СДЕЛАЙТЕ СВОИ УРОКИ ЕЩЁ ЭФФЕКТИВНЕЕ, А ЖИЗНЬ СВОБОДНЕЕ

Благодаря готовым учебным материалам для работы в классе и дистанционно

Скидки до 50 % на комплекты
только до

Готовые ключевые этапы урока всегда будут у вас под рукой

Организационный момент

Проверка знаний

Объяснение материала

Закрепление изученного

Итоги урока

Открытое мероприятие к юбилею Махмуда из Кахабросо

Нажмите, чтобы узнать подробности

Просмотр содержимого документа
«Открытое мероприятие к юбилею Махмуда из Кахабросо»

«Авар шагIирзабазул асаразулъ МахIмудил свин гьечIеб чирахъ» 

Х1адур гьабуна: Шидиб гьоркьохъеб школалъул авар мац1алъул ва адабияталъул муг1алим

Х1ажимух1амадова Г1арапа Салих1овналъ.







с. Ланда 2022 сон.

1 Ц1алдохъан:

Рокьул кьогIлъи лъараз,

ГIищкъул цIа лъураз

ЦIуне дир хIурупал,

ХIарп хутIичIого.

2 Ц1алдохъан:

Щибаб март бачIиндал магIарул чIужу,

МахIмудил хабада лъе ихдалил тIегь

ТIолабго гIумруялъ гIащикъаб ракIалъ

Мун кIодо гьаюраб кечI ахIана дос.

Учителасул цебераг1и:

Исана нилъеца кIодо гьабулеб буго МахIмуд гьавуралдаса 140 сон тIубай. Дагъистаналъул адабияталде гьев вачIана миллияб поэтикияб культура цебетIеялъе халатаб заманалъе нух бихьизабурав, цIакъго гьунар тIокIав поэт – лирик гIадин. МахIмудил шигIрабаз авар адабияталъул хадусеб тарихги тIубанго гвангъизабуна.

МахIмудил асаразул аслияб  рокьул тема букIаниги, шагIирас хIакъитаталда бицунеб буго инсанасул рухIияб эркенлъиялъул, гьесул талихIалъулги. МахIмуд – такрарлъи гьечIев, хвел гьечIев, даимав, абадияв адабияталъул Гений абун цIар щварав шагIир вуго.

Н. Тихоновас Кавказалъул Блокилан абуна гьесда.

Профессор Жирковас аваразул Пушкинилан цIар кьуна МахIмудие.

Жеги нилъер ц1ар арав шаг1ир Ц1адаса Х1амзатил рак1алда щвеялдаса нилъеда цеве т1амизе к1олев вуго кинав чи ХЪ. Мах1муд вук1аравлъи:

Гьеб бицине буго цевевахъарас

3Ц1алдохъан: 

Дида Мах1муд вихьана т1оцебесеб нухалъ нижер росулъ гьоболасул бак1алда кеч1 ах1улев. Гьев вук1ана михъил х1ур ч1варав г1олохъанчи Мах1муд гьеб заманалда жинца кеч1 ах1аниги машгьурав вук1инч1о. Гьелдаса чанго соналъ хадуб бахъана маг1арулазда жаниб Мах1мудил борхатаб гьаракь ва т1ирит1изе байбихьана гьесул куч1дул. Гьелдаса хадуб дида Мах1муд чанго нухалъ вихьана. Хунзахъе гьев г1емер вач1унаан. К1иабизе вихьараб мехалъ Мах1муд цояб рахъалде бекун т1агъурги лъурав кьурарал михъазул г1олохъанчи вук1ана. Амма рилълъада жаниб гьит1инаб г1унгут1и бук1ана. Гьелъие г1илла бук1ана гьадинаб, Х1оцоса Нажмудиница жиндир куйдул хъунилан багьанаги гьабун Мах1мудги гьалмагъги жанир т1амун руго. Мах1муд мук1ур гьавизе к1веч1еб мехалда, Нажмудиница нусго ц1ал кьабун буго. Нукарзабаз гурх1ел гьабулеб бугилан, гьезухъаги босун: «Гьадин кьабе»-янги абун чанго нухалъ жинца кьабун буго. Гьелдаса хадуб Мах1мудица цояб бох сакъат ккун дагьаб къват1исан босулеб бук1ана.

