Д а р с
Тема: Мах1муд – рокьул шаг1ир
Доскаялда: «Дунял – г1аламалъе г1ищкъул рукъги бан,
Дун къот1нов хут1ана къадал ракьанда».
Мах1мудилги Муилги суратал.
Мах1мудие памятник – сурат.
Дарсил ин.
Кеч1 «Лъукъараб рит1уч1» - запись.
Муг1алим: Хунзахъ базаралда Мах1мудица ах1улеб буго кеч1.
Ах1ун бахъарабго, аск1осан унев к1игояс абула:
- Х1алч1ахъад, рек1ел мурад т1убаги дур.
- Дур гьари т1убаларин ккола.
- Эб щай?
- Гьесул бадиб ц1акъго г1емераб г1ищкъу буго, гьединал
балагьалде дандч1вач1ого хут1уларо.
Херал нахъе ана, г1адамалги риххана, г1адамазул гурулъан гьасде аск1ове вач1ана цо чи.
- Ц1акъго лъик1 ах1ана. Гьеб кеч1 лъилали лъалищ дуда?
- Лъала. Дуца хъвана гьеб, Ч1анк1а.
Гьедин лъай-хъвай ккана Ч1анк1алги Мах1мудилги. Ч1анк1ал ц1ар халкъалда гьоркьоб т1ибит1ун бук1ана.
Ц1алдохъан: - Ч1анк1ал портрет.
Ц1алдохъан: - Ч1анк1а-г1алимчи. Гьесдехун г1олохъабазул бербалагьи.
Муг1алим: Ч1анк1а вокьулаан г1олохъабазе цох1о г1алимчи вук1ун гурев. Гьесул кеч1 гьабизе бугеб гьунаралъухъ.
- Гьеб заманалда г1адатлъун бук1ана рокьи ккараз лъалев чиясда кеч1 гьабизабулеб. Ч1анк1ацаги гьабула.
Ц1алдохъан: Гьеб заман кинаб бук1араб?
Ч1анк1ада цере рук1арал коч1охъабазул къисмат ( Саг1ид, Нурмух1амад, Ч1.Расул-29с., Эльдарилав – 27с.)
Муг1алим: Ч1ужуг1адан г1аданлъун рик1к1унареб гьеб заманалда рокьул кеч1 гьабиги гьеб къват1иб халкъалда раг1изабиги диналде данде кколеб жо бук1инч1о. Гьединин Ч1анк1аца Мах1мудида доба базаралда абураб рокьул кеч1 базаралда ах1изе кколарин. Гьеб к1иго чиясда гьоркьоб бук1ине кколин. Ч1анк1аца цудунго хъвана куч1дул. Щийха кколей жиндирго куч1дузулъ Ч1анк1аца жиндир берцинлъи х1урулг1иналдасаги т1адег1ан гьабулей г1адан?
Ц1алдохъан: - Гьей ккола г1адатай маг1арулай, муг1рул росабалъги, маг1арул мискинаб гъадаги, хурийги гьасда дандч1валей. Гьей йик1ана зах1матаб х1алт1улги бец1ал г1адатазулги лагъ.
Ч1анк1аца гьелъул х1алт1ул хъвач1о, хъвана гьелъул берцинлъиялъул.
Поэтас абула гьелъул гьайбатлъи ханасул бикалалдасаги къараб гьеч1ин, гьейги мустах1икъай йигин эркенаб рокьуе.
- Ц1алдохъабаз г1уц1ила багьадуралъул сипат.
(Ч1анк1ал куч1дузда гъорлъа рищила сипатиял раг1аби)
Муг1алим: Амма киг1ан берцинай йигониги, талих1ай йигищха, лъимал, гьей?
Ц1алдохъан: Гьеч1о. Нилъеда дандч1вала вокьулев щвеч1ей, рокьиги гьабун, рехун тарай, кьолбода сурарай г1олилай. Гьединго мурадалде щвеч1ев г1олилавги.
