СДЕЛАЙТЕ СВОИ УРОКИ ЕЩЁ ЭФФЕКТИВНЕЕ, А ЖИЗНЬ СВОБОДНЕЕ

Благодаря готовым учебным материалам для работы в классе и дистанционно

Скидки до 50 % на комплекты
только до

Готовые ключевые этапы урока всегда будут у вас под рукой

Организационный момент

Проверка знаний

Объяснение материала

Закрепление изученного

Итоги урока

Карточки, тесты.

Нажмите, чтобы узнать подробности

Просмотр содержимого документа
«Карточки, тесты.»



Карточка № 1

Кколелъур г1амлъул раг1аби ва лъалхъул ишараби лъе:

  1. Гьаниб жубан бихьула … нак1к1ги зобги ц1вабиги ралъадги.

  2. Я г1алахалъ я рохьаз я муг1руз я харибак1аз … ралъдаца г1адин дир рак1гъезабуларо.

  3. Нижер школалда г1уц1ун руго … кьурдул рукъариялъул кеч1 ах1иялъул физкультураялъул.



Карточка № 2

Кколелъур лъалхъул ишараби лъе:

  1. Гьебкъоялъ годек1аниб бук1ана кинабго релъиги рохелги аваданлъиги.

  2. Даг1баги раг1иги рохелги кепги кинабго бук1ана маг1арул берталъ.

  3. Киналго гьел бак1азда к1иго халкъалъ испанияз ва португалияз кверщел гьабун бук1ана.

  4. Гьанже Халилил бук1ана ц1ияб рет1ел масала костюм хьитал г1урде т1агъур.



Карточка № 3

Кколелъур лъалхъул ишараби лъе:

  1. Машинаялъухъ валагьун вук1ана к1игояв Салимги Мусаги.

  2. Колхозалдаги совхозалдаги фабрикалдаги кивго х1алт1ана дун.

  3. Школалъул отличникал Сайгитов Шайхова Гъайирбекова гьесие мисаллъун рачунаан.

  4. Кавказалъул муг1рузда руго хириял маг1данал масала месед г1арац цинк пахь.











Карточка № 4

Кколелъур лъалхъул ишараби лъе:

  1. Гьанже Мах1ачхъала лъугьун буго к1удияб ва берцинаб шагьар. Г1урччинал ахал паркал рорхатал рукъзал гьел киналзго ниж г1ажаиблъизаруна.

  2. Киналго бак1ал ралъадги кинотеатрги музейги маххул нухги гуми ч1олеб бак1ги нижеда жеги бихьун бук1инч1о.

  3. Х1оралги лъаралги г1оралги рохьалги кинабго дида цебесан паркъун ана.







Карточка № 5

Кколелъур лъалхъул ишараби лъе:

  1. Нижер классалъул цо – цо лъималаз масала Къебедица Г1усманица Завурица суратал берцин рахъула.

  2. Нижер мадулгьазаби Султан Разият Т1алх1ат жакъа маг1арде анна.

  3. Я Ах1мадида я Расулида я Мах1мудида лъидаго гьеб масъала гьабизе к1веч1о.

  4. Жакъа Саг1ид кивего щвана клубалдеги колхозалдеги гьоц1ивеги ва фермаялдеги.







Карточка № 6

Кколелъур лъалхъул ишараби лъе:

  1. Бицанихъе гьеб жо кор раг1уларо

Кутузе гьабураб къотен раг1ула.

  1. Палх1асил метер нилъ маг1арде рахине ккола .

  2. Вай дир эмен г1емер к1алъан пайда щиб!

  3. Бегьулеб жойищ Г1алидибир дуца гьанже гьабулеб бугеб?

  4. Ле Хочбар мун гьедиг1ан гьаваялда к1алъазе

Лъаларев чи гурилан гаргадана Мух1ума. (Ц1. Х1).











Карточка № 6

Кколелъур лъалхъул ишараби лъе:

  1. Рач1а дир лъимал гьале гьаб бак1алдаса г1ебеде г1одор ч1а нуж.

  2. Ахирияб раг1и т1ок1алъ нилъ гьанир ч1езе бегьуларо.

  3. Эмен Мах1ачхъалаялде унаго гьеб бук1ана 1963 соналъул июль Ч1ег1ерг1ор кутакалда щун бук1ана.







