СДЕЛАЙТЕ СВОИ УРОКИ ЕЩЁ ЭФФЕКТИВНЕЕ, А ЖИЗНЬ СВОБОДНЕЕ

Благодаря готовым учебным материалам для работы в классе и дистанционно

Скидки до 50 % на комплекты
только до

Готовые ключевые этапы урока всегда будут у вас под рукой

Организационный момент

Проверка знаний

Объяснение материала

Закрепление изученного

Итоги урока

«Г1умруялъул дарсал»

Нажмите, чтобы узнать подробности

Дарсил мурадал: шаг1ирасул г1умруялъулгун, ширг1ияб ирсалъулгун дагьаб г1ат1идго лъай-хъвай гьаби, калам цебет1езаби, пикру бег1ери, жакъасеб къоялъулгун малъулеб асарлъул бухьен ч1езаби, лъик1аб хьвада-ч1ади бугеллъун куцай.

Просмотр содержимого документа
««Г1умруялъул дарсал»»

Дарсил тема: Ц1адаса Х1амзат «Г1умруялъул дарсал».

Дарсил мурадал: шаг1ирасул г1умруялъулгун, ширг1ияб ирсалъулгун дагьаб г1ат1идго лъай-хъвай гьаби, калам цебет1езаби, пикру бег1ери, жакъасеб къоялъулгун малъулеб асарлъул бухьен ч1езаби, лъик1аб хьвада-ч1ади бугеллъун куцай.

Дарсил план:

1.Дарсиде х1адуриялъул лах1зат.

2. Къокъабазде рикьи.

3. Ц1адаса Х1амзатил биография рак1алде щвезаби.

4. Раг1икъот1 ц1езаби.

5. Викторина «Асаралъул ц1ар ва автор абе».

6. Ц1ияб тема.

7. Словарияб х1алт1и.

8. Поэмаялъухъ г1енекки.

9. Асаралъул анализ.

10. Видео «Экскурсия Ц1ада росулъ».

11. Юбилей «Ц1адаса Х1амзат гьавуралдаса 140 сон т1убай».

12. Тестовияб х1алт1и.

13. Дибирасул к1алъай.

14. Рефлексия.

15. Къиматал лъейи, рокъобе т1адкъай кьей.

Дарсил алатал:

  1. Компьютер

  2. Мультимедияб доска

  3. Презентациялгун, х1айгун, слайдалгун, халкъиял бакъналгун, maaruial. ru онлайн – радиоялъе гьарурал записалгун флешка.

  4. Т1ахьал.

Интернет – ресурсал: Дарс х1адур гьабулаго, пайда босана интернеталдаса: слайдазе суратал, tv-nasihat сайталдаса х1адисал, сураби, аятал ва гьезул маг1на; avaruchitel.ru сайталдаса пайда босана С.Абусиновалъул дарсазул разработкабаздасан.

Дарсил тайпа: ИКТ х1алт1изабураб г1адатияб гуреб адабияталъул дарс.

Дарсил ин:

Муг1алим: Лъимал, нилъер жакъа буго г1адатияб гуреб дарс. Циндаго нуж рикьизе руго 3 къокъаялде. Нуж рикьизе нилъее кумек гьабила суалаз. Суалазул жавабалда рекъон, кьезе буго къокъаялда ц1арги. Рази ругищ?

Ц1алдохъаби: Рази руго!

1 суал: Цебе заманалда Аваристаналъул тахшагьарлъун щиб бук1араб?

Ц1алдохъаби: Хунзахъ.

2 суал: Гьит1инаб улка – Дагъистан т1олабго ракьалда раг1изабурал, свин гьеч1ел ц1ваби – эменги васги – шаг1ирзаби кинаб росулъ рижарал?

Ц1алдохъаби: Ц1ада.

3 суал: Дагъистаналъул к1иабилев имамасда ц1ар щиб?