Учитель: 

МахIмудил асаразулъ загьир гьабун буго халкъалъул гIумруялъул, хьулазул, къасдазул хIакъалъулъ социалияб ритIухълъи.

МахIмуд вукIана киданиги хвел гьечIеб гьунаралъул шагIир. Гьелъие нугIлъи Р.ХIамзатовас гьесул хIакъалъулъ хъвараб «Васият» абураб  кечIалъ. 

4Ц1алдохъан:


МахIмудил васият

 

Гьаб дир хабаде ракь

ТIеренго бан те,

ТIамур хъвалеб гьаракь

Дида рагIизе.

 

Къаданиб гьитIинаб

КаратI гьабун те,

КечI ахIулеб хIасрат

Дида  бихьизе.

 

Дир пандур цадахъ те, -

Макьил сагIатаз

Рокьулел ясазул

ТIохазда хъвазе;

 

ТIалайдухъан лъугьун

Гьездаса юргъан

Панаял сариназ

ТIаса бахъизе.

 Расул  ХIамзатов


Учитель: 

МахIмуд вукIана аваразул халкъалда жанив вахъарав хIакъикъияв кочIохъан ва, кигIан лъикIаб къимат кьуниги, гьелъие мустахIикъав махщалилавги. МахIмуд халкъалъе цIакъ вокьулев, хасго гIолилазе цIакъго хирияв чи вукIана.

КигIан гIумру къокъаб букIаниги, кинаб гучалда аваразул поэзия цебе тIуниги, МахIмудил цIар ва асарал магIарул кочIохъабазул цебесаб кьерда рукIина, чIалгIада гуро поэтас хъвараб: 

Дунго хвананиги халкъалда лъалел,

Къасидатал руго таманал рокьул.

Ракьулъ вукъаниги къаникь урхъараб

Къо гIемер бачIина гIищкъу ккаразе.

Мах1мудил биография бицине буго цевевахъарас.

5 Ц1алдохъан:

Хъах1абросулъа Мах1муд

МагIарулазул гьунар тIокIав шагIир, литератураялда жаниб жиндир цIар меседил хIарпаздалъун хъварав, МахIмуд гьавуна, гьанжесеб Унсоколо районалъул, ХъахIабросолъ. Мискин - къварилъиялда жанив гIурав чи вукIана гьев. Гьесул эмен Анасил МухIамад вукIана рохьоб тIурччи бухIун гьеб Хунзахъ базаралда бичизе хьвадулев чи. Жиндир чара - гьунаралда балагьун МухIамадица пикру гьабула вас мадрасалде цIализе кьезе. МутагIиллъиялда уна гIумруялъул чанги сонал шагIирасул. Цогидал мутагIилзабазда цадахъ гьевги щола росулъа росулъе. Амма МахIмуд вукIана гьитIинаб заманалдасанго цIакъго кочIода варав чи, гьев жиндир динияб гIумруялъ, исламияб цIалиялъ, кIвечIо ватIа гьавизе кечI ахIиялдаса. Мадрасаялда цIалулев вукIаниги камулароан гьев кеп - ихтилаталъул мажлисазда. ТIоцере чидал кучIдул ахIулев вукIаниги хаду - хадуб живго кучIдул гьаризе ва гьел ахIизе лъугьана гIолохъанав шагIир. Абухъе, гьес 14 сон тIубаралдаса гьаруна кучIдул.
Мискинлъи цо балагь! КIиабилеб балагьги гьесие рокьуца кьуна. МахIмудие, 16 сон букIаго, йокьана Бекьилъ росулъа бечедав чиясул яс. Абизе бегьула тIолго хъвадарухъанлъиги гьелде гьабуна кочIохъанас. Ясалъул эбел - эмен мискинасул васасе яс кьоларилан кьурун чIана. МахIмудица жинцаго абухъе:
Борхатаб магIарда кIиго гIадрал тIегь
Цоцазде щапула, данде щоларо.
Гъваридаб кIкIалахъе кIиго иццул лъим
Цоцалъе чваххула, гъорлъ жубаларо.

