СДЕЛАЙТЕ СВОИ УРОКИ ЕЩЁ ЭФФЕКТИВНЕЕ, А ЖИЗНЬ СВОБОДНЕЕ

Благодаря готовым учебным материалам для работы в классе и дистанционно

Скидки до 50 % на комплекты
только до

Готовые ключевые этапы урока всегда будут у вас под рукой

Организационный момент

Проверка знаний

Объяснение материала

Закрепление изученного

Итоги урока

Авар адабият: "Муг!рузул Г!али" 6 класс

Нажмите, чтобы узнать подробности

Муг!рузул Г!али  Пахай. Лъик!аб материал учителаседарсида х!алт!изабизе

Просмотр содержимого документа
«Авар адабият: "Муг!рузул Г!али" 6 класс»

Муг1рузул Г1али

Малъиялъул мурад:

  1. Халкъиял лирикиял ва эпосиял куч1дузул х1акъалъулъ баян г1ат1ид гьаби.

  2. Халкъалъ мац1ихъан загьруяб ч1ег1ераб борхьида релълъинавиялъе г1илла ч1езаби.

  3. Коч1ол г1уц1и, пасих1лъи, кидагосел эпитетал, гьезул к1вар рагьулаго, халкъияб асаралъул аслияб пикру бати ва гьелъ малъулеб г1акълуялда нахъг1унт1и.

4) Пасих1го ц1али камиллъизаби.

1 дарс

  1. Дарс байбихьила рокъобе кьураб т1адкъай т1убан бугищали хал гьабиялдаса.

  2. Учителас (5 классалда малъараб кьурулъ хут1арав Г1алиде кеч1ги цадахъкъан) халкъиял лирикиял ва эпосиял (къисаял) асаразул х1акъалъулъ баян г1ат1ид гьабила. Халкъиял куч1дузул тайпабазул бицунаго, мисалалъе росила ва лъималазе ц1алила рокьул, кьалул куч1дуздасан куплетал, гьединго маг1уялдаса, лъималазул куч1дуздаса т1аса рищарал мухъал. Гьел росила «Меседил мугьал», «Хочбар», «Авар халкъалъул лирика» абурал т1ахьаздаса. Гьеб х1алт1и 8—10 минуталдаса халат бахъине теларо.

  3. Бищунго машгьураб халкъияб къасидатлъун ккола «Myг1рузул Г1али» абураб кеч1. Гьеб коч1ол чанго бат1ияб вариант буго. Бат1и-бат1иял районазда гьеб ах1ула бат1и-бат1иял вариантазда. Киналго кодоре щварал варианталги дандеккун, аваразул хъвадарухъан Мух1амад Шамхаловас къач1араб куцалда ма­лъулеб буго нилъеца гьеб халкъияб хазинаялдаса цояб.

  4. Учителас кеч1 пасих1го ц1алила, лъуг1изег1ан лъалхъич1ого, хадуб лъалхъиги гьабун, цо нухалъ гъорлъан жидеего ц1ализет1ад къала, цинги ц1ехела:

  • Г1али кинаб г1амалалъул чи вугев?

  • Мац1ихъабазда лъалеб бук1арабищ гьесул г1амал-хасият?

  • Г1алиги лъадиги. кин данделъарал чаг1и рук1арал?

  • Кинаб хъизан гьезул бук1араб?

  • Мац1ихъабазда Г1али божиялъе г1илла лъазе к1велищ, лъимал? (Суал зах1матаб буго. Лъимал хадур гъеч1они, халат бахъинабич1ого, учителас бицина: Г1алие жиндирго лъади х1атхун йокьулей йик1иналъ, божарав чияе бициналъ, гьев живго гьереси бицунарев вац1ц1адав чи вук1иналъ, баччизе зах1матаб ч1ег1ераб хабар т1аде щведал, г1акълу биххизабуна хехаб г1амалалъул чиясул).

«Бит1аралдаги т1екъалдаги гьоркьоб рокьоялъул манзил» абу­раб кициялъул маг1на рагьизе т1амила ц1алдохъаби ва гьеб коч1ол маг1наялда бухьинабизе т1адкъала.

  1. Жидепаго ц1ализе ва 5—6 диафильмаялъулаб сурат цебеч1езабизе (бицун) х1адурлъизе, 8—10 минутги кьун, х1алт1изе риччала. Ц1араб заман арабго, х1адурлъун рахъиналъул халги гьабун, лъабго-ункъго жавабалъухъ г1енеккила. Цогидазул бит1изабизе, т1аде жубазе жо батани, гьезиеги раг1и кьела.