Ц1алдохъаби: Х1амзат.

Муг1алим: Бит1ун буго. Лъимал, нужеда кин кколеб, нилъер жакъасеб дарсил тема щиб?

Ц1алдохъаби: Ц1адаса Х1амзат.

Муг1алим: Бит1ун буго. Амма дица гьеб дагьабги г1ат1ид гьабила. Нилъеца жакъа бицине буго Ц1адаса Х1амзатил «Г1умруялъул дарсал» абураб поэмаялъул. Рач1а цин рак1алде щвезабизин Ц1адаса Х1амзатил г1умру. Лъицаха бицинеб гьесул х1акъалъулъ?

Ц1алдохъан:

Гьев гьавуна 1877 соналъул 21 августалда. Х1амзатил эмен Юсупил Мух1амад вук1ана эркенав узденчи. Гьесул бук1инч1о хъат ч1вазег1анасеб ракь, амма бук1ана 7 лъимер, гьезда гьоркьосан г1иц1го Х1амзатица лъолаан т1агъур. 7 сон гьес байдал, хола эмен. К1удияб хъизаналъул т1алаб т1аде ккарай эбелги кват1ич1ого хола. Бест1алазул т1алаб гьабула инсул вацг1алзабаз. Мух1амадсултаница Х1амзат кьуна Гиничукье мадрасаялде г1араб ц1ализе. Хисана г1емерал росаби, дибирзаби. Гьелъие г1илла Х1амзатил сатириял куч1дул рук1ана.

Гьесда бихьана мискиназда бугеб къварилъи, росдал бечедазул хъант1и, гьез махсароде кколеб халкъ.

Х1амзатил творчество байбихьанин абизе бегьула жеги мутаг1иллъуда вугеб мехалъго. 14 сон барав Х1амзат судалде кьола Г1алибег абулев бечедав мадугьалас, цо кинабалиго т1аг1ел бикъун бугин багьанаги батун.

Гьеб бук1ана 1891 сон-гьесул пагьмуялъулги пасих1лъиялъулги гъансиниб лъураб т1оцебесеб хазиналъун жиб ккараб «Г1алибегил гьве» абураб кеч1 хъвараб сон.

Гьес С. Стальскиясда цадахъ кьуч1 лъуна т1олабго Дагъистаналъул г1аммаб советияб литератураялъе. Гьесда лъик1 лъалан г1арабазул литература. Х1амзат шаг1ир гуревги вук1ана драматург, хъвалаан критикаялъул, публицистикаялъул, литератураялъул х1акъалъулъ х1алт1аби.

Х1амзатица нахъе тана бечедаб адабияб ирс: руго гьесул маргьабиги, баснябиги, сатириял асаралги,таржамабиги.

Г1ужда щолеб, бег1ераб пасих1аб каламалъул устар - гьесул куч1дуздасан цо-цо мухъал халкъиял абиязде, биценазде сверана. Гьел куплетал халкъалда рек1ехъе лъала.


Муг1алим: Баркала. Лъимал, гьанже ц1але ва к1вар кье дарсил эпиграфалде.

Ц1алдохъаби:





Муг1алим: Баркала, нилъ жеги гьелде т1адруссина. Гьабсаг1ат нилъеца гьабизе буго викторина.

Викторина «Асаралъул ц1ар ва автор абе»

Учитель: Гьанже х1алт1изе руго къокъа-къокъаккун. Лъабго командаялдеги рикьун, цоцазе кьезе буго цо суал: «Асаралъул ц1ар ва автор абе»

Къокъабаз, цин-цин гьабун, ц1алула куплетал:

1 группа:

Дуца гьудуллъун ккве квер г1ат1идаб т1ехь
Кида бокьаниги, дуй пайда кьолеб.
Гьалмагълъун ккве дуца литература
Мун хисарданиги, цо х1алккун ч1олеб


Ц1алдохъаби: Ц1. Х1амзат. «Гьудуллъи лъилгун кквелеб?»

