Дарсил тема: Машидат Гъайирбекова
«Эбелалъул рак!».
Дарсил мурад:Машидат Гъайирбековалъул г!умруялъул
ва творчествоялъул
х!акъалъулъ лъай щула гьаби;
эбелалде,ч!ужуг!аданалде
рокьи, х!урмат ц!ик!к!инаби;
пасих!аб ц!али цебет!езаби;
Дарсил алат: Интерактивияб доска,
Машидат Гъайирбековалъул суратал
ва видеоклип,карточкаби
Дарсил план:
1.Дарсил байбихьи;
2. Ц1ияб дарс баян гьаби
а) Цебераг!и
б) лирикияб кеч! ах!и
в) Муг!алимасул ц!али
г) Словарияб х!алт!и
д) Лъималазул ц!али
е) Ц!аларалда т!асан ц!ех-рех гьаби
3.Ц!ияб дарс щула гьаби
4. Дарсил х!асил гьаби
5. Рокъобе х!алт!и
Дарсил ин:
1.Дарсиде х!адурлъи.
Гьеб мац!алъ к!алъач!о бер гьеч!ев Гомер,
Байроница хъвач!о жиндирго куч!дул.
Гьеб мац!алъул гьаркьал рокьананиги,
Раг!аби рук!инч!о Лермонтовасул.
Дида абунани, гьаб дунялалда
Гьанже мун ц!идасан гьавизе вугин,
Ц!ар ч!ван бищейилан дуй бокьараб бак!,
Рак!алъе хирияб кеч! ах!изе мац!.
Дица жаваб кьела кьурул сиязул
Добго росулъ гьаве гьанжеги дунан,
Дир маг!арулазул г!агараб мац!алъ
Гьадабго кеч! ах!е кинидахъ диян.
Х!урматиял гьалбал, муг!алимзаби.
Нуж рач!аралдаса рохарал руго,
Нужер х!урмат гьабун, к!одо гьаризе,
Кье нижее изну рорч!ами кьезе.
-Биччанте жакъасеб нилъер дарс авар поэзияги, авар адабиятги, авар маданиятги лъазабиялдехун т!амулеб цогиги цо гьит!инаб галилъун бук!ине.
2. Ц!ияб дарс баян гьаби.
- Гьал раг!аби хъвана т!олго Дагъистан дунялалдаго лъазабурав, жиндирго рахьдал маг!арул мац! к!одо гьабурав , Дагъистаналъул халкъияв шаг!ир Р.Х!амзатовас.
-Цоги кинал Дагъистаналъул поэтал нужеда лъалел?
-Кинал руччаби шаг!ирзаби ругел Дагъистаналда?
-Жакъа дарсида нилъеца лъай – хъвай гьабила Машидат Гъайирбековалъул г!умруялъулгун ва творчествоялъулгун.
-Ц!алила гьелъул «Эбелалъул рак!» абураб кеч!.
-Нилъер дарсил мурадги буго Машидат Гъайирбековалъул г!умру ва творчество лъай;
Гьелъул творчествоялъул тематикияб бечелъи бихьизаби;
Эбелалде, ч!ужуг!аданалде рокьи, х!урмат ц!ик!к!инаби;
-Лъимал, дица нужее кинаб т!адкъай кьун бук!араб?
(Машидат Гъайирбековалъул биография балагьизе интернеталдаса, журналалдаса, т!ахьаздаса).
-Машидат Гъайирбековалъул г!умруялъул ва творчествоялъул щиб нужеда лъалеб?
( Гъайирбекова Машидат Х!ажиевна гьаюна 29. 12. 1927соналъ Г!ахьвахъ районалъул К!арат!а росулъ. Гьелъ лъуг!изабуна Дагъистаналъул пединститут ва Москваялъул литературияб институт М. Горькил ц!аралда бугеб.
Х1алт!ана «Маг!арулай» журналалъул редакторлъун, аваразул музыкалиябгун драмаялъул театралъул директорлъун, «Гьудуллъи» журналалъул редакторлъун.
1950 соналдаса хадур Гъайирбековалъ басмаялда рахъана «Маг!арулалъул раг!и», «Рак!алъ ц!а гъолеб буго», «Хъвач!ого хут!арал кагътал», «Имам Шамил» абурал ва цогидалги т!ахьал.
-Лъица жаваб ц!убазабилеб?
-Гьанже Машидат ГЪайирбекова х!алхьиялда йиго.
