СДЕЛАЙТЕ СВОИ УРОКИ ЕЩЁ ЭФФЕКТИВНЕЕ, А ЖИЗНЬ СВОБОДНЕЕ

Благодаря готовым учебным материалам для работы в классе и дистанционно

Скидки до 50 % на комплекты
только до

Готовые ключевые этапы урока всегда будут у вас под рукой

Организационный момент

Проверка знаний

Объяснение материала

Закрепление изученного

Итоги урока

Г1арип Расулов "Хазина"

Нажмите, чтобы узнать подробности

ВАТIАНАЛЪЕ ХИЛИПЛЪИ ХIЕХЬЕЗЕ ГЬЕЧIО

 

ТЕМА :       ГI.Расулов «Хазина».

 

МУРАД:         -ГI.Расуловасул творчествоялъул хIакъалъулъ баян;

                         -«Хазина»- хабаралъулгун лъай-хъвай  гьабизе, гьелъул                               магIна рагьи;

                         -художествияб  гIуцIиялъул ва мацIалъул гIадатлъи бихьизаби;

                     -багьадуразул сипатал рагьи;

                     -лъугьа-бахъиналъе битIараб къимат кьун бажари;

                     -тарихияб бухьен гьанже заманалъул.

ДАРСИЛ ИН:

  1. 1. Ралъдал видео биччала  (1-2 минута).

2. РорчIами лъимал, гIодор чIа.

РорчIами хIурматиял гьалбал. ЦIакъ йохарай йиго жакъа нужгун дандчIвазе. Лъимал, бокьилаан  гьаб нужеда бихьараб ралъдал сураталъги рагIараб гIодобе биччараб бакъаналъги нужер ракIазе кинаб хIикмалъи гьабурабали нужеца бицине.

 

ЦIалдохъан:           кIвахI гьечIеб гIумру-инсан чIечого, ралъдал карачелал гIадин, гIумруялъул нухдасан цеве унев ва унев вукIуна.

 

ЦIалдохъан:           ралъдал берцинлъиялъ тIаде цIала, амма гъварилъиялъ рекIелъе хIинкъи рещтIуна.

 

ЦIалдохъан:            Аллагьасул хIалкIолъи!

 

МугIалим:               Машааллагь,   узухъда нилъеда киданиги кIочене бегьуларо тIолабго дуниялги нилъее нилъ жалгоги ТIадегIанав Аллагьас рижарал рукIин, АлхIамдулиллагь. ЛъикI буго, хIалчIахъадал. Лъица дида абилеб лъил рагIаби гьал кколел, ва киса росарал рагIаби гьал:

 

Просмотр содержимого документа
«Г1арип Расулов "Хазина"»

ВАТIАНАЛЪЕ ХИЛИПЛЪИ ХIЕХЬЕЗЕ ГЬЕЧIО



ТЕМА : ГI.Расулов «Хазина».



МУРАД: -ГI.Расуловасул творчествоялъул хIакъалъулъ баян;

-«Хазина»- хабаралъулгун лъай-хъвай гьабизе, гьелъул магIна рагьи;

-художествияб гIуцIиялъул ва мацIалъул гIадатлъи бихьизаби;

-багьадуразул сипатал рагьи;

-лъугьа-бахъиналъе битIараб къимат кьун бажари;

-тарихияб бухьен гьанже заманалъул.





ДАРСИЕ ХIАЖАТАЛ АЛАТАЛ:

мультимедиялъул проектал, слайдал: мугIрул росабазул; рагъул, Турциялъул; тесталъе суалал; карточкаби; иллюстрациял, телеграммалъул конверт; ( нашид…).





СЛОВАРИЯБ ХIАЛТIИ:

-Накъира- музыкалияб алат;

- Лангар- якорь;

-Гизма- ясазул тIутIаб хьвада-чIвади;

-Гьундул- кIалгIаби, рукъзал;

- Гид- цевехъан;

-Долма- Бахча- Турциялда бугеб султанасул кIалгIаби;

- Истанбул- Турциялъул тахшагьар (Стамбул).



ДАРСИЛ ИН:

  1. 1. Ралъдал видео биччала (1-2 минута).

2. РорчIами лъимал, гIодор чIа.