Муилги МахIмудидехун балъгояб балай букIаниги нухал къана гьелъие кьолбол гIадамаца. 
Къо бахъанагIан цIикIкIун йокьана шагIирасе жиндир рокьи ккарай. Амма Муи йикIана чидал лъади. Рос хварай лъади йикIана Муи, лъималги рукIана гьелъул. Гьей кIочон телилан росулъа къватIиве ана МахIмуд. Щвана гьев ЦIоралде, Бакуялде, Тифлисалде. Хадувги гьев ана Карпаталде. Гьеб заманалъ букIана тIоцебесеб дунялалъул рагъ. МахIмуд гьениве щвана Дагъистаналдаса гьенибе битIараб магIарулазул полкалда цадахъ. Амма, къо бахъанагIан жеги цIикIкIун ракIалде къан гурони, кIочон течIо гьесда росулъ тарай йокьулей. Гьеб гуребги росу - ВатIаналдаса рикIкIад вукIин захIмалъана гьесие. Карпаталда вукIарабшинаб заманалъ МахIмуд щибаб минуталъ урхъана росу - авлахъалъухъги, ракI - ракIалъ хирияй Муихъги. 
БицинчIого тезе бегьуларо "Мариям" абураб гьесул поэмаялъул тарих. Карпаталда МахIмудил гIумру уна казарма - окопалда. Гьебги эркенлъи хирияв магIаруласе рекIее гIолеб жо букIинчIо. Цо рахъалъ Муил пикраби, цо рахъалъ ватIаналъухъ ракI урхъи, цо рахъалъги бидулаб рагъ. Рагъда хола МахIмудил гIагарав гьалмагъ. Цо къоялъ жиндир гьалмагъ чIварав тушман тохлъукье дандчIвала гьесда. Бахъун хвалченгун МахIмуд лъугьуна гьесда худув. ХIинкъарав тушманги церковалде тIурун уна гьасухъа. МахIмуд жаниве вахъараб мехалъ гьев вукIуна, капуразул гIадаталда, ГIиса аварагасул эбелалъул сураталда цеве накабаздаги чIун жив цIунейилан гьардолев. ГIажагIиблъула тушман МахIмудил кодоса хвалчен бортун ин бихьун, къадада бараб Мариямил сураталъухъ хаган валагьи бихьун.
Рокьуца велъарав, даим рукьбазда гьелъ лъураб цIадул свин гьечIев, МахIмуд хIайранлъула сураталда йигей гIаданалъул берцинлъиялъухъ, жий щий йигеяли лъачIониги. Гьасда ккола живго гIадин жив хадув лъугьарав чиги рокьул гIашикъ вугилан, гьанжеги гьай берцинай, Муида релълъарай гIаданалъул, сураталдаса кумек гьарулев. ТIаса лъугьун тола МахIмудица жиндир гьадмагъ чIварав тушман. Хадуб Мариамги Муиги данде ккун гьабула гьес жиндир "Мариям" абураб поэма.

Учитель:

Мариям абураб кеч1 рик1к1ине буго цевевахъарас.


6 Ц1алдохъан:MAPИЯM

 Цo пaнaяб xIуxьeл буxIулeб peкIeл,

KIвeлapищ бocизe, caмaaлъул нaкIкI?

Copoлeл лугбaзул бугeб гIакъубa!

ГIapза xъвaн кьeлapищ, xъaxIил зoдил xьуxь?

 

Диp чopxoл pуxIaлъул xIайpaнлъиялъул,

XIaкъикъaт лъaзaбe, шaмaлъул гьуpи?

Гьaлдoлeб цIaялъул цIуpaб кapaнзул,

Kaгъaт кoдoбe кьe, кьуpдa чIвaлeб бaкъ!

 

Pиидaл цIep чIвaлeл цIopoл мугIpуздa,

ГIaзукъ тaнин бице, тулaкaб жайран.