  2. Кидагосел эпитетал ратизе ва гьезул к1варалъул бицине т1адкъала. (Лъималазда ратула: рорхатал муг1рул, г1идрадул гох1ал, муг1рузул Г1али, къват1ул шуш, гьулияб маргъал, микьг1арцул курхьен, х1алалай лъади, щунусабго г1и, г1исинал лъимал, бахьинаб гьумер, ч1ег1ерал берал, сабурав гьудул, рек1ел хазина, к1ибалаб ханжар, баг1араб ц1а—гьезул щибалъул к1варалъул бицунаго, халат бахъине биччазе бегьуларо, х1атта гьел киналго эпитетал ратаралги г1ела заг1ипаб класалъе. Амма г1амлъиялъе суалал кьела:


  • Коч1ол авалалда кидагосел эпитетаз кинаб кьер бихьизабулеб бугеб? Гьез кинаб ах1вал-х1ал бихьизабулеб?

  • Коч1ол ахиралде кинал эпитетал раккулел? (баг1араб ц1а, баг1араб би). Гьез щиб бич1ч1изабулеб?

  • Г1урччинаб кьер баг1аралде лъица сверизабураб? Сундул кумекалдалъун?

  • Паракъат маг1арда вугев Г1алида т1аде балагьаб мац1илаб хабар щолеб бук1ин кинаб сипатияб раг1иялдалъун коч1олъ загьир гьабун бугеб? (К1ал ч1ег1ераб х1ама цебеги къот1ун), гьеб бич1ч1изе ккола: «Ч1ег1ераб гьересиги цебекъот1ун, т1аде щолел ругилан».

7. Рокъобе кьела хрестоматиялъул т1адкъаял т1уразе ва гьалат1 биччач1ого, чвахун ц1ализе лъазабизе.

2 дарс

  1. Дарс байбихьила, учителас цевехъанлъи гьабун, классалъго хоралда кеч1 ц1алиялдалъун. Хадуб цо лъик1асул, лъабго заг1ипасул ц1алиялъухъ г1енеккила, гьезие къимат кьела.

  2. Хадуб хал гьабила т1ехьалъул т1адкъай т1убаялъухъ: к1иго-лъабго жавабалъухъ г1енеккила, гьезда данде ккун, киназулго х1алт1и бит1ун бугищали балагьила.

  3. Бач1инахъего Г1али мац1ихъабазда божич1олъи бихьизабу­леб бак1 батизе ва ц1ализе т1амила. Лъималаз гьеб ц1алун хадуб, т1адч1ей гьабила «х1алхъубазул гьерсазда».

  • Жах1да ц1ик1к1арал, х1ал хъубал чаг1и нилъеда дандч1вана цоги халкъияб коч1олъ. Рак1алде щвезаре щал гьелали. (Лъи­малаз кьурулъ тарав Г1алил вацал рехсола).

  • Сунца гьел вац ч1вазе т1амурал? Щиб мурад бук1араб гье­зул?

Гьаб коч1олъ щал кколел жах1та бергьарал, х1алхъубал?
(Т1аде рач1арал мац1ихъаби). Учителас т1аде жубала: «Рокьун данделъарал рос-лъадиялъул разияб, талих1аб г1умру бук1иналда х1алхъублъарал чаг1и рук1ана мац1ихъаби». Ц1ализабила Г1али божизавизе гьез рехсолел х1ужжаби ва гьикъила:

— Г1алил хъизанги рукъги лъик1 лъалел, жидеда Г1али божизе кколел, гьесул ирс щолеб г1агарлъиялъул г1адамал мац1ихъаби рук1ин кинал х1ужжабаздалъун ч1езабизе к1олеб? (Гьезда лъалеб буго Г1алил х1алуцараб хехаб г1амал бук1ин, гьесул ч1ужуялъул гьулияб маргъалги микьг1арцул курхьенги бук1ин, гьел божарал чаг1и рук1унин, эбелалъ ругьелги бараб «лъади урхъун йигин, лъимал хъач1лъун ругин» абеян. Божилъи гьеч1ев чияс бицарабани, лъадул жавабалда божич1ого, ханжар къват1ибе ц1азег1ан г1антавчи Г1али вук1инч1олъи бихьула гьесул щакдарияздасанги). Гьеб х1ужжабазда т1адч1ей гьабун хадуб, ц1ализабила хвалил ругънал лъурай лъадул калам, цинги гьикъила:

— Г1алидехун лъадул кинаб бербалагьи бугеб? Кинал сипатиял раг1абалъ гьеб загьирлъулеб? («талих1 кьеяв», «рек1ел хазина»).

