Урок — викторина между 4 «в» и 4 «б» классами
Тема: Ихдалил гIаламатал
Дарсил мурад:
Ихдалил гIаламатал загьирлъулеб къагIида лъазабизе , кицаби, абиял лъазе кIвар цебетIезабизе.
I. ТIадкъай
Кеч- 4 «в» класс- «Их» гьум 114
4 «б» класс- «Их» гьум 116
II. ТIадкъай
Ихдалил тIабигIаталъул суратазул конкурс кIиябго командаялда гьоркьоб.
III. ТIадкъай
Суалазе жаваб кьезе
команда -1
1. Кинал ихдалил гIаламатал загьирлъун ругел?
2. Кинал хIанчIи тIоцере рачIунел нилъехъе?
3. (День борозды) «Оцбай» кида тIаде щолеб?
команда- 2
1. Ихдалил тIабигIаталъул кинаб хиса- баси кколеб?
2. РухIчIаголъабигун щиб лъугьунеб?
3. Кинаб гIадат «Оцбай»?
IV.ТIадкъай
БицанкIаби киназего ( хехго жаваб кьуразе бал)
1. Жиб хIеренаб, хIули гуреб,
Жиб цвIакараб, цIваги гуреб,
ЦIорол Дада, цIалку гьарщун,
Гьаб ракьалъул кьер хъахIлъулеб?
2. Сордо гьалъул къо буго,
Къо гьалъул сордо буго,
Сардил чанахъан вуго,
Бецабилан жиб толеб
3. ГIазу байгун, цIер къайгун
ЦIан къватIире рачунел,
РухI гьечIел, хIатIал гьечIел
ХIамузда унел чуял.
4. Ле, василан ахIидал,
Ле, василан абулеб,
АхIе кIечан ахIидал,
АхIе кечIан калъалеб,
КIал гьечIеб, кIутIби гьечIеб
Гьаб щиб кIалъалеб кьуру?
5. Богорокъоб хун бахъунеб
БагIар-хъахIаб, хъахIилаб жо
ХъачIаб цIорой нахъе чIвалеб
Хъазан, хьагил тIинакьа жо
6. Ургьиб хасел рещтIараб
Хинаб рокъоб рекъараб
Пириялъ жиб хIалтIулеб
ХIалтIанагIан цIоролеб
7. ТIогьилаб тIарс гIадинаб
ТIегь бакъалде буссараб
Борхатаб хIубиялъул
ХIалакъаб габуралъул
Барсани, тIагIам кьолеб
ТIанчIазул сусун цIураб
8. Жанибе нух гьечIеб нахул гиби
9. Жанисан тIатIул тIасан рокьол
10.КIиго эбел -анцIго тIинчI
( Щибаб битIараб жавабалъе цо-цо бал)
V.ТIадкъай
Щибаб командаялъе кьун букIана рокъобе хIалтIи ихдалил хIакъалъулъ кицаби рицине
Дарсил хIасил гьабила
Протокол открытого урока от 19.0219
Урок — викторина между 4 «в» и 4 «б» классами
Тема: Ихдалил гIаламатал
Дарсил мурад:
Ихдалил гIаламатал загьирлъулеб къагIида лъазабизе , кицаби, абиял лъазе кIвар цебетIезабизе.
Дарсил ин:
I. ТIадкъай
II. ТIадкъай
III. ТIадкъай
IV.ТIадкъай
V.ТIадкъай
VI. Дарсил хIасил гьабила
Дарсида гIахьаллъана :
4 «б» ва 4 «в» цIалдохъаби ( 40 чи)
Муртазалиева С.М.- магIарул мацIалъул мугIалим
Асхабова З.К.- зам. дир по нач кл.
Дарс хIадурана ва кьуна: МухIамадова ГI.ГI
г.Хасавюрт. МКОУ СОШ №16