РорчIами хIурматиял гьалбал. ЦIакъ йохарай йиго жакъа нужгун дандчIвазе. Лъимал, бокьилаан гьаб нужеда бихьараб ралъдал сураталъги рагIараб гIодобе биччараб бакъаналъги нужер ракIазе кинаб хIикмалъи гьабурабали нужеца бицине.



ЦIалдохъан: кIвахI гьечIеб гIумру-инсан чIечого, ралъдал карачелал гIадин, гIумруялъул нухдасан цеве унев ва унев вукIуна.



ЦIалдохъан: ралъдал берцинлъиялъ тIаде цIала, амма гъварилъиялъ рекIелъе хIинкъи рещтIуна.



ЦIалдохъан: Аллагьасул хIалкIолъи!



МугIалим: Машааллагь, узухъда нилъеда киданиги кIочене бегьуларо тIолабго дуниялги нилъее нилъ жалгоги ТIадегIанав Аллагьас рижарал рукIин, АлхIамдулиллагь. ЛъикI буго, хIалчIахъадал. Лъица дида абилеб лъил рагIаби гьал кколел, ва киса росарал рагIаби гьал:



- Инсанасул гIумруги гьалдолел карачелазда релълъунин ккола дида. ГIумруго гIадин, абадиялъ чIей гьечIого гьелчола гьел. Къуват дагьлъарал риун, тIагIун уна. Гьезул бакIалда цIиял, гIолохъанал рижун рачIуна. ЧIей гьечIеб, даимаб чвахи, хIалхьи лъалареб захIмат…



ЦIалдохъан: ГIабас Ибрагьимовичас, ГI. Расуловасул « Хазина»- абураб хабаралъул аслияв герояс, абурал рагIаби.



МугIалим: БитIун буго, хIалчIахъад. Нилъер жакъасеб дарсил тема буго ГI. Расуловасул « Хазина» хабаралдасан « ВатIаналъе хилиплъи хIехьезе гьечIо». Дарсил мурадалги ккола:

1. ГI. Расуловасул творчествоялъул хIакъалъулъ баян;

2. «Хазина» - хабаралъулгун лъай-хъвай гьабизе, гьелъул магIна рагьизе.

- Словарияб хIалтIи.

Цин нилъеца рачIа ракIалде щвезабизин ГI. Расуловасул гIумру ва адабияб творчество.

(биография цIалдохъабахъе бикьила)



( слайдалдасан суалал кьела).



1.ГIарип Расулов кида гьавурав?

А. 1936 Б. 1937 В. 1938 Г. 1939



2.Кинаб миллаталъул кколев ГI. Расулов?

А. ЛъарагIав; Б. Аварав; В. Лезгияв; Г. Даргияв;



3.» Хазина» - рагIи гьаб хабаралда кинаб сипатияб рагIи кколеб?

А. Эпитет; Б.Метафора; В.Гипербола; Г. Дандекквей;



4. Кинаб росулъ гьавурав ГI. Расулов?

А. Бакълъухъ; Б. Гьидалъ; В. КъахIиб; Г.Гъодобери;



5.Гьесул тIоцебесеб тIехьалда цIар:

А. «ГIумрудул нух»; Б. «МугIрузде сапар»;

В. «ГIумрудул анищ»; Г. «ГIумрудул къатIра».



МугIалим: Лъимал, кинаб гIажаиблъи бахчун бугеб гьаб хабаралъул цIаралъулъ? «Хазина» - батанищ нужеда цониги нухалъ гьеб рагIи асаралда жаниб хIалтIизабун. Нилъер пикруялда хазина кколаха…. ( диск мультфильм « Простоквашино»). – Хазина! Унго гьеб бечелъиялъул хIакъалъулъищ гьаб асаралда бицунеб бугеб. ХIакъикъаталда асаралъул цIаралъ якъинго баян гьабула гьелъул темаян абула.

Гьеле нужее дарсил ахиралда рагьизе суал. Гьеб лъазе нилъеего бигьалъиялъе нилъ сапарде рахъина нилъерго аслияв багьадургун, щив гьев?

ЦIалдохъан: ГIабас Ибрагьимович.



МугIалим: Цоги ругищ нилъер аслиял багьадурзаби?



ЦIалдохъан: ГьечIо. Гьеб ккола хабар. Хабаралъулъ цо-кIиго багьадурасул гурони рехсон букIунаро.



МугIалим: Цоги щиб букIине кколеб хабаралъулъ?