Жaниб чaн щoлapeб чaбxил кIкIaлaбaxъ,

Чaбxъад aнин aбe, лълъap меседил биc!

 

Буceн биxьулapеб poxьазде кканин,

Bиxьулapищ мaкьилъ, кьeнcep-бep чIeгIep?

Pocaби тIaгIapaб мугIpуда вугин,

TIaмулapищ цебе, тIогьилaб тacтap?

 

Гьaнжe духъе xъвaзe кaгъaтaлъулни,

Kaнтop цIун бугoaн, бoce чи щвaни.

Щибaб caгIaтaлдa гIaлxул чундуздa,

Дуp xaбap гьикъулa бaкъaнил гIужaлъ.

 

Дунги дудa xaдув, xaлкъaлдa cуpун,

Xвeзe бaкI бaлaгьун, вугин cвepдилeв!

Дудe щиб къo бaчIун къoтIapaб xaбap,

KъвaтIий яxъани щиб, xъвaн цo кaгъaтгун?

 

Kидaгo дaндe къaн kъaнщичIо бepaл,

KъвaтIив лъвapaлдaca къo лъикIaн мун тун.

Kъacи мaкьуялъул кьал диp букIунa,

Йoкьулeй гьeчIoгo кьижи щиб жоян.

 

Kьуpулъ нуx къотIараб гIaлxул чaницa,

Я нуx бaлaгьулa, я xвeл бocулa.

Xaceл ун иx  щвела, щoбaзул мoкъoкъ,

Я мун дaндe къaлa, я къoнo чIвaлa.

 

ЧIуpкaнaб peтIeлгун тIoкIaб фopмaгун,

Mун тIаде яxунeб xиял гьaбулa.

Xвapaздa pуxI лъoлeл мaxIaлги гьapун,

Mун къвaтIиe якки къaлa кapaндa.

 

Kъиpaл-пaчaзaби paгъул уpгъелалъ,

Эpгъeлeл pукIунa,бaкIapун xaлкъгун.

Xoлeв вугoниги, диpгoни пикpу,

Дуp гуpeб кaлaмaлъ гapгaдулapo.


5 Ц1алдохъан:

ТIоцебесеб дунялалъул рагъдаса вуссун хадув шагIирасул лъай - хъвай ккола, магIарулазул цIар рагIарав герой, МахIач Дахадаевасулгун. Гьеб гражданияб рагъул байбихьул заманалда чанго тIадкъай тIубала МахIмудица МахIачил. 
МахIмуд чIван хвана 1919 соналъ. Цо - цо чагIаца чIезабулеб буго МахIмуд чIванин гьесул гьоболас. Цогидацаги далил бачулеб буго гьев, МахIачил тIадкъай тIубазе унаго нухда ХIоцоса Нажумудинил къокъаялъ чIезавун, Игьалив туснахъалда вукIаго гьебго росулъа Магьдил МухIамад абурав чияс чIванилан. Амма кIиябго рахъ ккурал чагIазул рекъон кколеб рахъ МахIмуд Игьалиса Магьдил вас МухIамадица чIванилан аби буго.
МахIмудица, абизе бегьула, хъванин кучIдул жеги авар адабияталда цониги чияс хъвачIел ва хъвазеги гьечIел. Кинаб кечI гьесул босаниги буго щивав рокьи ккарасул рекIелъа бачIунеб, щивав гIашикъасул пикру гIахьал гьабун хъвараб гIадаб. Абизе бегьула МахIмудица церего ккун хъванин щивавго рокьи ккарасул рекIел анищал, мурадал, гьесул каранзул хIалал. Гьедин, жиндир рокьул цебего хъван батанилан абуна МахIмудил рахъалъ гьабураб кочIолъ Расул ХIамзатовасги, гьесие кIудияб къимат кьолаго. 
Гьелдаги буго шагIирасул кочIол къуват, пасихIлъи, камиллъи. Гьебги щивав шагIирасе насибаб жо гуро... 

