СДЕЛАЙТЕ СВОИ УРОКИ ЕЩЁ ЭФФЕКТИВНЕЕ, А ЖИЗНЬ СВОБОДНЕЕ

Благодаря готовым учебным материалам для работы в классе и дистанционно

Скидки до 50 % на комплекты
только до

Готовые ключевые этапы урока всегда будут у вас под рукой

Организационный момент

Проверка знаний

Объяснение материала

Закрепление изученного

Итоги урока

Сочинение на тему: "Дир мац1 - дир ч1ух1и"

Нажмите, чтобы узнать подробности

Сочинение на тему "Дир мац1 - дир ч1ух1и" написала ученица 8 "б" класса  МКОУ СОШ №12 им. Л.Н. Толстого г. Хасавюрт

Проверила учитель родного (аварского) языка и литературы 

Мухтарова Марьям Каримулаевна

Просмотр содержимого документа
«Сочинение на тему: "Дир мац1 - дир ч1ух1и"»

Сочинение

«Дир мац1 – дир ч1ух1и»










Х1адур гьабуна 8 «б» классалъул ц1алдохъан Х1усенова Пат1имат

МКОУ СОШ №12

2018 уч. год

г. Хасавюрт

Сочинение

«Дир мац1 – дир ч1ух1и»

«Щай дие къвариг1ун бугеб Дагъистан,

Дир гьаракь бахъани дир лъималахъа?!

Щай дий маг1аруллъи, маг1арул чаг1аз

Чияр мац1 бицунеб жидерго гъаст1а?!

Расул Х1амзатовасул гьал коч1ол раг1абаз нилъеда бич1ч1изабула нилъер мац1алъул къиматги ва гьелдехун Расулил бугеб рокьулги.

Мац1 буго нилъер аслу. Цониги халкъалъул бук1унаро цогидалъул бугеб г1адаб мац1. Щибаб г1елалъ ц1унун щун буго нилъехъе мац1. Нилъецаги кьезе ккола гьеб цогидаб г1елалъухъе. Кинаб бук1аниги халкъалъул аслияб бут1алъун ккола гьелъул мац1. Мац1 гьеч1они – чи гьеч1о, чи гьеч1они – мац1 гьеч1о. нилъер халкъалъул чанги мустах1икъал васаз рух1 кьуна гьезие г1оло. Т1оцебесеб раг1иги нилъеца абула маг1арул мац1алъ, ахирисеб х1ухьелгунги абула маг1арул раг1и. Нилъер шаг1ирзабаз асаралги хъвала нилъер мац1алда.

Халкъ, мац1, Ват1ан – гьел раг1аби ккола цогояллъун.

Расул Х1амзатовас жиндирго машгьурал асарал хъвана нилъее киназего г1агараб рахьдал мац1алда – маг1арул мац1алда.

Гьесул мац1алдехун бугеб рокьи загьирлъун буго унго- унгояб х1алалда «Авар мац1» - абураб коч1олъ. Авар мац1алда хъварал куч1дузулги асаразулги рик1к1ен гьеч1о.

Г1урус мац1алъул т1ахьида нилъер авар мац1алъул кеч1 батидал дун кутакалда йохула. Гьанже нижер мац1алъулги, нижер маг1арул шаг1ирзабазулги х1акъалъулъ лъаларев ц1алдохъан хут1илароРоссиялда –ян.

Дун ц1акъ йохарай йиго маг1арулайлъун йик1иналдаса. Дица кидаго рак1алдаса инее толаро Расул Х1амзатовасул ц1ар арал гьал раг1аби:

«Метер маг1арул мац1 хвез батани, хваги дун жакъаго жаниб рак1 кьвагьун»