Карточка № 7

Камурал я тайпа цоял членал, я г1алъул раг1аби т1аде журан хъвай, гьезул предложениял г1уц1е:

  1. Мах1ачхъала. Буйнакск. Гъизилюрт. Хасавюрт.

  2. Милъиршо, къадако, микки, гъеду, ч1ороло, мокъокъ.

  3. Рукъалъул х1айванал.

  4. Заралиял г1алхул х1айванал.

  5. Нодохъах1. Ч1ег1ер. Гороч. Нодок. Тулпар.







Карточка № 8

Хъвай, кколелъур лъалхъул ишараби лъе:

  1. Киса – кибего клубалда къот1ноб школалда тукада аск1об халкъалъул аваданаб релъи – хъуй раг1улаан.

  2. Я къад я къаси я хасало я риидал кидагоцин гьаб кьодухъа чи камуларо.

  3. Гьеб гьаракь лъидаго раг1ич1о я Хадижатида я Зайнабида я Салих1ида.

  4. Хасалил лъабабго моц1алъ декабралда январалда февралалда дир к1удияв вац Мах1ачхъалалда вук1ана.

















Карточка № 9

Хъвай, кколелъур лъалхъул ишараби лъе:

1.Татуяб кваницаги чорхол щибаб логолъе лъугьунеб муг1рул гьаваялъги лазатаб гьогьомиялъги г1одор ч1аралъуса т1аде рахъине бокьулеб бук1инч1о нижее.

2.Киса – кирего ц1иял рукъзал ц1иял каваби ц1иял т1охал дандч1валел рук1ана гьезда.

3.Мух1амадида рак1алде щвана мадулгьалзаби лъалел киналго г1адамал.

4.Саламатал минаби клуб больница школа пихъилги ц1олболги ахал охцер хъарпуз помидор камураб жо гьеч1о хъутаналда.







Карточка № 10

Хъвай, кколелъур лъалхъул ишараби лъе:

1.Дилималда больницаялдаги колхозалъул азбаралдаги лъик1алан заман базе ккана гьаз.

2.Мух1амадица кьунсрул рук1к1инаруна амма жаваб кьеч1о.

3.Ц1идалъго бицанщиналъги раг1анщиналъги кинго макьу т1аде биччалеб бук1инч1о.





Карточка № 11

Гьал предложениял хъвай, рекъон рач1унел гьоркьор кколел раг1абиги раг1абиги т1аде журан.

Масала: Балагьараб мехалъ, халатккун роц1ине г1адин буго.

1.К1вар кьун ц1алани, ц1ик1к1ун жо лъала.

2.Физкультураялъ г1адамасул сахлъи щула гьабула.

3.Спорталъ х1азе ккани, цебеккунго врачасулгун дандбазе ккола.

4.Радал вахъиндал гьабулеб зарядка щибаб къойил гьабизе ккола.















Карточка № 12



1.Гьал раг1аби бит1араб дополнениелъун ккезарун, предложениял ургъе:

Дун, мун, ниж, нилъ.

2.Предложениялъул бет1ерал членазда гъоркьан мухъ ц1ай:

Лъилалиго рукъ балагьулев вук1ана Саг1ид.

3.Предложение членазде биххе:

Гьелдаса нахъе эбел Г1иса хьихьун ч1ана.









Карточка № 13

Гьал предложениязул ц1арлъовул предложениял лъугьинаре:



Зоб гъугъалеб гьаракь бахъана. Пири пирхана. Бац1ц1адаб зодосан ц1адал т1епе – т1епелал чвахизе лъугьана. Гьороца гъут1буздаса т1амах г1одобе гъинабулеб буго. Киналго х1алакун руго ц1адалдаса рахчизе. Г1исинал лъималазул гьаркьал раг1ула.









Карточка № 14



Гьанир ругел ц1арлъовул предложениял, рат1а росун, хъвай.

1.Сардил г1уж. Къот1нов щивниги чи вихьуларо.

2.Дун нуц1ихъ ч1ана. Дун рокъове жаниве лъугьана. Рукъ бакьулъ стол. Къадал ракьанда т1ахьазул шкаф. Рукъалъул бок1нилъ басриябго г1адаб диван.