-Гьединан бусада йигониги, гьелъ къват1ире риччана г!ун бач!унеб г!елалъул рух!ияб рахъ бечелъизабулел асарал.
Кинал т!ахьал гьелъ хъварал?
(Имам Шамил)
-Гьеб т!ехь дие ц!акъго г!агараб буго щайин абуни, Машидат Гъайирбековалъ сахаб бут!а сайгъат гьабун буго дир г!агараб Ч!ик!аб росдае ва росуцоязе.
-80 гьумералда буго «Ч!ик!асезул мусудул парсазда реч!ч!ун хвана» абураб бут!а.
-Гьединго нижер музеялда буго Машидат Гъайирбековалъ Ч!ик!аб ГЭС баялде хъвараб
«Ч!ик!асезул къварилъухъ» абураб къиса.
-Гьединлъидал 2007 соналъ нижер школалъул ц!алдохъабазул ва муг!алимзабазул къокъа ун бук!ана Машидат Гъайирбековалъухъе нижерго рохел ва разилъи загьир гьабизелъун.
(слайд)
-Машидат Гъайирбековалъул творчествоялъе к!удияб къимат кьола дагъистаналъул шаг!ирзабаз ва писателаз. Гьелъул х1акъалъулъ абула берцинал раг1аби.
(видео)
-Бечедаб буго Машидат Гъайирбековалъул творчество тематикияб рахъалъан.
-Нужеда лъалищ гьелъул цере рук!арал асарал?
(«Рак!алъ ц!а гъолеб буго» рагъул тема).
-Г!олохъанаб мехалъ Машидат Гъайирбековалъ хъвараб рокьул лирика бук!ана ц!акъго рек!елъе бортулеб, г!енеккизе бокьулеб.
-Г!емерисел гьел лирикиял рокьул куч!дул бакъаналда лъун рук!ана.
-Рач!а г!енеккизе.
(Ц!алдохъабазда кеч! ах!изабила).
«Дуца диде гьикъуге…»
Дуца дида гьикъуге, ддие мун вокьулищан,
Дир рек!ел гургинлъуда гвангъараб ц!а дур бугин.
Дуца дихъан бахъуге, духъх!асраталъул гьаракь,
Гьеб сардаца, къояца, дур къаданиб ч!ун бугин.
Дол муг!рузул т!огьазул т!олабго рокьи цолъун,
Дир рек!ел карачелал дурр гъаст!е руссун ругин.
Маг!арул намусалъул сипатал гъорлъ рессараб,
Дир г!ишкъул бицунеб сас дурр рагьдухъ рещт!ун бугин.
а) Цебераг!и.
-К!удияб бак! ккола гьелъул творчествоялъулъ эбелалъул темаялъги.
-Жакъасеб нилъер дарс бухьараб буго гьеб темаялда.
-Рач!а, нилъеца кеч! ц!алилалда цебе нилъерго улбузул бицинин.
-Кинаб бак! кколеб эбелалъ нилъер г!умруялда жаниб?
(Бищун к!удияб, бищун аслияб).
-Кинайлъун йихьулей йигей эбел лъималазда?
-Кинал абиял ва биценал нужеда лъалел эбелалъул х!акъалъулъ?
-Нужеца х!исаб гьабеха эбелалъул нилъеде бугеб к!удияб рокьиялъе мустах!икъал ругищ нилъ, кинаб бербалагьи бугеб нилъер эбелалде
.
Ракке нужерго рак!азде, балагье, кинаб жаваб кьола бугеб нужеца.
(слайд)
б)Муг!алимасул ц!али.
-Гьанже нилъеца ц!алила Машидат Гъайирбековалъ хъвараб « Эбелалъул кеч!».
-Дица ц!алила, нужеца хал ккве бич!ч!улареб раг!и бугищан.
в)Словарияб х!алт!и.
Мукъсанлъи- гьит!инлъи
Къеркьей- рагъ
г)Лъималазул ц!али.
Рахас гьабун ц!али, т!асабищун ц!али.
д)Ц!аларалда т!асан ц!ех-рех гьаби:
-Щай авторалъ абулеб бугеб т!олго эбелалъул рак!алъул гъварилъи ва г!ат!илъи борцине к!варав инсан вахъун раг!ич!илан?
- Эбелалъ жиндирго рак!алда бугеб ургъел, къварилъи лъиданиги лъазе толаро, лъималаздаса йохи бахчула.
