СДЕЛАЙТЕ СВОИ УРОКИ ЕЩЁ ЭФФЕКТИВНЕЕ, А ЖИЗНЬ СВОБОДНЕЕ

Благодаря готовым учебным материалам для работы в классе и дистанционно

Скидки до 50 % на комплекты
только до

Готовые ключевые этапы урока всегда будут у вас под рукой

Организационный момент

Проверка знаний

Объяснение материала

Закрепление изученного

Итоги урока

Имя существительное. Собственные имена существительных.

Категория: Прочее

Нажмите, чтобы узнать подробности

Имя существительное. Собственные имена существительных.

Просмотр содержимого документа
«Имя существительное. Собственные имена существительных.»



Рагьараб дарсил конспект

Тема:

«

ПРЕДМЕТИЯЛ ЦIАРАЛ РУКIУНА

ХАСАЛ ВА ГIАММАЛ.

Хасал ц
Iарал»









Дарсил мурад:


1)Хасал цIарал ратIа рахъизе лъай,гьезие гIаммаб баян кьезе бажари камил гьаби. Гьел кIудияб хIарпалдасан хъвазе кколеблъи лъай

2)13 хасаб хIарп лъай щула гьаби ,гьел хIарпазулъ гъалатI биччачIого ,диктантал хъвазе ругьун гьари;жидерго хIалтIуе къимат кьезе куцай;

3)лъималазул жидерго хъизаналде адаб,рокьи цIикIкIинаби;бацIцIадхъваялде куцай.

Дарсил алатал:Р.ХIамзатовасул,Фазу ГIалиевалъул,ЦIадаса ХIамзатил ,КъурамухIаммадхIажи Рамазановасул,имам Шамилил,Залму Батировалъул портретал –слайдал,диск,карточкаби,хIарпазул таблица,тIугьдул ,корзинка,магниталъул доскаялда бараб.

Дарсил ин:


I.Авалияб гуцIи


II.Такрар гьаби.13 харп такрар гьабила карточкабигун хIаялдалъун.



IIIIияб дарс малъи:

ЦIалдохъан.

-Щиб лъугьараб?

Щиб ккараб?

ГьитIинаб хIарп кIодолъун

Буго циндаго бачIун

КIудияб гьудулалъухъ

ХIурматалда балагьун


Руго гIисинал хIарпал:

Сундухъ мустахIикълъараб

ХIурматалъе кIодоч- хIарп?

Жиндие бокьун гуреб


ХIарп кIудияб гIун бугеб,

КIвар бугеб тIадкъай буго

Гьелъие рагIулъ кьураб.

ГIадада гуро гьеб хIарп


Борхалъизе гьабураб,

Гьалъул аслияб хъулухъ-

РагIул байбихьуда чIей,

ЦIияб предложение


Байбихьулеб мехалда

Киназдагогьеб лъазе,

Киназдаго бихьизе,

Хасал цIарал жиндалъун


КIодолъизе гьаруна,

ГIадамазул цIаралги

Росаби,шагьаразул,

ГIоразул,ралъадазул


МугIрузулгин иццазул

КъватIазул,хIайваназул

ЦIарал киназдаго лъан

РагIун,рихьун рукIине


ХIурматалъул гIаламат

Гьеб хIарпалъулъ бихьула

Гьелдехун кIвар дуца кье

Воре,кIочене гурин,

КIудияб хIарпалдалъун

Дуца гьел кIодо гьаре

Хасал цIарал тIокI гьаре!


МугIалим:Нужер тетрадазде тIаде ралагье ,лъимал.Гьезда тIад хъван руго нужер фамилия ва цIар.Гьел кинаб хIарпалдасан хъван ругел?

ЛЪ.:КIудияб.

М.:Щайдай гьел кIудияб хIарпалдасан хъвалел нилъеца? МухIамадов,ГIалиева,ГIумаров,Хириясулаева ва гь.ц.Нужеца жеги пикруго гьабунищ,лъимал,кисан рачIарал нужер фамилиял ва цIаралали?Гьезул магIнаго бугищали?