Учитель:

Макьу абураб кеч1 киб кида хъварабилан бицунел бат1и-бат1иял пикраби руго. Цо пикру буго гьадинаб. Мах1муд Карпаталда рагъда вук1аго кьижун вугеб бак1алда макьу бихьунбуго. Макьилъ гьес рокьи карай Муи хъамулей йик1ана. Макьидаса ворч1аравго гьес хъванин абулеб буго гьаб «Макьу» абураб кеч1.

Гьеб рик1к1ине буго цеве вахъарас

7 Ц1алдохъан:

МАКЬУ

 Рамазан моцIалъул анцIго къо индал,

Къавулъ чи гьечIого дунго хутIана.

Дежурна гьечIого поч теларилан,

Танкан сваказегIан вахъун свердана.

 

Нур ссваял беразда макьу щвечIого,

Микьго къвал цIулал лъун, цо печ бакана.

ХIал кIвараб куцалда цо таргьа цIураб,

ТIаде хветер бана хехго рекIине.

 

Ханзабазул утар толеб бугилан,

Тахида шагь гIадин, гIодов вукIана.

ГIурус берданкалда патиранги лъун,

Гьорол ицц чIваниги речIчIилин абун.

 

Адам вахъун хадуб халкъалда лъараб,

Хиял цIи гьабуна, цIадавги къулун.

НухIил гаминибе гважулги гьвелги,

ГьабичIого пикру хутIичIо нахъе.

 

Хасел чIолеб заман, халатал сардал,

Рогьине хIал кIвечIо, кIал гьикъун чIана.

Гьуригун пун балеб цIадал гьаркьихъе,

ЦохIо буртинадулъ кьижун ватана.

 

Бищун цIикIкIун ани,анцIго дакъикъа,

ТIокIаб заман бачIо,ячIана гьудул,

ЦIакъго нахъе цIани, цо читбиралде,

Танкан хурхун чIана, холей йигилан.

 

Хвалчада бекьулеб багIараб месед,

Росо щай сурараб, cагьвил дунги тун?

Cамаал гвангъулеб гургинаб къамар,

КъватIив щай кватIарав, йигин якъвалей?

 

Бакъ чIвайдал цIер гIадин рецIцIанин берал,

Баче цо дирги квер канлъи бихьизе.

Кун тIурал маххаллъун биххун бугин ракI,

БакIаризин данде, дидехун вусса.

 

Дур цIар ахIулаго хIинчIлъун йоржанхъун,

Щун йигин хьолбохъе, бахъе хъурайсин.

ХъахIил зодил накIкIлъун свердахъилаго,

Ккун йигин аскIое, яче каранде.

 

Рокьул чIорал речIчIун, чIван дунги рехун,

Кив воржун вукIарав, ГIиса авараг?

ГIалхул чан гурхIараб хIал дихъеги кьун,

Дун гьечIеб бакI бихьун хьвадизе къасдищ?

Учитель:

ТIоцебесеб дунялалъул рагъда Мах1мудида цадахъ вук1арав гьудул Г1умарил рак1алда щвеял:

1917-1918соналдахабар багъарана пача т1аса рехун вугилан. Росабалъе рач1ине лъугьанила «Рит1унчаг1и» Х1. Нажмудиница г1уц1улеб бугила маг1арулазул армия, Дагъистан кквезе, динги ц1унизе. Амма Мах1муд гьеб армиялде лъугьинч1о, дун лъукъарав чиясул гьениб пайда ккеларин. Баг1араб Армиялъул рахъ ккурав Мах1ач Дахадаевасги къасд гьабуна районалъе росабалъе кумек гьарун кагътал рит1изе. Мах1мудидаги т1адкъана гьес цо кагъат щвезабизе. Нухда Мах1муд Нажмудинил муридзабаз ккола ва лъик1го пасат гьавула, чу-ярагъги бахъула. Хунзахъа гьоболас г1олохъабазул кумекалдалъун Мах1муд эркен гьавула, чу-ярагъги т1алаб гьабула. Т1ок1алъгьал гъачагъазда гьоркьове къагеян г1акълуги кьун Хъах1абросулъе нуха рег1ула. Дол къояз хъвараблъун рик1к1ине бегьула Мах1мудица «Рек1елъ иях1 бугев аск1овег1ан ц1ай»

Гьеб рик1к1ине буго цевевахъарас.

