СДЕЛАЙТЕ СВОИ УРОКИ ЕЩЁ ЭФФЕКТИВНЕЕ, А ЖИЗНЬ СВОБОДНЕЕ

Благодаря готовым учебным материалам для работы в классе и дистанционно

Скидки до 50 % на комплекты
только до

Готовые ключевые этапы урока всегда будут у вас под рукой

Организационный момент

Проверка знаний

Объяснение материала

Закрепление изученного

Итоги урока

Авар мац1алъул контролиял х1алт1аби

Нажмите, чтобы узнать подробности

Эти контрольные работы на аварском языке помогут учителям аварского языка в работе

Просмотр содержимого документа
«Авар мац1алъул контролиял х1алт1аби»

7 класс

Диктант

Г1умарица бицараб хабар.

Дагъистаналъул гъваридаб к1к1алахъе янгъизаб кьуру далун ч1ун буго. Зодил гьумералъе зурбаяб гьелъул т1огьилъи х1убилъун ч1ун буго. Т1адагьал хъах1ал нак1к1ал гьелда сверун лъедолел руго. Цо – цо мехалъ, х1ухьбахъи гьабизе г1адин, гьелъул каранде къанги ч1олел руго. Бакъ мадугьалихъ бугеб г1азул мег1ералъул т1огьилъиялда нахъа, меседилаб канлъиялъ гьебги гвангъизабулаго, бахчарулеб буго. Сардица ракьалда ц1вабзазул ц1ураб чадир т1ибит1улеб буго. Муг1рузул лабаллъабазда квачараб раг1ад рещт1унеб буго. Пашманаб кьурда т1огьиб г1ажаибаб жо лъугьана. Кьурул гъварилъиялда х1алица бихьулеб нохъодаса къват1ибе, кодоб чагурги ккун, янгъизаб раг1ад лъугьун бач1уна. Г1адамасул г1иналда кидаго раг1ич1елг1адал х1айранал бакънал муг1рул – щобазде, к1к1алабахъе т1ирит1ун уна.

Рух1дакъаб квералъ дугъдарал ч1ваби сабруялда рищулел руго. Бакънал берцинго рачунел руго. Гьелги цин муг1рул лъарал чвахиялда релълъунел руго, цин улбузул реэдиялда релълъунел руго. (113 раг1и)

Т1убараб синтаксисияб разбор гьабе

1-в Исана росдал жамаг1аталъ ц1ияб мажгит бана .

2-в Гьеб сордо нижеца г1урул раг1алда т1амуна.

Морфологияб разбор гьабе

1-в лъедолел руго, гъваридаб

2-в т1ирит1ун ана, сабруялда



Фразеологиял сверелазул маг1наби баян гьаре, гьелгун предложениял г1уц1е.

1-в ц1умур бараб мац1

2-в ц1ар кьурда базе





8 класс

Диктант.

Г1анк1.

Хасало цо ц1ах1илаб г1анк1ил рещт1унеб бак1 бук1ана росдада г1агарлъухъ. Сордо бач1араб мехалъ, гьелъ цояб г1ин эхеде к1ич1изабуна, ва гьеб цо жоялъухъ г1енеккана. Гьелъ мах1 сунт1ана, ва гьеб нахъисел квач1азда г1одоб ч1ана. Цинги гьеб бицатаб г1аздалъ цо - к1иго нухалъ к1анц1ана. Ахиралда гьеб г1одоб ч1ана ва рахъ - рахъалде балагьизе лъугьана. Кибехун балагьаниги, г1азу тун бат1ияб жо щибго бихьулеб бук1инч1о. Г1азу бук1ана, карачелал лъугьун, чакар г1адин, кенч1елеб. Г1анк1ил бот1рода т1ад бук1ана ц1орораб х1ухьел. Гьеб х1ухьлада гьоркьосан рихьулел рук1ана гвангъарал ц1ваби. Цо гьоц1аби ругеб бак1алде г1анк1, к1удияб нух къот1ун, ине кколеб бук1ана. К1удияб нухдасан раг1улеб бук1ана чанагъазул гьаракь ва чуязул пенхъей. Нухде г1агарлъухъ чуял ч1ана. Чанагъазда хьолбохъан г1адамал унел рук1ана. Гьез хъубчузул гарбал эхеде ч1вазарун ругоан. Гьезул гьурмал рук1ана хъах1лъун. Гьезул к1алдиса ва маг1арзухъа бурулеб бук1ана х1ухьел. Чуял рук1ана хамутазда жанир терк1олел. Г1адамаз цояздаса цоял цере ине х1аракат бахъулеб бук1ана. Хьибил ч1ван, вач1унев вук1ана к1иго херав чи. Г1анк1, гьездаса х1инкъун, т1епун ч1ана. (155 раг1и)

Т1убараб синтаксисияб разбор гьабе .