2 группа:

Кутакалде мугъ ч1вараб
Ч1ух1араб пил бихьулищ
Лолен г1адин, ц1унц1раялъ
Ц1анбит1ун г1одоб лъураб

Ц1алдохъаби: Ц1. Х1амзат «Пилги ц1унц1раги»

3 группа:

Жиндир хъулухъ гуреб иш
Бет1ералде босарасе
Мисалалъе гьаб раг1и
Г1унги т1ок1аб буго

Ц1алдохъаби: Ц1. Х1амзат «Маймалакги ц1улал устарги»

1 группа:


Гьедиг1ан инжитго данде гьабураб
Дунялалъул боц1и бакьанго гуро
Мискинзаби гуккун, кодобе щвараб
Шагьи –параялда дун урхъуларо

Ц1алдохъаби: Ц1. Х1амзат «Ашбазалде»

2 группа:

Исана дидасан бегьараб зарал
Закат-сах1алдасан босеха, дибир,
Т1аде-хариялде я дунго хвела,
Ялъуни дибирлъун бат1ияв ккела!

Ц1алдохъаби: Ц1. Х1амзат «Дибирги г1анхвараги»

3 группа:

Марксица къимат кьурав

Кьалул цевехъанасде

Кьуч1 билараб пероялъ

Гьагал ч1орал рехана

Ц1алдохъаби: Ц1. Х1амзат «Шамил»

Муг1алим: Нилъеца Х1амзатил цере малъарал асарал такрар гьаруна. Лъица бицинеб, гьел асараз нилъ сунде ах1улел ругел?

Ц1алдохъаби: Нилъго нилъерго г1амал-хасияталда т1ад х1алт1иялде.

Муг1алим: 10 соналъ мутаг1иллъунги ц1алун, имамзабазул бит1араб нухдасанги унаго, дибирасул даражаялде вахарав Ц1адаса Х1амзатил «Г1умруялъул дарсал» абураб поэмаялъул бицине буго жакъа нилъеца.

Лъик1ав инсан куцаялъул суалал рорхулел руго Х1амзатица жиндирго асаразулъ. «Г1умруялъул дарсал» -асаралъулъ берцинаб г1умру г1уц1иялъул, гьелъие къвариг1унел шарт1азул бицунеб буго. Аслияб-берцинаб т1абиг1ат, г1ама-хасият, хьвада- ч1вади. Гьеб кинабго х1исабалдеги босун, шаг1ирас т1оцебе асаралда ц1ар тун бук1ана «Анкьго дарсидасан данде гьабураб поэма» абун.

Слайдазда нужеда бихьула кина-кинал дарсаздасан гьеб г1уц1ун бук1арабали. Дие кумек гьабун, гьел ц1але

1.Ц1алдохъан: «Адаб –хатир ккурав чи вук1иналдаса учузго ч1олеб ва къимат гьабулеб жо гьеч1о» М. Сервантес

Ч1ух1и

2.ц1алдохъан: Аварагасул (саллаллаhу ‘алайhи васаллам ) буго х1адис: «Цо мискъалцин ч1ух1иялъул рек1елъ бугев чи Алжаналъуве лъугьинаро»

Мац1

3.ц1алдохъан: «Инсанасул иман бит1уларо, гьесул рак1 бит1изег1ан, гьесул рак1ги бит1уларо, мац1 бит1изег1ан». Х1адис

Г1акълу

4.Ц1алдохъан: «Г1елмуялда хадув ин ва гьелъул цо бут1а лъазаби лъик1аб буго 100 ракаг1аталъул как баялдаса» Х1адис.

Гьудул –гьалмагълъи.

