СДЕЛАЙТЕ СВОИ УРОКИ ЕЩЁ ЭФФЕКТИВНЕЕ, А ЖИЗНЬ СВОБОДНЕЕ

Благодаря готовым учебным материалам для работы в классе и дистанционно

Скидки до 50 % на комплекты
только до

Готовые ключевые этапы урока всегда будут у вас под рукой

Организационный момент

Проверка знаний

Объяснение материала

Закрепление изученного

Итоги урока

5 класс Авар адабият Мух1амад Сулиманов «Х1инкъараб сапар»

Нажмите, чтобы узнать подробности

5 класс Авар адабият  Мух1амад Сулиманов «Х1инкъараб сапар» 

Просмотр содержимого документа
«5 класс Авар адабият Мух1амад Сулиманов «Х1инкъараб сапар»»

5 класс

Авар адабият



Дарсил тема: Мух1амад Сулиманов «Х1инкъараб сапар» (1 саг1ат)

Дарсил тайпа: Ц1ияб тема малъиялъул

Дарсил къаг1идаби: Гара-ч1вари, мисалияб ц1али, ц1аларалда т1асан пикру баян гьаби.

Дарсил мурад: М.Сулимановасул г1умругун ва х1аракатгун т1оцебесеб лъай-хъвай.

Дарсил масъалаби: лъай кьеялъул: М.С. г1умруялъул ва х1аракаталъул х1акъалъулъ авалияб баян кьей; «Х1инкъараб сапар» къисагун лъай-хъвай гьаби.

лъай цебет1еялъулаб: хабарияб тексталъул т1адгояб анализ гьабизе ругьун гьари; бицен гьабулел ишазе бит1араб къимат кьезе бажари куцай; сипатал рагьизе авторас кьурал каламалъул сверелал ратизе лъаялъул хал гьаби.

тарбия кьеялъул: гьудул-гьалмагълъиялъулгун гьоркьоблъи куцай: инсанасул ишазе бит1араб къимат кьеялъе ругьун гьари.



Х1ажатаб материал: М.С –сул портрет, цересел классаз х1адур гьабун бук1араб газета, гьесул х1акъалъулъ гьит1инабго доклад, гьудуллъиялъул х1акъалъулъ кицаби, 4 васасул ва 2 гьойил сурат, презентация, мультипроектор, ноутбук.



Доскаялъул къач1ай: М.С. портрет, гьев гьавураб росдал сурат. Гьесул г1умруялъул ва х1аракаталъул бицунел цо-цо тарихал, гьудуллъиялъул х1акъалъулъ кицаби.



Дарсил ин.

  1. Дарс г1уц1и. Рорч1ами. (Х1ажатабщинаб ц1алдохъабазул столалда бугищали хал гьабила.)Гьит1инабго флэшмоб : Зах1мат бихьич1ого, рах1ат бокьарас….

(Бекьич1ого лъилъе, нилъ гьеч1ого, хур)

Бец1аб зулму т1аса индал,

(Т1олго г1алам данделъула).

Дунялалда ц1ар раг1араб

( Рохалил митинг лъола).

Пашманлъи рещт1унин мун ананани,

Унге, дунги рехун, (хехаб милъиршо).

Нухда дурр угьдиялъ дида ц1а лъолин,

Кверг1аги босе дир, (дарман милъиршо).

  1. Цебе малъараб такрар гьаби. Доскаялда ч1вала 2 васасул ва 1 гьойил сурат.

Жиб-жиб сураталъе баян кьела М.Шамхаловасул «Зурмихъабазул нохъода» хабаралдаса. Ц1алдохъабаз гьезда ц1арал рицина.

1 вас: Рорхатал муг1рузде ва кьурабалъе вахинеги ризаб рохьосан инеги х1инкъуларев гьесие гьеб Бец1х1орихъ бак1 рек1ее г1олароан

(1 ц1алдохъанас Г1исалгун т1оцебесеб лъай-хъваялъул бицина. Цогидас гьесул хасияталъе къимат кьела.)

