СДЕЛАЙТЕ СВОИ УРОКИ ЕЩЁ ЭФФЕКТИВНЕЕ, А ЖИЗНЬ СВОБОДНЕЕ

Благодаря готовым учебным материалам для работы в классе и дистанционно

Скидки до 50 % на комплекты
только до

Готовые ключевые этапы урока всегда будут у вас под рукой

Организационный момент

Проверка знаний

Объяснение материала

Закрепление изученного

Итоги урока

Араб заманалъул глагол.5 класс

Нажмите, чтобы узнать подробности

Просмотр содержимого документа
«Араб заманалъул глагол.5 класс»

Глаголалъул заманаби.  Араб заманалъул глагол. 5 класс

Глаголалъул заманаби. Араб заманалъул глагол.

5 класс

Дарсил мурадал:

Дарсил мурадал:

РекIелгъеялъулаб грамматика. Суалазе жавабал хъвай: Ахикье анищ? ГъутIби лъалъанищ? ГIеч квананищ? МагIарде анищ? ГIорда чверданищ? Дарсал цIаланищ?

РекIелгъеялъулаб грамматика.

  • Суалазе жавабал хъвай:
  • Ахикье анищ?
  • ГъутIби лъалъанищ?
  • ГIеч квананищ?
  • МагIарде анищ?
  • ГIорда чверданищ?
  • Дарсал цIаланищ?
Кьурал глаголиял цIаразул глаголал лъугьинаре: Гьикъи – ЦIехей – Гьикъари – ЦIехолди – Ин – Вилълъин – ЗахIмалъи- ГIатIилъи – ЦIорой – Рагъи -  Гьикъана  ЦIехана  Гьикъарана  ЦIехолдана  Ана  Вилълъана  ЗахIмалъана  ГIатIилъана  ЦIорона  Рагъана

Кьурал глаголиял цIаразул глаголал лъугьинаре:

  • Гьикъи –
  • ЦIехей –
  • Гьикъари –
  • ЦIехолди –
  • Ин –
  • Вилълъин –
  • ЗахIмалъи-
  • ГIатIилъи –
  • ЦIорой –
  • Рагъи -
  • Гьикъана
  • ЦIехана
  • Гьикъарана
  • ЦIехолдана
  • Ана
  • Вилълъана
  • ЗахIмалъана
  • ГIатIилъана
  • ЦIорона
  • Рагъана
Гьоркьор риччарал хIарпалги лъун хъвай. Глаголазда гъоркь кколеб хIучч цIай ГIаз… биунеб буго. Лъара… чвахулел руго. Горд…хъан ихдалил гь…гьен чI...вана. ХIан…и  чIичIидана. Ба…уца хин…и кьела. Лъ…мал рохила. ТIолго сверу…лъи гIуч…инлъила.

Гьоркьор риччарал хIарпалги лъун хъвай. Глаголазда гъоркь кколеб хIучч цIай

ГIаз… биунеб буго. Лъара… чвахулел руго. Горд…хъан ихдалил гь…гьен чI...вана. ХIан…и

чIичIидана. Ба…уца хин…и кьела. Лъ…мал рохила. ТIолго сверу…лъи гIуч…инлъила.

Глаголияб цIар сунда абулеб? Кинаб суалалъе жаваблъун гьеб бачIунеб? Кинал суффиксазул кумекалдалъун гьеб лъугьунеб? Цойги гьединаб суал кинаб каламалъул бутIаялъе бачIунеб? Предметияб цIарги глаголияб цIарги цоцадаса кин батIа бахъилеб?
  • Глаголияб цIар сунда абулеб?
  • Кинаб суалалъе жаваблъун гьеб бачIунеб?
  • Кинал суффиксазул кумекалдалъун гьеб лъугьунеб?
  • Цойги гьединаб суал кинаб каламалъул бутIаялъе бачIунеб?
  • Предметияб цIарги глаголияб цIарги цоцадаса кин батIа бахъилеб?
ЦIияб тема. Глаголалъул ункъо заманияб форма буго: Араб заман – щиб гьабураб? Гьанже заман- щиб гьабулеб бугеб? БачIунеб заман – щиб гьабизе бугеб? ГIахьалаб заман – щиб гьабулеб?

ЦIияб тема.

