СДЕЛАЙТЕ СВОИ УРОКИ ЕЩЁ ЭФФЕКТИВНЕЕ, А ЖИЗНЬ СВОБОДНЕЕ

Благодаря готовым учебным материалам для работы в классе и дистанционно

Скидки до 50 % на комплекты
только до

Готовые ключевые этапы урока всегда будут у вас под рукой

Организационный момент

Проверка знаний

Объяснение материала

Закрепление изученного

Итоги урока

8 КЛАСС. ТЕСТАЛ авар мац1

Нажмите, чтобы узнать подробности

Просмотр содержимого документа
«8 КЛАСС. ТЕСТАЛ авар мац1»


8 класс. Тестал
  1. 8 классалъул авар адабияталъул т1ехь лъица данде гьабураб?

А. Г. И. Мадиевалъ. Б. М. М. Муртазг1алиевас.

В. Г1. Г1. Х1ажиевас, Г1. Г1. Г1абдулат1иповас.

Г. А. М. Х1амзатовас.

  1. Лъица хъвараб «Суфичи – хиянатчи» абураб асар, «суфичи» абураб раг1ул маг1на?

А. Инхоса Г1алих1ажияс. Б. Гьелъул автор гьеч1о.

В. Г1алирза Саг1идов. Г. Лъаларо.



  1. «Суфичи – хиянатчи» асаралъул жанр?

А. Къиса. Б. Поэма.

В. Роман. Г. Халкъияб асар.



  1. «Суфичи – хиянатчи» асаралъул тема?

А. Инсанасул г1амал - хасият, цо – цо диниял чаг1азул чарлъи каки.

Б. Рокьул тема. В. Ясалъул Ват1алдехун бугеб рокьи.

Г. Гьудуллъиялъул тема.

4. «Суфичи – хиянатчи» асаралъул идея?

А. Диниял чаг1азда божизе бегьуларо.

Б. Мац1азда божизе бегьуларо.

В. Ясалъул г1амал – хасият каки.

Г. Рит1ухълъиялъ кидаго т1екълъиялда т1ад бергьенлъи босула, гьереси

т1атинч1ого хут1уларо.


  1. «Хочбар» абураб коч1олъ гьал раг1аби лъица абурал:

Аварг1урухъ г1ин бан г1одоб биччараб

Г1анч1аб нилъер улка эркенго теян,

Г1урул чвахиялдае рохел чучураб

Рохалил жамаг1ат жах1абго теян.



А. Хочбарица. В. Гьидерил жамаг1аталъ.

Б. Хочбарил эбелалъ. Г. Хочбарил лъадуца.

6.Сундул чагъана къиреян гьарараб Хочбарида хундерил г1олохъабаз?

А. Махил. Б. Нак1к1ил.

В. Гьадил. Г. Ц1улал.



7. «Хочбар» абураб асаралъул жанр?

А. Поэма. В. Халкъияб кьалул кеч1.

Б. Халкъияб рокьул кеч1. Г. Маг1у.



8. «Хочбар» абураб асаралъул тема?

А. Къват1исел тушбабазде данде къеркьей.

Б. Рокьул тема.

В. Жанисел тушбабазде данде къеркьей.

Г. Бечедазул, ханзабазул нахъег1анлъи.

9. «Хочбар» абураб асаралъулъ лъугьа – бахъин кколеб заман ?

А. 14 в. В. 17 в.

Б. 8 в. Г. 7 в

10. Хочбарица ханасдаса рец1ел кин босараб?

А. Хан ч1вана. В. Гьесул васал ц1адаре рачана.

Б. Гьесул оцал хъуна. Г. Гьесул бечелъи бикьана.



11. «Хочбар» абураб асар лъица къач1араб?

А. М. Саидовас. В. З. Х1ажиевас.

Б. И. Г1алих1ажияс. Г. М.Сулимановас.

12. «Имам Гъазимух1амад ч1ваялде» асаралъул автор?

А. Халкъияб асар. В. Бакьагьеч1иса Тажудин.

Б. Ч1ик1аса Мух1амад. Г. И. Г1алих1ажияв.


13. Щиб бак1алда ккараб рагъул бицунеб бугеб «Имам Гъазимух1амад ч1ваялде» абураб

коч1олъ?

