Муса Мух1амадов «Манарша»
Карточка № 1.(1.1.)
Щай к1одо Х1айдарида ягъулей йик1арай?
Щив кколев гьелъие Х1айдар?
Кинаб бербалагьи бук1араб Х1айдарил т1абиг1аталдехун?
Кинаб бербалагьи бук1араб Х1айдарил ц1алудехун?
Коч1ол бакъаналъ Х1айдарие гьабулеб асаралъул бицунеб бак1 бате.
Карточка №2.(1.1.)
1. Рит1уч1ил т1инч1алъ щиб гьесда рак1алде щвезабураб?
2. Х1айдар таваккалав вас вук1ин нилъеда сунца бицунеб?
3. Кисан гьесда раг1улеб бук1араб коч1ол гьаракь?
4. Бугищ бухьен рит1уч1алъулгун гьесул ккараб дандч1ваялдаги гьев
хвасар гьавурай ясалдаги гьоркьоб?
5. Ятарайищ Х1айдарида жиндирго рек1ел рах1ат хвезабурай
коч1охъан?
Карточка №3.(1. 2.)
1. Киса кколей Манарша?
2. Гьелъул эбелалъул х1акъалъулъ кинаб бицен бук1араб?
3.Кинав чи вук1арав Сулайман?
4.Щиб ккараб гьесие?
5.Кинайлъун г1олей йик1арай Манарша?
Карточка №4. (1.2.)
1. Манаршал хазина щиб бук1араб?
2. Щий кколей Мария Антоновна?
З. Гьей г1урус г1адан маг1арул росулъ йик1иналъ щиб нилъеда
бицунеб? Цоги кинаб мисал лъалеб нужеда г1урус учительница
маг1арухъ херлъараб?
4. Нилъер росулъ йик1анищ гьединай г1адан?
Карточка №5. (1. 3.)
1. Щай эбелалъ Манаршае гурде г1урччинаб кьералъул букъараб?
2. Щай Манаршал классалъ ц1ализе ине инкар гьабураб? Кинаб
заманалъул ва сундул х1акъалъулъ хъвараб къиса гьаб кколеб?
3. Пат1иматилгун лъай –хъвай ккаралдаса кинаб пикру нужер гьелдехун
бижараб? Манаршал эбелалъулгун ккараб к1алъаялъ гьей кинай
йик1ин бихьулеб нилъеда?
Карточка №6. (1. 4.)
1. Кинаб малъа – хъвай гьабураб Гульжаница ясалъе?
2. Азархана щиб кколеб?
3. Пат1имат х1алт1улеб куцалъул хал гьабуни, щиб нилъеда бихьулеб?
4. Катуралъул кверал Манаршаца лъил кверазда данде кколел рук1арал?
5. Х1алт1и лъик1 ине ккани, чара гьеч1еблъун кинаб шарт1
рик1к1унеб?
Карточка №7. (1. 5.)
1. Пат1матил х1алт1удехун балагьи. Кинай ч1ужулъун гьей
йихьизаюлей йигей?
2. Щив колев Мурад?
3. Муралдилгун ккараб к1алъаялдаса хадуб Пат1иматилги гьесулги
гьоркьоблъиялъ щай Манарша х1икмалъизаюрай? Пат1иматил цогиги
кинаб рахъ нилъее гьениб загьирлъараб?
4. Кеч1 – бакъаналдехун Пат1иматилги Манаршалги кинаб пикру бугеб?
5. Манаршал гьунаралдехун Пат1иматил барбалагьи. Коч1оца гьелъие
гьабулеб асарги гьебги данде кколищ?
Карточка №8. (1. 6.)
1. Щай Манаршаца Х1айдар нахъе къот1арав?
2. Х1айдарица пикрабалъ Манаршаги Пат1иматги кин дандеккурал?
3. К1одо кинай г1адан йигей? Гьелъие Х1айдар вокьулищ?
4. Жидерго маданияб рахъ борхизабизе г1олилаз щиб гьабулеб бук1араб? Масала, Манаршаца?
5. Лъица гьелъие кумек гьабулеб бук1араб?
Карточка №9 (1. 6.)
1. Бугищ жакъа къоялда Дагъистаналда нилъерго опера? Кин кколеб
нужеда, цебет1ей бугищха гьеб ва кинаб рахъалъ?
2. Кинаб х1ал бук1араб Х1айдарида «лъет1ахъаналъул» квербац1ц1ги
ц1унун?
3. Ц1ар щиб бук1араб Х1айдарил Бакъдаб росулъа гьудуласда?
4. Х1айдар гьеб росулъе ризго ваккаризе лъугьиналъе г1илла?
Карточка №10. (2. 1.)