- Цоги кинаблъун бихьизабун бугеб эбелалъул рак!? ( Лъимер бохани йохула эбел, лъимер къварилъани ракьулъ т!ерхьуна эбел)
-Букъараб зарг!анаб эбелалъул рак!алъул къуват щал раг!абаца бихьизабулеб бугеб?
-Эбелалъул рак!алъул г!ат!илъи, гъварилъи, сахаватлъи кинал раг!абаца бихьизабулеб бугеб?
-М.Гъайирбековалъ эбелалъул рак! сунде данде кколеб бугеб? (бакъалъул нуралъ т!олабго дунял гвангъулеб г!адин, эбелалъул рак!алъул канлъиялъ, гьелъул лъималазде бугеб рокьиялъ гвангъула гьезул г!умрудул нухги).
-Кинал раг!абаздалъун Гъайирбековалъ лъуг!изабулеб бугеб кеч!?
-Кинха нужеда рич!ч!улел гьал раг!аби: « Жибго гьаб инсанлъи бижизабурал улбуздаса цояй йик!иналъцинищ…)
(Нилъер бищун к!удияб рохел, талих! буго нилъ бусурбаби рук!ин, Алх!амдулиллагь! Нилъер дунялалда рижаралщинал г!адамал рижарал руго Адамидасаги Х!авадасаги. Киналго улбузулги эбел йиго Х!ава.Гьелдаса рижарал руго киналго улбулги. Руго гьадинал х!адисалги:
1. «Алжан эбелалъул х!ат!икь бук!уна».
2. «АЛЛАГЬАС бижанщинаб жо ц!адирабазул цояб рахъалъ лъунани. Цогидаб рахъалда эбелалъул лъимаде бугеб рокьи лъунани, гьеб рокьиялъул ц!айи ц!ик!к!арабила».
-Гьеб рохелги къварилъиги бихьизабулел раг!аби рате кеч!алда жанир.
-Эбелалъул рак!алъ т!олабго дунял жанибе бачунин абурал раг!аби кин нужеда рич!ч!улел?
-Нуж жеги ина ц!ализе, бат!и-бат!иял шагьаразде х!алт!изе. Кир ругониги к!очене бегьуларо эбелалъул нужедехун бугеб рокьи, х!еренлъи, х!алимлъи. Гьей нужехъ ялагьун ч!ун йик!ин.
6. Ц!ияб дарс щула гьаби.
(Гьит!инабго сценка).
-Гьанже нилъеда бихьила вас къват!иве арав мехалъ эбел кин йик!унеяли.
-Нужеца эбел къварид гьаюге, нужеца гьей йохизае, эбелг!ан нилъее хирияб ва г!агараб г1адан цониги бук!унаро.
-Нужеда гьоркьор ругищ нужерго эбелалъул х!акъалъулъ кеч! хъван бажарулел лъимал?
-Машидат Гъайирбековалъ гуребги цоги шаг!ирзабаца ва хъвадарухъабаца хъвана эбелалъул х!акъалъулъ куч!дул. Нужеда лъалищ гьел?
7.Дарсил х!асил.
-Лъимал, нужеца бицана нужерго улбузул х!акъалъулъ. Дицаги хъвана дирго эбелалде цо гьит1инабго кеч!.
«Эбел х!ежалдаса юссараб мехалъ»
Эбел х!ежалдаса юссараб мехалъ,
Рокъобе рещт!ана баркатгун рах!мат.
Дир г!агарал росдал муъминзабаца
Гьейги к!одо гьаюн гьабуна дуг!а.
Зах!мат бихьич!ого х!еж борхуларо,
Бихьараб г!акъуба кирилъун хъвайги.
Добеги нахъеги лъунщинаб гали
Мунагьал дагьлъизе дарулъун ккайги.
Эбел, дур гьадинги гьабулеб х!урмат
Гьанже лъималазцин ц!ик!к!ун гьабила,
Ва ч!ах!ияз г!адин дур мисал босун,
Адабги ц!унила, динги гьабила.
8. Рокъобе х!алт!и
-Нужее рокъобе бук!ина гьаб х!алт!и:
1.Гьабич!ого бегьулареб: кеч! рек!ехъе лъазабе.
2.Эбелалъул х!акъалъулъ ругел кицаби хъвай нужерго тетрадазда.
3. Эбелалъул х!акъалъулъ сочинение, яги куч!дул хъвай. Ц!акъго берцин хъварал нилъеца «Х!акъикъат» газеталде рит!ила.