СДЕЛАЙТЕ СВОИ УРОКИ ЕЩЁ ЭФФЕКТИВНЕЕ, А ЖИЗНЬ СВОБОДНЕЕ

Благодаря готовым учебным материалам для работы в классе и дистанционно

Скидки до 50 % на комплекты
только до

Готовые ключевые этапы урока всегда будут у вас под рукой

Организационный момент

Проверка знаний

Объяснение материала

Закрепление изученного

Итоги урока

Урок по родной литературе А Хачалов " От имени умерших"

Нажмите, чтобы узнать подробности

Урок по родной литературе А.Хачалов "От имени умерших"

Просмотр содержимого документа
«Урок по родной литературе А Хачалов " От имени умерших"»

Дарсил тема: Гlабдулмажид Хачаловасул «Хваразул цlаралдасан»

абураб поэма щула гьаби.

Дарсилмурад:

  1. Рокъобкьураб тема щулагьабиялда, ва такрар гьабиялда тlад хlалтlи;

  2. Рагъул темаялдаса хабар бици, литерияб тексталъул кьучlалда ватlан хиралъиялъул асар лъималазухъ цlикlинаби.

Дарсилалатал: портретал, тlахьал, кицаби, слайдал.

Дарсил ин.

  1. Класс дарсиде хlадур гьаби.



  1. Дарсил тема ва мурад лъималазда бичlчlизаби.

- Рорчlами лъимал.

- Нилъер дарсил тема Гl абдулмажид Хачаловасул «Хваразул цlаралдасан» абураб поэма щула гьаби.

-Дарсил мурад:

  1. Рокъоб кьураб тема щула гьабиялда, ва такрар гьабиялда тlад хlалтlи;

  2. Рагъул темаялдаса хабар бици, литерияб тексталъул кьучlалда ватlан хиралъиялъул асар лъималазухъ цlикlинаби.



- Лъимал, дие бокьун буго жакъасеб дарс байбихьизе гьал кочlол мухъаздалъун, ракlалде щвезабе нилъеца малъараб авар мацlалде гьабураб Расул Хамзатовасул кочlодалъун хъварал рагlаби.

- Лъида ракlалда бугеб гьаб кечl?



Ассаламу гlалайкум

Аваразул миллат – мацl,

Адаб кьочlое лъураб,

Ахир рокьуе гьечlеб…

1.

Армяназул пашманлъи

Арарат мегlер буго.

Аваразул пашманлъи –

Авар мацl лъачlел лъимал.

- Щиб нужода бичlараб гьаб кочlодасан?

(Гьаб кочlолъ бихьизабулеб буго нижеда, нижерго магlарул мацl лъазе колеблъи, гьеб нилъеда кlочезе бегьулареблъи).

- Ахиресел рагlаби кин лъугlулел ругел?

Аваразул пашманлъи –

Авар мацl лъачlел лъимал.



- Лъимал рокъоб щибнужое кьун букlараб? ( Гlабдулмажид Хачаловасул «Хваразул цlаралдасан» абураб поэмаялдаса босун цо гьитlинаб отрывок рекlехъе лъазабизе).



- Абдулмажидил хlакъалъулъ щиб нужода лъалеб?



- Кида гьев гьавурав?( Гlабдулмажид Хачаловасул гьавуна

азаралда ичlнусиялда къоло щуабилеб соналъ).

- Кинаб росулъ гьев гьавурав? lабдулмажид Хачалов гьавуна Гъуниб районалъул Сугъралъ росулъ)

- Щиб гьес хъвараб? (Гьес хъвана «Щибали лъай?», «Катил тинчl сабаблъун», «Мугlрузул нухазда», « Цlар лъаларев бахlарчи», «Тамашаяб гьакибер», «Рихьуларел лъалкlал», «Моцlроде сапар» абурал тlахьал).

  • Гlабдулмажид Хачаловас жиндирго тlоцебесеб тlехь кида

  • къватlиб биччараб? ( Гlабдулмажид Хачаловас жиндирго тlоцебесеб «Устарасул сайгъат» абураб тlехь къватlиб биччана 1956 соналъ). 2.

Гlабдулмажид Хачалов кида нилъедасан ватlалъана? ( гьев хвана азаралда ичlнусиялда ункъоялда анцlила ункъабилеб сонолъ).



