СДЕЛАЙТЕ СВОИ УРОКИ ЕЩЁ ЭФФЕКТИВНЕЕ, А ЖИЗНЬ СВОБОДНЕЕ

Благодаря готовым учебным материалам для работы в классе и дистанционно

Скидки до 50 % на комплекты
только до

Готовые ключевые этапы урока всегда будут у вас под рукой

Организационный момент

Проверка знаний

Объяснение материала

Закрепление изученного

Итоги урока

Открытый урок "Рик1к1ен"

Нажмите, чтобы узнать подробности

Открытый урок "Рик1к1ен"

Просмотр содержимого документа
«Открытый урок "Рик1к1ен"»

Авар мац1алъул дарс (6 класс)

Авар мац1алъул дарс (6 класс)

    Тема:Рик1к1ен  Мурад:Ц1ияб каламалъул бут1а-рик1к1еналъулгун лъай-хъвай гьабизе.  Рик1к1еналъул бит1унхъвай цебе т1езабизе

Тема:Рик1к1ен Мурад:Ц1ияб каламалъул бут1а-рик1к1еналъулгун лъай-хъвай гьабизе. Рик1к1еналъул бит1унхъвай цебе т1езабизе

     Дарсил ин  1.Класс дарсиде г1уц1и(таблица,карточкаби)  2.Араб дарсил ц1ех-рех гьаби.  Прилагательноялъул разборалъул тартиб.  Суалал:  1.Прилагательное щиб кколеб?  2.Кинал суалазе жаваблъун бач1унеб прилагательное?  3.Прилагательноял кина-кинал рук1унел?  4.Прилаг-л разборалъул тартиб бице.  5 .Гьит1инаб аб.прил.разбор гьабе.   Рокъоб кьураб х1алт1ул хал гьаби:пар.23,прил.разбор гьабизе.

               Ц1ияб дарс: Рик1к1ен  Лъимал,рач1а рак1алде щвезаризе авар мац1алъул каламалъул бут1аби.  1.Авар мац1алда чан каламалъул бут1а бугеб?  2.Предметияб ц1аралъ щиб бихьизабулеб?  3.Прилагательноялъ щиб бихьизабулеб?  4.Глагол сунда абулеб?   Гьанже бицина нилъеца,лъимал, рик1к1еналъул х1акъалъулъ.  Рик1к1ен абула предметалъул къадар яги ирга бихьизабулеб каламалъул бут1аялда.Суалалъе жаваблъунги бач1уна чан ? чанабилеб ?  Масала,чан? К1иго,лъабго,нусго,азарго,к1инусго,к1икъого,анц1ила щуго,лъебералда к1иго.  Нижер классалда анлъго ясги ункъо васги вуго.  Расул Х1амзатов гьавуна микьабилеб сентябралда.  Фазу Г1алиевалъе т1убана ункъого сон микьабилеб декабралда.(гьал предложенияздаса рик1к1енал рате)

Предметалъул къадар бихьизабулелда къадаралъул рик1к1ен абула. Гьеб рик1к1еналъул ахиралда кидаго о хъвала.  Масала,цо,анц1го,нусго,к1икъого,лъеберго,микьго,щунусго,анлъазарго,ва гь.ц. Ирга бихьизабулеб иргадул рик1к1ен абула. Масала,к1иабилеб,анц1абилей,къоабилеб,нусабилеб,к1инусабилеб, лъебералда анкьабилеб,ва гь.ц. Иргадул рик1к1еналъул ахиралда абилеб-ев-ей-ел хъвала. Гьелъ бихьизабула ирга. Гьал предложениязулъ ругел рик1к1енал рате. 1977абилеб соналъул 21абилеб августалда 100-го сон гургинлъана нилъер адабияталъул зодихъ гвангъараб ц1валъун кенч1олев ц1ар раг1арав поэт Ц1адаса Х1амзат гьавуралдаса. 1972абилеб соналда дагъистанияз щущахъ биххизабуна Надир-Шагьасул 150000-го чи вугеб аскар. Булбулалъ бала 16 сон,миккиялъ бала 200 сон.Рииялда жаниб гвангваялъ бакъвазабула 300 г1урдах1ан.Бищун к1удияб киталъул халалъи бук1уна30 метр,бак1лъи-150 тонна.

Предметалъул къадар бихьизабулелда къадаралъул рик1к1ен абула. Гьеб рик1к1еналъул ахиралда кидаго о хъвала. Масала,цо,анц1го,нусго,к1икъого,лъеберго,микьго,щунусго,анлъазарго,ва гь.ц.