1-в К1удияв васас ахикьа гьалбадерие пихъ босун бач1ана.

2-в Нахъисеб къоялъ радал эбел ана инсухъе маг1арде.

Подлежащее гьеч1еб предложение бихьизабе -1 в,

Подлежащее баянлъич1еб предложение бихьизабе-2 в

А)Сардил г1ужалда нуц1ида тункана.

Б)Маялъул ахиралда хъутаналда рецаризе байбихьула.

В)Муг1алимас дарс бицана.

Г)Бакъул хинал ч1ораз дунял хинлъизабуна.

Диктанталъул тексталъулъа

1 –в лъабго рекъонккеялъулаб бухьеналда ругел раг1абазул дандраял рате 2 –в лъабго управлениялъулаб бухьеналда ругел раг1абазул дандраял рате



10 класс

Диктант

Маг1арухъ г1азу.

Зодисан хъах1аб маргъал хьваг1улеб г1адин, г1исинккун балеб бук1ана г1азу. Къват1 – къоноялда т1адагьго рещт1унел гьелъул гарал, риидал т1огьол авлахъаздаги сверун, т1адруссун рач1ун, свак чучизе лъалхъарал наязда релълъунаан.

Хъах1аб буртинаялда гъоркь кьерун руго рорхатал муг1рулги, гъваридал к1к1алалги, риидал азаркьерал куназ рессарал халичаби г1адин рук1арал хурдулги, гьединго хурзалги. Балагьун бер г1орц1улареб г1ат1идаб гъвет1 – хералъ гьарзаго бацун бук1араб росдал сверухълъи, гьанже дандекъан, мукъсанлъун ун бихьула, ва гъут1биги циндаго лъедерлъун ун ругин ккола. Къват1азухъ г1азул гъунал къан руго, к1к1аламухъ ц1орол гвангвадироялде сверун буго. Гьенир, ганч1алги гъоркь лъун, цере – хадур хъещт1олел руго лъимал, хъещт1езе бугеб лазатан ц1акъ рохун руго гьел. Херал руччабиги, хинлъиялдаса х1алхьоларого, гъасдеги къулун, г1исинккун наккдада бакараб ц1а хъирщулел руго. Г1олохъанал руччаби боц1уда сверун лъугьун, гьезие раг1и – хер кьолел, чури – лъим рекъезабулел руго.

Бихьиналин абуни, хасало маг1арухъ ц1акъго квачараб къоялъг1аги гурони рокъор рук1унаро. Рет1ун т1ингъалгун, г1аралг1адал т1агъралги лъун, гьел годек1абахъ, т1ад бетизабун хъалияналъул к1к1уйгун, хабар – к1алалда рук1уна. Роц1арал къоязда г1олохъаби г1азу нахъе рехарал гьоц1абахъ гьец1о рехулел, гугарилел рук1уна. Гьезие квалквал бук1инаредухъ, футбол х1алеб бук1ана г1исинаб т1ел. (161 раг1и)

Т1убараб синтаксисияб разбор гьабе:

    1. Азбаралда ц1урмил гьаракь бахъана, ва Къурбаница ц1ороберал чвантинир лъуна.

    2. Сордо бач1ингун, Къасумил рек1елъе бат1и-бат1иял пикраби рач1уна.


  1. Фразеологиял г1уц1абазул маг1наби баян гьаре, гьелгун предложениял ургъе:

1 - Т1укъби рищизе, квариде вахинавизе,

2 - маг1арда ах гьабизе, цилгун гени квине,

Морфологияб разбор гьабе

1-в хъах1аб , рекъезабулел руго.

2-в Хералъ , гьезие



11 класс

Диктант

Х1амзат больницаялда.

Сапаралда машинаялъ х1ет1еги ч1инт1ун, больницаялде ккана. Гьенив сестрабаз т1аделъун дун, хъаз г1адин, х1улун рехана. Хъах1аб гурде – т1ажуги т1ад ххун, гъажабазда ван вачун, цо бац1ц1адаб палатаялда лъуна. Гъванщиде бак1арун, горчед гьабун лъураб кат1ариялда к1ич1араб гьоркьо ч1варай, ч1ег1ераб кьенсер – бералъул цо г1аданалъ, квасквасул нухиялда т1ад т1еренаб, ц1вакараб кагъатги лъун, т1асан халатаб катан жемун, жибго михирг1адаб жо гьабуна х1ет1еялъул. Т1еренал, бег1ерал килщазда ххурал меседил баргъичал г1одоре гъун унеб х1алалъ добе – гьанибе хьваг1изабун, гьелъул хъах1аб х1еренаб квералъ цо т1еренаб ц1орол мащу, борхизе дир гъежги гьабун, гъоркь лъуна. Заманалдасан, босун канлъудеги ккун, ялагьана ва къокъал галабаздалъун гочун ана.

