6 классалъул авар мац1алъул рагьараб дарсил план.
Тема: Предметияб ц1ар. Предметияб ц1аралъул цолъул ва г1емерлъул форма.
Мурад: Предметияб ц1аралъул баян г1ат1ид гьаби, предметияб ц1ар цолъул ва г1емерлъул формаби лъугьинаризе ругьун гьари.
Дарсил алат: таблица, сурат, карточкаби.
Дарсил ин.
Араб дарс гьикъи.
Словарияб х1алт1и
бук1ана- бук1к1ана
бакана- баккана
бецана- беццана
__ раг1абазе баян кьезе ва гьезул маг1на бич1ч1изе предложениял г1уц1изе.
Авар мац1алда ц1иял раг1аби лъугьунел кина-кинал къаг1идаби ругел.
( 5 къаг1ида бицине ва мисалал рачине)
Кинал бут1абаздасан гьаб раг1и лъугьун бугеб?
гьабигьанас
Предложениялъул синтаксисияб разбор гьабизе
Дие ц1акъ бокьула маг1арул т1алъи. (гъоркь мухъал ц1азе)
- кин лъугьун бугеб раг1и
т!алъи
(т1а+ лъи)
Карточкабазда рекъон х1алт1и.
Карточка 1
Гьал предметиял ц1арал г1емерлъул формаялда лъе
т!егь, г1ин, кьер, вехь, ч1оло.
Гьал омонималгун предложениял г1уц1изе.
кьер , г1уж.
Карточка 2
Гьал раг1абазе антонимал хъвай:
квешаб, т1ерхьана, сордо, т1ад, биччана.
Суффиксазул кумекалдалъун гьал раг1абаздасан ц1иял раг1аби лъугьинаризе:
гьоко, ах, вац, хъухъади, г1адан.
Ц1ияб дарс бици.
Таблицаялдаса рекъон тема бицине.
бихьизабула предмет
Предметияб ц1ар
суалал: щиб? щив? щий? щал?
Мисал: щиб? гъвет1.
щив? вас.
щий? яс
щал? лъимал
- х1алт1и 1, гьумер 26
(предметиял ц1арал ратизе)
падежазде сверула
Предметияб ц1ар
рик1к1ен формалде хисула
жинс
Мисал: Ас.п яс
Ак.п ясалъ
Хас.п ясалъул
Кьов.п ясалъе
Жинс: чиясул - вас
ч!ужуг1аданалъул - яс
гьоркьохъеб -гъвет1.
хасаб Москва
Предметияб ц1ар
г!аммаб шагьар
Х1алт1и 2 гьумер 27
(хасалги г1амалги предметиял ц1арал ратизе)
К/ц «Х1анч1и- нилъер гьит1инал гьудулзаби» сураталдасан хабар г1уц1изе.
(гьенир ругел предметиял ц1арул граммат. г!аламатазда т1ад х1алт1и).
Предметияб ц1ар свери.
1св. 2 св. 3 св.
(-с) (-лъ) (-ца) (актив падежалъул ахиралде балагьун)
Х1алт1и 4 гьумер 31 (хъвазе)
Кицабазда т1ад х1алт1и.
а) кици баян гьабизе.
б)предметияб ц1ар падеж ва падежияб свери бицине.
Тохав вехьасул рехъен хъурмица ч1вала.
Гьарчида бер бук1унаро.
Тушманасе лъик1лъи гьабуни, нилъеего квешлъиялъе батула.
Рек1елгъеялъулаб грамматика.
Бицанк1аби ч1вазе.
а) Г1алхул ц1ук1а, ц1око х1ерен,
Х1ат1ал г1едер, г1ундул халат.
(г1анк1)
б) Замана хисунилан,
Херлъи жинда лъалареб;
Ч1еч1ого х1алт1и гуреб,
Х1ухьбахъи бук1унареб.
(рак1)
Рокъобе : х1алт1и 5 гьумер 32.