2 вас: Гьаб бец1аб сордоялъ ц1алт1унги виччун, г1игун маг1арда хут1арав жиндаго хьолбохъ гьев вихьараб мехалъ, Г1иса, абизе раг1иги бач1унарого, виххун хут1ана. Расул.

(Расулил х1акъалъулъ бицине 1 ц1алдохъан т1амила.)

Гьой: Гьелъ инсухъ г1адин Г1исахъ г1инт1амулароан. 

(1 ц1алдохъанас Игитил бицина).

Лъик1 буго. Бицеха сундул х1акъалъулъ Мух1амад Шамхаловас нилъее бицараб? Гьудул гьеч1ого бегьуларищ? Кинал кицаби гьудуллъиялъул нилъеда лъалел? (доскаялдасан ц1алула.)Дида бице дур гьудул щив: дица бицина мун щивали.

Гьудул нугоги дагьав, тушман цоги г1емерав.

Гьудул ват1алъарав чи –

Кваранаб квер бекарав чи.



  1. Ц1ияб тема малъи. Жакъа нилъеца цебет1езабизе буго гьеб тема: гьудул гьалмагълъиялъул цогидаб рахъги бихьизабун. Доскаялда ч1вала М.Сулимановасул портрет ва гьесул биографиялда хурхарал тарихал.

1919, 1988, 30 июнь, 1935, 1938, 1949. Ц1алдохъабаз т1ехьалдаса ц1алула Сулимановасул х1акъалъулъ. Цадахъго маг1на рич1ч1уларел раг1абазда т1ад х1алт1и: къадада раччарал ч1алаби, квенч1ел – гурдил ахадисеб бут1а, детдом – лъималазул рукъ, мачуял, ц1акил гьарурал хьитал, басмаялда бахъизе – газета, журналалда хъвазе, госпиталь - рагъулаб часталъул больница, удаман – цевехъан.

Рагье т1ахьал 108 гьумералде. Щиб нужеда бихьулеб? (хабаралде ц1ар «Х1инкъараб сапар» - х1инкъараб сапарлъун ккана Г1исаеги маг1арда г1игун вук1ин, амма гьудул вач1индал х1инкъиги т1аг1ун, гьез цадахъ г1и хвасар гьабуна. Бут1абаздалъун хъван буго, щибалъе ц1арги кьун буго: «Гьудулзаби» ва ц.) рач1аха циндаго ц1ализин т1оцебесеб бут1а. Муг1алимас ц1алула, цадахъго багьадуразе ва ишазе баяналги кьолаго.



  1. Тексталда т1ад х1алт1и. Ц1алдохъабаз бицина гьанже бут1аялъул багьадуразул, гьезул портрет г1уц1изе авторас х1алт1изарурал сипатиял раг1абазул. (Докаялда гьел багьадуразул сураталги рихьизарила.) Кьела гьезие т1оцебесеб къимат. Ц1алдохъанас ц1алила хадусеб гьит1инаб бут1а « Квешав гьобол» . кинаб суалалда цере лъолел ругел нилъ авторас? Сунде гъира нужер ккараб? («Квешав гьобол» щивали лъазе, ва щай гьев квешавлъун рик1к1уневали бич1ч1изе.) лъик1 буго. Гьев щивали лъазе ккани, нужеца къисаялъул 3-5 бут1аби рокъор ц1ализе ккола.



  1. Лъик1 х1алт1арал ц1алдохъабазе къиматал лъела. Рокъоб ц1ализе кьела 3,4,5 бут1аби киназго: дагьал нахъе карал ц1алдохъабазе гьел бут1аби ц1ализе рикьун кьела.









































































Дида бице дур гьудул щивали:

Дица бицина мун щивали.

Гьудул нусгоги дагьав,

тушман цоги г1емерав.

Гьудул ват1алъарав чи –

Кваранаб квер

бекарав чи.















4