Авар адабияталъул дарс (6 класс)
Тема:
Р.Х1амзатовасул поэма «Россиялъул солдатал»
Учитель: родного языка и литературы МКОУ ДМЛ Загирова З.К.
Мурадал: -Р.Х1амзатовасул творчествоялъул х1а
къалъулъ баян;
-«Россиялъул солдатал»– поэма пасих1го
ц1ализе, гьелъул маг1на рагьи;
- багьадуразул сипат рагьи.
Дарсил х1ажатал алатал:
Расул Х1амзатовасул сурат. Р. Х1амзатовасул т1ахьазул выставка. Танкалъул сурат бахъараб плакат, зани, тесталъе суалал, карточкаби, ИКТ.
Эпиграф:
«Бах1арчиги х1алихьатги цого хабалъ лъола. Халкъалъин абуни, цоясе бет1ер къулула, цоясе наг1ана кьола».
(халкъияб аби)
- Рокъобе кьураб ва араб материал такрар гьаби.
Тестал:
1. Расул Х1амзатов кида гьавурав?
а) 1923
б) 1924
в) 1925
г) 1926
2. Кинаб миллаталъул кколев Р.Х1амзатов?
а) лъараг1ав;
б) аварав;
в) лезгияв;
г) даргияв.
3. Кинаб росулъ гьавурав Р.Х1амзатов?
а) Лъондода;
б) Гьидалъ;
в) Ц1ада;
г) Гинич1укь.
4. Гьесул т1оцебесеб т1ехьалда ц1ар:
а) «Х1асратаб анищ»;
б) «Х1асратаб дунял»;
в) «Нижер муг1рузда»;
г) «Х1асратаб рокьиги боркьараб ццинги».
5. Т1олабго дунялалъулго г1адамаз рагъда шагьидлъарал вацазда хадуб т1олеб маг1улъун лъугьана «… » абураб кеч1.
а) «Дир Дагъистан»;
б) «Эбел»;
в) « Хъах1ал къункъраби»;
г) «Вац».
- Расул Х1амзатов мустах1икълъана:
- Р1. Бах1арчиясул ц1ваялъе;
- Ункъо Ленинилаб орденалъе;
- Лъабго Зах1маталъул Баг1араб байрахъ орденалъе;
- Октябралъул революциялъул орденалъе,
- Рик1к1ен г1емерал медалазе;
- «Ракълил къеркъохъан» абураб меседил медалалъе;
- Бищунго к1удияб шапакъат 2003 соналъ щвараб Петр Великиясул орден.
- ЦIияб тема: «Россиялъул солдатал» поэмаялъул магIнаябгун сипатияб анализ гьаби.
- Библиография: Расул Х1амзатовасул хъвадарухъанлъиялъул аслиял темабазул цояблъун ккола К1удияб Ват1анияб рагъ.
Г1олохъанав Расулица хъвана Совет Союзалъул Бах1арчи М.-З. Г1абдулманаповасул ва гьесул рагъулал гьалмагъзабазул х1акъалъулъ поэма, рагъ лъуг1ун г1емерал сонал ун хадуб «Хъах1ал къункъраби» абураб коч1олъ рак1алде щвезарула киналго рагъда т1аг1арал солдатал. Гьеб шиг1ру гьанже киназдаго лъала кеч1 г1адин. Хъвана Расулица жиндирго рагъда ч1варав вацасул х1акъалъулъ поэма («Вац»).
2. Жинс: эпосияб
3. Жанр: поэма
4. Проблема: рагъул вах1шилъиялъул
5. Тема: К1удияб Ват1анияб рагъ.
6. Идея: Ват1ан ц1унулаго, рухI кьун, рагъарал бахIарзал хвел гьеч1еллъун рук1ин бихьизаби; тушманасде данде рагъулаго, Советияб халкъалъул цолъи – гьелъул аслияб къуват бук1ин бич1ч1изаби;умумузул ирс нилъецаги цIунизе ккей ц1алдохъабазулъ куцай.
8. Композиция:
1).Рагъ байбихьи.
2).Г1исиназулги ч1ах1иязулги тушманасде данде къеркьезе бук1араб гъира.
3). Нилъер г1олилазул гьунар.
4). Фашистазул офицерасул буюрухъ.
5). Николайил бах1арчияб хвел.
6). Г1абдулманаповас тушманасде данде гьабураб рагъ.
7).Россиялъул солдатазул цоцалъ гъунки.
8). Анкьго г1урусасул ва цо маг1аруласул бах1арчилъи.
9. Сюжетияб мухъ:
кульминация
экспозиция завязка развязка
- Экспозиция: Байбихьиялъул бутIа.Симферополалда буго г1аммаб
хоб….
- Завязка: Рагъ байбихьи. Рагъде арал васал.
- Кульминация: Ват1аналъе г1оло хвел.
«Дун г1урусав вуго, советчи вуго,
Гьал ч1варал г1адамал дир вацал руго.
Ниж цого Ват1аналъ г1езе гьарурал
Гучаб россиялъул солдатал руго».
- Развязка: Вацал рукъана цого хобалъур.