  • Ирга бихьизабулеб иргадул рик1к1ен абула.
  • Масала,к1иабилеб,анц1абилей,къоабилеб,нусабилеб,к1инусабилеб,
  • лъебералда анкьабилеб,ва гь.ц.
  • Иргадул рик1к1еналъул ахиралда абилеб-ев-ей-ел хъвала.
  • Гьелъ бихьизабула ирга.
  • Гьал предложениязулъ ругел рик1к1енал рате.
  • 1977абилеб соналъул 21абилеб августалда 100-го сон гургинлъана нилъер адабияталъул зодихъ гвангъараб ц1валъун кенч1олев ц1ар раг1арав поэт Ц1адаса Х1амзат гьавуралдаса. 1972абилеб соналда дагъистанияз щущахъ биххизабуна Надир-Шагьасул 150000-го чи вугеб аскар.
  • Булбулалъ бала 16 сон,миккиялъ бала 200 сон.Рииялда жаниб гвангваялъ бакъвазабула 300 г1урдах1ан.Бищун к1удияб киталъул халалъи бук1уна30 метр,бак1лъи-150 тонна.
    Рич1ч1уларел раг1абазе баян  Къадар-количество  Ирга-  Булбул-соловей(птица)  Микки-голубь  Гвангва-белка  Г1урдах1ан-гриб

Рич1ч1уларел раг1абазе баян Къадар-количество Ирга- Булбул-соловей(птица) Микки-голубь Гвангва-белка Г1урдах1ан-гриб

Лъалищ нужеда? 1.Чанабилеб соналъ гьавурав Ц1адаса  Х1амзат? 2.Хъах1абросулъа Мах1муд гьавуралдаса чан сон кколеб? 3.Дагъистаналъул шаг1ир Расул Х1амзатов гьавуралдаса чан сон кколеб? 4.Фазу Г1алиева чанабилеб соналъ гьаюрай?  (Нилъеда ратарал рик1к1еназул  х1акъалъулъ бице)

Лъалищ нужеда?

  • 1.Чанабилеб соналъ гьавурав Ц1адаса
  • Х1амзат?
  • 2.Хъах1абросулъа Мах1муд гьавуралдаса чан сон кколеб?
  • 3.Дагъистаналъул шаг1ир Расул Х1амзатов гьавуралдаса чан сон кколеб?
  • 4.Фазу Г1алиева чанабилеб соналъ гьаюрай?
  • (Нилъеда ратарал рик1к1еназул
  • х1акъалъулъ бице)
         Физминутка  -Ворея,цо?  -Цо буго дир Дагъистан.  -Воре, к1иго?  -К1иго кваркьи буго гьелъул  Кибего боржине.  -Воре,лъабго?  -Лъабго хазина буго гьелъул  Кидаго холареб:  Гьаб ракь,доб зоб,  Гьагъаб ралъад.  -Воре,ункъо?  -Ункъбохилаб буго гьелъул чу.  -Воре,щуго?  -Щуг1аркьелаб буго гьелъул ц1ва.  -Воре,г1емер?  -Г1емерал ахал,хурзал;  Г1емерал харбал,ишал;  Г1емераб балагь,гьунар;  Г1емерал гьудулзаби  Г1емерал муг1рул,г1орал;  Г1емерал ц1адал,ц1аял;  Г1емерал васал,ясал…  Ва амма Дагъистан-цо!

шарада  «Д» х1арп бакьулъ бугони,  «Ризгоялъул» антоним.  «Д» хисун, «б» хъвани,  Рик1к1еналде сверула.  огределъ  огребелъ

шарада

  • «Д» х1арп бакьулъ бугони,
  • «Ризгоялъул» антоним.
  • «Д» хисун, «б» хъвани,
  • Рик1к1еналде сверула.
  • огределъ
  • огребелъ
      Дарс щула гьаби.  Т1ехьалдасан х1алт1и  Х1алт1и 1,гь.76.  Рик1кенал рате,рат1а росун ,хъвай ва гьезие суал лъе.  Х1алт1и 3,гьум.77. (бицун)  Ц1але. Рик1к1еназе суал лъе. Иргадулги къадаралъулги рик1к1еназе баян кье.  Х1алт1и 4,гьум.78. (хъвазе)  Гьал тарихаздалъун кьурал рик1к1енал раг1абаздалъун хъвай ва,щибалде вехь,ессарухъан,бугъа,сон абурал раг1абиги журан,ц1але.  4, 12, 20, 28, 100, 145, 1000, 1991.

    Дарсил х1асил.  Суалал:  1.Кинаб каламалъул бут1аялъул х1акъалъулъ нилъеца жакъа бицараб?  2.Рик1к1ен сунда абулеб?  3.Кинал суалазе жаваблъун бач1унеб рик1к1ен?  4.Рик1к1еналъ щиб бихьизабулеб?  5.Мисалал раче.

Дарсил х1асил. Суалал: 1.Кинаб каламалъул бут1аялъул х1акъалъулъ нилъеца жакъа бицараб? 2.Рик1к1ен сунда абулеб? 3.Кинал суалазе жаваблъун бач1унеб рик1к1ен?

  • 4.Рик1к1еналъ щиб бихьизабулеб?
  • 5.Мисалал раче.
  Рокъобе х1алт1и.  Параграф 24, х1алт1и 6,гьум.78.   Ц1але ва хъвай. Рик1к1еназе суал лъе. Къадаралъул рик1к1еналда(чан?) ц1ар ч1вай

Рокъобе х1алт1и. Параграф 24, х1алт1и 6,гьум.78. Ц1але ва хъвай. Рик1к1еназе суал лъе. Къадаралъул рик1к1еналда(чан?) ц1ар ч1вай