Авар адабияталъул дарс (7 класс)
Тема: « ГIандалал » -магIнаябгун сипатияб анализ. Адабияталъул аслиял тайпабазул хIакъалъулъ авалияб баян.
Мурадал: магIнаябгун сипатияб анализ гьаби, литературияб теория малъи; ВатIаналде рокьи бижизаби, Чупалав гIадинал къвакIарал рукIине ккей; калам цебетIезаби, цере арал темаби гIамлъизари.
- Рокъобе кьураб ва араб материал такрар гьаби.
Тестал:
1. Чанабилеб соналъ къватIире рахъарал тIоцересел букварал, цIалул тIахьал?
а) 1917
б) 1920
в) 1922
2. МухIамад Хуршилов гьавуна
а) Гъуниб районалъул Сугъралъ росулъ
б) ЧIарада районалъул Арчиб росулъ
в) Хунзахъ районалъул ЦIада росулъ
3. « ГIандалал » абураб къиса авар мацIалде буссинабуна
а) Я. Козловскияс
б) М.-С. Саидовас
в) М.-Р. УсахIовас
4. Гьал лъил рагIаби? « Дир рагъухъабазул чуял кьолон руго, тункIал цIун руго, хвалчаби чархида ккун руго … . »
а) Надир – шагьил
б) Гъулиханил
в) Чупаласул
5. Ягъзият рагIул магIна
а) тункIил хер балеб жо
б) квер гьечIев
в) асир
- ЦIияб тема: « ГIандалал » асаралъул магIнаябгун сипатияб анализ гьаби.
- Библиография: 1942 соналъ хъвараб, МухIамад Хуршиловасул къиса.
1734 соналъ Ираналъул шагь Надирица жиндирго т1оцебесеб
рагъулаб сапар гьабуна Гъазигъумекибе.
1735 соналъул хасалихъе к1удияб богун к1иабизеги вач1ана
гьев Дагъистаналъул ракьалде.
1741 соналъ лъабабизеги сапар бухьана Дагъистаналде, 1741
соналъул 21 сентябралъ щущахъ биххизабуна Надирил бо.
2. Жинс: эпосияб
3. Жанр: къиса
4. Проблема: ВатIан цIуниялъул суал
5. Тема: ВатIан хиралъиялъул, ва гьеб цIунизе рухI кьун рагъарал бахIарзазул къохIехьей, къватIисев тушманасде данде рагъулаго, Дагъистаналъул халкъалъул цолъи – гьелъул къуват. Умумузул ирс нилъецаги цIунизе ккеялъе хъвараб къиса.
6. Эпиграф: «Шагь г1адаллъун ватани, Дагъистаналъул халкъалда данде рагъ гьабизе виччан те».
Къват1исел тушбабазде данде гьабураб рагъул цонигиялда нилъер халкъ къуркьич1о, гьез бах1арчиго дандеги рахъун, къуват цо гьабун, къезарулаан тушбабазул боял.
7. Композиция:
1). Надир Дагъистаналде вач1араб куц ва гьесул мурад.
2). Надирица г1андалаздаса т1алаб гьабуна…
3). Г1андалазул жаваб, гьез гьабураб х1адурлъи.
4). Шагьасул буюрухъ.
5). Х1асанил бах1арчияб хвел.
6). Г1андалаз тушманасде данде гьабураб рагъ.
7). Г1андалазул руччабаз гьабураб кумек.
8). Г1андалазул цевехъан Чупаласул бах1арчилъи.
9). Маг1арулазе кумек гьабуна…
8. Сюжетияб мухъ:
кульминация
экспозиция завязка развязка
- Экспозиция: Байбихьиялъул бутIа. МахIадерил габурлъухъ …
- Завязка: Шагьасул чапар росдал годекIаниве вачIин.
- Кульминация: ХIалуцараб рагъ.
- Развязка: Надир - шагьасда тIад бергьенлъи боси.
ТIабигIаталъул сурат: рорхатал кьурабазги, гъваридал кIкIалазги, гIунун чIарал парсазги, ганчIазги, хъархъазги тIолабго тIабигIаталъул сураталъ кумек гьабула асаралъулъ лъугьа-бахъинал рагьизе. ТIолго тIабигIаталъго кумек гьабулеб бугин кколаан аваразул аскаралъе, гьеб нилъеда бихьула щибаб гьецIо-гамачIцин магIарулаз тушманасде данде хIалтIизабиялъулъ.