ЦIалдохъан: Хабарияб каламалдалъун хъван букIине ккола.

ЦIалдохъан: Гьенир диалогал руго, чанго бутIаялдасан гIуцIунги буго.



МугIалим: ЛъикI буго, хIалчIахъадал, гьеб буго эпосияб асар, щай гурелъул гьениб тарихияб лъугьа-бахъин бихьизабун буго.

Гьанже нилъерго хазина балагьизе нилъ асаралде жанире лъугьун, балагьизе ккола. Асаралъул сюжетги гIуцIиги данде кколеб гьечIо, гьениб аслияб кIвар кьун буго багьадурасул ракIалдещвеязе. РачIа нилъеца сапар бухьинин героясда цадахъ.





СЦЕНКА

«ТЕЛЕГРАММА»

ГIабас, гIайибаб рукьалда гъоркь къазабун журналгун, учительскаялде вачIана. Жиндирго бакIалда журналги лъун, мелалъул цIураб кверги бацIцIун, къватIиве лъугьинехъин вукIана.



ДИРЕКТОР: - ГIабас, мун ун ватилин ккун букIана дида. Ма, тел буго духъе. Анкьидасан мун МахIачхъалаялде щвезе ккола.



ГIАБАС: ЩибгIаги гьелъ бицунеб жо?



ДИРЕКТОР: КIочонищ тараб? Риидал туристазул сапаралъ батIияб пачалихъалде инилан анищалда гурищ мун вукIарав? Гьелъие гурищ документал ритIун рукIарал?



ГIАБАС: Уха, уха, цIакъ битIарабха ( вохун абула).



ДИРЕКТОР: Ине хIадурлъеха. Нухда регIизе нижги рачIинин.



ГIАБАС: Гьай баркала! Гьай баркала!...

( Пикрабалъ восарав ГIабас уна).



Гьаб хабаралъул аслияв геройгун тIоцебесеб дандчIваялъ нилъер жеги цIикIкIун суалал раккула: гьесул рукь щай гIаййиблъараб?

Гьаб диалогалдасан нилъеда биччуна гьев учитель гIадатав учитель- гуревлъи, гьев вукIин цо балъгояб рухIияб бечелъи рекIелъ бугев инсан.

Гьанже нилъерго героясда цадахъ нилъ къокъинин Истамбулалде. Гьенире щвезегIанги гьасул рекIелъе рещтIуна таманал ракIалдещвеял.

(РАГЪУЛ ДИСК) ( 2 мин.)



ГIабасида цебе чIола дол соназул кьогIлъи, пашманлъи ва берлъенлъабазул рохелал. ЧIунтарал шагьаразулги чIварал гIадамазулги сурат цебе бачIиндал, гьесул гьумер кьерхунаан, кьунсрул данде рукIкIун унаан. РекIедайин абуни гIодобнакIкI лъураб гIадин, лъугьунаан.

- Лъимал, гьал рагъул кьогIал соназул ракIалдещвеязул бицунаго кинал сипатиял рагIаби дица хIалтIизарурал?



ЦIалдохъан: гьумер кьерхунаан - метафора;



ЦIалдохъан: гIодобнакIкI лъураб гIадин - дандекквей;



МугIалим: Щайдай, лъимал, гьаваялда рекъон кьерхарал гьесул пикрабиги?



ЦIалдохъан: Хъвадарухъанас инсанасул рекIел хIал загьир гьабизе, тIабигIаталъул сурат, гьава-бакъ гьесул пикрабазда рекъон бихьизабула нилъеда.



МугIалим: ХIалчIахъад, битIун буго.

Гьанже, лъимал, нилъер ГIабас Ибрагьимович щвана Турциялде.

ГIабасил гъира-шавкъ букIана шагьаралъул кинабниги берцинлъиялъухъ валагьизе, музеязда сверизе, архитектураялъул хаслъи лъазе. Щай гьедигIан гьесие архитектура бокьараб? ( Гьесул доб рухIияб бечелъи нилъеда кватIичого бичIчIила…)

Гьанже Истамбулалъул тарихалъул бицине нилъехъе гьоболлъухъе ячIун йиго историялъул мугIалим Джамиля Сулеймановна. Гьай йиго нилъер гид. Бухьинин нилъецаги сапар ГIабас Ибрагьимовичасда цадахъ Турциялде.