А. Гъуниб маг1арда. В. Таргъу маг1арда.

Б. Гендерил къварилъухъ. Г. Ах1улгох1алда.


14. Имам Гъазимух1амад Дагъистаналъул чанабилев имам кколев?

А. 1. В. 3.

Б. 2. Г. 4.



15. «… Шарг1алда рекъараб низам гьабуна »… « низам гьабуна» абураб раг1ул

дандбаялъулъ «низам» абураб раг1уе синоним баче:

А. Гаргар. В. Тамих1.

Б. Г1адлу. Г. Г1ахьаллъи.



16. «Имам Гъазимух1амад ч1ваялде» асаралъул жанр?

А. Кьалул кеч1. В. Къиса.

Б. Поэма. Г. Маг1у.



17. «Имам Гъазимух1амад ч1ваялде» асаралъул тема?

А. Дагъистаналъул халкъ эркенаб бук1иналъе г1оло г1урусазде

данде къеркьезе ккей.

Б. Гъазимух1амадил бах1арчилъи.

В. Дагъистаналъул миллатазул гъунки, цолъи.

Г. Ват1аналде бугеб рокьи.


18. «Имам Гъазимух1амад ч1ваялде» асаралъул идея?

А. Умумузул тарих лъазе ккола.

Б. Ват1ан ц1унизе ккола.

В. Дагъистаналъул бат1и – бат1ияб миллаталъул халкъ шариг1аталъулги

т1арикъаталъулги цевехъан имам Гъазимух1амадил нухмалъиялда

гъоркь Дагъистан капурзабаздаса эркен гьабиялъе г1оло, жидерго

рух1алда барахщич1ого, багъулеб бук1ин.

Г. Имам к1очене бегьуларо.

19. Лъил х1акъалъулъ абулеб: «шаг1ирзабазулги шаг1ир, г1акъилзабазулги

г1акъил, г1алимзабазулги г1алим» абун?

А. Г1амайкиса Абубакар. Б. Инхоса Г1алих1ажияв.

В. Расул Х1амзатов. Г. Кудалиса Х1асан.

20. «Философ» - абураб раг1и кинав поэтасул ц1аралда хурхинабизе бегьулеб?

А. Ц1адаса Х1амзат. В. Инхоса Г1алих1ажияв.

Б. Бакьагьеч1иса Тажудин. Г. Хъах1абросулъа Мах1муд.

21. Гьал раг1абазул автор щив кколев, гьал раг1абазулъ т1анк1азул бак1алда гьениб бук1ине кколеб раг1и лъе:

Къаси – къадлъи лъач1ого, ч1ух1и, мун сверун лъугьун,-

Сабру кьеги, ……, х1ехьезе г1ат1ахинк1ал.


А. Мах1муд. А. Ах1мад.

Б. Ч1анк1а. Б. Мух1амад.

В. И. Г1алих1ажияв. В. Мух1ама.

Г. Халкъияб асар. Г. Мух1ума.


22. Гьал раг1абазул авторасул ц1ар бице, асаралъул ц1ар бице:

Мун г1адаб бергьараб, г1адлу бит1араб,

Чи бащад гьавулеб щибго бихьич1о,-

Мискин – пакъир, залим, вали, наибги,

Рат1а гьарич1ого, жанир рачунеб.



А. Мах1муд А. «Гьекъел – мехтел».

Б. Ч1анк1а. Б. «Ракь».

В. Инхоса Г1алих1ажияв. В. «Хочбар».

Г. Лъаларо. Г. «Исрапчиясде».



23. «Гьекъел - мехтел» абураб асаралъул тема ккола:

А. Инсанасул квешал рахъал, г1амалал, ай гьекъел – мехтел къват1иб ч1вазаби

Б. Бог1оллъиялъул адаб - х1урмат гьабизе ккола.

В. Хвел – хобалъул пикру гьаби.

Г. Лъаларо.

24. «Гьекъел - мехтел» абураб асаралъул идея ккола:

А. Г1емер кванай черхалъе заралияб буго.

Б. Щивав чиясда нахъа буго хвел.

В. Гьакълил «баракат» - бокьун г1адаллъи, мехталил «т1ок1лъи» - т1ут1лъун г1адан

лъугьин.

Г. Мац1ихъанлъиялъ, бугьтаналъ балагьалде рачуна.

