«Предложениялъул членал такрар гьари»
Тема: Предложениялъул членал такрар гьари.
Дарсил мурад:
Предложениялда жанир бетIералги бетIерал гурелги членал ратизе ругьун гьари.
Предложениял гIуцIизе тIами.
Калам цебе тIезабизе.
Дарсил ин
I.Дарсил г1уц1и.
Муг1алим: Рорч1ами лъимал!Дарсиде къвариг1унел алаталги цере рахъун дарсиде х1адурлъе.
Ц1алдохъан: Йорч1ами,муг1алим!
Муг1алим: Щиб кьун бук1араб рокъобе цебесеб дарсида?
II.Рокъобе х1алт1и ц1ех-рех гьаби.
Муг1алим: Чан член предложениялъул маг1арул мац1алда бугеб?
Ц1алдохъан: 6
Подлежащее | Сказуемое | Бит1араб дополнение |
Определение | Хъвалсараб дополнение | Х1ал |
Муг1алим: Кина- кинал т1елазде рикьулел гьел?
Ц1алдохъан: Бет1ералги, бет1ерал гурелги.
Муг1алим: Рик1к1е бет1ерал членал.
Подлежащее | Сказуемое | Бит1араб дополнение |
Ц1алдохъан: Подлежащее,сказуемое,бит1араб дополнение.
Муг1алим: Бет1ерал гурел членал лъица рик1к1ине?
Определение | Хъвалсараб дополнение | Х1ал |
Ц1алдохъан: Определение,хъвалсараб дополнение,х1ал.
III.Ц1ияб дарс.
Муг1алим: Нилъер жакъасеб тема буго. «Предложениялъул членал такрар гьари».Рак1алде щвезабила кина-кинал х1урччал нилъеца предложениялъул членазда гъокьан ц1алел рук1арали.
Ц1алдохъан: Подлежащее цо х1урчч,сказуемое к1иго х1урчч,Бит1араб дополнение х1урччги гъоркьан к1ич1араб мухъги,определение к1ич1-к1ич1араб мухъ,хъвалсараб дополнение тире тире,х1ал точка тире.(Слайд 6)
Муг1алим: Хъвана жакъасеб къо-моц1.
Х1алт1и 1
Предложениял членазда риххе.
Ихдалил роцIараб къо букIана.Ниж рохьоре ун рукIана.Нижеца гъотIоркIабазда хадуб халкколеб букIана.Рохьил цояб рахъада нижеда хъухъадироялъул гьаракь рагIана.ГIадамаз ракъварал гъутIби хъухъалел ругоан.Ниж гьенире ана.Гьез доб лъорил гъветI хъухъан бугоан.Ниж кватIун ккана.
Х1алт1и 2
ЧегIер хъварал рагIаби кинал членаллъун ккун ругелали бице.
ГIолохъанав вехь
Хасалихъе авлахъалда къанагIат гурони хинаб къо букIунаро. Гьале гьабсагIаталдаги накIкIал зодихъе рахунел руго. РагIа-ракьан гьечIел гIатIилъабаздасан кутакаб гьури пулеб буго.ГIисинккун гьурмада речIчIулеб буго цIад.Надалде цIан керчаб тIагъургун,вехь гIияда цеве-цеве вилълъунев вуго.
Хасало хъутаналда дагьаб гурони рагIи-хер букIинчIо.МучIдуздаги хер дагьлъун букIана.ГIурул кваранаб рахъалда риидалги хасалихъеги гIи щвечIел лъикIал мучIдул рукIана.
Ⅳ.Дарс щула гьаби.
Муг1алим:Гьал кицаби хъвай,тIанкIазул бакIалда гьоркьор риччарал рагIабиги хъван.Гьоркьор риччарал рагIаби предложениялъул кинал членал кколелали ургъе.
1.Дуего бокьулареб жо чидае….
2.Ца таралъ мег1ер….
3.Гьерсил рачI къокъаб….
Муг1алим: Прилагательноязда данде кколел предметиял цIаралги ратун,рагIабазул дандраял гIуцIе ва хъвай.
Хинаб,цIорораб,квачараб,бухIараб,багIарараб
(лъим,ракь,хIарщ,къо)
Муг1алим: Гьал рагIаби битIараб дополнениелъун ккезарун, предложениял гIуцIе ва хъвай.
Тетрадь,ручка,доска,тIехь,вас.
Муг1алим:
Щиб? сунца? киб? абурал суалазе жаваблъун ах абураб рагIиги ккезабун,лъабго предложение ургъе ва хъвай.Щибаб предложениялъулъ ах абураб рагIи кинаб членлъун ккун бугебали бице.
Гьал схемабазда рекъон
предложениял гIуцIе.
1.__________ _._._._._._._. 2.______________
Муг1алим: Жакъа нилъе такрар гьаруна киналго предложениялъул членал.
Ⅴ.Дарсил хlасил
Муг1алим: Щиб ц1ияб жо жакъа нужеда лъараб?
Ц1алдохъан: Жакъа нижеца такрар гьаруна ва гъваридго лъазаруна предложениялъул бет1ерал ва бет1ерал гурел членал.
Муг1алим: Кинаб т1адкъай бокьараб?Кинаб бокьич1еб?
Ц1алдохъан: Киналго т1адкъаял лъик1ал рук1ана.
Муг1алим: Кинаб къимат кьелеб нужеца жакъасеб дарсие?
Ц1алдохъан: 5 къимат кьела.
Муг1алим: Хъвай рокъобе х1алт1и дневниказда.
ХIалтIи 93.Гьумер 49 .
Къо-мех-лъикl!