Рагьараб дарс
Авар литература 9 класс.
Лъабго жо буго, жидее къин гьеч1еб:
махщел , бах1арчилъи, ц1ияб г1умру.
Чаадаев .
Тема : Г!арип Расуловасул хабар « Хазина» .
Мурадал: лъай кьеялъул : хабаралъул идея рагьиялде ц1алдохъаби рачин;
Лъай цебет1еялъул: хабаралъул художествияб г1уц1иялъул хаслъи бихьизаби: тарихиялгун рагъулал рак1алдещвезе к1вар кьей; сюжетияб мухъ рагьизе малъи ;
Калам цебет1еялъул: жидерго пикраби бат1и- бат1ияб бажариялдалъун бихьизаби;
Тарбия кьеялъул: лъик1аб махщел хвел гьеч1еб бук1ин бич1изаби .
Тип: дарс- дискуссия. Литератураги , музыкаги , рисование интегрировать гьабураб дарс.
Оборуд : Г! . Расуловасул портрет;
Ц1алдохъабаз рахъарал суратал; музыка; К. Т; къалмал .,
Проектал: « Стамбулалъул достопримечательность» ( фоторепортажгун).
Биография : « Г!арип Расулов» .
1 . « Росдал х1акъалъулъ коч1ол бакъаналда гъоркь ц1алдохъаби рач1ина х1адурлъила .
- Къах1иб росдал суратал .
-Рорч1ами, лъимал! Жакъа нилъер г1адатияб гуреб дарсиде рач1ун руго х1урматиял гьалбал. Бокьилаан нужеца нужерго бажари бихьизабуни. Бажари щивасул бат1и-бат1ияб бук1уна. Жакъа дие бокьун буго нужер класс 3 къокъаялде бикьизе: художникал, раг1ул устарзаби-хъвадарухъаби,поэтал; коч1ахъаби
Нужерго рак1алъ ц1алеб, нужедаго кин кколеб кинаб махщалил чидай дун вугоян, нужеего г1агараб кьералда г1одор ч1ани, бокьила.
Жакъа нилъер тубараб дарс сапар буго.
1-себ нух буго Шамиль районалъул Къах1иб росулъе.
Щай нилъ гьенире къокъунел ругел? Щив нилъеда гьениса лъалев?
-Г1.Расулов. гьесул творческияб нухалъул нилъее бицина…
-Гьел киналго гьесул асарал ккола хъвадарухъанасул хазина. Г1иц1го гьесул гуреб, гьесул Ват1аналъулго.
-Тема рагьизин.
(слайд 1)
Г1. Расулов «Хазина».
«Инсанасул хвел гьечеб хазина-махщел»
(слайд 2)
Дарсил мурадал:
(слайд 3)
Дарсил мурадал:
Проблемияб суал рагьизе эпиграфалде рач1ина:
Нилъер эпиграфалдасан нилъеда бич1ч1уна: ц1ияб г1умруялдасан-Бет1ергьанас дунял бугебг1ан мехалъ-кидаго бук1унеблъи. Суал:кинха къин гьеч1еблъун бук1унеб чиясул махщел?
Гьев хвани, гьесие щиб бук1аниги г1умруялъулъ мукъсанлъи ккун, унтиялъул г1узруялдалъун бук1а, х1алт1ун бажарич1они, кинха гьесул махщел цебет1олеб? Кин гьеб хут1улеб?
Гьеб г1ажаибаб суалалъе нижеда дарсил ахиралда жаваб батизе ккола.
Тема хъвазабила.
Словарияб х1алт1и.
Хазина, накъира, лангар, гизма, гьундул, гид, Долма-Бахча, Истамбул, ч1угъ
2. Дискуссия, хабаралъул бут1абиги ц1алулаго.
«Бищунго к1вар ц1ик1к1араблъун рик1к1уна нух»-Гегель.
Г1. Расуловас нилъеда бихьизабун буго аслияв багьадурасул зах1матаб г1умруялъул 2 нух: г1умрудул ва рух1анияб.
Амма рак1алъ ц1алеб (духовный путь) нух ц1акъ къокъго лъуг1изе тун буго аслияв багьадурас, щай?
-Щив гьев аслияв багьадур?
(Г1абас Ибрагьмович)
-Щай гьенив 1 гурони аслияв багьадур гурони нужеда ватич1ев?
(Гьеб хабар буго. Хабаралда цо аслияв багьадурги цо сюжетияб мухъги бук1уна, щай гурелъул гьеб буго эпосалъул бищун гьит1инаб жанр).
-Гьесул г1умрудул байбихьи кинаб бук1араб?