25.Гьаб коч1ол ц1ар бице, авторасул ц1ар бице:

Апицерзаби руго А. Мах1муд.

Берцинал ясал руго, Б. Ч1анк1а.

Къолеб г1аракъи буго, В. Элдарилав.

Кваналеб чакар буго, Г. И. Г1алих1ажияв.

Кеп – къелалда ч1ун руго

Ч1ахъадерил бах1арзал.

А. «Росу берцин» В. «Жергъен гьартун ккана».

Б. «Исрапчиясде» Г. «Гьекъел – мехтел».

26. Ругъжаса Элдариласул «Росу берцин» абураб коч1олъ рехсолей г1аданалъул ц1ар

бице:

А. Х1алимат Б. Х1абибат

В.Х1аписа Г. Хадижат

27. «Жергъен гьартун ккана» абураб асаралъул жанр:

А. Поэма Б. Маг1у.

В. Сатирияб кеч1. Г. Насих1атияб кеч1.


28. «Сайгидул Бат1алиде» асаралъул автор:

А. Элдарилав. В. Ч1анк1а.

Б. Мах1муд. Г. Г1анхил Марин.


29. «Сайгидул Бат1алиде» асаралъул жанр:

А. Сатирияб кеч1. В. Ваг1за.

Б. Маг1у. Г. Рокьул кеч1.


30. Кинаб рагъулъ ч1варав Сайгидул Бат1ал?


А. Кавказалъул рагъулъ. В. Граждан рагъулъ.

Б. Япониязул рагъулъ. Г. Афгъаназул рагъулъ.


31. Гьаниб олицетворение бате:


Хвалчаца лъе маг1у, чоца бай ч1ег1ер,

Ч1ух1араб хъиргъудал хъат т1аса индал.


32. Гьаниб метафора бате:


Рак1алъул чаранлъи чи т1аг1аясул,-

Чорхол иях1 хваниги, х1ал лъазе теч1о.


33. Дандекквей бате:


Зурма – къолол гьаркьихъе кьурдухъан г1адин,

Г1ищкъуялъ вортулев тунк1ил гьаркьихъе.


34. «Сайгидул Бат1алиде» асаралъул тема?

А. Рокьул тема Б. Божуда рек1к1 гьаби.

В. Япониязул рагъде рит1арал Дагъистаниязул къисмат, гьезул къох1ехьей бах1арчилъи.

Г. Граждан рагъул тема.


35. «Талх1атиде» - асаралъул автор:

А. Элдарилав. Б. Мах1муд.

В. Бакьагьеч1иса Тажудин. Г. Халкъияб асар.

36. «Талх1атиде» - асаралъул жанр:

А. Маг1у. В. Хабар.

Б. Рокьул кеч1. Г. Халкъияб кеч1.

37. «Талх1атиде» - асар лъил ц1аралдасан хъван бугеб?

А. Авторасул. В. Рокьи ккарай ясалъул.

Б. Т1алх1атил. Г. Росдал жамаг1аталъул.


38. Гьал раг1абазул автор, асаралде ц1ар?

Маг1арухъе унел хъах1илал нак1к1ал,

Хъван кагъат босизе рес рекъеларищ?

Хунзахъе щолелъул, Шамалъул гьури,

Гьит1инаб сайигъат т1обит1иларищ?

А. Мах1муд. В. Расул Х1амзатов.

Б. Ч1анк1а. Г. Ч1ик1аса Мух1амад.

А. «Сайгидул Бат1алиде». В. «Т1алх1атиде».

Б. «Жергъен гьартун ккана». Г. «Росу берцин».

39. Гьаниб олицетворение бате:

Маг1арухъе унел хъах1илал нак1к1ал,

Хъван кагъат босизе рес рекъеларищ?

Хунзахъе щолелъул, Шамалъул гьури,

Гьит1инаб сайигъат т1обит1иларищ

А. Кагъат. В. Нак1к1ал, гьури.

Б. Сайигъат. Г. Маг1арухъе.

40. Гьаб коч1ол ва авторасул ц1арал рице:

Х1урупал маг1илал, маг1на г1ищкъуял

Г1ибаратал ана Г1унайзатиде.

Алфазал багьаял, багьа хириял,

Харилъе т1егь г1адал хъвана шиг1раби.