(1925 – 1994).



- Лъималаз рокъоб кьураб отрывок бицизе.

- Лъимал рокъоб кьун букlараб отрывок лъица цlалараб рокъоб?

- Щиб нужода бичIараб гьеб кочIодасан?

- Лъимал кинаб букlараб ватlанияб рагъ?

(Цакъ вахlсияб, бицине захlматаб рагъ букlана).

- Цоги щиб нужода абизе кlолеб?

- (Гьеб букlана рахlму цlоб тlагlараб бицине хlинкъараб рагъ).

Щай?

- (Щай гурелъун эбелги хун, эбелалда хахулеб лъимер хутlа. Эбелалъул каранда лъимер чlвай, гьеб буго бищун захlматаб жо).

-Щиб абизе кlолеб нужода нилъер рагъухъабазул хlакъалъулъ?

(Нилъер ракь цоял хералги бахlаралги рагъана гъалбацlал гlадин беразул канлъи ун, рагъизе къуват гьечlого тату хун рагъулел ругониги, гьез бихьизабуна жодор бугеб гьунарги махшелги ва къуватги).

- (Киналго рагъухъаби рукlана кьварарал гlадат цlунарал ватlан цlунизеги хlадурарал).

- Гьеб гlасияб рагъулъ бахlарчилъи бихьизабун тушманасул танкаялда тlадги вахун кьурдана нилъер ракь цояв Цlумада районалъул бахlарчи Къади Абакаров.
- Кинаб рагъул хlакъалъулъ гьаниб бицунеб бугеб? (Ватlанияб рагъалъул).

-Чанабилеб соналъ букIараб ватIанияб рагъ?

(Азаралда ичlнусиялда кlикъоялда цоабилеб соналъ).

- Кинаб тема бугеб Гlабдулмажид Хачаловасул

Гьаб поэмаялъул? (Рагъул тема)

- Кинаб цIар кьун бугеб гьес жиндирго поэмаялъе? 3.

(«Хваразул цlаралдасан»)

- Сундул хlакъалъулъ бицунеб бугеб гьаниб поэтас?

(Рагъалъул хlакъалъулъ).

- Рагъдасан рачlинчlезул, гьезул цlаралдасан кlалъалев вуго гьев.

- Кинаб кици босун бугеб ГIабдулмажид Хачаловас эпигралъун?



БахIарчиги хIалихьатги цого

Хабалъ лъола. Халкъалъин абуни,

цоясе бетIер къулула, цоясе

нагIана кьола.



- Кин нужеда бичIунеб гьелъул магIна?

(Гьаб кициялъ бичlизабулеб буго чи бахlарчилъун вукlине

кколеблъи, хlалихьатав вукlизе бегьулареблъи).



- Лъимал цоги кинал лъалел нужеда рагъул, бахIарчиялъул гьунаралъул хIакъалъулъ кицаби?



Кицаби.
БахIарчи цин хола, цIукIа кIицIул.



БахIарчиясул цIар тIами халкъалъулъ хутIула.

Ват
Iан хириясе хвел букIунаро.

Бах
Iарчиясул цIар цIвабзазда гIунтIулеб.



- Дицаги тlад жубала лъимал нуж гlенекке.



ВатIан цIунун хварав чи, хабалъ чIаго вукIуна.



Ракьулъе реханиги, месед холареб, хабалъе аниги, бахIарчи холарев.


ГодекIанив гурев, рагъдайин лъалев бахIарчи.



БахIарчи кьалда хола, хIалихьат боснов хола. 4.



- Гьанже Шамиль дуцаги цlале гьал кицаби.



- - Лъимал лъица цоги хъварал рагъул асарал?



(Фазу Гlалиевалъ. «Анцlила микьабилеб их»? «Кини»).

- Гьеб нилъеца малъизе буго цо дагьаб нахъе.

- (Цlадаса Хlамзатовас хъвана рагъул хlакъалъулъ «Хитlаб» абураб асар).

- Битlун буго лъимал Цlадаса Хlамзатовас хъвана рагъул хlакъалъулъ асарал, щай гурелъул гьесул кlиявго вас Расул Хlамзатовасул вацал Ватlанияб рагъда чlвана. Мухlамадги Ахильчиги.