Цинги къокъбицатаб, цоцалъ тункараб лагаялъул цо чи, рехараб жо г1адин, жаниве лъугьун вач1ана. Чвахун унебг1адаб хехаб к1алъаялдалъун, жив – живасда аск1ове щун, эзул х1укму-х1ал ц1ехон ва киназулго унтухъ валагьун, гьабизе кколеб дару – сабаб бихьизабуна.

Гьанже диде ирга щведал, дие накъит гьабизе лъугьана. Борхизе одеялги гьабун, дир х1ат1ил куц – бег1алде валагьана. Рицатал квераз къакъан, кутакалда унтизеги гьабуна. Амма ях1 бергьарав чи ватилин ккана: киг1ан дида унтаниги, гьес щибго х1ал лъазе теч1о. (159 раг1и)

Т1убараб синтаксисияб разбор гьабе, кколелъур лъалхъул ишараби лъе:

1) Гъоб машина нахъбуссинабизе ккедал киг1анго рек1ее бокьич1ониги кумекалъе дунгоги гьоркьов реч1ч1ана.

2) Къадалъ цониги кьват1ел бук1арабани кьинччал г1адин ганч1азда гьоркьоре ун рахчилаан гьал ясал.

Фразеологиял г1уц1абигун предложениял ургъе, гьезие баян кье

1-в хъабчил г1арада гьабизе, нухда бараб т1ех г1адин,

2-в ганч1ал хинлъизаризе, ц1ц1ани маг1арде рахине,



Ц1арубак1ал гъорлъа рищун, морфологияб разборгьабе

1-в к1иабилеб абзацалдаса

2-в лъабабилеб абзацалдаса

9 класс

Диктант

Г1ухьбузухъе сапар.

Дун гьедун вук1ана, каникулал кьураб мехалъ, к1удадада аск1ове маг1арде инилан.

К1к1алалги рахун, щобалги регун, вахана дун маг1арда т1аде. Рачлихъ бан к1одоца к1удадае рит1арал нисул чадал т1ад рухьараб квербац1ц1ги бук1ана, кодоб ккун ц1ализе росарал т1ахьазул сумкаги бук1ана. Бит1ахъе борхатаб т1охде вахарав г1адин лъугьана. Хъатиниб г1адин, дида цебе лъун бук1ана г1урччинаб харица бацараб, рахъ – рахъалда гох1ал – щобалги ругеб гьит1инаб мег1ер. Муг1рул бакьулъан, хъах1аб полопги т1ад бан, чвахун унеб лъарал хъудиги г1иял гъадиги г1ундузда багъулеб бук1ана. Лъора рик1к1ада, цоцазда нахъасан раккун, рихьулел г1азул ц1урал щобазда т1ад хъах1аб нак1к1уца чалмаби къан ругилан кколаан.

«Огь, лазат!» - ан, ракьулъан бурулеб ицц батарабго, къечон холев вук1арав дун г1одов ч1ана. Лъел ц1ороялъ цаби ц1унизарулел рук1ана. Свак чучизег1ан, чехьат1адеги вегун, гьаваялдеги валагьун, ч1ана. Дида т1ад цун бугеб г1адин, бук1ана бец1хъах1илаб зоб. Цо заманалдасан, бихьуда жого бук1инч1еб гьаваялде бахунги бач1ун, к1иго х1инч1 багъизе лъугьана.

Рагъулаго, рагъулаго гьел г1езег1анго г1одорег1ан рач1ана. Гьебмехалъ лъана дида гьел ц1умал рук1ин. Цин гьел, рат1алъун ун, свер – сведулаан, хадур, куйдул г1адин, цоцалъ реч1ч1улаан. Рахъ – рахъалде боржун х1улиги унаан, ц1игъ – ц1игъан рак1 гъанц1улел гьаркьалги гьарун, рагъулаго гьел нахъеги зодихъе рахун унаан. Гьеб рагъул лазат щварав дун тирщун т1аде вахъана. (157 раг1и)

1.Гьал предложениязе т1убараб синтаксисияб разбор гьабе, лъалхъул ишараби лъе кколелъур:

1-в Зайбатица Симисханида т1ад партал рекъезабула эбелалъ гьелда одеколоналъул мах1ал гьарула.