Историк: 27 гIасруялъул гIумру буго Истамбулалъул.

ХIурматиял туристал! Нужеда цере руго 19 гIасруялда рарал султанасул гьундул.

« ТУРЦИЯ В 19 ВЕКЕ » ( 3 мин.)



МугIалим: Лъимал, ГIабасиеги, нужееги хIикмалъи гьабунищ гьеб Турциялъул тарихалъги, султанасул бажариялъги, гьел архитектуриял раязги?



ЦIалдохъан: Гьабуна.



МугIалим: Сунца нужее цIакъго кIвар гьабураб?



ЦIалдохъан: Архитектураялъ.



МугIалим: Гьале, лъимал, нилъер вукIинесев художник. Бихьулищ гьасиеги, нилъер героясе гIадин, жибго тарихалъ гуреб, гьеб кинабго берцинлъиялъ цIикIкIун кIвар гьабураб. Гьанже нилъеца сапар бухьинин ГIабасида цадахъ суратазул салоналде.



СЦЕНКА:

«СУРАТАЗУЛ ВЫСТАВКА»

ГIабас суратазухъ валагьизе салоналде жаниве лъугьана. ХIурматго бетIер къулун, къабул гьавуна гьев кIалтIа эхетарас. Щибаб сураталъ хIайран гьавун, гIемераб мехалъ пикрабазда хутIула.

( суратазул выставка бихьизабила);



МагIарул росаби»- суратазул видеоролик).



МугIалим: РекIее гIагараб жиндирго росдал сурат, росу рагIалда бугеб кIиго тарихияб си; цереселго минаби, иццдаса лъел гIеретIги цIун ячIуней магIарулай…



ГIАБАС: Вай, бетIергьан Аллагь! ( рекIеда кверги чIван). Сабур, цойги нухалъ сабур, щиб лъалеб дун мекъи ватизеги бегьула, дидаго гьедин ккун батила. (аскIовегIанги ун, лъикI хал гьабула росдал сураталъул). (КIалтIа эхетарасда аскIове уна).

-ВахI, дун мекъи ккезе рес гьечIо. Дие къваригIун буго гьаб сурат бахъарав чи вихьизе.

-Агьа, бичIчIана… ГьабсагIат дов гьанив гьечIо. Метер радал вачIине ккола. Дуйго хIажатаб жо абун теха, дица досда лъазабила.



ГIАБАС: Баркала, метер дунго вачIина. (нахъе уна.)



МугIалим: Лъимал, бокьун буго нужеца нужерго росдал сурат бахъизе. Нилъеца гьебги гьаб выставкаялда лъела…

Гьеле гьел суратал рати- ккола хабаралъул завязка.

Гьелда хадуб ГIабасил рекIее хIалхьи гьечIолъиялъул нилъеца тIехьалдасан цIалила. ( гь.197-198 диалог цIалдохъабазда цIализабила).

(- Мун… - Тагъур…).



МугIалим: Гьеб ккола ишалъул цебетIей, жеги ГIабасица советияб консульствоялде кагъат хъвайги, цинги гьесухъе радалго гьобол вачIинги.



СЦЕНКА «ГОСТИНИЦАЯЛДА»

НуцIидаги кIутIун, жаниве вачIуна цо чи.



ТУРКАВ: Бегьилищ вачIине?



ХIАСАН: БегьичIого щиб гьабилеб, жаниве вачIун вугелъул.



ТУРКАВ: Мун кколаха господин Ибрагьимов?



ХIАСАН: Гуро, дун батIияв господин вуго. Господин Ибрагьимов гьабсагIат вачIина.



ТУРКАВ: ТIаса лъугьа. ВачIинегIан дун досухъ валагьун гьанив чIезе бегьилищ?



ХIАСАН: Бегьила, гьале бакIги гIодовчIа!



ТУРКАВ: Баркала, дун эхетунго чIела. Мун господин Ибрагьимовасул гIагарав чийищ кколев?

( пикрабалъе ккарав ХIасан, гъваридго хIухьелги биччан валагьун чIола. ГIабас вачIуна).



ХIАСАН: ГIабас Ибрагьимович, гьав гьобол духъе вачIун вугоха.



ТУРКАВ: О, господин Ибрагьимов, ворчIами! Дида цIар ккола ХIамит-бей. Дие бокьун буго дургун кIалъай гьабизе.