- Лъимал Расул Хlамзатовас кинаб асар рагъул хlакъалъулъ хъвараб? Къункъраби»).



- Кин гьеб байбихьулеб?



Къункъраби.

  • Дида ккола, рагъда, камурал васал

  • Кирго рукъун гьечlин, къанабакь лъечlин.

  • Доба борхалъуда хъахlил зобазда

  • Хъахlал къункърабазде сверун ратилин.

  • Гьел иххаз хаселаз халатал саназ

  • Нилъее салам кьун роржунел руго.

  • Гьелъин нилъ пашманго, бутlрулги рорхун,

  • Ралагьулел зодихъ щибаб нухалда.

  • Боржун унеб буго къункърабазул тlел,

  • Къукъа буго чlварал гьудулзабазул.

  • Гьезул тlелалда гъоркь цо бакl бихьула –

  • Дун вачlине гьаниб къачlараб гурищ?

  • Къо щвела борхатаб хъахlилаб зодихъ

  • Хъахlаб къункъра лъугьун дунги паркъела.

  • Гьелъул гьаркьидалъул ракьалда тарал

  • Киналго нуж, вацал, дица ахlила.





- Лъимал, кинал Дагъистаналъул рагъухъаби нужода лъалел? 5.



Гаджиев Мухlамад Имадутдинович
(1902 – 1942) - Гьав гьавуна Гъуниб районалъул Мех
Iоб росулъ.

Магlарулав.

  • Гьев вукlана тоцlебесеб дивизионалъул подводник, гьес гъанкъизабуна 10 тушманасул гама. 13 июлялъ 1942 соналъ гьесул гама данде лъана тушманасул самолетгун. Гьенив гьев хвана. Гьесул цlаралдахун кьун руго шагьарал, къватlал, школаби.



  • Мусаев Сагlадула Исаевич (1919 – 1943) Гьав гьавуна Гъуниб районалъул Ругъжаб росулъ

  • Магlарулав .

  • 16 батальоналъул ралъдалаб пехоталъул сержант. Салдаталгун цадахъ тlоцеве гьужумалде анна гьев, гьесул боялъ 2 тушманасул пулемёт хвезабуна гранатабиги рехун. Хвана гьев 23 ноябрялъ

1943 соналъ. Хун хадуб гьесие щвана «Бахlарчиясул цlар».

6.



  • Исмаилов Гlабдулхlаким Исакович
    (1916 -2010 )
    Гьав гьавуна Хасавюрт районалъул Чагаротар росулъ

  • Лъарагlав.

Жиндирго групагун цадахъ гьев ана Рейхстагалде щвезегlан ва Рейхстагалде тlад тlоцебе багlараб байрахъ тlад борхарал советиял солдатазул кьерда вукlана Гlабдулхlакимги. Амма гьесул гьеб гьунаралъул хlакъалъулъ нилъер Ватlаналда кватlун гурони лъачlо.Абакаров Къади Абакарович (1913 - 1947 )

  • Гьав гьавуна Цlумада районалъул Эчеда росулъ

  • Магlарулав .

  • Гьев вагъулев вукlана маххул нухда, Германиялда бугеб Вербиг абураб шагьаралде щвезегlан щвана гьев. Ва гьес жинца 5 тушманасул танкги гъурана. Гьесие бахlарчиясул цlар щвана 16 маялъ 1946 соналъ.



  • Гlабдулмеджидов Ахlмед Дибирович (1923 – 1945) Гьав гьавуна Чlарада районалъул Мокъсоб росулъ

  • Магlарулав







7.



  • Хlамзатов Мухlамад Юсупович (1910 – 1943) Гьавуна Гъуниб районалъул МехIоб росулъ

  • Магlарулав

  • Алиев Саид Давудович (1917 – 1943) Гьавуна Гъуниб районалъул Урада росулъ

  • Магlарулав



  • Гlабдулманапов Мухlамад – Загьид
    (1924 – 1944)
    Гьавуна Ахвах районалъул Кlаратlа росулъ

  • Магlарулав

- Гьал цо – цо Бахlарзал Гlабдулмажидовал , Гlабдулманаповал авторас жиндирго поэмоялдаги рехсон руго …. Лъимал бате дие авторас гьезул хlакъалъулъ хъвараб отрывок. (60 гьумер).

