Просмотр содержимого документа
«Урок по родной литературе С. Михалков "гьит1инаб елка"»
Тема: Сергей Михалков «Гьит1инаб елка»
Дарсил мурад:
Сергей Михалковасул г1умру ва творчествогун лъай-хъвай гьаби, гьесул «Гьит1инаб елка» абураб асар ц1ализе ва къокъаб х1асил бицине лъазе;
Т1абиг1аталде рокьи бижизаби, т1абиг1ат ц1унизе гъира бижизаби;
Гъалат! биччач1ого, бит1ун ва пасих1го ц1алиялде к1вар кьей, нахърател бечед гьаби.
Дарсил ин:
Х1адурлъиялъул лах1зат
Дарсиде лъимал х1адур гьарила.
Цебе араб темаялдасан ц1ех-рех гьаби
А) Авторасул х1акъалъулъ баян рак1алде щвезаби
- Шамиль Мух1идинов кида ва кив гьавурав?
- Кинаб асар кколеб «Атик ,Батик»
Б) асар ц1ализе т1амила рахас гьабун (2-3 ц1алдохъанас ц1ализе)
В) асаралда т1асан суалал
-Кире роржарал Атикги Батикги?
-щиб гьезда батараб?
-Киб бищунго берцинаб ракь бугебали гьез бицараб?
3. Ц1ияб тема
А) С. Михалковасул г1умру ва творчество
Сергей Михалков гьавуна 13 марталъ 1913 соналъ Москваялда гьев вук1ана поэт, хъвадарухъан, сценарист, гьес хъвалаан басняби ва лъималазе асарал. Ич1го сон баралдаса нахъе байбихьана гьес хъвадаризе. Гьесул асарал рахъана «Комсомольская правда», «Огонек», «Правда» абурал журналазда. Гьес хъвана «Дядя Стёпа», «Шел трамвай десятый номер», «Зайка зазнайка», «Как старик корову продавал». Гьев хвана 2009 соналъ.
Б) Раг1абазда т1ад х1алт1и
Чаргъеду – сорока
Рух1ч1аголъи – живые существа
Т1огь- макушка
Льавудаса ана -упала без сознания
В) Мисалияб ц1али
Текст дицаго ц1алун,баян гьабила
Г) т1оцебесеб бич1ч1иялъул халгьабила
- Кинаб асар нилъеца ц1алараб?
- Сундул х1акъалъулъ гьениб бицунеб бугеб?
-Лъица х1инкъи кьураб гьит1инаб елкаялъе?
Дарс щула гьаби
А) Рахас гьабун асар ц1ализе т1амила лъимал
Б) Суалазе жаваб кьей,ц1алараб кин бич1ч1арабали халгьабила
- Кинаб хасият бук1араб ёлкаялъул?
- Кинаб хасият бук1араб чаргъадил?
- Щай х1инкъараб ёлка?
- Кин гьеб хвасарлъараб ?
Рефлексия
- Кинав хъвадарухъангун лъай-хъвай гьабураб?
- кинаб гьесул асар нилъеца ц1алараб?
- Щиб нужеда малъараб гьеб асаралъ?
6. Дарсил х1асил гьаби
Дарсида х1алт1аразе къимат лъей
Рокъобе х1алт1и
Хабар ц1ализе ва къокъаб х1асил бицине.