А. Мах1муд. В. И. Г1алих1ажияв.

Б. Тажудин. Г. Элдарилав.

А. «Хъах1илаб зодихъе баг1арбакъул нур».

Б. «Почтовой кагътиде керенги чучун».

В. «Рокьул конторалъул кавуги рагьун».

Г. «Т1алх1атиде»

41. Инхелоса Къурбанил «Наибзаби х1елун» абураб коч1ол аслияб пикру щиб?

А. Рокьи каки Б. Рагъ каки В. Рокьи бецци. Г. Рагъде ине гъира базаби


42. «Борхатаб маг1арда», «Г1енекке, йокьулей», «Бахъа, къалам» абурал

асаразул автор щив?

А. Мах1муд. Б. Ч1анк1а. В. Инхелоса Къурбан. Г. Элдарилав.


43. «Борхатаб маг1арда» абураб асаралъул жанр?

А. Маг1у. В. Лирикияб кеч1.

Б. Поэма. Г. Сатирияб кеч1.


44. «Борхатаб маг1арда» абураб асаралъул тема щиб?

А. Вокьулев вас каки. В. Рокьуе хилиплъарав васасул х1акъалъулъ бицен

Б. Рокьи ккезе бегьуларо. Г. Рокьи карай ясалда бугьтанал лъей.


45. «Бахъа, къалам» абураб асаралъулъ къалмиде хит1аб гьабулеб буго:

А. Рокьи ккарай ясалъ. В. Авторас.

Б. Рокьи ккарав васас. Г. Росдал дибирас.


46. Антитезаян сунда абулеб ?

А. К1иго бич1ч1и данде кквеялда Б. Т1абиг1ияб сураталда.

В. Сипатияб раг1уда Г. К1одогьабиялда.

47. «Бахъа, къалам» абураб асаралъулъ къалмиде хит1аб гьабулеб буго инсанасдехун

г1адин. Адабияталда жаниб гьеб къаг1идаялда щибилан абулеб?

А. Метафора. В. Олицетворение.

Б. Гипербола. Г. Аллитерация.





48. Коч1ол роцен, аллитерация ч1езабе:

Борхатаб маг1арда т1егь г1адинай дун

Т1убай гьеч1еб рокьул ургъалилъ йиго,

Гъваридал к1к1алабахъ иццг1ан хъах1ай дун

Хъубал бугьтанаца турулей йиго.


А. 7 гьижа. В. 8 гьижа.

Б. 11 гьижа. Г. 5 гьижа.


49. Гьаб куплеталъе сипатияб анализ гьабе:

Борхатаб маг1арда т1егь г1адинай дун

Т1убай гьеч1еб рокьул ургъалилъ йиго,

Гъваридал к1к1алабахъ иццг1ан хъах1ай дун

Хъубал бугьтанаца турулей йиго.


50. Гьал шаг1ирзабазул ц1аразда дандрит1ун гьезул росдал ц1арал хъвай:

Мах1муд ______________ Ч1анк1а __________________

Къурбан _______________ Элдарилав ________________

Мух1амад _____________ Г1алих1ажияв______________


51. Нилъер районалъул газеталда ц1ар:

А. «Сапар». В. «Х1акъикъат».

Б. «Коммунист». Г. «Чапар».


52. Нилъер районалъул газеталъул бет1ерай редактор ккола:

А. Динара Г1умарова. В. Париза Гереева.

Б. Х1алимат Каримова. Г. М. Чупалаев.




























1. Къалухъа Мирза ккола:

А. Маг1арулав. В. Табасаранав.

Б. Лъараг1ав. Г. Лезгияв.

2. Гьес хъварал асарал ккола:

А. «Г1ашикъ булбул». В. «Ханасе жаваб».

Б. «Борхатаб маг1арда». Г. «Бахъа, къалам».

3. «Г1ашикъ булбул» асаралъул тема?

А. Рокьул тема.

Б. Эркенаб булбулалъулги къваридго бугеб мискинхалкъалъулги г1умру бихьизаби.

В. Талих1аб, эркенаб г1умру коч1олъ ах1и. Г. Лъаларо.

  1. «Ханасе жаваб» асаралъул тема ккола:

А. Рубас жаниблъиялъул бицен гьаби.