- Нижеда поэмаялъулъ бихьула, гьел бахlарзал киса – кирего рукlана Догъестаналда, мугlрузул росабаздасаги, шагьараздасаги.

- Гьал рагъулел рукIана лъимал нилъер киназулго букIинесеб гlумру лъикIаб букIиналъе гIоло.



8.

ТIехьалда тIад хIалтIи.



- Гьумер 61. 3- бутIа.

- ТIехьалдаса кечI цIализе тIами.

- ЦIаларалъул магIна гьаби.



  • Гьаб сагlат лъимал рагье лъабкъоялда цоабилеб гьумер,

Нилъеца цlализе буго лъабабилеб бутlа.



- Лъимал щиб нужода бичlараб гьаб поэмаялдаса?

- Кинаб гlумру букlараб цебе магlарухъ нилъер халкъалъул?

(Цебе магlарухъ букlана захlматаб, ракъараб, язихъаб, ва амма цоцадасан гурхlел – рахlму цlикlараб, бацlадаб яшав бугеб заман,, жодор чорхалъ ямусги, яхlги, гlаданлъиги цlикlараб).



_ Лъимал гьанже кинал гlатlилъаби (ресал) ругел нилъер гlелалъе?

(Хурги бихьичlел, ахги лъалъачlел чадил футбол гьабулел гlолел руго гlолилал. Эбел – инсуца малъаралда релъулел, кlудиязул адаб рехараб яхl намус тlагlараб бижун бачlулеб буго, гьанжесеб гlел).



- Хваразул кинаб гlарз бугеб нахъ ругезда?

(Жалги рукlанила жакъа нуж гlадин, нужое букlине кинабго цlунун, намусги – яхlги рехичlел щулиял магlарулал. Жакъа жал кlочон танилан зигара балел. Жодое чlухlарал заналги рецги хlажат гьечlилан, жал ракlалде щвеялъ цо ганчlил занигlаги лъеян абулеб буго).

- Щиб ракlалда ккараб живго авторасда?

(Автор живго жиндасаго нечана, кинаб бихьарав ва хъварав вукlаниги. Гьес хадуб байбихьана годекlаниб сордоги рогьун ганчlида гьудуласул цlар бикlизе).

- Лъимал нилъецаги яхl бахъизе ккола нилъер ракь цоял бахlарзал кlочечlого цlунизе.

Дарсил х1асил:

  • Сундул хIакъалъулъ нилъеца дарсида бицараб?

  • Гьаб поэмаялдаса нижеца щиб босизе кколеб, щиб малъулеб бугеб?

9.

(Нилъеца нилъерго ватlан цlунизе ккола. Гьелъие гlоло рухl кьурал бахlарчиязу цlарал кlочене бегьуларо нижеда).

- Гlабдулмажид Хачалов хутlила нижер рекlелъ лъикlав инсанлъун, рагlул устарлъун. Гьесул цlар хутlила абадалъго авар адабияталда жаниб.

- Ва гьединго нилъедаги кlочене бегьуларо, нилъер умумузда бихьараб рагъул кьогlлъи, захlмат, гlакъуба. Нилъ гьезие налъулаллъун рукlине ккола. Гьез кьуна нилъее гьаб жакъасеб лъикlаб бугесеб.

- Гьанже заманалъги камулел гьечlо цоцо хlалихьатал гlадамал, гlадамазда гьоркьоб багъари тlамулел. Нилъеца яхl бахъизе ккола гьездаса мисал босичlого, рекъел цlунизе, ракълида хьвадизе, нилъерго умумуз нилъехъе кьурал гlадатал, яхl – намус цlунун лъикlго рукlине, вацал гlадин цолъун хьвадизе.



Рокъобе х1алт1и:



  1. Рокъоб кьураб дарс пасихlго цlале.

  2. ЦIалараб поэмалъул магIна гьаби.





Баркала, лъимал!

Къо мех лъикl!



















10.


Скачать

Рекомендуем курсы ПК и ППК для учителей

Вебинар для учителей

Свидетельство об участии БЕСПЛАТНО!