(ГIуцIила къокъабго гара-чIвари.

КIудиял умумузул цIараздасан рачIарал руго гьел.Щалха рукIарал нужер кIудиял умумул?Щиб пишаялъул гIадамал гьел рукIарал?ЛъикIал гIадамал рукIанадай ,лъимал,гьел?Гьезул цIарал нилъеда кIочене бегьуларо.Нужер умумул гьарураб,гIураб росуги нужеда лъазе ккола.МагIарул мацIалда кIалъалаандай ,лъимал,гьел гъоб заманаялъ?Нужедаги лъазе ккелародай умумузул мацI гъозда гIадин лъикI?Бокьилароанищ нужее гьелго гIадал бахIарчиял лебалал,лъикIал,сахаватал ,жидер мацIги бацIцIад лъалеллъун нужгоги рукIине?ХIаракат бахъизе ккелаха гьелъие нужеца.






Лъимал:

У м у м у з у л р о с у – р а кь

Гьез б и ц а р а б р а хь д а л м а цI

Гь е з у л цIа р а л, п и ш а б и

КI о ч е н е б е гь и л а р о!


МугIалим: Рокъобе кьун букIана ,лъимал,нужее тIадкъай-нужер кIудиял умумузул ,нужер хъизаналъул тухумалъул кьолбол гъветI бахъизе,цIаралги хъван.Рес бугез,бажарараз презентация хIадуризе букIана жидерго хъизаналъул.Гьеб нужеца цIех-рех гьабун,кIварас кIвараб хIалалда лъазабун,хIадурун бачIана.Дун цакъ йохарай йиго нужеда нужерго кIудиял умумузул цIаралги гьел гьарурал росабиги лъалел рукIиналдаса.Жиндир росу-ватIан лъаларев

чи –гьев цIакъ мискинав,чIовогояв чи вуго.Гьелъул хIакъалъулъ гIемерал кициял,абиялги руго.(Доскаялда цебеккунго берцин ва чIахIа хъварал кицаби цIалила лъималгун цадахъ.Гьезул магIна кин бичIчIулебали цIехела.)


«ВатIан гьечIев чи-чед гьечIеб таргьа»,

«ВатIан кIочарасе талихI кьолареб»,

«ВатIан хириясул хвел букIунаро»…


Гьанже нилъеца гьел цIарал хъвазе ккани бацIцIад хъваялъул минута

гьабила. Хъухъадиро кин хъухъадулеб лъимал?Лъималаз

хъухъадироялъухъего гьабула:хъ-хъ-хъ-хъ-хъ-хъ-хъ-хъ….

-Гьеб гьаракьалъ кинаб хIарп бихьизабулеб?

-ХЪ.

-Гьеб хIарп хъвазе ккола нужеца берцинго ва бацIцIадго тетрадазда.

РачIаха гьанже гьеб хIарпгун рагIаби ургъизе.(лъималаз рагIаби абила,цо-цоккун доскаялда хъвала жив-живас ,слогаздеги рикьун,ударениеги лъун,

хъ- хIарпалда гъоркь мухъги цIан.

Цинги мугIалималъ абухъе тетрадазда хъвала лъабго предложение.


Хъазамица Хъаничае хъарпуз бачIана.

Хъайтмазица хъухъадироялъ хъархъал хъухъана.

Хъандулай пурщабазе хъабахъ хъвагIалей йиго.


-ПатIимат,чан хъ-хIарп бугеб тIоцебесеб предложениялда ?(3)Хасаб хIарп чан бугеб?(2)

-ГIабдуллагь,кIиабилеб предложениялда чан бугеб хъ-хIарп?(7)

Хасаб хIарп-?(1)

-Лъабабилелда чан бугебали лъица бицинеб хъ-хIарп?(4)Хасаб хIарп чан бугеб?(1)


-БитIун буго,лъимал,хIалчIахъаги нужер.Щаклъи бугеца доскаялдасан

ритIизаре гъалатIал багIараб къалмица.Нужерго хIалтIабазе къиматал лъе.(слайд)

IV.Физминутка тIобитIила. «Чуял рекерулел руго».