3.Хъах1лъи рехилалде цебесеб заман. Рик1к1адасан г1адин раг1улеб гьойдул х1апи. Х1алихъего бихьулеб ц1адул кунч1и.

4.Гьале маххул нухазул станция. Гьудул – гьалмагъзабазда дандч1вай гьабизе дун чанги щвана гьаниве.















Карточка № 15

Синтаксисияб разбор гьабе:

1. Абут1алибица инсухъе жиндирго ц1ороберал кьуна.

2. «ГЪ» х1арпалда лъуг1улеб 9 г1аммаб ц1ар хъвай.



Карточка № 16

1.Дагъистан абураб хасаб предметияб ц1ар хит1аблъун, хъвалсараб дополнениелъун ккезабун, 3 предложение г1уц1изе ва хъвазе.

2.Цебесан нахъехун нахъаса цебехун цого къаг1идаялъ ц1алулеб анц1го раг1и хъвазе:

ц1илиц1….





Карточка № 17



1.Т1анк1азул бак1алда цо – цо х1арпги лъун, г1аммал предметиял ц1арал лъугьинаре:



1Ра… 3 Ра… 5 Ра… 7 Ра… 9 Ра…

2Ра… 4 Ра… 6 Ра… 8 Ра… 10 Ра…





2.Схемаялда рекъон, предложение г1уц1е:

_____ _ _ _ _ ------------- ==========





Карточка № 18

Хъвай, кколелъур лъалхъул ишараби лъе:

1.Маг1арухъе унел хъах1илал нак1к1ал

Хъван бит1ани кагъат т1обит1иларищ?



2.Т1анк1азул бак1алда цо – цо х1арпги лъун, бат1и – бат1иял причастиял лъугьинаре, гьелги гьоркьоре ккезарун, предложениял ургъе ва хъвай:

1….. амураб 2 …. амураб 3… амураб 4 … амураб.



Карточка № 19

1.«Къ» х1арпалда лъуг1улеб 8 г1аммаб ц1ар хъвай.

2.Кколелъур лъалхъул ишараби лъе:

Мун доя нахъег1ан ч1оге Гулишат дур г1арзаялъухъ хал гьабизе ах1ун йик1ана нижеца мун цеег1ан яч1а ян абуна советалъул председателас.





Карточка № 20

Подлежащее баянлъич1еб предложение бат1а гьабе:

  1. Гулла т1амун, туманк1 ц1оге,

Ц1адул пикру гьабич1ого;

  1. Рокъоре рач1унеб нух къосана.

  2. Гьев чияс ине къасд гьабунила.

  3. Маг1арухъ ц1акъ баг1арун раг1ула.

  4. Гьоболасул барти чолода бухье,

«Чамасдакил» таргьа к1алалдаги бан!




Карточка № 21



Подлежащее баянлъич1еб предложение бат1а гьабе:

  1. Ах1ун вач1арасда дарай бухьана,

Нуцалие сайгъат – салам къач1ана.

  1. Х1акъаб иш сах1их1 гьабун, г1акълу камилаб гьабе,

Рак1ал журазе гьарун, гьаб г1алам вацал гьаре!

  1. К1к1алахъ бец1го бугоан.

  2. Маг1арда гьогьомун буго.

  3. Г1акълу цебе ккезабе, ццин нахъе ккезабе.











Карточка № 22

Ц1арлъовул предложение бат1а гьабе:

  1. «Дунялалъул маданият гимназия».

  2. Хъах1абросулъа Мах1муд.

  3. Сапиятица дида тункана.

  4. Къваридал къват1ал.





Карточка № 23

Гьал предложениязул тайпа баян гьабе:

  1. Годек1анир г1одор ч1арал херал.

  2. Х1акъаб раг1ухъ г1инт1амун, г1одобе рехе мехтел.

  3. Рокъоб квачан бугоан.

  4. Баг1араб чу кьолона,

Черхалда ярагъ бана.

  1. Росу бакьулъ мажгит.



Карточка № 24

Синтаксисияб разбор гьабе:

1.Нижер васасда мадугьаласул гьойца х1анч1ана.

2.Рик1к1адасанго бихьулаан нижер росу.










Скачать

Рекомендуем курсы ПК и ППК для учителей

Вебинар для учителей

Свидетельство об участии БЕСПЛАТНО!