СДЕЛАЙТЕ СВОИ УРОКИ ЕЩЁ ЭФФЕКТИВНЕЕ, А ЖИЗНЬ СВОБОДНЕЕ

Благодаря готовым учебным материалам для работы в классе и дистанционно

Скидки до 50 % на комплекты
только до

Готовые ключевые этапы урока всегда будут у вас под рукой

Организационный момент

Проверка знаний

Объяснение материала

Закрепление изученного

Итоги урока

Хъах1абросулъа Мах1муд «Рек1елъ иях1 бугев аск1овег1ан ц1ай»

Нажмите, чтобы узнать подробности

Хъах1абросулъа Мах1муд «Рек1елъ иях1 бугев аск1овег1ан ц1ай»

Просмотр содержимого документа
«Хъах1абросулъа Мах1муд «Рек1елъ иях1 бугев аск1овег1ан ц1ай»»




Дарсил тема:

Хъах1абросулъа Мах1муд «Рек1елъ иях1 бугев аск1овег1ан ц1ай»



Дарсил мурадал: 1. Инхоса Г1алих1ажиясул асарал щула гьари.

2 Пасих1го ц1али камилгьаби,

теориялъулбаяналщулагьари ,

г1акълу бег1ери малъулебасаралъул

кьуч1алда тарбия кьей ,жакъасеб

г1умруялъулгун бухьен ч1езаби х1асилал

гьаризе ц1алдохъабазул бажарикамилгьаби.

3.К1удияв маг1арул адабияталъул классик ва шаг1ир Хъах1абросулъа Мах1мудил творчествоялъул х1акъалъулъ г1ат1идаб баян кьей.

.Анализалъул кумекалдалъун ц1алдохъабазул г1акълу бечед гьаби.

Ц!алул бажари борхизаби.

Дарсил алатал: видео- презентация Хъах1абросулъа Мах1мудил х1акъалъулъ,суратал , интерактивияб доска.



Дарсил тайпа: г1адатияб гуреб дарс.

Дарсил ин.

  1. Дарсиде х1адурлъи .



  1. Рокъобе кьураб Инхоса Г1алих1ажиясул творчествоялдаса ва гьесул асаразда т1асан опрос гьаби.


1.Кив гьавурав Инхоса Г1алих1ажияв?

2.Кида гьавурав Инхоса Г1алих1ажияв?

3.Г1алих1ажиясул кинал куч1дул нужеда лъалел?

4.Маг1на бечедал ,мац1алда рекъарал,роц1арал кицабиял алфазаллъун лъугьарал жугьаби лъалищ нужеда ?


  1. .Гьоркьор риччарал х1арпалги лъун алфазал ц1ализе.



З.х1мат бихь.ч1ого ра.ат бо.арас,

Б.кьич1.го лъ.лъе нилъ гь.ч1ого хур.

(Ц1алдохъабаз инсценировка бихьизабила)


Инсанасул жавабалъ жиндир г1акълу бицуна,


Калам къокъаб бугони,

къимат ц1ик1к1ун гьабула.


Чидае гвенд бухъани,бухъарав жанив ккола,

Бахъун хвалчен кьунани,тушманас ч1ван рехула.

«Будун дамдамаги» -абураб кеч1 бицине ц1алдохъаби рахъинарила



IY. Ц1ияб тема.

а) Учителасул цебераг1и.


-Рилълъа гьудулзаби Хъах1абросулъе.

Хвел гьеч1еб Мах1мудил ват1ан бихьизе.

Хасаб г1ишкъудул ах ракьалда тарав

Рокьул шаг1ирасе бет1ер къулизе.

