Дарсил тема: Прилагательное.
Дарсил мурад:
предметияб ц!аралъул х!акъалъулъ малъараб материал такрар гьаби; при лагательноялъул х!акъалъулъ малъараб материал щула гьаби.
прилагательноялъе баян кьезе; прилагательноял гьоркьоре ккезарун предложениял г!уц!изе лъай; литературияб мац!алда жаваб кьезе ва предложениял г!уц!изе ругьун гьари; раг!аби бит!ун абиялде к!вар кьезе;каламалъулъ прилагательноял х!алт!изаризе лъай.
авар мац!алдехун , Ват!аналдехун, адабияталдехун рокьи ц!ик!к!инаби.
Дарсил алатал: карточкаби, т!ахьал, ИКТ.
Дарсил ин
Класс г!уц!и.
Мац!алдехун рокьи бижизаби (мотивация). Слайд
-Лъималаз цадахъ рик!к!уна Р. Х!амазатовасул «Ассаламу г!алайкум».
- Учителасул цебераг!и.
3. Рокъобе кьураб х!алт!ул хал гьабизе:
К!иго ц!алдохъанас карточкабазда т!асан х!алт!аби гьаризе (2 карточки)
Ц!алдохъан доскаялде вахъин гьавизе ва жандирго инсанасул лугби рихьизаризе т!ами ва гьел г!емерлъул формаялда абизе. Слайд
4.Фонетикияб разминка
Гьал раг!аби г!емерлъул формаялда лъезе: къалам, гъалбац!, г!анк!, къалант!ар, ци, т!ехь, цер, тетрадь, г!ужрукъ, гвангва, ручка.
*К!иго х!уби гьабун хъвазе:
ц!алул къайи г!алхул х!айванал
*Гьениса к!иго раг!иги босун предложениял г!уц1изе ва гьел г!урус мац!алде руссинаризе.
*Бит!ун ц!алиялде к!вар кьезе.
5. Игра- Х!ай «Гьит!ич ва к!одоч»
6-7 ц!алдохъан цеве вахъин гьавизе. Дица абила раг!аби г!емерлъул ва цолъул формаялда, цолъул формаялда – гьит!ич, г!емерлъул формаялда – к!одоч
Работа со слабыми учащимися( нахъккарал лъималазулгун х!алт!и). Карточкаби кьези 4-5 ц!алдохъанасухъе ва гьезул х!алт!аби лъик!ал лъималаз хал гьабизе.
6. Ц!ияб дарс
Слайд. Доскаялда запись.
*Гьаб кеч! пасих!го ц!ализе т!ами.
*Гьеб г!урус мац!алде буссинабизе.
*Гьеб коч!олъ ругел раг!аби кинаб? абураб суалазе жаваблъун рач!унел раг!аби ругел рихьизаризе ва гьезда гъоркь х!уч ц!азе.
*Кинаб каламалъул бут!а кколеб прилагательное ва кинал суалазе гьеб жаваблъун бач!унеб? Примерал рачизе (устно)
b) Слайд
с)Слайд.
d)Продемонстрировать мимическими движениями лица прилагательные. Ц!алдохъан доскаялде вахъинавизе. Слайд
е) Слайд
Взаимопроверка
7.Малъараб материал щула гьаби.
а) Кицаби хъвазе ва гьел пасих!го ц!ализе т!ами. Слайд
*Гьенир прилагательноял ратизе ва гьезие суалал лъезе, кинал раг!абиян абула гьезда?
*Г!урус мац!алде руссинаризе.
b) Бицанк!аби ц!ализе ва гьел ч!вазе. Слайд
*Гьенил прилагательноял ратизе ва гьезие суалал лъезе
8. Дарсил х!асил гьаби ва къиматал лъей.
Жакъа дарсида нужеда щиб лъараб?
Кинаб каламалъун бут!а кколеб прилагательное ва кинал суалазе жаваблъун бач!унеб? Бищунго щиб рек!ее г!ураб.
Гьал прилагательноялгун предложениял г!уц!изе: къуватав, бац!ц!адаб, ч!ег!ераб.
9. Рокъобе х!алт!и: гьит!инабго хабар г!уц!изе «Хасел»
(прилагательноялги гьоркьоре ккезарун).