10
ТIабигIаталъул сурат: бакъулаб къалъиялъги, лъарал чвахиялъги, рогьалилъ бук1унеб лъик1аб гьогьеналъги, пихъазул ахазги, хинаб рокьиялъги, харилъан раккарал т1угьдузул мах1азги, т1егьалеб бук1араб Крымалъул ракьги, кенч1олеб г1урччинаб дунялги, рик1к1аде роржунел рук1арал х1анч1иги, х1асратаб г1умрудул кеч1 ах1улаго тIолабго тIабигIаталъул сураталъ кумек гьабула асаралъулъ лъугьа-бахъинал рагьизе. ТIолго тIабигIаталъго кумек гьабулеб бугин ккола нилъер рагъухъабазе, тушманасде данде хIалтIизабиялъулъ.
Асаралъул мацI: маг1арул халкъалъул бах1арчилъи бихьизабизе х1алт1изарулел раг1абаз берцин гьабураб, пасихIаб, берцинаб, бечедаб каламалдалъун гIуцIараб, хасго гьеб берцин гьабула дандекквеяз: бац1азул бадире гIадин, чан бихьарал гъачагъаз гIадин, ругънал щварал гъалбац1ал г1дин, тушбаби рук1ана ник1к1 г1адин, бот1рода т1ил бараб г1адин. Гьез асар цIалулесул рекIел пикраби дагьалги хIалуцинарула. Гьединго цогидал сипатиял рагIабазги асар камиллъизабула.
Поэма ккола – коч1одалъун хъвараб лъугьа – бахъиналъул бицунеб асар.
Балагьизин сундул х1акъалъулъ хъван бугеб поэма?
Щал кколел гьелъул багьадурал?
Лъил х1акъалъулъ бицунеб бугеб поэмаялъулъ?
Гьениб бицунеб буго К1удияб ват1анияб рагъда солдатаз бихьизабураб бах1арчилъиялъул х1акъалъулъ.
.
Поэмаялъул багьадурал щал кколел?
- Поэмаялъул багьадурал ккола разведчикал.
Микьго кьалул хъиргъу, кьералъул васал,
Гьал разведкаялде рахъараб мехалъ
Щивасул рук1ана рик1к1ад, кирниги
Я бах1арай лъади, я абурай яс.
Гьел тушманасул к1удияб къуватгун рагъизе ккола ва бах1арчиго хола.
Цо шагьаралдаса цого миллаталъул васалищ гьенир рук1арал?
Гьадин их т1егьалеб гьайбатаб мехалъ,
Гьаз т1аса бищулеб буго гьанжего
Жалго рач1унеб моц1 ва рещт1унеб бак1:
Цояца Алушта, цояца Гурзуф.
Нилъер ракълил бакъги жакъасеб къоги
Щибаб къокъаб макьилъ бихьана дозда.
Гьеб ракълие г1оло ана ц1адулъан
Эбел – Ват1аналъул хириял лъимал.
Разведкаялде унел солдатазул анищазул, рек1ел хиялазул ва дол кьварарал къоязул х1акъалъулъ поэтас щиб абулеб бугеб?
Ургьиб рак1 бук1ана анищазул ц1ун,
Г1ащикъал ракълилал къоязухъ урхъун.
Гьал г1олохъабазул рек1елъ бук1ана
Рик1к1ада хут1араб рииги ихги;
Бакъалъул къалъиги, лъарал чвахиги,
Рогьалилъ бук1унеб лъик1аб гьогьенги;
Пихъазул ахалги, хинаб рокьиги,
Харилъан раккарал т1угьдузул мах1ги.
Тушманасул к1удияб къуватгун разведчикал – танкистал кинан рагъарал?
Гьел рагъана бадиса канлъи инег1ан, бихьинал г1адин, нилъер г1агараб Ват1аналъ малъараб куцалъ.
Рагъул сипат – сурат кин кьун бугеб?
Бусен бух1улелъул х1анч1и кинигин,
Яги ругънал щварал гъалбац1ал г1адин,
Тушбаби рук1ана ник1к1 г1адин г1емер,
Дангъур ц1урал васал россе т1аделъун;
Гьанирги дораги реч1ч1ула гулби,
Гьанирги дораги рек1уна ц1аял.
Героязул чурхдул ратила ц1адул, -
Гьаб кутакаб ц1адулъ рух1улел гьеч1ел.
Николайил гьунар ва гьелъ тушбабазе гьабураб асар?
«Фашистазул гьаби, гьанир г1енекке!
Ниж г1урусал рук1ин к1очон тоге!» – ян.
Бит1ахъе бот1рода т1ил бараб г1адин,
Т1урк1ана фашистал гьел раг1абаца.
Симферополалда буго г1аммаб хоб,
Анкьго г1урусасул, цо аварасул…
Бищун гьит1инасул къого сон бугел,
Къоло щуйилъ бищун к1удияв вугел…
Анкьавго г1урус вас, г1азаб кьун, ч1вана,
Цо Г1абдулманапов хут1ана нахъе.
Р.Х1амзатов.
(рик1к1енал ратизе).
Анкьавго г1урус вас кин ч1варав?