9. Асаралъул мацI: маг1арул халкъалъул бах1арчилъи бихьизабизе х1алт1изарулел раг1абаз берцин гьабураб, пасихIаб, берцинаб, бечедаб каламалдалъун гIуцIараб, хасго гьеб берцин гьабула дандекквеяз: балагьалъул гьури гIадин; тIурараб гьой гIадин. Гьез асар цIалулесул рекIел пикраби дагьалги хIалуцинарула. Гьединго цогидал сипатиял рагIабазги асар камиллъизабула.
10. Аслиял багьадурал:
Чупалав – аваразул 20 соналъ тIатIалаго цевехъанлъи гьабурав аскаралъул бетIер, хIинкъи, нахъекъай абурал рагIаби жинда лъаларев. Чупаласдаса тушбабиги цIакъ хIинкъулаан. Гьесие цIакъ хирияб букIана живго гIураб ВатIан, мугьру, щибаб ВатIаналъул ракьул кесекалъе гIоло, гьев рази вукIана рухI кьезеги. Хвалил гIазабазулъ вугеб заманалдагицин гьесул пикраби рукIана халкъалъул ва ВатIаналъул хIакъалъулъ гьарулел.
Надир-шагь – чияр ракьал рахъулев, гурхIел-рахIму лъаларев сихIирав ва рекIкIав тушман. Дагъистан кверде боси ва тIолго магIаруллъи мукIур гьаби, къуркьизаби гьеб бук1ана тушманасул мурад, амма тушманасул мурад тIубачIо, гьеб бичIчIарав Надир-шагь аскаралъул хутIелгун Дагъистаналдаса нахъе ине ккана, суризеги сурун.
11. Аслияб пикру – рухIалда барахщинчIого, магIарулаз жидерго ВатIан цIунулеб букIараб куц, рагъулъ хIинкъи гьечIолъи, тушманасде бугеб рокьукълъи, бахIарчилъиялъул тIокIлъи, хадусеб гIелалда бич1ч1инаби ВатIан цIунизе ккей гьеб щивав чиясул борч букIин.
Физминутка.
Рич1ч1изе зах1матал раг1абазе баян кье.
- Тунк1ил хер балеб жо-……….
- Ираналъул халкъалда ц1ар-…….
- Ч1вадарухъаби, г1ащт1ичаг1и-…….
- Т1аса рищарал рагъухъабаздасан г1уц1араб къокъа-………
- Цебе маг1арулаз квасул кунал бессулеб бук1араб ххам-….
Художествияб литератураялъул – адабияталъул лъабго рикьи буго: эпос, лирика, драма.
Эпос ккола аслияб куцалда сверухъ бугеб хIакъикъат, гIумру, инсанасул хьвада-чIвади бихьизабулеб къагIида.
Эпосалъул жанрал: роман, поэма, къиса, хабар, очерк, басня.
Лирика ккола жидеда жаниб шагIирасул рухIияб дунял, чорхол асар, рекIел пикраби, хьулал, анищал, къасдал рихьизарулел асарал.
Лирикаялъул жанрал: магIу, элегия, кечI, сатирияб кечI, къасидат.
Драма – гьеб ккола эпосги лирикаги цоцалъ жубараб литературияб тайпа.
Драмалъул жанрал: комедия, трагедия, жибго драма.
Къисаялъул х1акъалъулъ баян
(рак1алде щвезаби).
Къиса буго хабарияб къаг1идаялъ хъварал асаразул романалдаги хабаралдаги гьоркьосеб асар. Къисаялъе цо лъугьа-бахъин г1оларо, бук1ине ккола чанго. Г1ахьаллъи гьабулел чаг1азул къадарги ц1ик1к1араб бук1уна. Биценалъе авторас т1аса бищула г1адатаб гуреб, г1емерал гъалат1ал ругеб жамг1ияб лъугьа-бахъин. Къисаялъе хасаблъун ккола авторасул образ, гьесул рек1ел х1ал загьирлъун бук1инги ва сюжет г1уц1улаго тартиб ц1униги.
- Дарс щулалъизабиялъе суалал:
- Чанабилеб соналъ ккараб лъугьа-бахъиналъул бицен гьабун бугеб асаралда?
- Щай г1андалаз бергьенлъи босараб?
- Кинаб эпиграф кьун бугеб асаралъул байбихьуда?
- Кинаб жинсалда ва жанралда хъвараб асар гьеб кколеб?
- Къисаялъул х1акъалъулъ баян кье.
сочинение «Чупаласул бах1арчилъи» .