СДЕЛАЙТЕ СВОИ УРОКИ ЕЩЁ ЭФФЕКТИВНЕЕ, А ЖИЗНЬ СВОБОДНЕЕ

Благодаря готовым учебным материалам для работы в классе и дистанционно

Скидки до 50 % на комплекты
только до

Готовые ключевые этапы урока всегда будут у вас под рукой

Организационный момент

Проверка знаний

Объяснение материала

Закрепление изученного

Итоги урока

Имя существительное

Категория: Прочее

Нажмите, чтобы узнать подробности

Имя существительное. Склонение имен существительных.

Просмотр содержимого документа
«Имя существительное»

Развёрнутый план урока по родному языку





Составил:

учитель родного языка и литературы

МКОУ «Цветковская гимназия» Кизлярского района._

Мухтаров Мухтар Узумхаджиевич.







Дарсил тема:

Предметияб цIар падежазде свериялъул тайпаби.

Дарсил мурад: 

-баян гьабизе бокьараб предметияб цIар кинаб свериялда рекъон сверулебали лъазе ккани, актив пад.лъезе кколеблъи бич1ч1изаби.

- Кьурал предметиял цIаразул падежазде свериялъул тайпаби лъазе.

Дарсида къваригIунеб алат:

таблица, картачкаби.

Дарсил ин:

I Расандиялъул формаялда рокъобе кьураб дарс гьикъи.

(группа кIиго командаялде бикьила ва кIиго учитель-дублерал тела. Гьез лъола жаваб кьуразе къиматал).

Суалал:

1. Предметияб цIар сунда абулеб?

2. Пред. цIаралъул гIаммал цIарал.

3. Пред. цIаралъул хасал цIарал.

4. Предметияб цIарул классал.

5. Классиял гIаламатал.

6. Предметияб цIарул формаби.

7. Пред. цIарул гIемерлъул форма лъугьин.

8. Предметияб цIар лъугьин.

9. Предметиял цIарул падежал.

II Словарияб диктант

Квен-тIех, гъуд-гIучI, Сулахъ гIор, ражипер, гьатIан къо, багIарбакъ, мада-гъадар, газа-раххан, биххизе, рехизе, квердаххелал.











III. Хlаялъулаб минутка .

БицанкIо ва кици.

Кверал квалквадичIого, квартIа-жини гьечIого, гьабун буго цо мина. (хIанчIибусен).

— Кин хъвалеб хIанчIибусен абулеб рагIи?

— РекIун хъвала.

— Дица нужее кьела цо кици. Воре, дуца цого кIалдиб кIигIаркьелаб мацI Хьихьуге.

— Гьеб кициялъул магIна щиб? (цIалдохъабаз жаваб кьола).

— Кин хъвалеб кIигIаркьелаб абураб рагIи?

— Гьеб ккола жубараб прилагательное, журарал прилагательноял рекIун хъвала.

IV. ЦIияб тема.

(Доскаялда хъван буго кочIол куплет)

МахIмудил пасихIлъи, гьесул хIасралъи,

Бидулъ къаламги ччун, гьарурал кучIдул

Гьел нилъер магIарул мацIалъ кинигин

Киданиги дида ричIчIизе гьечIо.

— Гьаб кочIол автор щив?

— Гьаб ккола Р.ХIамзатовасул «Авар мацI» абураб кечI

Нолъ макьилъ вихьана, кьалда лъукъ-лъукъун,

Кьурда квер чIван унев, бида вецIцIун дун;

Кьуруги батIалъун цеве унаго

Цо лъарал рагIалда гIодов кколев дун.


Лъар чвахулеб буго чабхил кIкIалахъан

Лъин кIанцIулеб буго ганчIазда тIасан;

ТIарамагъадисеб къвал балеб буго,

Къо лъикIилан дица согIаб ракьалда.


Дида лъалеб гьечIо лъил ракь гьабали,

РагIуларо цо сас сверухълъиялда.

ГIицIго борхалъуда цIумал ахIдола,

ГIицIго ахалъуда чундул угьдула.


Гьедин холев вуго, хадур гIодизе

Я гIагарлъи гуро, я гьудул гуро.

Берал къанщулелъул тIаде къулизе

Я йокьулей гьечIо, я чIужу гьечIо.

Гьале, гьеб мехалда, борхалъудасан

Нухлулазул гьаракь рагIана дида.

Гьез бицунеб буго ах, хур, хералъул,

Исана букIинеб магIишаталъул.

Кьерхен-роцIцIеналъул, боцIи-панзалъул,

Пуланав ХIасанил сихIирлъиялъул…

Гьел кIалъалел руго нилъер гIадатаб,

ГIагараб, бацIцIадаб магIарул мацIалъ.

Дир магIу бачIана бадиса къватIиб,

Къана данде цаби, вахъана тIаде.

Аваразул калам, гьелъул камиллъи!

Кинабго черхалда лъикIлъана ругънал.