(Рагъдацин, пленалдацин гьев жиндиго Ват1аналъеги махщалиеги рит1ухъав вук1ана- гьес рахъулаан росдал суратал, киве щваниги, заман батун, т1адвуссун къач1алаан.)
Т1ехьгун х1алт1и:
-Гьесул х1акъалъулъ муг1алимас, к1удияб къимат кьун, абун бук1ана…
(ц1алдохъабаз т1ехьалда батила ва ц1алила) (гь.195)
«Дагъистаналъул вук1инесев художник, гьелъул бук1инесеб ч1ух1и».
-Рух1ияб(махщалилаб) нух щай къокълъараб?
(гь.195-196 ц1ализабила).
Тетрадазда хъвай-хъваг1ай:
| Инсанасул г1умрудул нух | Рух1анияб(духовнияб) нух |
| Худ.училище; рагъ; Греция; Македония; асирлъуде ккей; лагералдаса лъутун, партизаназухъе щвей; г1айибаб рукь; рагъ лъуг1и; учительлъиялъул 12 сон… | Суратал рахъулев чилъун вук1ине анищ; Т1адег1анаб къиматги щун, рохалида байбихьарб бокьулеб художникасул нух; рагъуца рек1еда лъураб ругъун; ц1ияб шарт1 бакки… |
Асаралъулъ к1вар бугеб бак1 ккола рагъул проблемаялъ. Щай?
(Инсанасул г1умру т1убанго хисизабуна гьелъ).
Амма махщалил проблема жеги рагьун хут1ун буго. Т1ок1аб сурат бахъунги бажарич1ого, рахъарал сураталги т1аг1ун, хут1ун вуго нилъер багьадур.
-Гьеб бук1ана нилъер дарсил проблемияб суал. Гьеб рагьизе ккани, нилъеца хабаралъул сюжет рагьизе ккола.
Тетрадазда хъвай-хъваг1ай:
Экспозиция: каникулазде ин.
Хабаралъул ба1бихьудаго нилъеда бихьула Г1абас Ибрагьимович ц1алдохъабиги рич1ч1унев, х1алт1уде гъира бугев лъик1ав учитель вук1ин.
Завязка: турциялде экскурсия:
-Истамбулалъул берцинлъабазул х1акъалъулъ нилъее бицина……
Г1абас Ибрагьимович щола суратазул музеялде, гьенир жиндирго сураталги рихьун, г1ажаиблъула
(гь.197) (инсценировка)-диалог.
Кульминация:диалог Х1амитбейгун- «Гьел суратазул бет1ергьан ккола дир халкъ».
Гьеб ккола хабаралъул бищунго х1алуцараб бак1. Гьениб багьадурас бихьизабула жиндирго Ват1аналде ва халкъалде бугеб божилъи.
(гь.199-200 инсценировка) диалог.
Нилъер багьадур мекъи кколаро.
Гьениб рагьула хияналъиялъул проблемаги:
Гьединалх1алихьатал, чияр гъиналдасан бет1ербахъи гьабулел тушбаби г1емер мехалъ риччан хут1уларо. Халкъалъ гьезие тамих1 гьабула ва рит1ухъав унго-унгояв махщелчи кидаго к1одо гьавула.
Гьеб нилъеда бихьула развязкаялда:
Гьесул талих1-суратал т1адруссин.
Эпилог гьеч1о, щай? Гъира бижун, авторас гьесие нух бищизе цоги шарт1кьолеб буго.
-Гьанже рач1инин искусствоялъул проблемалде.
Дарсил проблемияб суал рагьи: унго-унгояб махщел киданиги хвезе гьеч1о, гьеб абадиялъе хут1ула.
Хабаралъул идеяги ккола (слайд)
Гьунар-махщел бугес гьеб т1убанго жамаг1аталъе, г1агараб халкъалъе кьезе ккола, халкъалъ гьелъие къиматги кьела.
-Гьанже ирга щвана нужерго х1алт1уе нужецаго къимат кьезе.
Кластер: лъабабго къокъаялъбихьизабила:
Художниказе кинаб асар гьабураб?
Раг1ул устарзабаз щиб бицинеб?
Коч1охъабазеги раг1и кьела (росдал х1акъалъулъ кеч1).
Кеч1-бакъаналда рецц-бакъ гьабила, къиматал (жидецаго)
Рефлексия:-Щиб дуда лъалеб бук1араб?
-Щиб дуда ц1ияб лъараб?
-Щиб дихъа бажарараб?
Рокъобе х1алт1и «Дие бокьулеб махщел»-сочинение хъвазе.