Б. Жиндирго г1умруялъул сурат кьей.

В. Ханзабазул, бегзабазул рах1му гьеч1олъи, халкъалъе зулму гьаби коч1олъ каки.

Г. Лъаларо.

5. «Йирчи» - лъараг1 раг1иялъул маг1на баян гьабе:

А. Мискинчи. В. Бесдалав.

Б. Коч1охъан. Г. Т1адчи.

6. «Векьарухъанасул кеч1» абураб асаралъулъ бицен гьабулеб буго:

А. Х1алт1улъ талих1 батараб мискинхалкъалъул.

Б. Чияр ракьалда бечедазе хайиралъе х1алт1улел рекьарухъабазул г1умруялъул.

В. Т1абиг1аталъул. Г. Лъаларо.

7. Ятим Эминил жиндирго ц1ар ккола:

А. Мух1амад. В. Мух1амадсултан.

Б. Мух1амад - Эмин Г. Мирза.

8. Ятим Эминил т1оцебесеб асар ккола:

А. «Эминил васият». Б. «Къват1ул харбал ц1алк1улел херал руччабазде».

В. «Кумекалъе ах1и».

9. Асаралъул ц1ар бице:

Вацг1аллъи хьихьарал, гьел рет1а – къарал.

Гьез тушманлъун ккурал, - киналго рач1а.

Квешлъи – щурщуралде мугъ рехун ч1арав.

Ч1ух1арав, дун г1адин, къваридав вач1а.



А. «Кумекалъе ах1и». В. «Векьарухъанасул кеч1»

Б. «Эминил васият». Г. «Г1ашикъ булбул».

10. Гьесул асаразул жанрал баян гьаре:

А. Рокьул куч1дул. Б. Сатириял асарал.

В. Насих1атиял асарал. Г. Маг1аби.

11. Ятим Эмин щиб миллаталъул шаг1ир кколев?

А. Даргиязул В. Лезгиязул.

Б. Лъараг1азул. Г. Маг1арулазул.

12. Мунги Ах1мадил пасих1лъиялъе къимат кьуна:

А. Мах1мудица. В. Гъазахъица.

Б. Батирайица. Г. Лъаларо.

13. «Къат1ра рит1ухълъи гьеч1еб панаяб дунял» коч1ол аслияб мурад щиб?

А. Бечедал къват1ир ч1вазари.

Б. Социалияб г1уц1иялъе наг1ана кьей.

В. Жидерго кьог1аб къисматалда т1ад мискинзаби ургъизе т1ами.

Г. Лъаларо.

14. «Шамилил суд» асаралъул автор, аслияб пикру:

А. Батирай. Б. Ятим Эмин.

В. Мунги Ах1мад. Г. Гъазахъ.

А. Такъсиралда рекъараб бук1уна тамих1.

Б. Шамилил рит1ухълъи.

В. Ват1ан хиралъи, рагъул церехъаби ц1одорал ва сих1ирал

рук1ине ккей.

Г. Лъаларо.

15. Асаралъул автор ва ц1ар бице:

Цоясул месед – г1арац, А. И. Къурбан.

Мест1ералгун къебелъи,- Б. Я. Эмин.

Къо бух1арав пакъир дун. В. М. Ах1мад.

Пахьул баргъич гьабулев. Г. Мах1муд.

16. Т1оцересел букварал, ц1алул т1ахьал басмаялда рахъараб сон:

А. 1917. В. 1922.

Б. 1923. Г. 1921.

  1. Т1оцере драматикиял театрал кир г1уц1ун рук1арал?

А. Мах1ачхъалаялда, Гъизляралда, Хасавюрталда.

Б. Хасавюрталда, Ахтиялда, Гъумекир.

В. Хьаргабир, Казбекалда, Жунгуталда.

Г. Болъихъ, Лъарат1а, Лавашир.

  1. «Айдемир ва Умайгьанат» асаралъул тайпа ва жанр:

А. Драма, комедия. В. Драма, драма,

Б. Драма, трагедия. Г. Драма, трагикомедия.

  1. «Айдемир ва Умайгьанат» асаралъул тема:

А. «Кисиниб г1арац бугони, маг1ардаги ах гьабула»

Б. Ц1алуде к1вар кьезе ккола.