Лъаларо, МухIамад, цогиязул иш,

Амма дица дирго рахъалъ абила:

Метер магIарул мацI хвезе батани,

Хваги дун жакъаго жаниб ракI кьвагьун.


Щай дие къваригIун бугеб Дагъистан,

Дир гьаракь бахъани дир лъималахъа?

Щай, дир магIаруллъи, магIарул чагIаз

Чияр мацI бицунеб жидерго гъасда?

Щай дие гьал мугIрул, гIурул рагIалда

ГIагараб магIарул кечI рагIичIони?

Камилаб гьаракьалъ нилъер кьерилаз

Кьурул рагIалда чIун, гьеб ахIулеб куц!

Дун кIудияб пикру гьитIин гьабизе

ГьитIинаб рукIнисан кIалъалев гуро,

Ва пачалихъазул Ассамблеялда

Авар мацIалъе бакI гьарулев гуро.

Амма гьал кьурабалъ улкаялъ рарал

Мактабазда гьеб мацI малъизе ккела.

Гьеб рекъараб буго нилъер халкъалда

Черхалда борчараб рачел киниги.

Гьеб мацIалъ панаяб кечI ахIулаго,

Киниги гьулакги кIикIана нилъер.

Гьаб мацIалъ рукъоса унеб мехалда

Нух битIагийилан абуна улбуз.

Гьанже нухалги тун рукъоре щвейгун,

Щиб, цоги мацIалъиш нилъ гаргадилел?

Дун магIарулазе, гьедин батани,

Бищун ахирияв поэтиш кколев?

МахIмудил пасихIлъи, гьасул хIасралъи,

Бидулъ къаламги ччун гьарурал кучIдул,

Гьел, нилъер магIарул мацIалъ кинигин,

Киданиги дида ричIчIизе гьечIо.

Бокьула, МухIамад, дие гьаб дунял,

Дунялалда бищун гьаб нилъер улка!

Дица кIвараб куцалъ кинабго рахъалъ

КучIдулъ гьеб ахIана, жеги ахIила.


Ва амма батIаго цоги рокьиялъ

Бокьула гIураб ракь, магIарул тIалъи.

Лъаларо кивехун дун хвелевали,

Амма хоб бокьила гьаниб букIине.


Щиб лъалеб, хабада цересан унел

Цо-цо нухлулаца дир хIисаб гьабун,

Гьав нилъер Хlамзатил Расул вугилан,

ХIасратаб магIарул мацIалъ абилеб.

Тlадкъвай: предметиял цIаразда гъоркь мухъ цIай ва гьел кинал падежазда хIалтIизарун ругилали баян гьабе.

V. Таблицаялдасан накъит

(гIадатал падежал ва гьезул суалал такрар гьаруна)

Баян: предметиял цIарал гIадатал падежазде свериялъул буго лъабго свери.

I свери – с

II свери – лъ

III свери – ца

Кинаб свериялда рекъон предметияб цIар падежазде сверулебалилъазе ккани, лъезе кола ак.падежалда.

VI. Жалго жидедаго чlун гьабулеб хIалтIи.

(цlалдохъабаз цIалила Авар мац1 цо-цо куплет рекIехъе, ратила предметиял цIарал, бицана кинаб свериялда рекъон гьел сверулелали).Цебеккунго х1адур гьабун къот1ун тела цо-цо куплет ц1алдохъабазухъе кьезе.

VII. Сураталдасан хIалтIи

(сураталъухъ балагьун, 1,2,3 свериялда рекъон падежазде сверулел предметиял цIаралъун предложениял гIуцIана).

хIалтIи №336. Гьум.17. ТIадкъвай 1,2,3 свериялда рекъон, предметиял цIарал падежазде сверизаре.

Нолъ макьилъ вихьана, кьалда лъукъ-лъукъун,

Кьурда квер чIван унев, бида вецIцIун дун;

Кьуруги батIалъун цеве унаго

Цо лъарал рагIалда гIодов кколев дун.



Лъар чвахулеб буго чабхил кIкIалахъан

Лъин кIанцIулеб буго ганчIазда тIасан;

ТIарамагъадисеб къвал балеб буго,

Къо лъикIилан дица согIаб ракьалда.



Дида лъалеб гьечIо лъил ракь гьабали,

РагIуларо цо сас сверухълъиялда.

ГIицIго борхалъуда цIумал ахIдола,

ГIицIго ахалъуда чундул угьдула.



Гьедин холев вуго, хадур гIодизе

Я гIагарлъи гуро, я гьудул гуро.

Берал къанщулелъул тIаде къулизе

Я йокьулей гьечIо, я чIужу гьечIо.

Гьале, гьеб мехалда, борхалъудасан

Нухлулазул гьаракь рагIана дида.

Гьез бицунеб буго ах, хур, хералъул,

Исана букIинеб магIишаталъул.