2-в Хъутаналда бугеб нилъер колхозалъул г1и кьараго буго щайин абуни исана правлениялъ раг1и-хер гьарзаго г1езабун бугелъул.

Фразеологиял г1уц1абигун предложениял ургъе, гьезие баян кье :

1 – в Нахулъа рас г1адин, нахъа рукъ гьеч1ев

2-в - махьа квараб кету г1адин, т1адагьаб чванта,

Бак1алъул падежазда ругел предметиял ц1арал рате, гьезул падежал баян гьаре

1-в лъабабилеб абзацалъулъа

2-в к1иабилеб абзацалъулъа

2 класс

Диктант.

Чанахъан.

Цо нухалъ хасало тамахаб г1азу бана. Сверухълъиялда хъах1аб пардав бигъана.Нахъисеб къоялъ чанахъаби чанаре ана. Херав Расулги, Горочги бачун, чанаве ине къач1ана. Расул Горочил лъалк1да хадув унев вук1ана. Циндаго Гороч лъалхъана.Расулида гъот1ода гъоркь г1анк1 бихьана. Гороч х1апдана. Г1анк1 т1урун ана. (41 раг1и)

1-в Кинаб ? кинав? кинай?кинал?-абурал суалазе жаваблъун рач1унел раг1аби хъвай.

2-в Щиб? щив? щий? щал? ?-абурал суалазе жаваблъун рач1унел раг1аби хъвай.

Фонетикияб разбор гьабе

1-в Нахъисеб

2-в Расулги



К1ирекъарал х1арпал хъвалел раг1аби хъвай.

1-в сс-

2-в лълъ -

















3 класс

Диктант.

Цидут1инч1.

Хасалил халатал сардал рук1ана. Г1азул ч1ах1иял х1улаби ракьалде рортулел рук1ана. Жидерго рук1нир гьуинаб макьида кьижун рук1ана циял.Циндаго дунял хинлъана . Гвангъарал бакъул ч1ораз рорч1изаруна гьел.

Гьале бусадаса къват1ибе к1анц1ун бач1ана цидут1инч1.Гьеб тириго г1аздада бекерахъдана, ц1орода хъещт1ана. Цидут1инч1 ц1акъ разиго бук1ана. Гьале гьеб лъарал раг1алде ана. Жиндирго квач1алъ лъим чвалхезабуна.Бук1араб аваданаб къо!



Предметиял ц1арал рище

1-в т1оцебесеб абзацалъуса цолъул формаялда ругел

2-в к1иабилеб абзацалъуса г1емерлъул формаялда ругел



Фонетикияб разбор гьабе

1-в бекерахъдана

2-в Гвангъарал



Раг1аби г1уц1арал бут1абазде риххе

1-в кьурдухъанасул, бет1ергьанчи

2-в гьудуллъиялъ, гьерсихъанасе









4 класс

Диктант.

Чед.

Нек1о заманалда г1емерал унтабазе дарулъун рик1к1унеб бук1ун буго чед. Ц1акъго цебе заманалда г1адамазда чед бежизе лъалеб бук1ун гьеч1о. Гьез мугь, лъелъеги бан, х1еккинеги гьабун, кваналеб бук1ун буго. Цинги ругьунлъун руго гъурараб мугьалъул карщ гьабизе ,гьебги ххенон, панкъал гьаризе. Азарил сонал х1ажалъун руго гьанже нилъеца кваналеб г1адаб чед гьабизе ругьунлъизе.

Цебег1анго Египеталъул цо чиясухъа нахъе хут1ун буго буцараб г1ат1. Заман гьаркоб индал, гьесда бихьун буго гьеб беччун, гьорон бач1ун. Гьелъул гьабураб чед ц1акъ т1аг1амаб лъугьун буго. Гьелдаса нахъе ругьунлъун руго беччараб чед гьабизеги.



Морфологияб разбор гьабе

1-в сонал, т1аг1амаб

2-в Египеталъул, ц1ек1аб



Гьал раг1аби жубайги нахъе рехун, кколедухъ хъвай

1-в г1азу+ хъах1аб, шагьра+ нух, авал+ къоно, Мух1амад+ хан

2-в бил+ баг1араб, эбел+эмен, бат1и+бат1ияб, Мух1амад+ бег



Гьал раг1аби г1уц1арал бут1абазде риххе

1-в юкъарухъаналъе, квербац1ц1алъ

2-в вацг1аласул, гьокочияс


Скачать

Рекомендуем курсы ПК и ППК для учителей

Вебинар для учителей

Свидетельство об участии БЕСПЛАТНО!