Анкьавго г1урус вас, г1азаб кьун, ч1вана,
Цо Г1абдулманапов хут1ана нахъе.
Дир Дагъистаналъул г1олихъан вуго
Г1алхулал боязул ахирияб хьул.
Вуго лъукъарав гьав, квералги рухьун,
Кваркьалаби гьеч1еб х1инч1алда релълъун.
Вуго гьав киналго вацалги гъурун,
Бидуца бец1ц1улеб гъалбац1 кинигин.
«Дун г1урусав вуго, советчи вуго,
Гьал ч1варал г1адамал дир вацал руго.
Ниж цого Ват1аналъ г1езе гьарурал
Гучаб Россиялъул солдатал руго».
- Гьел раг1аби лъица абурал, гьезул маг1на нужеда кин бич1ч1араб?
Гьел раг1аби абуна нилъер ракьцояв м – зайид Г1абдулманаповас. Гьесие абизе бокьун бук1ана киналго эбелаб Ват1аналъе г1оло рагъулел ругин, цо Ват1аналъ г1езе гьарураллъимал цоцазе вацал кколин. Гьев фашистаз, г1азабги кьун, ч1вана.
Рагъул сипат – сурат гьабурал метафораби рихьизаре?
- Биялъ кьер хисараб Волгаги Донги-
- Микьго х1асратаб рак1 мук1ур гьабизе,
- Кверзул рагъда руго ругъназулъ росун,
- Би буго бец1ц1улуб чорхол ччорбалъан,
- Кваркьалаби гьеч1еб х1инч1алда релълъун,
- Бидуца бец1ц1улеб гъалбац1 кинигин,
- Бах1арзал рук1ана хвалил мац1алда
Бит1ахъе бот1рода т1ил бараб г1адин,
Фашистаздаса Ват1ан ц1унулаго, рагъда камуна аза – азар васал, умумул, вацал, яцал. Нилъеда гьел киданиги к1очене бегьуларо.
Ц1алдохъабазул к1вар буссинабила дарсил эпиграфалде. Муг1алимас гьеб къот1ел ц1алила.
Лъимал, нужеда лъалищ нужерго г1агарлъиялъул рагъда хваразул ц1арал? Гьезул бах1арчиял ишал, гьел рукъун ругел бак1?
Ц1алдохъабаз рагъул бах1арзазул х1акъалъулъ лъалеб жо къокъ гьабун бицина. Рагъда рук1арал росуцоязул ц1арал рехсела.
Нилъер гвангъараб бук1инеселъе г1оло рагъул г1ахьалчаг1и ккола:
- Темирбулатов Халит.
- Салаев Исрап.
- Абазатов Булатхан.
- Алиукаев Алиука.
- Гитинов Иразихан.
- Гаджиев Хисамудин.
- Шемеев Мамад.
- Магомаева Юля.
- Магомедов Гасангилав.
- Пашуков Анар.
- Шарабудинов Ансарияв.
- Гаджиев Абдурахман.
.
13.Мансуров Тарикат.
14.Абакаров Паша.
15.Бишиев Хайбула.
16.Хадаев Абдулазим.
17. Абдулкеримов Госейн.
18. Рурахмаев Рурахма.
19. Асиров Аду.
20. Гасанов Хасбула.
Жеги нилъеда цадахъ ругел:
- Гаджиев Абдурахман (с.Дылым).
- Рурахмаев Рурахма (с.Дылым).
- Гасанов Хасбула (с.Дылым).
- Магомедов Абдурахман (с.Ленинаул).
- Хасмагомедов Магомед (с.Алмак)
К1велищ нужеда гьел к1очене?Гьел рак1алде кквей – ккола нилъер аслияб борч.
(Лъималазул к1вар буссинабила доскаялда ругел Р.Х1амзатовасул вацазул суратазде. Бицина кин гьел хварали, кир рукъун ругелали).
Жеги, лъимал нилъ ч1ух1изе ккола, Ват1ан ц1унулаго, бах1арчиго рагъарал рагъухъабаздаса.
Аслияб пикру – рухIалда барахщинчIого, рагъухъабаз жидерго ВатIан цIунулеб букIараб куц, рагъулъ хIинкъи гьечIолъи, тушманасде бугеб рокьукълъи, бахIарчилъиялъул тIокIлъи, хадусеб гIелалда бич1ч1инаби ВатIан цIунизе ккей гьеб щивав чиясул борч букIин.
Физминутка.
Рич1ч1изе зах1матал раг1абазе баян кье.
- Нуг1зал -……….
- Г1ащт1ичаг1и-…….
- Х1алхьуда………
- Г1асрабаз-….
- Дарс щулалъизабиялъе суалал:
- Кинаб лъугьа-бахъиналъул бицен гьабун бугеб поэмаялда?
- Кинан нилъер солдатаз бергьенлъи босараб?
- Кинаб эпиграф кьун бугеб дарсил байбихьуда, гьелъул маг1на.
- Кинаб жинсалда ва жанралда хъвараб асар гьеб кколеб?
- Поэмаялъул х1акъалъулъ баян кье.
сочинение «М.-З.Г1абдулманаповасул бах1арчилъи» .