СДЕЛАЙТЕ СВОИ УРОКИ ЕЩЁ ЭФФЕКТИВНЕЕ, А ЖИЗНЬ СВОБОДНЕЕ

Благодаря готовым учебным материалам для работы в классе и дистанционно

Скидки до 50 % на комплекты
только до

Готовые ключевые этапы урока всегда будут у вас под рукой

Организационный момент

Проверка знаний

Объяснение материала

Закрепление изученного

Итоги урока

Карточки для родного (аварского) языка

Нажмите, чтобы узнать подробности

Карточки для уроков аварского языка помогут учителю дляиндивидуальной  работы с учащимися.

Просмотр содержимого документа
«Карточки для родного (аварского) языка»

Карточки.


Предложениялда жанир обращениял, гьоркьорккарал раг1аби

1 х1алт1и. Обращениял рате. Гьезул тайпа бице. Обращениелъун кинаб каламалъул бут1а ккун бугеб? Тетрадазда хъвай, лъалхъул ишарабиги лъун.

1.Огь Хъах1абросулъа г1ишкъул коч1охъан

Дур каранзул бух1и босана дица. (Р.Х1.).

2.Хариде щуб г1адин щущан дунги тун

Щолищ дуда макьу вокьарав гьудул

Ч1ег1ераб ракьалда лъезе ругелъул

Лъуни щиб хазина гьеч1ел бугьтаби.(С.Х1.М.)

3.Дир ургьиб гьинал рак1 гьалулеб бугин

Васав дур кин бугеб кереналъул х1ал. (С.Х1.М.)

4.Ихдал харилъ ах1долеб х1ат1ал баг1араб мокъокъ

Къварид бугин дир керен кагъат кьун босиларищ

Меседил хат1 т1ад хъвараб хъах1ил зобалъул т1авус

Т1ул-рак1 бугин бежулеб жаваб хехго кьеларищ. (С.Х1.М.)

5.Дуе г1умру кьеяв хирияв эмен

Дий рокьуларезда кьелин абуге.

Г1умру кьун йохаяй г1азизай эбел

Дида рихаразе раг1и бицунге. (С.Х1.М.)

6.Аман ани Аллагь алжаналъул к1ул

Рокьулезе ч1варал к1улал рич1изе

Хекко бечед Аллагь чараналъул нус

Хазина бухьараб рухьен къот1изе. (С.Х1.М.

7.Яхъа яс къоно рич1е къвариг1ел бугин дургун

Къаси гьаб киг1ан хекко мунго кьижараяли.

Васав дургин къвариг1ел къадго т1убан бук1анин

Къасдеги сунде гъундай хадув вач1унев вугев? (Ц1.Х1.А.).

8.Дун анц1уса щвана Индия духъе

Амма цониги кеч1 ах1ич1о жеги. (Р.Х1.К.).

9.Рокъоса къват1ир унел къват1иса рокъой унел

Киналг1аги поездал гьаб шагьаралда лъалхъе! (Р.Х1.К.).

10.Рагъул пурунт лъураб Ах1улгох1алъул

Ахирисеб хабар бицинин вацал. (Р.М.А.)

11.Изну кье тамада гьаб байрамалда

Рохел раг1изабун раг1и абизе.

Г1адамал рахъун ч1а рорхе бокалал

Рах1мат-баркаталъул бертинги баркун. (М.Г1.Б.).

12.Хирияв муг1алим кинал раг1аби

Ралагьилел дуе баркала кьезе? (Н.Г1.Д.)

13.Щайзе яс мун арай адрес теч1ого

Талих1 дургин цояб дир рак1ги лъукъун. (М.С.Т.)

14.Балагьея ясал дир вокьулесухъ

Рокьи гьабилила ячинарила

Хал гьабе хириял дир гьудуласухъ

Балай гьабилила гьариларила (С.Х1.М.).

2 х1алт1и. Гьоркьор ккарал раг1аби рате. Лъалхъул ишараби лъун, тетрадазда хъвай. Гьоркьор ккарал раг1абазул маг1на бице.

1.Аби буго бах1араб тутидул гъвет1 къот1ани чи холилан ялъуни балагь бач1улилан. (Б.)

2.Дуниялги сверун колоде щвараб бац1ида талих1алъ гьенив г1адан-чи вихьуларо.

3.Лъик1ай х1еренай Аллагьасукьа х1инкъулей лъадиги иман рек1елъ бугел лъималги ругев Узунх1ажида талих1алъ къвалбан бугилан кколаан.

4.Къаси кваназеги кванан Юсуп жиндир г1адат батухъе х1ул-х1улараб хъабчилъ гъаст1а гъапуллъун ккана. (М.Х.С.)

5.Масала г1акъилас г1адан толаро

Г1абдал вугониги г1адада хвезе. (И.Г1.).

6.Щаклъи ккоге халкъалде къо т1аде бач1инебин

Къисас нужер босулеб нусго соналдасаги….(И.Г1.).

7.Дур щаклъи ккоге метер дун нужохъе вач1иналда.

8.Г1адамалъ х1алав, велъа-вохи г1емерав Г1алих1ажияв жинцаго хъвавухъе колода ч1ун, микки-х1инч1гун гаргадун вук1ине байбихьана.(Г1.М.Ш.).

9.Гьеб гуребги щиб багьана батунги Г1абидат зама-заманалдаса юхизеги юхулаан. (ГЪ.ГЪ.ГЬ.).

