1.Гьал раг1абазулъ ункъо гьаракь бугеб бихьизабе
А)къеч1
Б)хъвазе
В)бер
2.цо мухъидаса цогиялде бит1ун босараб раг1и баян гьабе
А)беч1-ч1изе
Б)х1а-йван
В)х1ил-ла
3.т1асияб борхалъи,цебесеб кьералъул гьаракь бихьизабе
А)а
Б)у
В)и
4.каламалъул гьаркьазул бицунеб мац1алъул х1акъалъулъ бугеб г1елмуялъул бут1а ккола
А)фонетика
Б)лексика
В)синтаксис
5.рахараб слогалъул раг1и бате
А)къо
Б)к1ал
В)оц
6.гьаб раг1иялъе синоним бате - къарумав
А)беричав
Б)чумартав
В)сахаватав
7.омонимлъун кколеб раг1и бихьизабе
А)хьвани
Б)г1уж
В)ц1улакьо
8.хъвалсараб маг1наялда х1алт1изабураб раг1абазул дандрай бихьизабе
А)боркьараб ццин
Б)щулияб къед
В)боркьараб печь
9.гьаб маг1наялда рекъон кколеб фразеологияб свери бате
Ц1акъго рикк1к1ада
А)ц1ц1ани маг1арде рахине
Б)Алмасица чахъу г1адин
В)гванзул гамалахъ
10.раг1абазул риххуларел дандраял ккола
А)фразеологиял свераби
Б)орфоэпия
В)лексика
11.жиб кьибилалде т1аде жубаялдаъун ц1иял раг1аби лъугьинарулеб раг1ул бут1а
А)ахир
Б)аслу
В)суффикс
12.ц1иял раг1аби лъугьунеб чан къаг1ида бугеб?
А)3
Б)4
В)5
13 ц1едех1 - кин лъугьараб раг1и?
А)бак1алъул г1адамазде ц1ар абулаго кьолболъ хиси ккун
Б)ударениялъ бак1 хисун
В)кьибил такрарлъун
14.Мах1ачхъала-форма баян гьабе
А)кидаго цолъул форма
Б)кидаго г1емерлъул форма
В)бук1уна к1иябго форма
15.г1емерлъул форма бит1ун бихьизабураб раг1и бате
А)эгъеял
Б)х1анч1ал
В)улбул
16.деепричастиялъул чан заманияб форма бугеб?
А)2
Б)3
В)4
17.гьал раг1абазулъ наречие бихьизабе
а)квешезе
Б)кваназе
В)Къунц1араб
18.бит1ун хъвараб раг1и бате
А)к1и-къот1изе
Б)к1икъот1изе
В)к1и къот1изе
19.кагъат-раг1и авар мац1алде бач1араб буго
А)иран
Б)г1араб
В)лъараг1
20.цох1о маг1наги кьолеб,к1иго раг1ул лъугьараб глагол ккола
А)составияб глагол
Б)г1адатаб глагол
В)жубараб глагол
21.т1алабияб предложениялъул ахиралда лъола
А)т1анк1
Б)суал ишара
В)ах1ул ишара.
22.гьаб предложение кинаб кколеб?
А)подл.баянлъич1еб
Б)ц1арлъовул
В)подл.гьеч1еб
23.бит1ун лъалхъул ишараби лъураб предложение бате
А)Дуца,Асият,хабар халат гьабуге.
Б) Дуца,Асият хабар халат гьабуге.
В) Дуца Асият,хабар халат гьабуге.
24.гьаб баяналъе рекъараб предложение бате
Союз гьеч1еб жубараб предложение
А)Ц1ад бана,ва х1орал лъугьана.
б)Ц1ад бана, х1орал лъугьана.
Б) Ц1ад барабго, х1орал лъугьана.
25.Ци,цер,г1анк1()киналго нижер рохьахъ дандч1вала.-Гьабпредл.лъезе кколеб лъалхъул ишара бихьизабе
А);
Б):
В)-
26.управлениялъулаб бухьеналда бугеб раг1абазул дандрай бате
А)эбелалъул к1аз
Б)метер вач1ина
В)лъик1аб хабар
27.Гьаб предл.кинаблъун т1аджубараб?
Нухда ицц батиялдаса киналго рохана.
А)подл.т1адж.
Б)опред.т1адж.
В)хъвалс.дополнен.т1адж.
28.Морфология ва синтаксис журан щиб лъугьунеб?
А)лексика
Б)бит1унхъвай
В)авар мац1алъул грамматика
29.ц1арулаб составияб сказуемое бате.
А)К1удадаца ниже хабар бицана.
Б)Ихдал дунял ц1илъун бач1уна.
В)Дир эмен устар кола.
30.Баяналъе рекъонкколеб предложениялъул член бате
Подлежащеялъул иш жинда т1аде кколеб раг1и
А)бит1.доп.
Б)сказуемое
В)хъв.доп.