В. Халкъалъул г1аммаб бет1ергьанлъи бикъа – хъамиялдаса ва

Ват1ан тушманзабаздаса ц1уни.

Г. Бест1ал эбелалъул квешлъи.

  1. «Айдемир ва Умайгьанат» абураб асаралда гьал раг1аби лъица абурал: «Гьабизе лъани квас, квине лъани нах»

А. Асмаца. В. Гъазица.

Б. Умайгьанатица. Г. Айдимерица.

  1. Айдемир ва Умайгьанат» абураб асаралда гьал раг1аби лъица абурал: «Сельпоялдасаги даим босулелго босулел рук1ун, цощина т1аде – гъоркье жойин ккелебан х1инкъулаха, Гъази».

А. Асмаца. В. Гъазица.

Б. Умайгьанатица. Г. Симисханица.

22. Айдемир ва Умайгьанат» абураб асаралда гьал раг1аби лъица абурал:

«Хамиз сордо кинаб маг1ида бугеб?»

А. Асмаца. В. Гъазица.

Б. Умайгьанатица. Г. Симисханица.

  1. Айдемир ва Умайгьанат» абураб асаралда гьал раг1аби лъица абурал:

«Бакъ – моц1 нилъехъан бугони, ц1вабзазул ургъел гьеч1о»

А. Асмаца. В. Гъазица.

Б. Умайгьанатица. Г. Асиятица.

  1. «Г1умруялъул дарсал» асаралъул жанр:

А. Кеч1. В. Къиса.

Б. Поэма. Г. Хабар.

25. «Г1умруялъул дарсал» асаралъе т1оцебе кинаб ц1ар кьун бук1араб?

А. «Дир г1умру». В. «Анкьго дарсидаса данде гьабураб поэма».

Б. «Дир дарсал». Г. «Г1умру».

26. Хъвадарухъабазул т1оцебесеб съезд ах1ана:

А. 1943 с. В. 1931с.

Б. 1934 с. Г. 1932 с.

27. Дагъистаналъул халкъияв шаг1ирасул ц1ар Ц1адаса Х1амзатие кьуна:

А. 1943 с. В. 1931с. Б. 1934 с. Г. 1932 с.

28. «Лачен» журналъул бет1ерав редактор:

А. Г1. Мах1амад. В. Г1. Даганов.

Б. Г1. Камалов. Г. Ф. Г1алиева.



29. «Х1акъикъат» газеталъул бет1ерав редактор:

А. М- Х1. Мах1ат1ов. В. М. Патах1ов.

Б. Г1. Камалов. Г. П. Гереева.



30. Нужецаго ц1алараб асаралъул ц1ар ва автор хъвай.



  1. Драмаялъул асаразул аслиял тайпаби рихьизаре:

А. Эпос, лирика, драма. Б. Хабар, роман, къиса.

В. Драма, трагедия, комедия, трагикомедия. Г. Поэма, новелла, элегия.

  1. Асаралъул ц1ар ва автор баян гьабе:

Г1акълу буго г1адамасул

Г1аданлъи борцунеб жо.

Бит1арабги т1екъабги жо

Жанисан бихьулеб мат1у.

А. «Векьарухъанасул кеч1». В. «Шамилил суд».

Б. «Г1умруялъул дарсал». Г. «Васият».

А. Йирчи Гъазахъ. В. Мунги Ах1мад.

Б. Ц1адаса Х1амзат. Г. Ятим Эмин.



  1. М. Хуршилов гьавуна:

А. Гъогъолъ. В. Гъунив.

Б. Гъумекив. Г. Хунзахъ.

  1. Гьес кьуч1 лъуна:

А. Авар адабияталъе. В. Авар поэзиялъе.

Б. Авар прозаялъе. Г. Авар драматургиялъе.



5. М. Хуршиловас хъварал асарал, рат1а росун, хъвай:

А. «Аманат», « 8 марталъ к1одоца ах1араб кеч1».

Б. «Сулахъалъ нуг1лъи гьабула», «Базалай».

В. «Г1андалал», «К1одоласул ригьин».

Г. «Паналъаяб дуниял», «Т1улакьераб борохь».

6. «Сулахъалъ нуг1лъи гьабула» асаралъул тайпа ва жанр:

А. Драма, трагедия. В. Лирика, поэма.

