МБОУ «ГИМНАЗИЯ «ПЕРСПЕКТИВА»
Доклад
«Халкъияб к1алзул гьунаралъул асарал»
Выполнила учитель аварского языка Алиева З.А
Мах1ачхъала 2024с
Аваразул к1алзул гьунаралъул асарал лъазариялъул х1акъалъулъ цо-цо баянал .
Нус-нус соналъ маг1арулаз г1уц1араб миллияб культураялда жаниб к1вар бугеб бак1 ккола к1алзул гьунаралъги. Нилъер халкъалъул тарих, г1умру, рук1а-рахъин лъазабизелъун Дагъистаналде рач1арал г1алимзабаз халкъалъул г1умруялъул кинаб рахъалъул бицен гьабулеб бугониги, халкъияб творчествоялъул бечелъиялъул, гьелъул гъваридаб маг1наялъул, берцинаб, рекъараб формаялъул рехсей гьабич1ого толаро. Г1урусазул г1алимчи Н. Львовас «Маг1арул халкъалъул рук1а-рахъин абураб жиндирго х1алт1уда 1870 соналъ гьадин хъвалеб буго: «Къисаби, маргьаби, рокьул ва кьалул куч1дул маг1арулазе ц1акъ рокьула». Маг1арул бертадул бицунаго гьес абулеб буго берталъ кьурди-хъат, ихтилат-кеп г1емер бук1унилан. Хасго к1удияб асар Н.Львовасе гьабун буго бак1ит1е рахъиналъул куч1дуз, ясалъ ва васас цоцаде гьарулел махсарабазул жугьабаз. Кавказалде гьабураб сапаралъул х1акъалъулъ хъвалаго, «Каваказалъул очерк» абураб т1ехьалда г1урусазул сапарчи Е.Марковасги гьебго къаг1идаялда рехсолеб буго маг1арулазул коч1оде бугеб рокьул, кеч1 гьабизе бугеб махщалил х1акъалъулъ.
Дагъистан – коч1ол ва к1оч1охъабазул улка – гьеле гьединаб бук1ана къат1исел пачалихъаздаса Дагъистаналда щваразул пикру. 1834 соналъ муг1рузул улкаялде вит1ун вач1ана декабрист- хъвадарухъан Бестужев Марлинский. Аваданав, рак1 разияв, г1адамалъ восарав гьев дагъистаниязе ц1акъ вокьана, гьай-гьай, Бестужевасеги хиралъана муг1рул халкъ, к1удияб адаб гьабулаан гьесги нилъер халкъалъул. Пачаясде данде маг1арулаз гьарурал рагъазул бицунаго(Амалат-бег) абураб къисаялда гьес хъвалеб буго, тушманас сверун кквейдал, хъун чуялгун сангаралги гьарун, гурун гъуждулгун маг1арулал гъерезе ралаанилан, жалго рорч1изе бак1 гьеч1еблъи, хвел г1агарлъулеб бугеб лъаниги, гьез хвалда цере ах1улаанилан чорхолъ гъаргъар базабулел кьалул куч1дул, гьединан хвелгун дандч1вай гьабулел бах1арзазул рек1елъ х1инкъи бук1инищан. Жиндирго «Мулла-нур» ва «Амалат- бег» абурал къисабалъ гьес муг1рузул халкъалъул поэзиялъул бакънал сверизарун жинцаго сак1к1арал куч1дул кьун руго. Марлинскиясул асаразе къимат кьолаго, критик В.Г. Белинскияс хъвалеб буго: «Гьел муг1рузул куч1дузулъ г1емераб ч1аголъи, пасих1лъи буго, гьел асарал жиндир ругин абун, гьезда гъоркь ц1ар хъвазе х1атта Пушкинцин разилъилаан».
Жидерго асарал хъвалаго, маг1арул поэзиялдасан пайда босана М.Ю. Лермонтовас, Л.Н. Толстояс.
Дагъистналъул г1алимзабазги жидерго т1ахьазда бихьизабулеб буго нилъер халкъазул бечедаб литература бук1ин. Къадариса Х1асаница «Асари Дагестана» абулеб т1ехьалда хъвалеб буго: «Дагъистаналъул киналго халкъазул гьайбатал, пасих1ал к1оч1ол асарал руго»,- абун.
Литература цебет1еялъе к1удияб квербакъи гьабулаан маг1арухъ г1емерго т1ирит1ун рук1арал к1оч1охъабазул бах1саз. Гьединал бах1сазда г1ахьаллъулаан ц1ар раг1арал коч1охъаби, ва гьезул къецазул аслияб шарт1 бук1ана цин ах1араб кеч1 цоги нухалъ ах1унгут1и.
Авар мац1 лъазаби мурадалда Дагъистаналде вач1арав профессор Л.Жирковас г1ажаиблъи гьабула муг1рузул улкаялда бижараб поэзиялда. Г1алимчияс к1удияб даражаялде бахинабулеб буго аваразул халкъияб поэзия.