8 Ц1алдохъан: РЕКIЕЛЪ ИЯХI БУГЕВ АСКIОВЕГIАН ЦIАЙ...

 РекIелъ ияхI бугев аскIовегIан цIай,        

ЦIияб бакъанги лъан вохарав дида.

Даим рокьул бицун,сариналги хъван,

Сардал арав дица ахIизин цо кечI.

 

Зодисан рещтIараб аятцин гурищ,

Гурун ругин гъуждул минскинзабаца.

Маску-Петербургалъ телдай бачIараб,

ТуманкI кодоб кквечIев инсанго гьечIин.

 

Гьаваялда бакъул хьвади хисундай,

ХъахIлъи реххулеб рахъ батIияб бугин.

БетIергьанас росдал хурдай бачIина,

Хасалил сардазда зобал гъугъанин.

 

Азбар боцIул цIураз бицунеб мацI щиб,

Бугеб жо бахъулеб хъубаб наслуян.

МугIрузда гIи бугез зар щай букъулеб,

Бикъулеб,хъамулеб,хъахIбаяб халкъан.

 

Бечедаз бокьухъе бицеян абе

БачIина бакъул къо дун тайпаялъе.

Турарал мацIацIа щиб бицаниги,

Щвараб гIор гьукъулев чи ватиларо.

 

Чанги мискин-пакъир къакъан ругьунав

Нажмудин рагIула гIарадабигун.

Мискинаб халкъалда къойил хIал лъурав

ХIоцосев рагIула жив имамилан.

 

Унго,божиладай жеги гIадамал

ГIумру нахулъ араб,

ГIурус пачаясул чан щолареб гьой,

Гьанже хIапдеялъе магIна лъачIого.

 

МахIач чIвазе кколев капурчийилан,

Кибго росабалъе ахIи щай балеб?

Аллагьас тIад тарав пача вугилан,

НикIалай веццарав щай нечоларев?!

 

Бихьизе черх бугев человекасда

Чорхол ияхIалъул махI букIунаро

Чохьолъаги гIебав магIаруласда

Божизе жо гьечIо гьаб заманалда

 

ГьечIеб имамасе сундулго ургъел,

РикIкIен батулареб боцIул гурони.

БацIил кIалдиб гъела гьас тIолабго халкъ

Хинлъилеб кIиго хинкI кьолев чи ккани.

Учитель:

Мах1мудил бук1ана куч1дул хъваялъулъ жиндир хасиятаб хъат1-жиндие коч1олъ бицине бокьараб жо ч1ванкъот1ун бихьизаби, сипат г1уц1иялъе квербакъулел х1ужабазе к1варкьей. Гьелъие нуг1лъи гьабуна гьаб лъугьа-бахъиналда хадуб хъварал гьал мухъаз.

Гьеб бицине буго цевевахъарас.

9 Ц1алдохъан:

Цо нухалда харил к1удияб магьги мугъзада баччун, х1ат1ида г1иц1го ва т1ут1у-хъухъураб рат1лилъ вач1унев Ражабица годек1анив ватарав Мах1мудида рогьо бала х1алт1изе к1вах1алав хасмушилан. Гьебсаг1атго Мах1мудица, гьесдехун вуссун, гьадинал коч1ол раг1аби абула:

Маг1арда г1и г1емер,

Г1ин гьеч1еб т1агъур,

Г1иялъ куйдул ч1ах1а,

Нац1ил хъабарча,

Киве ун вук1арав,

Дир г1агарав чи?

Учитель:

Цо данделъиялда Мах1мудил г1умруялъулги гьесул поэзиялъулги бицун х1ал бажаруларо. Гьесул поэзияги гьевги вокьулез, маг1арулазул поэзияги ц1арги цебет1езабурав г1ашикъасул асарал ц1ализе зах1мат ц1азе ккела. Гьелъ нилъер рух1ияб рахъ бечед гьабила. Тавпикъ кьеги нилъее.