Б. Эпос, роман. Г. Эпос, хабар.

7. «Сулахъалъ нуг1лъи гьабула» асаралъул аслияв багьадур щив?

А. Юсуп. В. Кузьма. Б. Г1умар. Г. Г1араш.

8. «Сулахъалъ нуг1лъи гьабула» асаралъул идея ккола:

А. Рак1бац1ц1адаб рокьи сундасаго т1адег1анаб бук1уна.

Б. Дагъистаналда революциялъулаб бич1ч1и бижи, гьелъие халкъазул

гьудуллъиялъ гьабураб квербакъи.

В. Халкъалъул газа кьурдаги рек1уна.

Г. Цолъиялъулъ буго къуват.

9. Сулахъ сундул нуг1 кколеб?

А. Бечедазул вах1шилъиялъул.

Б. Г1умарил нухмалъиялда гъоркь мискинхалкъалъ гьабураб рагъуе нуг1.

В. Меседол рит1ухълъиялъул ва Г1умаридехун бугеб рокьул.

Г. Лъаларо.

10. Камилилги Нафисатилги хвалил нуг1 ккола:

А. Ах1мад В. Мурад.

Б. Хъилич. Г. Юсуп.



11. «Вац» абураб асаралъул автор:

А. М. Хуршилов. В. Ц1адаса Х1амзат.

Б. М. Шамхалов. Г. Юсуп Хаппалаев.

12. «Вац» асаралдаса яцалъул ц1ар ккола:

А. Аслипат. В. Алипат.

Б. Алпият. Г. Асият.

  1. «Вац» асаралъул жанр:

А. Къиса. В. Хабар.

Б. Роман. Г. Новелла.

14. «Вац» асаралъул тема ккола:

А. Вацасе яц йокьи. Б. Алипатил адаб буголъи.

В. Рак1бац1ц1адаб рокьи сундасаго т1адег1анаб бук1ин, ригьин рокьул

кьуч1алда г1уц1изе кколеб бук1ин.

Г. Алипат жиндирго талих1алъе г1оло къеркьей.

15. Асаралъул ц1ар ва автор бице:

Киг1ан мех бахъаниги,

Халкъалъе г1оло хварав

Г1олохъанчи хут1ила

Хириял назмабазулъ.

А. Б. Митаров В. А. Аджиев. Б. Ю. Хаппалаев. Г. М. Шамхалов.

А. «Оцбай». В. «Устар». Б. «Бах1арчиясул куркьби». Г. «Халкъияб кеч1».

16. Гьаб коч1ол роцен ч1езабе:

Дун хвалил г1орхъода аск1ов вук1ана,

Ват1аналъе г1оло холев вук1ана.

Амма гьебмехалъги дица ах1ана

Дуцаго г1адаб кеч1, х1айранаб булбул.

А. 7 гьижа. В. 8 гьижа.

Б. 11 гьижа. Г. 14 гьижа.

17. Гьаниб дандекквей бате:

Вохун векьарухъанас

Ракь босана кодобе,

Цинги, бахъухъ г1адинан,

Хъвазабуна к1ут1бузда.

18. Гьаниб метафора бате:

Ц1а – баг1араб х1елеко

Буго куркьби хьваг1улеб;

Гьелда т1асанги роржун,

Руччаби релъанхъула.

19. Гьал мухъал кинаб коч1олъа росарал?

Буго гьелъулъ г1агарал

Гьал дир муг1рузул къисмат.

Къаникь даим кьижарал

Дир ракьцоязул гьурмал.

А. «Оцбай». В. «Устар».

Б. «Бах1арчиясул куркьби». Г. «Халкъияб кеч1».

20. М. Митаровасул «Устар» абураб асаралъул жанр:

А. Кеч1. Б. Хабар.

Б. Поэма. В. Къиса.

21. М. Митаровасул «Устар» абураб асаралъул аслияй багьадур Пери

ккола:

А. Доярка. В. Халичабазул устар.

Б. Богогьан. Г. Суратч1ужу.



22. Гьал шаг1рирзабазул ц1аралда дандбит1ун гьезул миллат бихьизабе:

А. М. Митаров. _______________ В. Ю. Хаппалаев.___________________

Б. А. Аджиев.__________________ Г. Ц1. Х1амзат._____________________