VIехьгун хIалтIи.

МугIалим: Рагье тIахьал .РачIа цин баян цIализе тIехьалда бугеб.

(Киназго цадахъ рагIизабун цIалила правило)

-Нилъеца такрар гьабуна,лъимал,хасал цIарал кIудияб хIарпалдасан хъвазе кколеблъи,гьанже нужеца берцинго ва бацIцIадго хъвай тетрадазда :


1)Нужерго цIар.

2)Эбелалъул,инсул цIар.

3)Вацазул,яцазул цIарал(ратани).

4)КIудияв инсул,кIудияй эбелалъул цIар.


МугIалим:Гьанже нилъеца тIобитIила цо хIай.ХIаялда цIар буго «Лъица хъварабали лъай?»(Гъутухъалда жанисан рахъила цо-цоккун асаразул цIарал.Лъималазда лъазе ккола гьел асарал хъварал авторал.(слайдазда суратал рачIина цо-цоккун гьезул)


VI.Щула гьаби.

Доскаялда бачIина слайд,гьелда кIиго хIуби гьабун хъван букIина:

гугарухъан - Саид афанди

машгьурав имам - Расул ХIамзатов

устар - ГIали ГIалиев

шагIир - Шамил



Гьал цIарал киназдаго щайдай ,лъимал,лъала?Щиб гьаз Дагъистаналъе гьабураб?(гара-чIвари гIуцIила Дагъистан машгьурлъизе гьабурал,

ватIаналъе пайда гьабурал гIадамазул хIакъалъулъ .Нилъер шагьаралда машгьурал гIадамал лъалищ,лъимал,нужеда?Нужеда кин бичIчIулеб кици:(слайд)


ЦIаралъ инсан гьавуларо,инсанас цIар гьабула.


ГIурус мацIалъ лъида лъалел гьединабго магIнаялъул кицаби?(ГIенеккила лъималазул жавабазухъ.)

VII.ГIахьал гьаби.

МугIалим:Гьанже дица нужер партабазда тIад лъурал карточкаби цIезе хIадуре.ЧIобогоял мухъал цIезе ккола нужеца битIун ва бацIцIадго:


Дун цIалулев(ей) вуго(йиго) …………………………………. классалда

Дида цIар буго………………………………………………………………

Дир фамилия буго…………………………………………………………

Дун гIодов(ой)чIун вуго(йиго)……………………………….аскIов(аской)

Дир гьудуласда(алда)цIар буго……………………………………………

Дир мугIалималда цIар буго…………………………………………………

Дир шагьар………………………………………………………….буго

Нижер тахшагьар…………………………………………………...буго


МугIалим:хасал цIаразда гъоркь мухъ цIай.


VIII.Дарсил хIасил гьабила.

-Дарс бокьанищ,лъимал,нужее?Щиб лъараб цIияб жо дарсида?

Бищунго щиб бокьараб жакъасеб дарсида?Нужерго настроениялда

рекъон тIугьдул рехе доскаялда бараб корзинкаялъубе.Диеги рокьана нужер жавабал ва рокъор хIадурарал хIалтIаби.Киназго кIудияб хIадурлъи гьабун бугеблъидал,киназего щуйилал руго жакъасеб дарсихъ.


IX.Рокъобе тIадкъай: хасал цIаралги хIалтIизарун,гьитIинабго сочинение хъвазе дицаго хIадурарал тIанчал рикьила,лъималазул цIаралги хъварал.









Скачать

Рекомендуем курсы ПК и ППК для учителей

Вебинар для учителей

Свидетельство об участии БЕСПЛАТНО!