Тема: Ц1адаса Х1амзат: «Ашбазалде гьабураб»
Дарсил мурадал:
1.Ц1адаса Х1амзатил «Дибирги г1анхвараги »-абураб асар щула гьаби,Цебехун малъараб такрар гьаби. «Ашбазалде гьабураб»-абураб асаралъул анализ гьаби.
2.Асаралъул мац1алъул г1адатлъи ,бечелъи,кицабаздаса пайда босизе авторасул бугеб махщел,коч1ол сатираялъул бег1ерлъи ва г1адамасул хъант1и къват1иб ч1вазабизе гьелъул бугеб к1вар ц1алдохъабазда бич1ч1изаби.
3. Раг1абазул къадар ц1ик1к1инаби,пасих1го ц1алиялъул бажари камил гьаби.
Дарсил тайпа: г1адатияб гуреб дарс.
Дарсил алатал: Ц1адаса Х1амзатил суратал.презентация-слайдал, интерактивияб доска.,компьютер,т1ахьазул выставка.
Дарсил ин.
I . Дарсиде х1адурлъи.
II. Рокъобе кьураб асаралда т1асан тестал т1орит1и.
1.Латин мац1алдаса бач1араб литература абураб раг1ул маг1на щиб?
.А. Кеч1-шиг1ру.
Б.Хъвай-хъваг1ай.
В.Махсаро-хоч1.
2.Басмахана абураб раг1ул маг1на щиб?
А.Типография
Б. Почта.
В. Базар.
3. «Унсоколоса Х1ожоги гуржиявги» абураб къисаялъул автор щив?
А.Ц1адаса Х1амзат.
Б.Расул Х1амзатов.
В.Гьеб ккола халкъияб къиса.
4 «Унсоколоса Х1ожоги гуржиявги»абураб халкъияб къисаялъулъ щиб какулеб бугеб? А.Талавурчилъи ,чабхъад хьвади, «бидухъ-би».
Б.Маг1арулаздаги гуржияздаги гьоркьоб гьеч1еб гьудуллъи
В. «Бидухъ-би» абураб маг1арулазул басрияб г1адаталде гуржиясул бугеб бербалагьи.
5«Унсоколоса Х1ожоги гуржиявги»абураб халкъияб къисаялъул аслияб идейияб маг1на щиб?
А. «Бидухъ –би» абураб маг1арулазул басрияб г1адаталде дандеч1ей гьаби.
Б. Бат1и-бат1ияб миллаталъул г1адамазда гьоркьоб гьудуллъи бук1ине ккей т1алаб гьаби .
В.Гуржиязул г1адамазул рек1ел сахавалъи бихьизаби.
6. «Дибирги г1анхвараги» лъица хъвараб?
А.Мух1амад Хуршиловас.
Б. Ц1адаса Х1амзат.
В.Асадула Мух1амаевас.
7. «Дибирги г1анхвараги»абураб асаралда щиб къват1иб ч1вазабулеб бугеб?
А.Рух1ч1аголъиялдехун инсанасул бугеб г1асияб къасд.
Б.Ханхрица хуруе гьабураб зарал.
В.Г1анхрица дибирасе кьурал жавабал.
8.Ц1адаса Х1амзатил «Дибирги г1анхвараги» асаралъулъ цо къоялъ дибир хуриве иналъе г1илла щиб?
А. Хурив х1алт1изе.
Б. Хурир х1алт1улезда хадуб хал кквезе.
В. Г1анхрица ч1вараб заралалъухъ балагьизе.
9.Коч1ол мухъазулъ камураб раг1и хъвай .
Г1ода-йорч1ун бадиб ц1амул лъим т1уна
Лъаг1алил дибирлъи …………. Анилан.
А.Даром.
Б. Гьадин.
В. Додин.
10.Гьоркьор риччарал раг1аби хъвай.
1………………………………………..
2.Халкъалда щай ,дибир, дур ццин бахъулеб?
А.Азалияб х1укму хисуларелъул.
Б.Хъвараб бихьич1ого рорч1уларелъул.
В.Рух1 бугеб х1айванин х1акъ батиларищ?