1. Х1айдарил рек1елъ рукъ ккураб асаралда ц1ар щиб?
2. Сайгитие гьабулеб сипат – сурат бате.
3. Хьвада – ч1вадиялъул кинал рахъал Х1айдарица Сайгитие рича -
чварал? Нужецаго кин гьабулеб?
4. Гьеб дандч1ваялъ Х1айдар кинав васлъун вихьизавулев вугев?
5. Сайгит кинаб хъулухъалъ щварав чи Бакъдаве? Рек1ее г1унищ гьев
Х1айдарие?
Карточка №11. (2. 2)
1. Расул кинаб заманалъул вакил?
2. Кинаб х1алт1и гьес гьабулеб бугеб?
3. Кинаб бербалагьи бугеб гьесул Мурадил х1алт1удехун?
4. Мурадие къимат кье.
Карточка №12. (2.4.)
1. Сайгитил сипат – сурат кин кьун бугеб авторас?
2. Пат1иматил гьесдехун бербалагьи. Катуралъ малъараб г1адахъ
босанищ гьелъ?
3. Кинаб асар гьабураб Манаршае Сайгитилгун накъиталъ. Гьелъул
пикрабиги к1алъайги данде кколищ?
Карточка №13. (2. 5.)
1. Х1айдарилгун дандч1вай, хадуб Пат1иматилгун ва Сайгитилгун.
2. Кинал щакдараби рач1арал Х1айдарил бот1ролъе?
Карточка №14. (2. 6)
1. Кин унеб бук1араб Сайгитил фермаялда х1алт1и?
2. Пат1иматица гьесул малъа – хъваязе кинаб маг1на гьабулеб
бук1араб?
Карточка №15. (2. 7.)
Щай Пат1иматица нахъа х1ут1изе жигар бахъулеб бук1араб?
Манарша щай йик1арай гьалъие цадахъ?
2. Пат1иматил Сайгитидехун кинаб бербалагьи бук1араб?
3. Жийго Сайгитгун хут1изе щиб Пат1иматица гьабураб? Щиб гьелъ
нужеда бицунеб?
4. Кинаб бугьтан лъураб гьелъ Манаршада?
5. Сайгитица кинаб къимат кьураб гьелъие ва щиб Пат1иматида
бич1ч1араб?
Карточка №16. (2. 8.)
1. Щай Азархана унтараб?
2. Лъица гьенибе рук1к1ен рехун бук1араб?
3. Сайгитие кинаб къимат кьезе бегьилеб?
Карточка №17. (3.1.)
Расулил, Мурадил рортанхъи сундуе г1оло бук1араб?
Карточка №18 (3. 2.)
1. Щай Х1айдар берталъа нахъе арав?
2. Щай Пат1имат нахъе арай?
3. Бертин сундул х1урматалда гьабулеб бук1араб?
Карточка №19. (3.3.)
1. Пат1иматил боц1удехун кина бербалагьи бук1араб?
2. Сайгитил Пат1иматидехун бугеб бербалагьи. Щайдай гьеб гьедин
хисана?
3. Пат1матил кинал раг1абаз Манарша ахцазаюрай?
Карточка №20. (3.4.)
1. Кинаб къасд бук1араб Х1айдарил?
2. Пат1иматица гьесие кьураб «г1акълу»?
3. Рокьудехун кинаб пикру бугеб Пат1иматилги Х1айдарилги? Кинал
рит1арал?
4. Кин арав Х1айдар Пат1иматил доваса?
Карточка №21. (3.5.)
1. Сайгитил ва Х1айдарил к1алъай.
Карточка №22. (3.6.)
1. Щай Манарша унтарай?
2. Кинаб къимат кьолеб нужеца Пат1иматица гьабураб ишалъе?
Карточка №23. (3.7.)
1. Кин х1адурун вук1арав Х1айдар лекциялде?
2. Кинал раг1аби абурал Х1айдарица Пат1иматида хъинт1улел? Рате
гьел.
3. Сунде ах1улел ругел Х1айдарица г1олилал?
4. Кинаб къимат кьураб рук1к1налгун ккараб лъугьа – бахъиналъе?
Карточка №24. (3. 8.)
1. Данделъи щибизе гьабулеб бук1араб?
2. Сундулъ ч1ел босараб бакъдасез? Сундулъ босизе х1аракат бахъулеб
бук1араб?
3. Щай Пат1имат фермаялде яч1инч1ей?
Карточка №25. (3. 9.)
1. Манаршаца щиб ах1араб концерталда?
2. Т1огьол квац1игун гьелъухъе щив вач1арав?
3. Сайгитил кинал раг1абаз гьелъул бераздаса пардав бахъараб?
4. Х1айдарица щиб кьураб Манаршахъе?