик1ана. доле кодоб т1илги ккун, сверуде вач1ана Расул. Т1адагьго цо свериги бахъун рахъ-рахъалде валагьун, данде кьурдизе щийдай къабул гьайилаан вугев гьев, Пат1иматида цеве лъалхъана. Гьаругьин гьелъул гъажалда т1илги к1ут1ун нахъвуссун унев гьев, узданго накалдаги ч1ун кьурун т1аде вахъана. Гьесда хадуб яхъун яч1уней Пат1имат пархун унеб х1инч1 г1адин, рорхун квералгун сверудаса цее лъедон ана.

Х1ай «Лица гьадин абураб» (хабаралъул яги коч1ол бут1аби кьела ва

лъимал т1амила асаралде ц1ар ва гьелъул автор бицине):

1)Рагъида ц1илиц1ги бахъулаго, г1иссинккун семулей йик1ана Марьям к1одо: «Эхебе нух гьеч1о гьав нижерХ1айдарида; Аллагьасул ц1ар бахъун гьарана колхозалъул г1ачи чияр ракьалде риччагеян. Сонги Бакъдаб росдал мегъги кун, т1ад г1ак1аги ккун вач1ана. Гьа, щиб дица асда гьабилеб?»

2)Росдал тарих лъазе бокьилищ нужей?

Рилълъа годек1анир ганч1азда ч1езе.

Доба харабаца, хъубчулъги т1епун,

Т1амила бицанк1о, бицина хабар.

  1. Ч1алг1ен буссинег1ан аск1ов ч1оларев

Иш г1емерав лъик1ав гьобол кинигин,

Гьаб нилъер т1алъи тун, урхъараб ракь тун,

Ана гьале рии, ана баг1арбакъ.

Х1ай «Ниж щал?» (художествиял асаразул героязул диалогал кьела, лъималаз асаралъул ц1ар, автор ва героязул ц1арал рицина).

  1. Эбелалъ йит1ана сурат бахъизе.

Амма к1везе гьеч1о релълъинабизе.

Гьанжеги абила цо ц1ек1аб раг1и

Гуро, дур зодилаб берцинлъиялда

Бит1араб гурони раг1и хъваларо (Г1.М. «Саба-Меседо»)

Раг1ул нахърател бечед гьабизе х1алт1изабизе лъик1аб буго «Раг1аби лъугьинаре» абураб х1ай. Цо халатаб раг1и босила. Маг1арул мац1алда халатал раг1аби къанаг1атги рук1унарелъул, суффиксазул кумекалдалъун ц1иял раг1абиги лъугьинарун, цинги падежаздаги лъун, частицабиги т1аде журан, халат гьабила г1адатаб раг1и. Гьеб раг1иялдаса предметиял ц1арал лъугьинаризе т1амила лъимал – хъвадарухъанасулгунгиха.К1игокъукъаялде класс бикьунги гьабизе бегьула гьеб х1алт1и – хъвадарухъанасулгунгиха:

хъвадарухъан хъвадари

рас нур

росу си

рахъ хур

гулгун наслу

свари хъандава гь.ц.

Дарсида х1алт1и ч1аго гьабизе нижее кумек гьабула кроссвордаз. Кроссворд х1алт1изабизе бегьула дарсил байбихьуда (гьениб жаниб бахчун бук1ине бегьула дарсил тема). Гьедингодарсил ахиралда, дарсида малъараб тема щула гьабизеги х1алт1изабизе бегьула кроссворд.

Нижеда ккола кроссвордал, цоги х1аялго г1адин, киналго лъималазе рокьулилан. Пайда бугеблъун рик1к1уна цо дарсил темаялда хурхарал кроссвордал. Кроссвордалда жаниб бахчун бук1ине бегьула раг1и, цо кинаб бугониги правилоялъе жаваблъун бач1унеб ва гь.ц.

Кроссвордалъ муг1алимасе х1алт1и бигьа гьабула. Гьес лъималазда цо нухалъ малъула ва бич1ч1изабула кроссвордгун х1алт1улеб къаг1ида. Хаду-хадур лъимал жалго ругьунлъула кроссвордалгун х1алт1изе, жалго жидедаго ч1ун гьабулеб гьезул х1алт1и цебет1ола, жалго жидедаго ч1ун х1алт1и гьабизе ругьунлъула, къец гьабун кроссвордазул суалазе жавабал кьезе лъугьуна, жидецаго кроссвордал ургъизе байбихьула.

Кроссвордазул хаслъилъун ккола гьел дарсил бокьараб бут1аялда х1алт1изаризе бегьи ва ц1ализе бокьуларел лъималазулги гъира бижизабула.

Х1алт1изаризе лъик1ал рук1уна шарадабиги. Масала синонимал малъулеб мехалъ гьадинал шарадабаздаса пайда босизе бегьула.