 

-Нилъеда жакъа нилъер республикаялъул бет1ер Рамазан Г1абдулат1иповас абулеб буго нуж т1ад руссайила маг1арул гъанситохъе,маг1арул иццухъе,маг1арул ракьалде ,маг1арул кули-рукъалде.Нужеца маг1аруллъи ц1унейила,нужеца лъим гьекъейила нужерго маг1арул иццазул(шиша ц1ураб шагьаралъул лъим гьекъеч1ого).Нилъер маг1арул иццул лъимлъун,маг1арул иццул бац1ц1алъилъун ,маг1арул иццул роц1илъун вук1ана ,вуго ва г1асрабаз хут1изе вуго Хъах1абросулъа Мах1муд.Гьединлъидал нилъеда к1удияб ч1ух1игун абизе к1ола нилъ Мах1мудил ракьалдасанги рокьиялдасанги ругилан.

Нилъеца Мах1мудил т1ахьал дагъистаналъул паспорт г1адин ц1унизе ккола.

Маг1аруллъи бугебг1ан заманалъ,Мах1мудил асаралгихвезе гьеч1о!

Исана 140-сон т1убала маг1арул адабияталъул классик рокьул, г1ашикъ Хъах1абросулъа Мах1муд гьавуралдаса.Маг1арулазе гуребги т1олабго Дагъистаналъегьав Мах1мудил 140-сон т1убай ккола к1удияб байрамлъун.

-Мах1мудил г1адинал куч1дул маг1арулазул гьеч1о .Киг1ан узданаб ,берцинаб ,эркенаб,талих1аб,рокьул ц1ураб,бечелъиялъул ц1ураб,Мах1мудил кеч1 гьабдунялалдадаимго хут1изе буго.

-Мах1мудил ц1ар ц1вабзахъе щолеб буго.Ц1адаса Х1амзатица абуна Мах1мудил цо г1унгут1и бук1анилан гьев ц1акъ бах1арго хванилан Х1акъикъаталда 45-сонилъ хванапоэт.Нилъецаабулеббуго

Мах1муд хвеч1о ,ч1вач1о,ч1аго вугонилъгунвуго ,нилъеерохелкьун,кеп кьун,рак1 кьун,рокьикьун,макьабикьунмухъалкьун т1ахьал кьун.

Жирковасабуна Мах1муд аваразулПушкинилан,Тихоновасклассикилан,Капиевасабунагьевжегицеве-цеве вач1ине вугилан.

Нилъеца абулеб буго гье жакъа вач1ун вуго ва нилъеда абулеб буго.

-Ч1аго ругищ нуж маг1арулал,кинбугебнилъер х1ал?

Лъик1 буго Мах1муд,ч1аго ругониждуцанижейкьураброкьиялъухъгинужецамалъараброкьул г1елмуялъухъги нижецакидаго бет1ер къулула дуда цебе.

-Мах1мудица рокьул к1алг1аби г1уц1ана вагьений г1одой ч1езаюна маг1арул ч1ужуг1адан вагьес раг1изабуна гьелъул ц1ар.Гьесул х1ет1,гали,кеч1, мухъгикицилъун хут1ана Дагъистаналъе.

-Цох1о т1ехьалъ жанирерачуна Мах1мудил нилъехъещварал куч1дул

  • IY. Словарияб х1алт1и.

  • Саринал

  • Аят

  • Гъугъазе

  • хъубаб

  • Y. Учителасул мисалияб ц1али.

  • YI. Ц1алдохъабазул ц1али.

  • YII. Баян кьовул ц1али г1уц1и.

  • YIII . Х1асилал гьари.



-Щив колев Хъах1абросулъа Мах1муд?

-Кив гьавурав Хъах1абросулъа Мах1муд ?

-Кида гьавуравХъ. Мах1муд?

-Мах1мудил аслияб тема кинаб бук1араб?

-Мах1мудил рокьилъихъеккун бук1араб?

-Т1убанищ Хъах1абросулъа Мах1мудил рокьул анищ?

-Мах1мудил кинал асарал нужеда лъалел?

  • IX/ Рокъобе х1алт1и.

  • Хъах1абросулъа Мах1мудил творчествоялъул х1акъалъулъ доклад хъвазе. «Рек1елъ иях1 бугев аск1овег1ан ц1ай»абураб кеч1 пасих1го ц1ализе ва х1асил бицине лъазабизе.