5.ц1алдохъан: Бищунго гьудуллъи кквезе лъик1аб буго Аллагьасулгун. Х1адис

Х1икмат

6.Ц1алдохъан: «Г1елму –Х1икматалъул х1албихьаразе х1алхьараб рукъ буго дица къач1араб»
И. Г1алих1ажи

Рук1а-рахъин

7.Ц1алдохъан: «Дунял тун, динги гьабуге, дин тун, дунялги гьабуге». Х1адис.

Муг1алим: Лъимал, кинаб дарс нужее бокьараб? Щай нужее гьеб бокьараб? Гьелде нилъ жеги рач1ина.

«Анкьго дарсидасан данде гьабураб поэма» абун хадуб, Х1амзатица гьелда ц1ар тана «Дир дарсал» абун. Ахиралда тана «Г1умруялъул дарсал». Гьел унго-унголъунги т1убараб г1умруялъго нужеда дандч1вазе ругел дарсал ккола. Гьел дарсал ккола г1умру г1уц1иялъул кьуч1 – гьел лъач1они, ва гьезда хадур рилълъинч1они, кьезе к1оларо г1умруялъул экзаменги. Гьел дарсал ккола инсан къач1алеб къебелъи.

Словарияб х1алт1и

Муг1алим: Тексталъулъ дандч1валел зах1матал раг1абазе баянал нужеца словаралда хъвазе бегьула.

  • Ятим- бесдалав (кумек гьабе)

  • Мазлумасул-х1ал, зулму гьабулев (рокьукълъи бижинабула)

  • Рияъ-рихьдае жо гьаби (х1аракат бахъуге)

Муг1алим: Гьанже поэмаялдаса цо-цо бут1абазухъ г1енеккизин. Т1оцебесеб ц1алила дица, хадуб нужецаги.

4 – абилеб дарс – г1акълуялда бараб – аудио г1енеккила (00:19сек.)

Асаралъул анализ

Муг1алим: Асаралъул тема щиб лъимал? (лъималазе ва г1олилазе лъай ва тарбия кьеялъул.

Идея щиб лъимал? ( Инсанасул рух1ияб дунялалъе, г1амал-хасияталъе ва хьвада-ч1вадиялъе къимат кьей)

Жанр: насих1атияб поэма.

Жинс: лирика.

Проблемаби: адабалъул, ч1ух1иялъул, мац1алъул, г1акълуялъул, гьудул-гьалмагълъиялъул, х1икматалъул ва рук1а-рахъиналъул.

Поэма бечед гьабун буго сипатиял раг1абаз. Рач1а гьел ратизин къокъаккун. 1 – себ къокъаялъ ратила эпитетал( рекъал, бецал, бух1арал, х1алуцараб, к1удиял)

2- леб къокъаялъ ратила метафораби (заманалъ мугъ рехарал, цинги къулч1ун, рак1 сук1арав, къоно рич1изе)

3 – леб къокъаялъ ратила дандекквеял яги антитеза (учузлъулеб – хиралъулеб, гьит1инаб – к1удияб, бергьараб – къураб, гъоркье т1аде)

Муг1алим: Лъик1 буго. Гьанже хисила:

1 – себ къокъаялъ ратила дандекквеял яги антитеза( виччун – вакъван, раг1ад г1адаб)

2- леб къокъаялъ ратила эпитетал( гьуинаб, берцинал, ц1ек1аб, гьагаб, бак1аб)

3 – леб къокъаялъ ратила метафораби ( гьуинаб раг1и, рак1 г1ат1идав, бичизе к1олареб гарац1, рек1ел гьава, г1умруялъул г1орхъаби)

Муг1алим: Х1алч1ахъадал. Гьанже х1аракат бахъе лъимал гьеб асаралъул хаслъи щибали бицине.

Ц1алдохъан: Кицабаздаса ва абияздаса шаг1ирас пайда боси.

Муг1алим: Ц1одор вук1ун вуго! Гьанже ратеха гьенир кицаби ва абиял.