10.Анкьабго рекъеялъе хьихьизе кколев вук1ана Басирил цее йик1арай г1аданалъул васги. (ГЪ.ГЪ.ГЬ.).

11.Х1акълъунго Т1адег1анав Аллагь валагьуларо я нужер лага-черхалъухъ, ялъуни рет1а-къаялъухъ. Аллагь валагьула г1иц1го нужер рак1азухъ. (М.Г1.Н.)

12.Цо насибалъ дагьа-дагьабккун хисана ва хисулел руго халкъалъул бет1ербахъиялъул шарт1ал.

13.Бит1араб буго меседил накъиш гьабулаан г1арцул т1аг1ел жеги ч1урканлъиялъе, бакъ г1адин гьеб гвангъиялъе.

14.Щаяли лъаларо киназдасаго дие к1одо йокьула.

15.Цонухалъ къадкида гамач1 реч1ч1унин инсуца вас т1илица вухана.

Мун гьаб цо нухалъ а, дове – гьаниве сверич1ого.

16.Хабаралда ниж рук1аго нечадго жание яч1ана логода йорхатай херай г1адан. Гьелда хаду-хадуй гьит1инай цо ясги йигоан. Гьикъич1ониги дида гьел щалали лъана.

17.Мух1амад-Аминица Шамилихъ лъабго къо бана. Гьайгьай гьеб заманалда жаниб к1иявго имамасул рес ккун батила чанги ургъел бикьизеги араб рак1алде щвезабизеги. (Х1.Г1.К.).

3 х1алт1и. Г1адатал предложениязул тайпаби рице: суалиял, ах1ул, хабариял, т1алабиял.

1. «Нужеца нужго хвасар гьаре жужах1алъул ц1аялдаса, бащдаб чамасдакниги садакъадеги кьун». (М.Г1.Н.).

2.Ихдалил къоязул кунч1и сунареб

Сайигъат лъугьана дие авар мац1,

Инсуца абуна гьеб мац1 лъаларев

Нилъер муг1руз къабул гьавуларилан. (Н.Г1.Д.).

3.Хирияв муг1алим, кинал раг1аби

Ралагьилел дуе баркала кьезе?

Бакараб кан г1адин г1умрудул нухда

Дие мун г1акъиллъун хут1ана даим. (Н.Г1.Д.).

4.Щолареб жо буго араб нахъ буссун,

Адаб ракьалдаго ц1уне улбузул! (С.ГЬ.А.)

5.Х1алт1улеб бак1алда х1алт1е, кваналеб бак1алда кванай.(Б.А.).

6.Хьопода кьурич1они, т1илида кьуризе к1оларо лъимер.(Б.А.).

7.Эбел йихьун яс яче, г1ала бихьун чу босе, чи вихьун чухъа лъут1е. (Б.А.).

8.Зурмил г1айиб бахчулила къолоца, гьабил г1айиб бахчулила лъадаца, лъадул г1айиб бахчулила рокьиялъ. (Б.А.).

9.Лъик1аб, ц1акъго лъик1аб буго цогиял мац1алги лъазе, амма бищунго цебе чарагьеч1ого раг1а-ракьанде щун чиясда рахьдал мац1 лъазе т1адаб буго.(Ф.Б.).

10.Рахьдал мац1алъул адаб гьабуларес жиндирго халкъалъулги адаб гьабуларо.(И.М.).

11.Асалам г1алайкум, хундерил нуцал,

Нуцалил улка-ракь, росу жамаг1ат!

Ваг1алайкум салам, гьидерил Хочбар,

Решт1ая чодаса, вач1а цевег1ан! (С.Х1.М.)

12.Ц1акъаб жойищ, Нуцал, макруги гьабун,

Мугъалда нахъаса бидулаб хъат бай?

Бах1арчилъи гуро, ах1унги вачун,

Чу-ярагъги бахъун, багьадур вух1и! (С.Х1.М.).

13.Вореги, угьдуге, гьидерил васал,

Ханасул рак1 регьун, багьадур хвеч1ин! (С.Х1.М.)

14. Мунали чучилин чу – ярагъалде,

Дун лъиде чучилей чи гьеч1еб рокъой?

Цинги мун вуссина сонгроде нахъе,

Дун лъиде юссиней инсул рукъзабахъ? (С.Х1.М.).

15. Я ле, к1ал бечедав, керен бачилав,

Дуца чода лъезе дун щиян вугев? (С.Х1.М.)

16. Субх1аналлагь, Бет1ергьан,

Балагье гьав васасде,

Бицараб бич1ч1уларев,

Раг1ухъ г1инт1амуларев! (Ц1.Х1.А.)

17. Мунго кинав, дир гьудул,

Гьедиг1ан г1едег1арав,

Г1адамас абураб жо

Ургьибе биччаларев? (Ц1.Х1.А.)

18. Дица ишан гьабула

Рогьалилъги къасаги,

Къват1ч1ван уней йиго мун,

Кийго ялагьич1ого. (Р.Х1.К.).

19. Чанги хаслихълъи лъана,

Чанги хурдул ракъвана;

Рокьиг1ан гьуинабги

Гьебг1ан кьог1абги лъач1о. (Р.Х1.К.).

20. Жакъаги бихьич1о нуралъул х1уби,

Х1алхьи бук1инадай бусада егун?

Боржинч1о къвек1аб ц1ум дир къайиялде,

Къаси дир беразда макьу щвеладай? (М.Ш.Г.).



Скачать

Рекомендуем курсы ПК и ППК для учителей

Вебинар для учителей

Свидетельство об участии БЕСПЛАТНО!