Лъадул г1айиб гьеч1олъиялда Г1алил рак1ч1ей бихьизабулел раг1аби ц1ализе т1адкъала (4—5 бут1а), (сабураб калам, данде гьимана гьулияб маргъал, кьуркьурун лъун буго микьг1арцул курхьен).

  • Г1алил щиб гъалат1 ккараб? Щиб гьес цин цебе гьабизе кколеб бук1араб?

  • Мац1ихъабазда божун, жиндирго квердасан хирияй лъади хведал, Г1алица кинаб х1укму гьабураб? Ч1аго вук1унилан гьелдаса хадуб, рохелго бихьилаандай?

  • Эбелалъул жавабалдасан Г1алида щиб бич1ч1араб?

— Хъант1арал вацазе суд гьабизелъун, эбелалъ гьезда цебе ч1ехьана кьурулъ тарав Г1алил рукьбузул ц1ураб таргьа. Гьаб коч1олъги гьединабго маг1наялъул раг1аби руго. Гьел рате ва ц1але (Эбелалъе Г1алица гьабураб жаваб—«гьайбатаб ц1ц1е», «микьбагьаяб дег1ен»—гьезул маг1на рагьила лъималаз, гьел хъолел ругин, гьезул гьанги белъун, кеп кьабизе щал ах1еян Г1алица эбелалда т1адкъалеб бугебали баян гьабизе т1амила ва гьеб мац1ихъабазе гьабулеб судлъун бук1ин ч1езабила. Г1умруялъул иццлъун эбелги эбелаб ракьги кколелъул, халкъалъги гlaйибиязе рекъараб тамих1 гьабизе эбелалда т1адкъалеб буго.

4. «Г1акълу цебеккезаби, ццин нахъе ц1ай», яги къокъго: «Г1акълу цебе, ццин нахъе» абураб кици, коч1ол маг1наялда хурхинабун, рагьизе т1адкъала. Хадуб гьикъила:

  • Халкъияб кеч1алъ щиб нилъеда малъулеб бугеб?

  • Инсанасул бищун инжитаб кинаб т1абг1 коч1олъ какун бугеб? (Х1асил гьабила).

  • Мац1ихъабазул образ ч1ег1ераб борхьида халкъалъ релълъинабиялъе г1илла щиб?

  • «Къайицадахъал» абураб маргьаялда мац1ихъанасда релълъараб жо щиб кколеб? (Цер).

  • Гьелъ гьалмагъзабазе бицараб жоялда щибан абилеб? (Гьереси).

Гьерсидаги мац1идаги гьоркьоб бат1алъи щиб? (Лъарасе лъик1аб къимат лъела; лъач1они, живго учителас бицина: гьересиялъ гуккула, мац1 гьаби ккола гуккиги т1аде питнаялде гьусиги. Гьерсил мурад—гукки, мац1ил мурад—питна бекьи, кьал ккезаби. Мац1ихъанлъиялъул авалияб х1ок1—гьереси. Гьереси бицарав чи нахъе къаларо, питна багъаризабизеги. Мац1ихъан ккола, гьереси бицун, г1адамал цоцазде гьусулев, гуккун г1адамазда гьоркьоб кьал багъаризабулев чи. Гьеб ц1акъго инжитаб т1абг1 каки буго коч1ол аслияб мурадги.

  1. Пасих1го кеч1 ц1ализабиялда т1ад х1алт1ила дарс лъуг1изег1ан. Классалъго, кьералккун, к1и-к1иккун, цо-цояс бут1рулккунги т1убангоги ц1ализабила. Щибаб ц1алиялъе учителас къи­мат кьела (бицун), лъик1 ккараб ц1али ва т1атарал г1унгут1аби рехсела.

  2. Рокъобе кьела т1ехьалъул т1адкъаял т1уразе ва ахираб бет1ep рек1ехъе лъазабизе.




Дарс х!адурана авар адабияталъул учитель

Эльдарова Пахай Дацих!ажиевнаялъ.