Ц1алдохъан: Гьудул нусгоги дагьав, тушман цоги г1емерав

Муг1алим: Ц1акъ лъик1 буго! Х1ухьбахъиялъул лах1зат х1исабалдаги лъик1 х1алт1аралъухъги дица нуж рачине руго Ц1. Х1амзатил музеялде.

Видео «Экскурсия Ц1ада росулъ»

Гьесул буго, лъимал, исана юбилей –гьавуралдаса 140 сон т1убай. Гьеб к1одо гьабун т1ибит1ана бит1и-бат1иял тадбирал т1олабго Дагъистаналда.

Видео «140 сон Ц1адаса Х1амзат гьавуралдаса»

Муг1алим: Гьанже нилъеца т1обит1изе буго тестовияб х1алт1и.

  1. Кида гьавурав Ц1. Х1амзат?

а)1877 с

б) 1890 с.

в) 1900 с.

  1. Ц1. Х1амзатил фамилия, инсул ц1ар?

А) Мух1амад

Б) Юсуп

В) Расул

  1. Ц1адаса Х1амзатил т1оцебесеб асаралда ц1ар щиб?

А) «Г1алибегил гьве»

Б) «Ашбазалде»

В) «Айдемир ва Умайгьанат»

  1. Ц1. Х1амзатил т1оцебесеб т1ехь къват1ибе бахъараб заман?

А)

Б)

В)

  1. Ц1.Х1амзатил кеч1 –антиреклама?

А)

Б)

В)

  1. Ц1. Х1амзатица асарал хъварал адабиталъул тайпаби?

А)

Б)

В)

7. Кив гьавурав Ц1адаса Х1амзат?

А) Хунзахъ районалъул Ц1ада росулъ

Б) Казбек районалъул Дилим росулъ

В) Лъарат1а районалъул росулъ

8. «высокомерие, гордость» маг1арул мац1алде буссинабуни кин бук1инеб?

А) хъант1и

Б) Ч1ух1и

В) берцинлъи

9. антоним адабияталда?

А) эпитет

Б) метафора

В) антитеза

10. бахчараб дандекквей ккола …?

А) антитеза

Б) эпитет

В) Метафора.

Муг1алим: Х1алч1ахъадал! Бихьулеб буго нуж лъик1 х1адурун рук1ин, ва нужее шаг1ир вокьулев вук1ин! Гьанже рач1а, пикру гьабизин нилъерго г1амал –хасияталъул, хьвада-ч1вадиялъул.

Дибирасул к1алъай

Муг1алим: Баркала, дибир, ц1акъ пайдаяб гара-ч1вари ккана нилъер. Аллагьас нилъер лъик1ал рахъал ц1ик1кинареги, щулияб иман нилъее кьеги. Аминь!

Дибир уна.

Рефлексия

1. Лъимал, бицеха, кинаб дарс нужее бокьараб? Щай гьеб бокьараб?

2. Щиб нужеда жакъасеб дарсида ц1ияб лъараб?

3. Кинаб хьвада-ч1вади бук1ине кколеб инсанасул?

4. Динияб г1елмуялъги адабияталъги сунде нилъ кант1изарулел ругел?

5. Жакъасеб къоялдаса нахъе нужеца х1аракат бахъизе бугищ гьедин хьвадизе?

Эпиграф

Рач1а гьанже нилъ т1аде руссинин эпиграфалде.



Къиматал лъела

Рокъобе х1алт1и

Сочинение хъвазе Ц1адаса Х1амзатил цо дарсида т1асан.

Авартеатр.

Муг1алим: Ахиралде щвана нилъер жакъасеб дарс. Дие бокьун буго шаг1ирасул ц1аралда бугеб театралдеги рачун, «Г1умруялъул дарсал» поэмаялъул цо бут1а бихьизабизе нужеда.

Поэма ц1алулеб буго Мах1муд Г1абдулхаликъовас.

Къо-мех лъик1 киназего!