  1. «Ц1» х1арп цебе бугони

Г1акъилаб дир синоним.

Гьеб хисун «гь» х1арп хъани-

Ч1обогояб синоним.

  1. Дун буго г1адатаб маг1арул раг1и

«Махщелчи», «гьунарчи» - дир синонимал.

Дир «с» х1арп бортани лъугьунб раг1и

«Кули», «мархьуялъе» ккола синоним.

Раг1аби рате

Суал рит1ухъ гьабулеб

Гьит1инаб раг1и буго.

Маг1арзухъан бахъулеб

Цо гьаракь гьелъул буго.

Рач1а, нужеца гьанже

Гьелда цебе цо х1арп хъвай –

Ц1ияб раг1и лъугьуна,

Чи гьелда т1ад рек1уна.

Лъабабизе «а» жубан

Лъугьараб раг1иялъе

Синонимлъун «ццин» ккола-

Цох1ого маг1на ккола.

Цоги раг1и лъугьине

Нужей бокьун батани,

Жубай ункъабилеб х1арп-

Х1ат1ида гьеб рет1уна.















Х1асил

Машгьурал лъималазул психологиялъул ц1ех-рех гьабулел г1алимзабаз (Л.С.Выготский, А.Н.Леонтьев, Л.Л.Коломенский ваг ь.ц.) х1ай рик1к1унеб буго чисул г1акълу цебет1езабиялъе квар бугеб жолъун. Амма г1емерисел ц1алул программазда, методикияб литератураялда, т1ахьазда гьелде г1емерисел автораз бук1ине кколеб къадаралъ к1вар кьолеб гьеч1о. Гьединлъидал муг1алимасул масъала буго щибаб темаялда рекъарал х1аялги х1адурун, гьел дарсида х1алт1изари.

Щибаб г1елалъе рекъарал рук1ине ккола х1аял. 9-11 классазе данде ккола, масала, ролевой х1аял, драматизация. Ролевой х1аяз цебет1езабула мант1икъияб пикру, цебе лъураб масъала т1убазабизе ругьунлъула лъимал, гьезул калам калам цебет1езабула, лъимал цоцазулгун бухьен гьабизе ругьунлъула

Дица дарсал кьола 5-8 классазда.Гьеб г1елалъул лъималазе ц1акъго рек1ее г1ола бат1и-бат1иял х1аял дарсида х1алт1изари. Лъималаз г1емер абулеб раг1ула дида х1аял кидайила жеги гьаризе ругел яги жеги х1азе рач1айила. Гьедин абулеб раг1араб мехалъ нижер рак1ал рохула ва г1адада х1алт1улел гьеч1ин нижилан рак1алде ккола.

Дидактикиял х1аял щибаб дарсида х1алт1изе х1аракат бахъиялъ, лъик1аб х1асилги кьолеб буго. Нижер лъимал авар мац1алъул ва адабияталъул дарсазде гъираялда рач1уна. Цо дагьал церег1анги авар мац1 щиб гьабизейин, гьеб кибниги х1ажалъуларин гаргадулел рук1арал лъималазул эбел-инсуцаги гьанже жидерго лъималазда дарсазде айин, авар мац1 лъазе гьабейин абула.

Х1аял х1алт1изе гьарула нижер буго лъабго сон. Гьеб заманалда жаниб успеваемостьги, качествоги, гьоркьохъеб баллги дица дарс кьолел классазда лъик1лъана. Гьелъие г1иллалъун дица дидактикиял х1аял х1алт1изари рик1к1уна.

Гьединал дарсазде нижеца эбел-эменги, школалъул х1акимзабиги ах1ула. Гьезул рахъалдасаги нижее баркала щола.

Школалда бук1а, районалда бук1а т1орит1улел авар мац1алдаги адабияталдаги хурхарал тадбиразда ва къецазда г1ахьаллъи гьабула нижер ц1алдохъабаз. Гьенир бак1алги ккола, грамотабиги щола.

Класстун къват1ибехун гьабулеб х1алт1улъги х1аял х1алт1изарула нижеца. Кроссвордал, шарадаби, х1аял жидецаго ургъизе ругьунлъулел руго нижер ц1алдохъаби.



































Пайда босараб литература



  1. Гамзатов А.Г. Занимательная грамматика. Мах., 2000

  2. Козлова С.А. Дошкольная педагогика: учебник для студ.учреждений сред.проф.образования / С.А. Козлова, Т.А. Куликова. – 12-е изд., стер. – М. : Издательский центр «Академия», 2011.

  3. Козлова О.А. Роль современных дидактических игр в развитии познавательных интересов и способностей младших школьников. Журнал «Начальная школа», № 11, 2004.

  4. Интернет ресурсы.




Скачать

Рекомендуем курсы ПК и ППК для учителей

Вебинар для учителей

Свидетельство об участии БЕСПЛАТНО!