  • Глаголалъул ункъо заманияб форма буго:
  • Араб заман – щиб гьабураб?
  • Гьанже заман- щиб гьабулеб бугеб?
  • БачIунеб заман – щиб гьабизе бугеб?
  • ГIахьалаб заман – щиб гьабулеб?
Араб заманалъул глаголал Араб заманалъул глаголаз иш лъугьин яги лъугьунгутIи бихьизабула. Дун сон магIарде щвана. ГIухьбузул къайи бихьана. Гьезул хинкIал кванана, кьарияб гьан батана.

Араб заманалъул глаголал

  • Араб заманалъул глаголаз иш лъугьин яги лъугьунгутIи бихьизабула.
  • Дун сон магIарде щвана. ГIухьбузул къайи бихьана. Гьезул хинкIал кванана, кьарияб гьан батана.
ТIасабищул диктант Иш лъугьин бихьизабулел батIаго, лъугьунгутIи бихьизабулел батIаго, кьерал гьарун глаголал хъвай. Дица нуцIида килищ кIутIана – нуцIа рагьичIо. ГIалиян ахIана – жаваб кьечIо. Дун школалде ана, амма ГIали гьенивги ватичIо. Дица дарс цIалана, амма къимат щвечIо.

ТIасабищул диктант

  • Иш лъугьин бихьизабулел батIаго, лъугьунгутIи бихьизабулел батIаго, кьерал гьарун глаголал хъвай.

Дица нуцIида килищ кIутIана – нуцIа рагьичIо. ГIалиян ахIана – жаваб кьечIо. Дун школалде ана, амма ГIали гьенивги ватичIо. Дица дарс цIалана, амма къимат щвечIо.

Глаголалъул гьечIолъиялъул форма. Араб заманалъул гьечIолъиялъул форма лъугьуна, глаголияб цIаралда тIаде «чIо» жубан. «Й» гьоркьоса тIагIуна. Масала: цIорой – цIорочIо.  кIалъай – кIалъачIо

Глаголалъул гьечIолъиялъул форма.

  • Араб заманалъул гьечIолъиялъул форма лъугьуна, глаголияб цIаралда тIаде «чIо» жубан. «Й» гьоркьоса тIагIуна.
  • Масала: цIорой – цIорочIо.

кIалъай – кIалъачIо

Араб заманалъул буголъиялъул форма лъугьинабе. ТIей – Хъвей – ЧIей – Хвей – ЦIорой – Гьорой- Кьей – ЦIей -  ТIуна  Хъвана  ЧIана  Хвана  ЦIорона  Гьорона  Кьуна  ЦIуна

Араб заманалъул буголъиялъул форма лъугьинабе.

  • ТIей –
  • Хъвей –
  • ЧIей –
  • Хвей –
  • ЦIорой –
  • Гьорой-
  • Кьей –
  • ЦIей -
  • ТIуна
  • Хъвана
  • ЧIана
  • Хвана
  • ЦIорона
  • Гьорона
  • Кьуна
  • ЦIуна
Дарсил хIасилал гьари. Чан заманияб форма бугеб глаголалъул? Араб заманалъул глаголалъ щиб бихьизабулеб? Араб заманалъул глаголалъул гьечIолъиялъул форма кин лъугьунеб?

Дарсил хIасилал гьари.

  • Чан заманияб форма бугеб глаголалъул?
  • Араб заманалъул глаголалъ щиб бихьизабулеб?
  • Араб заманалъул глаголалъул гьечIолъиялъул форма кин лъугьунеб?
ХIай: Араб заманалъул глагол рагIани цо нухалъ хъат чIвай, цоги заман рагIани кIицIул чIвай. ЦIалула, ана, векерана, ахIичIо, тIурана, бицунеб буго, бицана, бецула, бецулеб, турана, тIеган буго, биччана.

ХIай:

Араб заманалъул глагол рагIани цо нухалъ хъат чIвай, цоги заман рагIани кIицIул чIвай.

ЦIалула, ана, векерана, ахIичIо, тIурана, бицунеб буго, бицана, бецула, бецулеб, турана, тIеган буго, биччана.

Рокъобе хIалтIи. П. 63-64 № 512

Рокъобе хIалтIи.

  • П. 63-64
  • 512