План-конспект открытого урока по родному языку в 7 «а» классе МКОУ «Калининаульская СОШ имени Героя России М.М.Гайирханова» учителя родного языка и литературы
Далиевой Саиды Салмановны.
Тема урока: Прилагательное.
Дата: 24.11.2019 год;
Класс: 7а.
Дарсил: мурад: 1) Прилагательноялъе баян кьезе бажари ва ц1алдохъабазул лъай щула гьаби.
2) Каламалъулъ гьел х1алт1изарун бажари.
3) Нилъер Ват1аналде, вижараб ракьалде, гьелъул т1абиг1аталде рокьи бижинаби,
рух1ияб рахъ бечед гьаби.
Дарсил алатал: Т1ехь, тетрадал, компьютер, интерактивияб доска, пультал.
Дарсил ин:
Тахшагьар – Прилагательное.
Учителасул цебераг1и:
Ассаламу Г1алейкум. Дун ц1акъ йохарай йиго жакъа нужеда цадахъ гьаний йик1иналдаса. Нилъеца жакъа гьаб берцинаб ихдалил къоялъ сапар бух1ине гьайбатаб тахшагьаралде, амма гьенире щвезе ккани, г1емерал зах1малъаби дандч1вазе руго нилъеда. Байбихьизин сапар. Рази ругищ нуж ? Сапаралде рахъине ккани, щиб нилъее къвариг1унеб?
Цебе малъараб такрар гьаби (т1адкъаял шаразда жанир)
1. Авар мац1алда чан каламалъул бут1а бугеб?
2. Предметияб ц1ар сунда абулеб?
1. КАРТА - Нух рагьизе ккани, нилъеца гьаб кроссворд ц1езабизе ккола, ва сапар бухьине бугеб бак1 рагьизе ккола.
2. Рахъинин сапаралде.
1.Предложениялъул бет1ераб член.
2."Къункъраби" асаралъул автор
3.Цоцае маг1на г1агарал раг1аб. Масала: берцинай, гьайбатай
4.Мац1алъул киналго раг1аби ккола гьелъул щиб
5.Цого х1алалда хъвалел, амма маг1на бат1иял раг1аби. Масала: нус-нус
6.Каламалъул бут1а -мац1ихъан .
7.Ц1адаса шаг1ир- Расул Х1амазатовасул эмен
8.Цоцае г1акса маг1на кьолел раг1аби. Масала: сордо- къо
9.кинаб.,в,й,л лъил , сундул, абураб суалалъе жаваблъун бч1унеб бет1ераб гуреб член.
10.К1иго чиясул к1алъай
11."Муг1алим"г1урус мац1алда
12.Фаризияб к1ал кколеб моц1
13.Меседил кверал- кинаб сипатияб раг1и
14.Предложениялъул член - мац1ихъан.
(Бахчараб раг1и батила).
ПРИЛАГАТЕЛЬНОЯЛЪе БАЯН КЬЕЛА, гьелъул суалал баян гьарила.
3. Расулил ицц- балагье, лъимал, гъвет1 беч1ан бугеб куц, гьеб т1егьазе ккани, щибдай нилъеца гьабизе ккола
Т1адкъай: Прилагательноял рати, суффиксал рихьизари.
Кье нижей бац1ц1адаб зоб,
Кье роц1араб дуниял.
Кье гъваридал ралъадал,
Кье т1адег1анаб г1умру.
Лъик1аб иш гьабуна нилъеца, лъимал, гъвет1 лъалъана, ва гьадинаб берцинлъи сайгъат гьабуна киназего.
Рилълъинин гьанже церехун, свакан ругищ нуж?
4. Х1амазатил гох1-
Гьава лъик1аб , лъим гьуинаб,
Гьайбатаб цо ракь бук1араб,
Кьер- кьераб квен, керчал рохьал,
Бахьинлъарал жанир ругел.
Т1адкъай: Прилагательноял рате. Щибаб раг1уе антонимал ва синомал хъвай.
Адабияталда жанир гьазда щибин абулеб, кинал сипатиял раг1аби кколел.
5. Вах1, гьаб щиб бак1?
Лъар буго, кьо бихун бугогури. щибдай гьабила? Т1адкъай щиб бугеб лъимал гьаниб? (схемаялда рекъон, раг1абиги лъун, предложение г1уц1изе).
Г1умру, эбел -инсуе, талих1аб, дица, гьарула ,ва, халатаб.
(балагье, лъимал, нилъеца кьо бана).
6. Х1ухьбахъи.
7. РЕБУС ( Ребусазул кумекалдалъун, прилагательноял г1уц1е).
Прилагательное -тахшагьар.
Бокьанищ нужее жакъасеб дарс, щибизе нужее прилагательноял къвариг1унел, лъазе кколищ гьел.
Рокъобе х1алт1и:
Прилагательноял гъорлъе рачун, мини-сочинение «Ват1ан».