ГIАБАС: Дида мун лъаларо, сундул кIалъай нилъер букIунеб?



ТУРКАВ: Дие бокьилаан цIохо дургун кIалъай гьабизе.



ГIАБАС: Гьав дир вацасул вас вуго, гьасдаса балъгояб жо дир букIунаро.



ТУРКАВ: ЛъикI буго. ( сундасан байбихьилебали лъаларого, ургъулаго хьвадарана, цинги лъалхъана).



ГIАБАС: Дун гIенеккун вуго.



ТУРКАВ: ГьабсагIат, гьабсагIат… гIемерал ракьал сверана дица, гьаниб хIалхьиги, рахIатги, чадил кесекги щвезегIан, господин Ибрагьимов. Гьарула дуда дие ахирисеб чадил кесек щвезе бугеб рес дихъа бахъугеян. Дур устарлъи махщел буго. Дуда цIиял суратал рахъизе кIвела… ТIадегIанав бетIергьанасе гIоло гьарула дуда. Гьале дуе гьезухъ рецIелги… ( чвантиниса бахъун гIарац цебе ккуна ).



(Рагъул ракIалдещвей мугIалимас цIалила гьум. 200).(… РакIалдаго гьечIого … … дир суратал).



ГIАБАС: Дир суратал?... Кин гьел духъе ккарал? Мун щив? ( надалдаса гIетги бацIцIунаго).



ТУРКАВ: Дир гIумрудул тарих талихI къараб букIун буго. Дол рукIана рикIкIадал рагъулал сонал. Дун хIалтIулев вукIана Лейпцигалда суратазул музеялда. Чанго нухалъ гьоркьов хутIаниги, ахирги дун вачана Армиялде. 1344 соналъ Македониялъул мугIрузда партизаназде гьужумги гьабун, гьезул база щущахъ биххизабуна нижеца. Гьенир дихъе щвана сураталги. Дица гьел командованиялдаса рахчана ва нахъе цIунана.



ГIАБАС: Кинха мун ХIамит-бей лъугьарав?



ТУРКАВ: Дун фашистазул армиялдаса лъутана ва гьаб хIукуматалъул гражданлъи босана… Бусурман динги къабул гьабуна…



ГIАБАС: Мун немцав вуго. Щиб цIар букIараб дур?



ТУРКАВ: Дирищ? Дир Альберт Крун, хIурматияв ГIабас Ибрагьимович, гьарула дуда нужерго консульствоялдаса гIарза нахъе босе. Доз цIех-рехалде байбихьизехъин буго.



ХIАСАН: Дудаго кин кколеб, господин Круп, чияр захIматги асаралги рикъун чIей битIарабищ кколеб?



ТУРКАВ: Цин дида ракIалде ккана автор валагьизе. Амма киса дица гьев валагьилев?!



ХIАСАН: Кисаха дуда гьеб жакъа лъараб?



ТУРКАВ: Гьеб дида цIакъ бигьаго лъана. Нужер консульствоялъ хIукуматазул идарабазухъе кагъат битIун бачIун буго. Гьезги дидасан цIех-рех гьабизе байбихьана…



ГIАБАС: Суратал дие хIажат гьечIо.



ТУРКАВ: КIудияб баркала дуе. Дида кидаго кIоченаро дур рекIел сахаватлъи…



ГIАБАС: Амма гьел суратазул бетIергьан ккола дир халкъ, дир ВатIан. КъваригIани, гьел суратал дир ВатIаналъ тIалаб гьарила… ( къватIиве уна).



МугIалим: Гьеб ккола хабаралъул кульминация. Кинха нужеда бичIчIулеб гьел ГIабасил рагIабазул магIна? Жиндирго гIумруялда барахщинчIого, сахлъиялъе гIузруги ккун, анищалги хIурудахъ ун, ВатIаналъе гIоло бахIарчиго вагъарав ГIабасие бокьилищ гьединаб хилиплъи ВатIаналъе ккезе?

Цинги развязкаялъ нилъее рагьула кинабго балъголъи. Ахиралда ГIабас Москваялде ахIун, телеграмма бачIин. Гьесул 17-абго сурат ВатIаналде тIадбуссун бугиланги абун.