Гьел талих1аллъун рук1ине ресги бук1инч1о- г1умру гьединаб бук1ана (бечелъи-мискинлъи). Ч1анк1аги талих1ав вук1инч1о (хвел-хоб.ахир)
Муг1алим: Гьанжеги рач1инин доб дандч1ваялде – Мах1мудил бицине, гьенисан байбихьизе бегьула, гьениб рагьула гьесул хасият. Бат1и-бат1иябхасияталъул чаг1и рук1ана гьел. Рокьудаса арав, г1олохъанав Мах1мудги, сабурав, г1акъилав Ч1анк1аги гьудулзабилъун лъугьана, ва ахираб сапаралде вахъунеб къоялъги Ч1анк1ада аск1ов цох1о Мах1муд вук1ана.
Муг1алим: Щиб нужеда лъалеб Мах1мудил г1умруялъул, кинаб гьеб бук1араб?
- Вук1анищ гьев талих1ав?
Ц1алдохъан: Вук1инч1о. Къваридаб бук1ана гьесулги г1умру. Т1убалареб рокьуца гуревги, рокьи бигъиналъе сабаблъун ккараб мискинлъиялъги к1век1ана к1удияв шаг1ир.
Гьесда бихьана наибасул таг1зирги туснахъги, инсуца куч1дул рух1араб къоги, гьудулалъ къот1и биххараб къоги. Гьудуласул квердасан хвезеги хвана шаг1ир.
(М.Синдикъовасул кеч1)
Муг1алим: Амма жив хвараб мехалда нахъе хут1изе лъимерцин гьеч1ев поэтасда лъалаан жиндир куч1дул нахъе хут1изе рук1ин. Халкъалъ гьезул къимат гьабизе бук1ин.
Гьедин ккезеги ккана. К1удияб къимат кьуна гьесул асаразе Н.Тихоновас, Жирковас, Ц1адаса Х1амзатица, Р.Х1амзатовас.
- Расул Х1амзатовас гьесде хъварал куч1дул рицина.
- Р.Х1амзатовас Мах1муд рик1к1унаан жиндирго гьунаралъе рит1ухъав унго-унгояв шаг1ирлъун.
Мах1мудица жиндирго лирикиял асаразулъ бицунеб буго рокьулги гьелде данде ч1арал къуватазулги.
Цо рахъалда руго дунялалъул квешлъаби: х1акимлъи-ханлъи, рух1аниял, рагъал, аскарал, чияр мац1-к1ал, хиянат-хилиплъи. Цогидаб рахъалда буго цох1о бац1ц1адаб рокьи. Гьес хадубги баян гьабулеб буго кинабго унин т1аг1унин, хвеч1ого нахъе хут1улин г1иц1го рокьи, гьелъул х1акъалъулъ куч1дулги.
Расул Х1амзатовас хъвараб «Цо панаяб х1ухьел» абураб балладаялъул багьадур Муил-Марьямил рокьи ккун бук1ин халкъалда рагьун буго. Гьеб рогьо чуреян абула инсуца гьелъул вацасдаги рососдаги. Ясалъ борхатаб кьурул раг1алдеги ячун жий ч1вазехъин йигел рососдаги вацасдаги гьарула жиндие изну кьейин Мах1мудица Карпатаздасан бит1ун бач1араб кеч1 ц1ализе. Гьениб нилъеда бихьула рокьулги къеркьеялъулги берцинлъи.
Мах1мудил асаралъ росги вацги т1амула г1адамазул г1айиб-гъвелалдаса бергьине, г1адатазул квач1икьа рорч1изе.
- Ц1алила Р.Х1амзатовас хъвараб «Цо панаяб х1ухьел…»
Мах1мудил творчество бикьизе бегьула 3 периодалде.
1 – 1890-1900с.
2 – 1900-1910с.
3 – 1910-1919с. «Марьям», «Почтовый кагътиде».
«Эбел, яс» - цебе лъураб проблема буго инсанасул ихтияр бук1ин жиндирго рек1ел асаразда рекъон г1умру гьабизе.
Рокьи ккарай г1олилай к1иго ц1аялда бакьулъ йиго. Гьелъие лъазе бокьун буго г1умру кин гьабизе колебали – жиндиего бокьухъейищ яги г1адамаз г1айиб ч1валаредухъищ?
Эбелалъул ц1аралдасан Мах1мудица инсанасе кьолеб буго т1убараб эркенлъи рокьи гьабизеги, жиндиего бокьухъе г1умру гьабизеги.
Рокъобе : ц1ализе «Эбел, яс». Аслияб пикру рагьизе. Сипатияб анализ гьабизе.
4