Т1оцебе авар литератураялъул къват1ибе биччараб т1ехьлъун кола Ч1ик1аса Айдемирица 1867 соналъ Темир-Хан-Шураб бахъараб «Ч1ик1аса Айдемирица данде гьарурал маргьаби ва куч1дул» абураб мажмуг1. Айдемир вук1ана г1урус армиялъул штабс-капитан. Кавказалъул мац1азда т1ад х1алт1изе вач1арав П.К. Усларица гьев жиндирго кумекчилъун т1аса вищана, гьесул бажари, гьунарги х1исабалде босун. Усларие гьес к1удияб кумек гьабуна ва жинцаго гьесги лъик1аб х1алт1и гьабуна маг1арул мац1, литература лъазабиялъе, маг1арулазда гьоркьоб литература т1ибит1изабиялъе. Айдемирица къват1ибе биччараб т1ехьалда бахъун бук1ана «Яхъа эбел,къват1ие», «Ралъдал чу», «Цилг1ин», «Ч1илбик1» абурал маргьабиги.
Айдемирица к1удияб жигар бахъана авар литература лъазабизе. Гьелдаго цадахъ гьесул кумек щвана Услариеги. Маг1арул мац1алъул грамматикаялда Усларица кьун руго Айдемиргун цадахъ жинцаго рак1арарал авар халкъалъул к1алзул хазинаялъул асарал, ва гьел асаразул кьуч1алда «Маг1арулазул адабияталъул асаразул х1акъалъулъ» абураб жиндилъ муг1рузул халкъалъул фольклоралъе т1адег1анаб къимат кьураб г1езег1анго камилаб х1алт1иги хъвана.
Заман анаг1ан аваразул литератураялъул ц1ех-рех гьабиялъул х1алт1и цебе т1ун инеб бак1ана, хасго гьеб ц1ик1к1ана Шамилил нухмалъиялда гъоркь гьабулеб рагъ лъуг1ун хадуб. Россиялда къанаг1атги бук1инч1о Шамилил х1акъалъулъ материал бахъич1ел газет ва журнал. Шамилил рагъазул бицунаго, рес бак1инч1о аваразул тарихалъул, гьезул г1умруялъул, культураялъул бицен гьабич1ого тезе.
Авар фольклоралъул тайпаби
Маг1арулазул халкъияб к1алзул творчествоялъул бечелъиялда жанир бат1и-бат1иял тайпаби ругониги, халкъалъ гьезда гьоркьоб кинаб бугониги г1урхъи ч1валароан, рехсон толаан куч1дул, маргьаби, кицаби, бицанк1аби ва абиял абун. Гьел тайпабазда гьоркьосан бищун т1ирит1арал куч1дул рук1ана. Аваданлъи. Рохел бугеб бак1алда, берталъ коч1охъанасда кеч1 ах1еян абуни, гьес гьикъулаан: «Рокьулищ, кьалулищ?»- абун Амма гьеб к1иябго тайпаялдаго цадахъ бат1аго рихьизарулаан маг1аби, кинидахъ ах1улел куч1дул, бак1ит1е рахъиналъул куч1дул. Гьел халк1ияб поэзиялъул тайпабаз г1умруялда жаниб жидеца т1убазабулеб хасаб мурадги буго.
Жиндир маг1наялде ва формаялде балагьун маг1арулаз рокьул куч1дулин толеб т1ел бикьизе бегьула гьаб хадуб рехсараб къаг1идаялда:
1 Т1оцебесеб к1удияб бут1а ккола лъималазул куч1дул; гьенире гьоркьоре уна жалго лъималаз расандулеб мехалъ гьарурал ва гьезул г1умруялде, сверухъ бугеб т1абиг1аталде бугеб бербалагьи загьир гьарулел куч1дул.
2 К1иабилеб т1ел ккола бат1и-бат1иял г1адатазул куч1дул , гьел г1адатал т1орит1улеб мехалъ гурони г1ат1идго, щибаб къойилаб г1умруялда х1алт1изаруларел.
3 Лъабабилеб т1ел кола инсанасул г1ищкъу- х1асраталъул бицунел рокьул куч1дул.
Жибго жиндаго ч1араб куч1дузул тайпа кола кьалул куч1дулги. Гьезулъ загьир гьабун батула халкъалъул тарихалда жанир ккарал к1вар бугел ишал, кьалал, чабхъенал, тушманзабазде данде гьарурал рагъал. Хасаб бак1 ккола кицаби, биценал, абияз ва формаялъул рахъалъан гьезде г1агарал руго бицанк1абиги.
Маг1арул халкъалда гьоркьор г1ат1идго т1ирит1ун руго маргьаби.Цох1о маргьаби абун тей гуребги маг1наялде балагьун, бицунеб ишалда рекъон гьел бут1абазде рикьуларо. Амма г1елмияб къаг1идаялда ц1ех-рех гьабулеб бугони, маргьабазда гъорлъ якъинго рат1а рахъизе к1ола х1айваназул х1акъалъулъ ругел, рук1а-рахъиналда хурхарал, г1ажаибал маргьаби. Фольклоралъул жиб-жиб тайпаялъ г1умруялда жаниб жиндие хасиятаб бак1 кколеб бук1ин, гьениб гьелъ т1убазабулеб мурадги бук1ин.