Эпилог букIана гьесул гIолохъанлъиялъул хIасрат- шавкъги анищги тIад-буссин, нахъеги бокьулеб махщелалде тIамулел тIоцересел галабазул такрарлъи.



МугIалим: Гьале нилъер сюжеталъул ахир. Кинаб хазиналъулха, лъимал, нилъеда гьаб хабаралда ГI.Расуловас рехсолеб батараб?



ЦIалдохъан: Инсанасул кверзул махщел – хвел гьечIеб хазина ккола.



МугIалим: БитIун буго, хIалчIахъад, гьеб жиндирго дов инсанасул хазина кколаро, гьеб ккола ВатIаналъулго хазина.

Нуж лъикIго кIвар кьун гIенекке хазинабаз нилъер ракIазе гьабулеб асаралъухъ.





РОКЪОБЕ ХIАЛТIИ: Сочинение: « Хвел гьечIеб хазина».





Дагьалищ ругел Дагъистаналда махщел бугел гIадамал? ТIубарал росаби руго нилъер жидер махщалидалъун ВатIан бечед гьабурал: Кубачиязул месед-гIарацалъул тIагIел кколарищ нилъер хазиналъун? РачIа цоги рехсезин:



ЦIалдохъан: Дербенталъул халичаби.



ЦIалдохъан: Аксадерил хунжрул.



МугIалим: Хазиналъун цIунун нилъехъе щвараб фольклор нилъеда кIочани, кин букIинеб лъимал? Нилъер поэтал, хъвадарухъаби кколарищ нилъер хазина? Бищун тIадегIанаб хазина гурищ нилъее Расулил шигIраби?



ЦIалдохъан: Инхоса ГIалихIажиясул насихIатал;



ЦIалдохъан: ЦIадаса ХIамзатил сатириял асарал;



ЦIалдохъан: Махмудил лирика;



МугIалим: Бечедаб буго нилъер адабият. Амма бищунго кIудияб хазина нилъее ккола халкъалъул эркенлъиялъе гIоло, бацIцIадаб исламияб диналъе гIоло къеркьарал нилъер имамал, гьезул муридзаби, гьел шагьидзаби.

Шамил имам гIадав къвекIаб наслу: жакъа нилъ чIухIизе ккола нилъерго ракьалдаса, гьайбатаб пейзажалъ кверде босараб тарихалдаса, ВатIаналъул къадру гIодобегIан биччачIеб. МацIалдаса, нилъер шагIирзабаз дунялалда щущазабураб диналдаса, ТIадегIанав Аллагьас нилъ тIаса рищун кьураб хазиналдаса.

Жеги, лъимал ВатIаналъул хазина ккола жиндирго тарихалда жиндаго тIанкI лъезе течIого, рагъарал рагъухъабиги. Салатавиялъулги дагьал гьечIо гьединал бахIарзал.

Нилъер гвангъараб букIинеселъе гIоло рагъул гIахьалчагIи ккола:

1. Темирбулатов Халит

2. Салаев Исрап

3. Абазатов Булатхан

4. Алиукаев Алиука

5.Гитинов Иразихан

6.Гаджиев Хисамудин

7. Шемеев Мамад

8. Магомаева Юля

9.Магомедов Гасангилав

10.Пашуков Анар

11. Шарабудинов Ансарияв

12.Гаджиев Абдурахман

13.Мансуров Тарикат

14.Абакаров Паша

15. Бишиев Хайбула

16. Хадаев Абдулазим

17.Абдулкеримов Госейн

18. Рурахмаев Рурахма

19. Асиров Аду

20. Гасанов Хасбула





Жеги нилъеда цадахъ ругел:

1.Магомедов Гасангилав (с. Дылым)

2.Магомедов Абдурахман (с. Ленинаул)

3.Мусаев Насрула (с. Алмак)

4.Хасмагомедов Магомед (с. Алмак)



-Раккизин, лъимал, рухIияб хазинаялдеги. Унго кколарищ нилъер хазиналъун нилъерго гIалимзаби, устарзаби, шайихзаби ?

( диск о шахидах).



КIвелищ нужеда гьел кIочене? Гьел ракIалда кквей – ккола нилъер аслияб борч.

Амма гьеб кIочон тани, ВатIаналъе хилиплъи хIехьезе гьечIо халкъалъ… Бокьилаан, нилъер рухIияй цеехъан, Д.Х., рагIи кьезе…