Кьерхен-роцIцIеналъул, боцIи-панзалъул,

Пуланав ХIасанил сихIирлъиялъул…

Гьел кIалъалел руго нилъер гIадатаб,

ГIагараб, бацIцIадаб магIарул мацIалъ.

Дир магIу бачIана бадиса къватIиб,

Къана данде цаби, вахъана тIаде.

Аваразул калам, гьелъул камиллъи!

Кинабго черхалда лъикIлъана ругънал.

Лъаларо, МухIамад, цогиязул иш,

Амма дица дирго рахъалъ абила:

Метер магIарул мацI хвезе батани,

Хваги дун жакъаго жаниб ракI кьвагьун.

Щай дие къваригIун бугеб Дагъистан,

Дир гьаракь бахъани дир лъималахъа?

Щай, дир магIаруллъи, магIарул чагIаз

Чияр мацI бицунеб жидерго гъасда?

Щай дие гьал мугIрул, гIурул рагIалда

ГIагараб магIарул кечI рагIичIони?

Камилаб гьаракьалъ нилъер кьерилаз

Кьурул рагIалда чIун, гьеб ахIулеб куц!

Дун кIудияб пикру гьитIин гьабизе

ГьитIинаб рукIнисан кIалъалев гуро,

Ва пачалихъазул Ассамблеялда

Авар мацIалъе бакI гьарулев гуро.

Амма гьал кьурабалъ улкаялъ рарал

Мактабазда гьеб мацI малъизе ккела.

Гьеб рекъараб буго нилъер халкъалда

Черхалда борчараб рачел киниги.

Гьеб мацIалъ панаяб кечI ахIулаго,

Киниги гьулакги кIикIана нилъер.

Гьаб мацIалъ рукъоса унеб мехалда

Нух битIагийилан абуна улбуз.

Гьанже нухалги тун рукъоре щвейгун,

Щиб, цоги мацIалъиш нилъ гаргадилел?

Дун магIарулазе, гьедин батани,

Бищун ахирияв поэтиш кколев?

МахIмудил пасихIлъи, гьасул хIасралъи,

Бидулъ къаламги ччун гьарурал кучIдул,

Гьел, нилъер магIарул мацIалъ кинигин,

Киданиги дида ричIчIизе гьечIо.

Бокьула, МухIамад, дие гьаб дунял,

Дунялалда бищун гьаб нилъер улка!

Дица кIвараб куцалъ кинабго рахъалъ

КучIдулъ гьеб ахIана, жеги ахIила.



Ва амма батIаго цоги рокьиялъ

Бокьула гIураб ракь, магIарул тIалъи.

Лъаларо кивехун дун хвелевали,

Амма хоб бокьила гьаниб букIине.



Щиб лъалеб, хабада цересан унел

Цо-цо нухлулаца дир хIисаб гьабун,

Гьав нилъер Хlамзатил Расул вугилан,

ХIасратаб магIарул мацIалъ абилеб.

IX. ЦIияб тема щула гьаби.

Тlадкъвай:Дица цIалила, нужеца 1,2,3 свериялда рекъон падежазде сверулел предметиял цIарал батIа-батIаго хъвай.

Бакъуца хинлъи кьола. ЗахIматалъ чи хьихьула. ГIияхъанас гьан кьола, хурухъанас чид кьола. Цица гъалбацI чIваларо. Лъеца гьобо ххенезабула.

X. Карточкабазулгун гьабулеб хIалтIи.

(жиб-жиб столалда лъун рукIана ихдалил хIакъалъулъ хъварал кIучIдузул цо-цо документ. ТIадкъвай 1,2,3 свериялда рекъон сверулел пр.цIарал ратизе)

XI. Морфологияб разбор

Берцинаб ракуца маххул каву рахьула.

(Цин пициялъул магIна бицина, хадуб гьеб каламалъул бутIабазде биххизе).

XII.Дарсил хIасил

— Жакъа дарсида щиб нужеда лъараб?

— Кинаб падежалъул ………….балагьун, падежазде свериялъул тайпаби чIезарун ругел?

XII Рокъобе хIалтIи

ХIII 6 пр. Р.ХI. асараздасан бокьараб рагlи 1,2,3 св.рекъон сверулел пр.цI.





































ДАРСИЛ ЭТАПАЛ:


l.Расандиялъул формаялда, рокъобе кьураб дарс гьикъи.

II. Словарияб диктант

III. Хlаялъулаб минутка .БицанкIо ва кици.

IV. ЦIияб тема.

V. Таблицаялдасан накъит

VI. Жалго жидедаго чlун гьабулеб хIалтIи.

VII. Сураталдасан хIалтIи

Vlll.ЦIияб тема щула гьаби

lX. Карточкабазулгун гьабулеб хIалтIи

X. Морфологияб разбор

XI. Дарсил хIасил

XII. Рокъобе хIалтIи

ХIII. Гьал предм.ц1аразул свери бате.






Скачать

Рекомендуем курсы ПК и ППК для учителей

Вебинар для учителей

Свидетельство об участии БЕСПЛАТНО!