11. Диниял къануналги дибирасул ишалги дандеккунгут1иялъул кьуч1алда хъвараб буго Ц1адаса Х1амзатил.
А. «Гъалбац1ги г1анк1ги»
Б. Чоде бет1ергьанас хъвараб»
В. «Дибирги г1анхвараги»
12. Ц1адаса Х1амзатил «Дибирги г1анхвараги»абураб коч1ол аслияб тема щиб кколеб?
А.Дибирасул сахавалъи бихьизаби.
Б.Г1анхрица ч1валеб зарар бихьизаби.
В.Мискинчиясул г1умру г1анхрилалда релълъинаби.
(Тестал рак1ари ,цоцахъе кьун хал гьаби, къиматал лъей)
III Учителасул цебераг1и (къокъго бицина кеч1 хъваялъул х1акъалъулъ)
IY. Словарияб х1алт1и.
Пул-г1арац.
Тафарруж-рохел-аваданлъи.
Приказчик-вичарухъан.
Кашавар- богогьан.
Эливаш-хьандон абулеб раг1
Y. Учителасул мисалияб ц1али.
YI . Баянкьовул ц1али г1уц1и. - ц1аларалда т1асан суалал
1.Кинав чиясда абулеб рес рекъарав чи?
2.Ц1адаса Х1амзатица кин баян гьабулеб бугеб бет1ергьанасдехун бугеб бербалагьи?
3.Кин бич1ч1улеб нужеда х1ал хъублъун вуго?
4.Кинаб къаг1ида х1алт1изабун бугеб гьаб коч1олъ Ц1.Х1.?
5.Ашбаз жаниб рагьараб рукъалъулги ,гьениб бугеб т1аг1ел-г1уч1алъулги,кванилги коч1ол раг1абаздалъун кинаб сурат бахъулеб бугеб Х1.?
а)Ашбазалъул рукъ.
б. Кванил т1аг1ел-г1уч1.
в.Гьенире рач1аразе кьолеб квен.
6.Кинаб мац1алда хъвараб асар кколеб гьаб?
7.Кинал чаг1азул бицунеб бугеб гьаб коч1олъ?
YIII .Коч1олъ халкъиял калимаби ратизе.Вакъвалев вуго,къосараб бак1 гьеч1о,бер кколеб х1ал буго.
IX . Гьал фразеолагизмабазул маг1на баян гьабе?.
1.Маг1арда ах гьаби-
Мискинлъиялда туманк1 реч1ч1изе-
Бечедалщиназул мугъал рекизе-
X. Коч1олъ кицаби ратизе.
Хъант1иялъул х1илла-макруялъул х1акъалъулъ кицаби рак1алде щвезаризе.
XI. Метафораби ва эпитетал ратизе.
XII. Коч1олъ аллитерация бихьизабе.
Рес рекъарав чияс,къо бихьич1ого ,
Къвариг1анщинаб жо ч1езабулеб куц!
Чванта г1арцул ц1ураз, г1ебеде регун,
Маг1арда ах гьаби гьанже х1акълъана.
XIII. Сатираялъул х1акъалъулъ бич1ч1и кьей.
XIY. Ц1адаса Х1амзатил «Ашбазалде гьабураб»асаралда т1асан г1уц1араб театр бихьизаби.( видео бихьизаби)
XY . Дарсил х1асилал гьари.
1.Жакъа нилъеца лъил бицараб?
2.Щив колев Ц1адаса Х1амзат?
3.Гьев кив ва кида гьавурав?
4.Жакъа ц1алараб асаралда ц1ар щиб?
5.Гьеб асаралъул аслияб тема щиб кколеб?(г1адамал гуккун ,боц1и данде гьабизе лъугьарал даранчаг1и къват1ир ч1вазари)
6.Ц1.Х1.»Ашбазалде гьабураб»абураб коч1ол аслияб маг1на щиб кколеб.(гьерсилал,мискинзаби гуккараб,г1арацги дунялалъул боц1иги инжитго данде гьабулел чаг1и каки)
XYI . Рокъобе х1алт1и. Коч1ол цо кесек рек1ехъе лъазабизе